Россиялъул солдат, улкаялъул вас, Аслан, дур гьунараз хӏайран гьаюна. Ватӏаналъул гӏузру дурголъун тарав, Дагъистаналъул цӏум, чӏухӏула жакъа. Ватӏан цӏунулезул кьеразулъ дуца Дагъ- истаналъул гуч бихьизабуна. Жеги гӏолилазе мисаллъунги мун, гӏагараб ракьалъул мустахӏикъав вас. Гьанже заманалъул бахӏарзазда гъорлъ багьадурлъиялъул цӏар хъвана дуца. Лъебелазул ва- сас бихьизабуна кьучӏал умумузул ирсилав вукӏин. Цохӏо Ватӏаналъул лъимал ругилан нахъеги ахӏана мугӏрузул васас. Аваристаналъул тарих цӏилъизе, дур къохӏехьеялъги лъалкӏ толеб буго. Дудаса рохарал лъимал рихьидал, рекӏей гьабун тараб берцинаб асар. Жидер дада бищун лъикӏав вугилан, ахӏи гьез балелъул, магӏу гирана. Россиялъул солдат, улкаялъул вас, тӏадегӏанлъиялъул тӏогьазда вугев. Къиматаб ракьалъул къадру тӏокӏав вас, Аслан, дуе икъбал гьарулеб буго.

Жакъасеб къоялъул бахӏарзал

Щалха гьел кколел жакъасеб къоялъ- ул бахӏарзал? Гӏезегӏан руго гьел ракълилаб гӏумруялдаги. Амма жакъа бахӏарчиясул цӏар бахъиндал, бищун цебе нилъеда ракӏалде рачӏуна СВОялъул бахӏарзал. Дагъистаналъул тарихалъул тӏехьалда цӏияб къиса хъвалел ругел гьезул щивав мустахӏикъав вуго бищунго тӏокӏал ва берцинал рагӏабазе.

Бокьула гьел ри-хьизе, гьелгун дандчӏвазе, гьезухъ гӏенеккизе. Нижеца гьел ахӏула редакциялде, хъвала гьезул гьунаразул хӏакъалъулъ. Гьаб нухалда иргадулаб дандчӏваялде ахӏун вукӏана Лъаратӏа районалдаса Аслан Къурамухӏамадов. Чӏагоял бахӏарзал. Унго-унгоги, гьезда берчӏвайдал, рекӏелъе бачӏунеб чӏаголъиги. Нилъго гӏадал гӏадатиялги руго гьел, гӏамал берциналги руго гьел…

Амма ватӏаналде къо ккедал, ахир кинаб ккелебалиги пикруги гьабичӏого, гьелъул ахӏи къабул гьабурал гӏажаибал гӏолилал. Аслан лъалалдего, лъалеб букӏана дида гьесул рагъулаб къисмат. Гьесул хъизамалъухъе Махӏачхъалаялъул бетӏер Юсуп Умавов щвараб видео бихьидал, бичӏчӏана дида Асланица жиндирго къисматалда рикӏарал бахӏарчилъиялъул ишанал борхалъуда рукӏин. Гьединго бихьана РГВКялъул телеведущая Хатимат Мухӏамадовалъ гьесул хӏакъалъулъ бахъараб фильмги.

Цохӏо Эбел-Ватӏаналъул лъимал

2022 соналъул октябралда «Ахмат» спецназалда цадахъ Аслан Къурамухӏамадовги ана жиндиего бокьун СВОялда гӏахьаллъизе. Гьев ккана Луганск областалде.

— Тӏоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букӏана гӏицӏго цохӏо миллат – Россиялъул лъимал. Унго-унгоги, рагъулаб гьудуллъи букӏун бугеб хирияб. Гьитӏинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватӏаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракӏал цӏурал, цохӏо къисмат бугел гӏолохъабазул гьудуллъи. Гьедин букӏинчӏебани, ракьги бухъун, гьенир гьарурал «рукъзабахъ» регарахъун рукӏарал нижее бецӏал сардалги гвангъилароан. Гьелъго ккун рукӏун ратила ниж. Гьеб киналдего тӏадеги — цого пикрабиги, цого мурадалги, анищалги цого рукӏана нижер – Ватӏаналъул гъасда даим бакараб цӏаялъул гвангъиги, хинлъиги, кунчӏиги цӏуни. Амма… кутакалда захӏмат букӏана гьудулзаби ками. Чан магӏу гирараб гьезул жаназабазде. Гьеб букӏана цӏакъго гъваридаб пашманлъи. Гьединал лахӏзатаз гӏумруги кӏочон толаан, гӏагараб Дагъистаналъул сипатги тӏамулаан цебе. Чан лъукъарасе гьабизе кка- раб кумек. Нижер щивав хӏадур вукӏана цогидазе гӏоло гӏумру кьезе. Гулбузул цӏад хьолбохъ балеб бугониги, ургъел букӏунароан — нижеца лъукъаралги чӏваралги гъоркь тезе бегьуларон. Гьединаб букӏана рагъулаб гьудуллъиялъул багьаги къуватги, — ян бицана Асланица.

Улкаялъул къисмат кодосел васазул гьа

— Апди Алавудиновги гӏемер вачӏунаан нижехъе. Кӏудияб божилъигун ва хьулгун ралагьулаан ниж гьесухъ, — илан цӏидасанги бицине байбихьана Асланица, – гьев вукӏана унго-унгояв бихьинчиги бахӏарчиги. Жиндирго каламалдалъун гьесда кӏолаан анцӏила микьилъ ругел гӏолохъабазул гӏумруялде рокьи тӏадбуссинабизе. Чан нухалда дандчӏварав хвелгун. Амма гьел лахӏзатазгицин кӏочонеб букӏинчӏо Ватӏаналде рокьи аслияб букӏин. Гьедин букӏана нижер щивасулъ беролеб цӏаялъул ахӏи – ватӏаналде — рокьи, тушманасде – ццин. Нилъер бахӏарчиял умумуз цӏунизе кьураб Ватӏаналъул къисмат нижер щивасда бараб букӏана. Гьеб бичӏчӏулаан нижедаги. Щиб жо, масала, дие кколеб Ватӏан – эбелалъул кечӏги, инсул кьвариги, хъизанги, талихӏалъул гараллъун дие ругел лъималги, Дагъистанги, Россияги. Гьеб кинабго букӏине гьечӏо кӏудияб Россиялъул гъасдаги гӏодобе биччай гьечӏони. Дие дагьабги хиралъана Ватӏан гьеб ункъо моцӏида жаниб. Бичӏчӏуларебги бичӏчӏана – ватӏан гьечӏони, гьечӏо гӏумруги.

Тӏоцебесеб къоялдасаго байбихьана нижер рагъулаб гьудуллъи. Гьениб букӏана гӏицӏго цохӏо миллат – Россиялъул лъимал. Унгоунгоги, рагъулаб гьудуллъи букӏун бугеб хирияб. Гьитӏинабго чадил кесекгицин бащад гьабун бикьулеб, ватӏаналде бугеб рокьиялъ цолъизарурал, тушманасде бугеб рокьукълъиялъ ракӏал цӏурал, цохӏо къисмат бугел гӏолохъабазул гьудуллъи.

Ватӏаналъе бараб гьаялъе ритӏухъавлъун вукӏине бажари ва хутӏи — гьединаб букӏана щивав солдатасул рекӏел ахӏи, — янги абун, угьун биччана Асланица… Унго-унгоги, гьел лахӏзатаз щибдай гьесда цебе бачӏараб – чӏварал гьудулзабазул сипатдай? Гьесдаго цадахъ дунги лъугьана дирго пикрабазулъе. Цебе чӏезабулеб букӏана ракълилаб гӏумру гӏуцӏизе рижарал дир Ватӏаналъул васазул кьварараб ва къвакӏараб гӏамал-хасият. Асланихъги ялагьун, чухӏизе бачӏунеб букӏана дида – гьавги кколелъул жакъасеб бахӏарчилъиялъул вакил. Гьале дол дир мугӏрузул васал, жакъаги нилъер парахалъиялъул хъаравуллъуда ругел. Гьединал пикрабазда дун йикӏаго, кӏалъан ячӏана дихъе Залму Батирова, заман батани, жиндир кочӏохъ гӏенеккиларищилан. Хъвалеб бугеб темаялъе цӏакъго дандеккараб кечӏ батидалги, Асланицаги гӏемер бициндал чӏварал гьудулзабазул, бокьана гьеб гьаниб лъе зеги:

— Санайил ихдаде хириял мугӏрул Харайдухъ жемидал, руссина ниж тӏад.

Орденахъ хвезеян арал рукӏинчӏо, Ун рукӏана, бокьун ватӏан цӏунизе.

Мугӏрул чӏван къункъраби роржунеб мехалъ, Халгьабе хьвагӏулел нижер куркьбазухъ.

Ниж хвечӏо, ниж чӏаго рукӏине руго — Ватӏан хириязе хвел букӏунаро.

Гӏолохъанал лъудби, хириял улбул, Гӏайиб чӏваге – кьураб рагӏи хисана.

Рекӏкӏаб жо батана чарамул гулла, Макьилъ щвела гьанже цо-цо нужехъе.

Ватӏаналде тӏаде къо ккараб мехалъ, Къан борчун букӏана черхалда ярагъ.

Гьеб цӏаруй бухьараб сапар букӏинчӏо, Гьеб налъуй гьабураб нигат букӏана.

Ина сонал. Сверила ихал. Асланилги гьев гӏадал аза-азар гӏолилазулги цӏарал цӏунун хутӏила нилъер Ватӏаналъул тарихалда. Улкаялъул хадусеб къисмат кодосел гьез бараб гьаялъул багьа цӏакъго хирияб ва тӏадегӏанаб буго. Гьанибго рехсезе бокьун буго цоги хӏикматаб лъугьа-бахъиниланги абун, цӏидасанги гарачӏваризе лъугьана Аслан:

— Рагъул цересел кьеразда ругел ниж радалго гьужумалде ине кколаан. Берцинго цебехун унеб букӏараб машина, щибго гӏиллаго гьечӏого, чӏана. Машинаялъуса къватӏиреги рахъун халгьабуниги, жагъаллъараб жоги батичӏо. Щиб гьабилебали лъаларого, чӏун хутӏун рукӏана ниж. Ва цо заманалдасан ниж щвезе кколеб рукӏараб бакӏалде тушманасул рахъалдасан базе лъугьана гуллаги, бахъана квешаб гьаракьги кьвагьиги… Гьеб заманалде гьеб кьвагьи бахъараб бакӏалда рукӏинеги кколаан ниж. Кьвагьа-гӏанхъиги лъугӏана, машинаги, жибго билълъине лъугьараб кинигин, цебехун ана. Бихьулищха Тӏадегӏанав Аллагьасул кумекалдалъун ниж хвалдаса хвасарлъараб куц.

Цӏияб талихӏалъул кунчӏиялъухъе

Иргадулаб рагъулаб тунка-гӏусиялда лъукъана Аслан. Ункъо моцӏ бана гьес госпиталалда. Гьабуна чанго операция.

Тӏубана Асланицаги Ватӏаналде цебе жиндирго налъи. Цӏидасанги ялагьана дун Асланил цӏияб талихӏалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеороликалъухъ: Жиндир дада дунялалдаго бищунго лъикӏавилан гӏаламалъего ахӏулей гьитӏинай яс каранде къалев гӏолохъанав эмен вихьидал, рухӏдаллъизе бачӏана. Гьале доб – Асланил хъизамалда кунчӏараб цӏияб талихӏ — гьесул къисматалъул бахӏарчиял тӏанчал. Биччанте гьелъул кунчӏиялъухъе гьеб гъанситохъ данделъизе гӏицӏго рокьиги берцинлъиги. Гьадинаб буго Россиялъул солдат, Дагъистаналъ- ул вас, Бихьинчилъиялъул ва Къадировасул орденазул кавалер, Лъаратӏа районалъул Гъоркьноб (Гортноб) росулъа Аслан Къурамухӏамадовасул къисматалъул къиса. Жакъасел гӏолилазул хӏакъалъулъ щиб пикру дур бугебилан гьикъидал, гьадин абуна Асланица:

— Нилъер гӏолилал руго лъикӏал, къохӏехьейги бахӏарчилъиги бидулъ бессарал. Хасго гьеб загьирлъана, бихьана, Ватӏаналде къо ккедал. Нилъее умумуздаса ирсалъе щвараб гьеб бечелъи нилъе- цаги хадусел гӏелазухъе кьезе ккола. Дун божула жакъасел гӏолилазда. Гьелгун цадахъ Дагъистаналъул букӏинесеб къисмат талихӏаб букӏиналдаги божула дун. Дица гӏолилазе гьарила сабруги, ритӏухълъиги, гӏакъиллъиги. Гьеб кинабго цадахъ гьезул пикрабазулъ хӏалтӏани, Аллагьасдаги ватӏаналдаги цере къадруяллъун хутӏизе руго.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА