Россиялда «Земский тохтур» программа хӏалтӏизе байбихьана 2012 соналдаса нахъе. Росабалъе хӏалтӏизе арал тохтурзабазе миллион гъурущ, фельдшеразе -500 азарго гъурущ кьола хӏукуматалъ. Рорхатал мугӏрузул росабалъе аразе, бакӏалъухъ балагьун 1,5 миллион ва фельдшеразе 750 азарго гъурущги буго бихьизабун.

Аза-азар медицинаялъул хӏалтӏухъан ана гьедин рикӏкӏадал районаздегун, росабалъе хӏалтӏизе.

Жакъа къоялде «Земский тохтур» программаялда рекъон нилъер республикаялда 66 специалист хӏалтӏулев вуго. Гьезда гьоркьоса 53 — тохтур ва 13- медицинаялъул гьоркьохъев хӏалтӏухъан.

Дагъистаналъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гьабсагӏатги къабул гьарулел руго росабалъе (росу, шагьар, поселок букӏа 50 азарго чи гӏечӏеб бакӏ букӏине ккола гьеб) хӏалтӏизе ине бокьарал ва гьезул сияхӏалда 182 специалистасе бихьизабураб бакӏ буго .

Гӏарцулаб кумек букӏин гуребги, гьеб программаялъул лъикӏаб рахъ буго ригьалъул гӏорхъичӏвай гьечӏолъиги. Нилъеда лъала, хӏалтӏи балагьулаго тӏоцебе сонал ва хӏалтӏизе бугеб бажари цӏехолеблъи.

2022 соналдаса нахъе гӏарцулаб кумек щвезе ккани, росбалъе гочинецин кколел гьечӏо. Цӏализе шагьаралде арал гӏолилал жидерго росулъе хӏалтӏизе тӏадруссаниги гӏолин хъвалеб буго социалия гьиназда. Гьеб рохизе ккараб хӏужаги буго, росбалъ хӏалтӏизе бакӏалги ругони, лъикӏал шартӏалги ругони, гӏадамаз жидерго рукъги ракьги рехун теларо.

Шагьаралдаса — Цӏунтӏе

«Земский тохтур» пачалихъияб программаялда рекъон, чанги тохтур ва медицинаялъул гьоркьохъев хӏалтӏухъан вуго магӏарул росабалъ хӏалтӏулев. Гьединазул цояй ккола Цӏунтӏа районалъул Кидеро централияб больницаялда бетӏерай тохтуралъул заместитель ва акушер-гинеколог Хадижат Гӏалихазумова.

Хадижат гьаюна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ. Къисматалъ гьей ячана Лъаратӏа районалде, гьение росасе ана.

16 соналъ хӏалтӏана Хадижат Лъаратӏа районалъул централияб больницаялда батӏи-батӏиял хъулухъазда. 2007 соналдаса 2019 соналде щвезегӏан нухмалъи гьабуна Лъаратӏа районалъул родильнияб отделениялъе ва цадахъго хӏалтӏана акушер-гинекологлъун.

Гьелъ лъугӏизабуна Волгоградалъул медицинаялъул универститет. Гьенибго лъугӏизабуна акушерствоялъул ва гинекологиялъул ординатураги.

Лъагӏелгӏан заман буго Хадижат шагьаралдаса рикӏкӏадаб Цӏунтӏа районалде хӏалтӏизе аралдаса. Жийго магӏарухъе иналъул, гьенир ругел шартӏазул, хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана нижее Хадижатица:

— Цееккун дун хӏалтӏулей йикӏана Лъаратӏа районалъул централияб больницаялда родильнияб отделениялъул нухмалъулейлъун. Кӏиго соналъ цее гочана Махӏачхъала шагьаралде ва «Акрополь» клиникаялда хӏалтӏулей йикӏана акушер-гинекологлъун ва узи гьабулей тохтурлъун. Араб соналда дир лъай-хъвай ккана Цӏунтӏа районалъул централияб больницаялъул бетӏерай тохтур Мадинат Рамазановнаялъулгун. Гьелъ гьесизаюна дун «Земский тохтур» программаялда рекъон хӏалтӏизе Цӏунтӏа районалде гочине. Гьедин араб соналдаса нахъе дун Цӏунтӏа районалда хӏалтӏулей йиго узи-тохтурлъун ва больницаялъул бетӏерай тохтуралъул сах гьариялъул рахъалъ заместительлъун.

-Районалъул гӏадамаз, коллективалъ кин мун къабул гьаюрай?

— Гӏадамазул лъикӏлъи бихьани, гьаниса нахъего ине бокьиларо. Коллективги буго цӏакъ лъикӏаб, жидерго хӏалтӏиги лъалел, гьудуллъиялъулаб бербалагьиги бугеб. Дидаги гьез берцинаб дандчӏвай гьабуна. Коллективалда гӏемерисел руго республика бахун къватӏир цӏаларал, хӏалтӏарал, хӏалбихьи бугел специалистал. Жидерго ватӏаналде тӏадруссун, гьенир хӏалтӏулел руго гьел.

-Хӏалтӏуда шартӏал ругищ? Жаний чӏезе рукъ-бакӏ кьунищ?

-Хӏалтӏуда шартӏал квешал гьечӏо, кинабго лъикӏ буго. Рукъалъул суал дагьаб захӏматго тӏубанин абизе бегьула. Больницаялда аскӏоса гӏебеде рукъ букӏана дие бихьизабун. Гьенир шартӏал рукӏинчӏо, гьединлъидал дица рикӏкӏад бугониги, Гьигьалъ росулъ батана данде ккараб бакӏ, рукъ гьениб ккуна. Радал-бакъанида, гӏемерисеб мехалда йилълъун уна Гьигьалъ росулъа Кидерое хӏалтӏуде. Лъабго километралъул манзил буго кӏиябго росадада гьоркьоб. Дицаго гӏарацго кьола рукъалъухъ, кьуниги гьенир дие данде кколел шартӏал руго.

— Хадижат, харжалъул рахъ босани, шагьаралдайищ цӏикӏкӏун щолеб букӏараб, гьенибищ щолеб?

— Путиница тӏаде биччараб гӏарацги рикӏкӏун, харж гьаниб цӏикӏкӏун щола.

— «Земский тохтур» программаялда рекъон кигӏан гӏарац кьураб ва заманалда щванищ гьеб?

— Хӏалтӏизе лъугьун, къотӏи-къай хъван кӏиго-лъабго анкь иналде гӏарац бачӏана. Мугӏрузул борхалъуда букӏиналъул рахъги хӏисабалде босун, миллионгун бащдаб щвана дие.

— Ракӏ бухӏанищ гьение хӏалтӏизе иналдаса?

—Гьеб буго дагьаб захӏматаб суал. Ракӏги бухӏичӏо, амма лъималаздаса дагьай рикӏкӏад йикӏиналъ рекӏее рахӏат букӏунаро.

Кӏиго вас ва щуго сон барай яс йиго дир. Кӏудияв вас цӏалулев вуго Политехникияб университеталда, гьитӏинав вас цӏалулев вуго 11 классалда. Гьел руго шагьаралда. Дица цадахъ ячун йикӏана яс, гьание ясли-ахалде йитӏилин абун. Амма гьеб суал дагьаб захӏмалъана нижее. Яслиялда бакӏги щвечӏого, щибаб къоялъ хӏалтӏуде нахъе цадахъ ячине ккана дица гьей.

Гьелъиеги диеги бигьаго букӏинчӏо гьедин хьвадизе.

-Отпускалъ ине бегьулищ? Хъизан-лъималазухъе ине, гьел рихьизе рес щолищ?

— Отпускалъги ине бегьула. Шагьаралда тохтурзабазул семинарал, нижее рихьизарурал данделъаби ругони, гьениеги уна. Больницаялъул нухмалъи бичӏчӏи бугеб, кумекалъе ратулел руго.

— Къоялъ чан чи вачӏунев духъе хал гьабизе?

— Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун чи вукӏуна щибаб къоялъ.

-Щуго сон ун хадуб, гьенийго хӏалтӏизе чӏайин абуни, бокьилаанищ чӏезе.

— Бокьиларин ккола. Хадуб щиб ккелеб лъаларо.

— Мунго гӏадин гьаб программаялда рекъон хӏалтӏизе инин ккаразда щиб дуца абилеб? Унищ лъикӏ хӏалтӏизе, инчӏогойищ?

— Дида ккола хӏалтӏизе бокьарав чиясе лъикӏаб, санагӏат программа бугин гьаб. Заманги гӏезегӏан хехго унеб буго, гьединлъидал бегьулареб хӏалтӏи гуро гьаб.

Патӏимат Мухӏамаева