Гьал къоязда Хьаргаби районалъул бетӏерасул заместитель Асхӏабгӏали Маликов щвана Донецкиялъул халкъияб республикаялде. Россиялъул халкъал цолъиялъул къо кӏодо гьабуна ДНРалъул Мариуполь шагьаралда. Асхӏабгӏали Маликов гьениве щвана культурияб программагун. Гьесда цадахъ рукӏана «Лезгинка» ансамблялъул кьурдухъаби, Гиннессил тӏехьалда цӏар хъварав Гӏумар Хӏанапиев ва цоцо кочӏохъаби.
Гьеб байрамалъулаб тадбиралде рачӏараз баркала кьуна дагъистаниязе, гьениб хъулухъ гьабулел ругел нилъер бахӏарчиял рагъухъабазе.
Мариуполалде цевеги чанго нухалда щун вукӏана Асхӏабгӏали Маликов. СВО байбихьаралдаса нахъе цӏиял регионазул шагьаразде ва нилъерго аскариязухъе чанцӏулго щвана Маликов гуманитарияб кумекгун. Ихдалги Мариуполалъул бетӏер Олег Моргуновгун дандчӏван вукӏана гьев ва республикаялъул рахъалдаса гьезие бажарараб кумек гьабуна
Россиялъул халкъал цолъиялъул къоялъул хӏурматалда А. Маликовас Мариуполалъул мэрасе сайгъат гьабуна буртина, бухари-тӏагъур ва ханжар
Асхӏабгӏали Маликов исана цӏализеги лъугьана Мариуполалъул пачалихъияб университеталъул пачалихъияб ва муниципалияб нухмалъиялъул факультеталъул ма гистра тураялде. Гьев ккола гьеб университеталда цӏалу лев вугев Дагъистаналдаса тӏо цевесев студентги.
П. СУЛТӏАНОВА