СВОялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьелда гӏахьаллъулел дагъистаниязул ва гьезул гӏага-божаразул хӏакъалъулъ бицунел тадбирал гӏезегӏан тӏоритӏула нилъер республикалда. Гьезул цояблъун букӏана ДРялъул Жамгӏияб Палатаялъул нухмалъулесул кумекчи Гӏалибег Гӏалиевасул хӏаракаталдалъун 8 ноябралда Гъизляр шагьаралда тӏобитӏараб данделъиги. Гьелда гӏахьаллъана Жамгӏияб Палатаялъул нухмалъулев Гӏазизбек Черкесов, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, Сахлъи цӏуниялъул, Социалияб рахъалъ цӏуниялъул, Захӏматалъул министерствабазул, «Защитники Отечества» ва « Мы вместе» фондазул вакилзаби, тахшагьаралъул ва районалъул администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, депутатал.
Гӏолилазул централда гьел дандчӏвана СВОялъул гӏахьалчагӏазул гӏа гарлъигун, гьенив вукӏана лъукъун вукӏиналда бан рокъове вачӏун вукӏарав ва нахъеги дове ине къачӏалев вугев районалдаса цо аскариявги.
Гӏадатияб, рагьараб ва эркенаб хӏалалда араб данделъиялда рорхана гӏемерал суалал. Гьезда гьоркьоб аслияб бакӏ ккуна кинго тӏураларого, хадур рехъерхъун ругел социалиял (коммуналиял шартӏал ва бигьалъалаби чӏезари, гьитӏичазе ясли-ахазда бакӏал гӏунгутӏи ва гь. ц), сахлъи цӏуниялъул суалаз, хӏажатал документал ва справкаби щвеялъулъ ругел захӏмалъабазда хурхарал масъалабаз
Рорхарал суалал росана кагътиде, рихьизаруна гьел тӏуразе кколел тӏадал идараби, кьуна тӏадкъаял.
Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъизе буго хадусеб номералда.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ