Проект «Солдатасул эбел»

«Хӏакъикъат» газеталъул «Солдатасул эбел» абураб проекталда рекъон, гьаб нухалда сапар бухьана СВОялъул тӏоцевесев Бахӏарчи, тумав Хӏажимухӏамад Нурмухӏамадовасул эбел Сапижат Мазаевалъухъе.

Чӏужугӏадан-эбел

Чӏужугӏадан. Эбел. Гьеб кӏиябго рагӏиялъулъ бугебщинаб къуват. Чӏужугӏадан-эбел. Гьей ккола, ракьалда гӏумру тӏегьан чӏезе, гьелда гъоркь чӏвараб хӏубилъунги, инсанасулъ гӏамал-хасият лъадарулеб къебелъухъ къебедлъунги, лъимер беэдулеб гъасда бакараб гучго гьелегьараб цӏалъунги, гьелъул къисматалда кунчӏараб жавгьарлъунги. Эбелалъул рекӏел гъварилъуда гурищ бахчун букӏунеб лъимералде бугеб рокьиги гьелдаса чӏухӏиялъул гӏаламатги. Букъараб зар гӏанасеб эбелалъул рекӏел гъварилъудасан гурищ бецӏцӏун бачӏунеб лъимадухъ тӏолеб бухӏараб магӏу. Гьеб магӏуялъ даим лъалъалеб букӏунеб батила лъимадул талихӏ. Ва гьенисан баккун бачӏуна гӏажаибаб тӏегь — эбелалъул рекӏел тӏегь. Щибаб лъимер рикӏкӏун. Эбелалъул магӏуялъ кьола гьезиеги гӏумру, гьелъ гьел недегьго реэдула. Чӏужугӏадан-эбелалъул бадиса бурун бачӏунеб рохалил магӏуялда цадахъго къватӏибе гьурщун бачӏунеб гьел тӏугьдузул берцинлъиялъ къалъ-къалъизабун букӏуна эбелалъул гӏумру. Гьеб ккола лъималаз эбелалъул талихӏалда чӏвалеб мугьрулъун.

Амма гӏумруялъулги рукӏунел руго жиндирго законал. Ва эбелалъул магӏуялъ хисула жиндирго кьерал. Цойидасан гьеб гьалаглъула, угьдула, лъарал-гӏоразул карачелабазул хехлъиялда бачӏунеб гьеб лъалхъула рекӏел гъварилъуда берккелеб хӏалалда тӏегьан бугеб тӏегьалда аскӏоб. Ва цинги байбихьула эбелалъул къисматалъул пашманаб къиса.

Гьеб пашманлъи бахчизе ва балъголъаби цӏунулеб гъансил тӏиналде гьеб къиса битӏизеги къуват гӏола гьей хӏикматай хӏурулгӏиналъул – чӏужугӏадан-эбелалъул.

Буго гьединаб къиса Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей гӏадатияй учитель Сапижат Мазаевалъулги. Гьелъги толеб буго жиндирго къиса Дагъистаналъул бахӏарчияб тарихалъул тӏехьалда. Васасе жинцаго кьураб кьварараб тарбиялъ хъвараб ва бухӏараб магӏуялъ лъалъараб. Гьеб къисаялда цӏарги буго…

Эбелалъул рекӏел кӏиго тӏегь

Талихӏалде данде унейго уней йикӏана Сапижат. Хӏикматаб берцинлъиялъул гӏолилай йикӏана гьей. Рукӏана гьелъулги анищал, цохӏо талихӏалда гурони рицунарел. Талихӏалъги къотӏи гьабун букӏана гӏолилалъе гьелъул анищал лъиего гьурщунгутӏизе.

Ва гьале рещтӏана Сапижатил гъасда талихӏ — гьелъул рекӏелъ тӏирщана хӏикматаб тӏегь. Рохалил магӏуялъ гьебги лъалъалаго, гӏолохъанай эбелалъ гьелде ахӏана Нурмухӏамадилан абун. Цо дагьалъги лъалхъун, къисматалъ гьелъие сайгъат гьабуна цоги тӏегь. Ва гьелдеги Сапижатица ахӏана Гӏабдуллагьилан абун.

Ва байбихьана Сапижатил къисматалъул къиса. Гьелъ гьеб сайгъат гьабулеб букӏана жиндирго рекӏел тӏугьдуллъун ругел Нурмухӏамадие ва Гӏабдуллагьие. Дандчӏвалел ругелщинал захӏмалъаби кӏоченарулаан Сапижатида меседил гарал гӏадал васаз. Кинабго гьезие гӏоло – гӏумруги, пикрабиги, анищалги, хьулалги. Гӏицӏго гьезие гӏоло. Эбелалъул хӏеренлъи-недегьлъиялдаго цадахъ гьелъ хӏалтӏизабизе кколеб букӏана инсул «квартӏа-гъецӏги» — жиндирго тарбиялде тӏаде гьелъ жубазе ккана инсулаб согӏлъиги къвакӏиги.

— У. Гьедин гьабуна дица. Гурони, дир тарбиялда кинабгӏаги бегӏ букӏине букӏинчӏо. Дир васаздаса, цохӏо дун гурониги, чӏухӏизе кколаан. Гьеле гьединаб букӏана дир тарбилъул мурадги. Росу-ракьги, гӏагарлъиги, гьудул-гьалмагъзабиги, гьай-гьай, Ватӏанги — гьел киназулго адабалъе мустахӏикъал васал гӏезаризе ва куцазе ккани, цохӏо чӏужугӏаданалъул хӏеренлъи гӏезе букӏинчӏо», — ян абуна Сапижатица, гӏанабиги лъалъалаго, бачӏунеб бухӏараб магӏуги гӏодобе тӏинкӏизе биччалаго.

Захӏмат букӏана гьелъие васасул хӏакъалъулъ араб заманалда бицине. Захӏмат букӏана диеги гьелъухъ гӏенеккизе…

Кули районаллъул Къяни росулъа Махӏачхъала шагьаралде гочана Сапижат. Кӏиго вас гӏумруялде вахъинавизе ккани, кинаб къуватги сабругиха гьелъие къваригӏине букӏараб.

Амма Тӏадегӏанасул кумекалдалъун гьелъ тӏубазабуна чӏужугӏаданалъулги эбелалъулги борч. Тӏегьан рачӏунел рукӏана гьелъул рекӏел тӏугьдул.

Кинабго хасаб, цо чӏезабураб низамалда, тартибалда букӏана Сапижатил хъизамалда. Васаздаги лъалаан жидее гӏоло чанго бакӏалда хӏалтӏулей йигей эбелалъул ракӏбакъвазабизе бегьулареблъи. Эбел хӏалтӏудаса ячӏиналде, рокъор гьез тӏуразе кколел тӏадкъаялги рукӏунаан.

Васазда хӏаллъазе течӏониги, эбел йохун йикӏунаан гьездаса – гьелъул тарбиялъ лъикӏал хӏасилал кьолел рукӏана.

Лъугӏана Нурмухӏамадил школа. Ва гьев цӏализе лъугьана Рязаналде, армиялъул генерал В. Ф. Маргеловасул цӏаралда бугеб воздушно-десантное командное училищеялде.

Нурмухӏамадица рагъулаб гьа балелъулги, вачун Гӏабдуллагьгун, Сапижатги ана, гьесухъ гӏенеккизе. Гьасие диплом кьолелъулги, гьей васасухъе ана. Гьелъие бокьун букӏана гьеб кинабго хадусев вас Гӏабдуллагьидаги бихьизе.

Лъугӏана Нурмухӏамадица училище. Ккана гьев Сириялдеги. Гьеб букӏана рагъулаб хӏалбихьиялде гьес тӏамураб тӏоцебесеб гали. Ва цинги Украина… Ватӏаналъул ахӏиялъе жаваб гьаруразда гьоркьов вукӏана Нурмухӏамадги…

Гӏумруялъулгун къо лъикӏ гьабулел лахӏзатал

Махӏачхъала шагьаралъул №№26, 58 школазда хӏалтӏулаго, учитель Сапижат Гӏисаевнаялъ жиндирго цӏалдохъабазда кидаго малъана ватӏан бокьи, гьелъие гӏоло рухӏ кьезе хӏадур рукӏин щивав чиясулъ бессун букӏине кколилан. Гьедин малъана гьелъ жиндирго васаздаги.

Щиб лъалеб, гӏумруялъулгун къо-мех гьабулел дол лахӏзатазги, Нурмухӏамадида цебе рачӏун ратила жиндир къисматалъул къираллъун йикӏарай ва хутӏизе йигей эбелалъул сипатги ва гьелъул гӏумруялъул дарсалги.

Жиндирго гӏумру ахиралде щолеб бугеб бичӏчӏараб гӏадин, гьев гӏемер кӏалъалалан эбелалъухъе, жиндие мун йокьулиланги абун.

— Лъала, эбелалъул дарман, лъала дида, — ян данде гьимулаан эбелги. Амма цонигиязда, я эбелалда яа васасда лъалеб букӏинчо, тӏокӏалъ жал цоцахъе щвезе гьечӏеблъи.

2022 соналъул 20 февралалда Нурмухӏамадие гьаюна яс. Гӏолохъанав инсул бадиб цо кинабалиго пашманлъиги бихьулеб букӏана эбелалда.

Ва Сапижатида ракӏалде щвана васас жиндиего гьарулел рукӏарал махсарабиги:

— Эбел, нижеца дуе сайгъат гьарила гӏемерал васалг ясалги. Мун йикӏине йиго бищунго талихӏай кӏодоэбеллъунги. Гьел киналгоги хьихьун, хӏалтӏудаса нахъеги йилълъун, мун чӏезе йиго рокъой. Нижеца тӏадбуссинабила дуе, ниж гьитӏинаб мехалда щвечӏеб хӏалхьи. Амма нижер ясал дуца дагьалъ недегьго хьихьизе кколаха, гьел тӏубанго согӏалъун, хъачаллъун гӏунгутӏизе, — ян абулаан Нурмухӏамадица эбелалда.

Цинги гьей данде елъулаан:

— Вабабай, бихьулищ дие аз кьезехъин бугеб хӏалхьи, гьаруралщинал лъималги хьихьизе тӏамун -, абун.

Амма эбелалъе цохӏо жавгьарги сайгъат гьаюн, абадияб рокъове ана Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов.

2022 соналъул 23 февраль. Ватӏан цӏунулезул къо. Гьеб сордоялъ гӏолохъанай лъадухъе видеобухьеналдасан кӏалъана гьев. Ва Мадинаде ясалъул аманатги гьабуна, нагагь жив гьечӏого хутӏанигийилан абун…

Пикрабалъ къо-мех лъикӏ гьабулеб эбелалъулгунги. Жиндир ясалъе бищунго лъикӏай дахӏабабалъун йикӏайиланги гьарун, телефон гӏодоб лъуна. 24 февраль… Рагъулаб хъулухъалда васал ругел улбузул пикраби хӏалуцараб лахӏзат…

25 февраль. Дарсал кьолей йикӏарай Сапижатихъе бачӏараб чӏегӏераб хабар. Кин щвараялигицин лъачӏого, рокъое щун ятана гьей. Киназухъего цебесан кӏалъазе лугьана. Гьелъие къваригӏун букӏана цонигиясгӏаги гьб хабар гьереси бугилан абизе. Амма данде жваб гьабизе гьел кватӏидал, гьелда кинабго бичӏчӏана…

Гьеб къоялъ васас эбелалъе сайгъат гьабуна цоги тӏадегӏанаб цӏар – Россиялъул бахӏарчиясул эбел.

Щуго къоялда жаниб кӏиго сайгъат эбелалъеги гьабун, ана Нурмухӏамад бахӏарчилъиялъул дунялалде.

Кӏудияв вацасул ахир мисаллъун хутӏана Гӏабдуллагьиеги. Гьевги цӏалана Рязаналда Россиялъул ФСИНалъул( академия права и управления Федеральной службы исполнения наказаний) академиялда.

Бухӏиги магӏуги цохӏо букӏана

— Вас вукъизе росулъе арай дие рахӏат толеб букӏинчӏо кӏалъан рачӏунез. Дол къояз тӏолабго Россия дунгун букӏана. Махӏачхъалаялъул автостанциялде, аэродромалде, вокзалалде рачӏараз бокьарав дагъистаниясда гьарулеб букӏун буго Бахӏарчиясул эбелалъухъе нух бахъизе кумек гьабейилан. Гьедин ялагьулаан дун Россиялъул батӏи-батӏиял миллатазул гӏадамаз дун, — илан бицана Сапижатица.

Нурмухӏамадил гьанжего гьанже гьаюрай яс Теймияеги Россиялъул батӏи-батӏиял шагьараздаса рачӏунел рукӏана посылкаби. Гьезда тӏадги хъван букӏуна Бахӏарчияв инсул жавгьар Теймияе абун. Адрес тӏад хъвачӏел посылкабаздаги ралагьулаан ниж. Гьенир ратулаан жидецаго хьухьарал лъималазул партал, гьелъухъе хъварал кагъталги ва цогидалги сайгъатал, — илан тӏадеги жубана эбелалъ.

Долдаса нахъе ана кӏиго сонги хадубги. Жеги-жеги кӏалъан рачӏуна Сапижатихъе Россиялъул регионаздаса гӏадамал. Гьезул гӏемериселги – гьезда лъаларел.

Москваялдасаги рачӏана Дагъистаналде, Нурмухӏамадил хабаде щвезе. Жеги рачӏунелги руго. Гьезги гьарулеб буго жал Бахӏарчиясул эбел йихьизе рачейилан ва ялагьулей йиго дун, — илан ракӏкъварилъана Сапижатил.

Нурмухӏамадил хӏакъалъулъ доб мехалда хъвана Дагъистаналъулги Россиялъулги журналал-газетазда. Киназго абулеб букӏана нилъер Нурмухӏамадилан, нилъер Бахӏарчийилан абун.

Гьабсагӏаталда Сапижат Мазаева ккола Махӏачхъалаялъул №54 школалъул директор. Гьелъул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккун вуго нус-нус цӏалдохъан…

Гьаб къисаялъе лъугӏел букӏинаро. Гьаб гьанжего гьанже байбихьана – Бахӏарчиясул бахӏарчияй эбелалъул къиса…

Миллатал гӏемераб дир Россиялда

Дир гӏагараб улкаялъул халкъазул цолъиги гьудуллъиги. Гьелъулъ гурищ нилъер къуват бугеб. Гьелъие иргадулаб мисаллъунги ккола киназего гӏахьалаб букӏараб Бахӏарчисул эбелалъул магӏуги къварилъиги. Нурмухӏамад жидеравлъунго рикӏкӏана Россиялъул киналго халкъаз. Ва цо лахӏзаталъ миллатазул гъунки дагьабги щулалъана. Гьеб дагьабги лъадарана рагъул киназего гӏаммаб къварилъиялъул корониб. Гьединаб букӏана, буго ва букӏине буго нилъер кӏудияб улкаялъул кӏудияб гьудуллъи. Гьеб гьудуллъиялъ къуват кьуна Бахӏарчиясул эбелалъеги. Гьелда бичӏчӏана жиндир васас берал гӏадада къанщичӏеблъи. Ватӏаналъул гъасда гӏадатал гӏадамаз бакараб цӏаги цӏадухъе ракӏарарал гьезул ракӏазул хинлъиги лъиданиги къинабизе кӏвезе гьечӏо.

Шамай Хъазанбиева