Гьаб буго дунялалъулго политикияб гӏумруялъулъ гӏемерго кӏвар цӏикӏкӏарал лъугьа-бахъинал ккараб сон. Цо чанго улкаялда (Франция, Германия, Великобритания, Индия) рукӏана рищиял. Лъалеб букӏахъе, рищиязул хӏасилаз кӏудияб хиса-баси ккезабула пачалихъазул политикияб ва экономикияб гӏумруялъулъ.
Гьелдаго цадахъ дунялалда кколел руго гӏемерал тунка-гӏусиял, рагъ-кьалалъул хӏужаби. Гьаб соналда гьединал кьалул лъугьа-бахъиназ кверщел гьабуна Гӏагараб Бакъбаккуда, Африкаялда ва Азиялда. Граждан рагъазде рачиналде гӏунтӏун, гӏазаб кьуна гьенир ругел гӏадамазе.
Халкъалъе буго зарал
2011 соналда байбихьараб граждан рагъ Сириялда жегиги къотӏун гьечӏо. Гьелъ улкаялда жаниб кӏудияб бихха-хочиги гьабулеб буго.
Лъикӏаб ахӏал-хӏал гьечӏо гӏараб мухъалъул бищунго мискинаб пачалихъ Йеменалда. Гьениб граждан рагъ байбихьана 2014 соналда, амма жеги гӏодобе буссун гьечӏо гьеб. Гӏадамазул гӏумру гьабиялъул гӏодобе ккараб даража, ракъи, зулмухӏал гьаби ва унтаби тӏиритӏи – гьел руго гьеб халкъалъул гӏумруялъул аслиял рахъал. Гьединалго гӏемерал гӏунгутӏаби руго Африкаялъул Сомалиялда, Ливиялда ва Суданалда.
2022 соналда Россиялъул аскарал Гъарабагъалдаса нахъе рачун, Украинаялъул фронталде ритӏарабго, Азербайжан Эрмениязул шагьаразде нахъеги тӏаде кӏанцӏана ва дагьабги хӏалуцинабуна гьениб букӏараб ахӏвал-хӏал. Кин бугониги, Россия гьоркьобе лъугьиналдалъун ахир лъезе бажарана гьел пачалихъазда гьоркьоб букӏараб лъугӏел гьечӏеб тунка-гӏусиялъе.
Украинаялда граждан рагъ байбихьана 2014 соналда. Жакъа къоялде хӏукумат-пачалихъин абизе бакӏ гьениб хутӏун гьечӏо, кинабго биххун, бичун лъугӏун буго. Жакъа Украинаялъул 80 процент ракьалъул бетӏергьаби руго Америка, Польша ва цогидалги улкаби.
Гьеб киналъго кӏудияб заралияб асар гьабулеб буго жакъа дунялалда хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъе. Гьединлъидал дунялалъулго улкабазул рахӏатхвезабун буго Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб бугеб питнаялъ. Гьеб рикӏкӏунеб буго гьаб заманалъул рагъ-кьалазул халатаб сияхӏалда бищунго кӏвар цӏикӏкӏараблъун ва хӏинкъи бугеблъун. Гьел лъикӏал гурел гьоркьорлъаби дагьалги квешаб ахӏвалхӏалалде сверана гьаб соналъул байбихьудасан. Москваялъ гӏайиб гьабулеб буго Вашингтоналде ва НАТОялде.
Америкаялда ратула кьалбал
Гьел рехсарал рагъазул, тункагӏусиязул халгьабураб мехалда пикру бачӏунеб буго цо-цо гьадинал хӏасилал гьаризе:
Цо бугони, рагъ-кьалалъе, тункагӏусиязе гӏиллалъун кколеб гьечӏо (кигӏан нилъеда гьедин батилин кканиги) халкъалъ хӏалтӏизабулеб дин;
Кӏиабизе бугони, халкъал цоцалъ рангутӏиялъе кигӏан дагьабниги кумек, асар гьабулеб гьечӏо гьез цебеккун цадахъаб гӏумруялда гӏемерал сонал ран рукӏиналъ;
Лъабабизе бугони, халкъал, гӏадамал цоцалъ разаризе кӏудияб хӏаракат бахъулеб буго улка-ракьалъул, халкъазул ургъел гьечӏел, гӏицӏго жиде-жидер гӏумру лъикӏ гьабизе бокьарал гӏарац кодоб бугел, амма намус тӏагӏарал политиказ;
Ункъабизе бугони, кинаб улкаялда рагъ-кьал, тунка-гӏуси кканиги, гьелъул кьалбал ратула я Америкаялда, ялъуни Англиялда.
Кинабго лъикӏ бугинги абун нилъ чӏезе бегьуларо
Рачӏинин Дагъистаналъул хӏакъикъаталде. Дунялалда кколел ругел гьел лъугьа-бахъиназул, гьел кигӏан нилъедаса рикӏкӏад ругониги, руго нилъеца хӏисабалде росизе кколел рахъалги. Дица тӏадехун рехсараб кӏиабилеб гӏиллаялъ нилъ дагьалго ургъизе тӏамулел руго. Щайгурелъул нилъералдасаги гӏемерал соназ цо ракьалда цадахъ гӏумру гьабун рукӏарал, тӏадежоялъе цого миллаталъул гӏадамазда гьоркьоб бижулеб буго жахӏда-хӏусуд, кколел буго дагӏба-рагӏи ва тунка-гӏусиял. Нилъерин абуни республикаялда гӏумру гьабулеб буго гӏемерал миллатаз. Гьединлъидал нилъер гьанибги гӏадамазда гьоркьор гьединал цоцада ричӏчӏунгутӏиял ккани, гьелъ расги лъикӏаб хӏасил кьезе гьечӏо. Гьеб букӏине рес гьечӏиланги абун, нилъерабго гьабулел нилъ ругони, цо къоялъ нилъ гьелъул нугӏзаллъун ккезеги бегьула. Анцӏго-къого соналъ цебе лъида ракӏалде кколеб букӏараб хъизамалда номер цоабилев ва номер кӏиабилев эмен вукӏинилан абун? Гьединлъидал гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей, рахьдал мацӏ лъазабиялдасан байбихьун, букӏине кколеб даражаялде бахинабичӏони, Дагъистаналъул миллатазда гьоркьорги гьединал хӏужаби ккезе бегьула. Миллияб тарбия кьеялъул иш «кинабго лъикӏ бугиланги» абун тезе киданиги бегьуларо. Гьеб букӏине ккола миллияб политикаялъул ва диназул, культурияб, гӏолеб гӏелалъе тарбия кьеялъул министерствабазул гуребги, республикаялъул киналниги жамгӏиял гӏуцӏабазулги. Гьениб жидерго бутӏа лъолеб буго жамгӏиябгун пачалихъияб «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъги.
Нилъеда кӏочене бегьуларо тӏолабго ХӀX гӏасруялда Великобританиялъ Кавказалъул халкъазул дин цӏунулебиланги абун, гӏурусазде данде гъазават гьабизе нилъ ахӏун кинаб зарал ккарабали.
«Батӏи-батӏиял халкъазул гӏарцухъ ричун росизе щолел цо-цо нухмалъулездасан пайдаги босун, гьитӏинаб ракьалъул Англиялда кӏвана гӏемерал ракьазда кверщел гьабизе ва «жидее бакъ кидаго тӏерхьунарилан» чӏухӏдаризе. Амма нилъ чӏаго рукӏаго, гьезие нилъеца гьединаб рес кьеларо», — ян хъвана И. Сталиница 1943 соналда. Кьезеги кьечӏо.
Р. Хӏамзатовас хъвавухъе:
Кинабго Европа босарав залим
Загьрудал капсулал квине тӏамичӏищ?
Британиялъул премьер Черчиль,
Честьги ккун досие, тӏаде вахъинчӏищ!
Амма хадусел соназ Англиялъго гӏадаб цогидазул би цӏцӏулеб политика билълъанхъизабуна Америкаялъги. Бихьулеб букӏахъе, гьелъулги бакъ тӏерхьунеб буго. Гьеб якъинго бихьизабуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъда хадусеб дунялалъул тарихалъ. Дунялалъул улкабазда гьоркьоб Россиялъул къимат-къадру дагь-дагьккун борхулеб буго. Гьединлъидал цо улкаялъ бокьа-бокьарабги гьабун, ханлъи гьабулеб заман нахъа толеб буго нилъеца. Гьелъ кумек гьабизе буго дунялалда хӏакъикъияб гӏадлунизамги, гӏодобе биччайги, демократияги букӏинабиялъе. Гьеб пикру загьир гьабуна Россиялъул президент В. Путиница дагьал церегӏан къоязда тӏобитӏараб данделъиялдаги.
Зикрула ИЛЬЯСОВ, «Россиялъул халкъазул ассамблеялъул» Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул председатель