Гьал къоязда социалиял объектал раялъул хӏакъалъулъ бицараб чанго данделъи тӏобитӏана республикаялъул нухмалъулес
198 социалияб бакӏ – планалда
Хамиз къоялъ Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовас тӏобитӏана 2024-2026 соназда социалиял объектал раялъул хӏакъалъулъ бицараб данделъи.
Дагъистаналъул районаздегун росабалъе гьарурал сапаразда, жамагӏатазулгун дандчӏваязда лъала щиб районалда, кинаб росулъ школа, ясли-ах, ФАП, нухал, гӏолел-гӏоларел рахъал ругелали.
Дагъистаналъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, киналго идарабаз кьуна разе кколел бакӏазул сияхӏ. Гьениб буго 198 социалияб бакӏ, гьелъие хӏажалъулин 73 миллиард гъурущин абуна хӏукуматалъул тӏоцевесев вице-премьер Манвел Мажонцица. Цебе-хадуб кинаб базе бугеб, сундасан байбихьизе бугебали халгьабизе кколинги абуна гьес.
«Цо росулъ школа бан батани, гьенибе газ бачин тӏоцебесеб бакӏалда букӏине ккола. Цоги росабалъ спортивиял кӏалгӏаби хӏажат ратани, гьел хадусеб иргаялда тезе бегьула. Киналго тӏаде росарал бакӏал ран лъугӏизаризе ккола. 2024 соналда цебечӏараб масъала буго, разе байбихьарал бакӏал рагӏалде рахъинари», — ян лъазабуна С. Меликовас.
Министерствабазул нухмалъулез бицана жидедаго цебечӏараб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Масала, ДРялъул бакӏал раялъул министр Артур Сулеймановас бицана гӏагарал соназда, аслияб къагӏидаялда, лъай кьеялъул бакӏал разе ругин абун. Кинабниги 86 социалияб объект буго гьал соназ хӏалтӏи гьабизе планалде босараб. Гьезда гьоркьоса 49-ялда хӏалтӏаби гьаризе байбихьизе буго. Цин генералияб планги бугеб, ихтияр кьолел документалги ругел бакӏал раялде кӏвар кьезе бугин абуна Минстроялъул нухмалъулес.
Дагъистаналъул бетӏерас абуна, социалиялги экономикиялги рахъал кьочӏоеги росун, шагьараздаги росабалъги гӏумру цадахъ це бетӏолеб хӏал гьабизе кколин
— Социалияб рахъалдаго цадахъ промышленнияб рахъалдеги кӏвар кьезе ккола. Масала, цере росабалъ рукӏана росдал магӏишаталъулги промышленниялги предприятиял. Гьениб магӏишатги цебетӏолаан, хӏалтӏизе бакӏалги рукӏунаан. Дербенталда букӏана лъабго консервазул завод. Гьенибе нигӏмат баччулаан тӏубараб Юждагъалдасаго. Жакъайин абуни гьениб цониги гьеб тайпаялъул бакӏ хутӏун гьечӏо, — ян абуна ДРялъул бетӏерас.
Мугӏрузул районазда лъай кьеялъул бакӏал разе кӏвар букӏиналъул бицунаго, гьес ракӏалде щвезабуна Цмур росулъ меценатас, гьанжесел тӏалабазда дандекколеб, школа ва общежитие банин абун. Гьеб дагьаб гӏатӏид гьабидал, аскӏор ругел росабалъаги лъимал цӏализе рачӏине рес бугин гьеб школалдеян абуна Меликовас.
ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ бицана министерствоялъ гьабулеб ва гьабизе ракӏалда бугеб хӏалтӏул.
«Ахти росулъ музей къачӏазе буго, гьеб туристазе бокьулеб бакӏлъун лъугьине ккола. Гьединго Махӏачхъалаялда бугеб Рагъулаб реццалъул музей къачӏаялъеги дизайн-проект хӏадурун буго. «Культурная среда» федералияб проекталда рекъон Дагъистаналъул изобразительнияб искусствоялъул музеялдаги капремонт гьабизе буго», — ян бицана министралъ.
Сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалъ бицана ДРялъул бетӏерасул тӏадкъаялда рекъон, разе ругел, къачӏазе кколел сахлъи цӏуниялъул учреждениязул хӏакъалъулъ план хӏадурун бугин абун.
Киналъулго хӏасилги гьабун, тӏаде росарал социалиял объектал раялъул план хӏадуризе кколин лъазабуна С. Меликовас. Гӏадамазе кьураб рагӏи кквезе кколинги бичӏчӏизабуна гьес данделъаразда
Школал ва ясли-ахал
Арбагӏ къоялъ тӏобитӏараб данделъиялда Дагъистаналъул бетӏерас борхараб аслияб суал букӏана 2023 соналъул ахиралде щвезегӏан школал ва ясли-ахал ран рагӏалде рахъинариялда хурхараб.
Данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна министерствабазул вакилзабаз, районазул нухмалъулез, хӏалтӏи тӏаде босарал гӏуцӏабазул нухмалъулез.
ДРялъул Бакӏал раялъул министерствоялъул баяназда рекъон, «Демография» ва «Лъай кьей» миллиял проектазда рекъон, 65 лъай кьеялъул объект (54 школа ва 11 ясли-ах) бан рагӏалде бахъине ккола исана сон лъугӏилалде.
Артур Сулеймановас ва «Аслияб бакӏал раялъул хасаб управление» ФГУПалъул нухмалъулев Ахӏмад Дибировас щибаб объекталда хӏалтӏи унеб куцалъул бицана.
12 школа ва ясли-ах нусабго проценталъ лъимал къабул гьаризе хӏадурун бугин абизе бегьула. Киналго бакӏал разе тӏаде росун руго хасаб управлениялъ ва харж гьабизе буго 700 миллион гъурущин абуна министрас.
а министрас. Гьединго гьаб соналъул ахиралде ихтияр щвезе ккола 1450 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб анкьго школа ва 430 лъимералъе бакӏ бугеб ункъо ясли-ах базеги.
Табасаран, Мухӏарамкент районалда, Къоркъмасхъалаялда, Цӏумада районалъул Тӏисси росабалъ школал разе руго.
Ралел бакӏазда хӏалтӏухъаби гӏолел гьечӏолъиялъул суалги борхана данделъиялда. Тӏадеги гӏада мал росейин ва кӏиго сменаялъ хӏалтӏунги цӏараб болжалалда социалиял объектал ран рахъине кколин лъазабуна ДРялъул бетӏерас.
П. МУХӏАМАЕВА