Ахӏмадил Мухӏамад, Махӏмудил тӏармил
Тӏадегӏанал чӏваби хъвалищ кӏиязго.
Дихъа бажаричӏеб дуда кӏванани,
Дица дуй кӏудияб рохел гьабила.
Гьедин хъвана кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулица, жеги гӏолохъанав шагӏир гьанжего гьанже Ахӏмадил Мухӏамадилгун лъай-хъвай ккараб мехалъ.
Гьанисан байбихьана Ахӏмадовасул шагӏирлъиялъул нух. 13 ноябралда гьесул гӏумруялъул тӏубалаан 68 сон. Бачӏунеб итни къоялъ, Аллагьас хъван батани, Поэзиялъул театралда ракӏалде щвезавизе вуго шагӏир. Ахӏмадовги гьечӏого тӏоцебесеб нухалъ кӏодо гьабизе буго гьев гьавураб къо.
Битӏаралда битӏарабин абизе ккола, чи цевеса ун хадуб гурони нилъ кантӏуларо гьесул хӏакъалъулъ бищун лъикӏалги къиматалги рагӏаби абизе.
Чӏаго вукӏаго гьесда абизе щвечӏел рагӏаби ратула къачӏан гьев ракӏалде щвезавулеб къоялъ гьасие гьурщизе. Кинаб илбисалъ ккун чӏезарун рукӏунелали лъаларо, инсан ракьалда вукӏаго гьесда аскӏорги рукӏун абизе кидаго кватӏун ккола нилъ.
Гьединго кколеб буго Ахӏмадов Мухӏамадил хӏакъалъулъ абизе рукӏарал рагӏабиги.
Дие гьев кидаго хутӏана Гьонода росулъа вахъарав цо вугев шагӏирлъун. Аллагьас кьураб гьунар гьаб ракьалда билизе течӏев, хӏажатаб бакӏалда кӏалъазеги лъалев, пагьмуялъул цӏураб ракӏалъул, росуги хирияв, росдал гӏадамалги рекӏее гӏагарав инсанлъун.
Чабхил кӏкӏалахъан кӏанцӏун,
Бекерулеб буго чан.
Чанахъанас нахъойги,
Босулеб буго ишан…
Анцӏила ункъо сон бараб мехалда хъвараб Мухӏамадил «Чанил кечӏ» жакъа гӏемерисел магӏарулазда рекӏехъе лъала. Шагӏир халкъиявлъун лъугьуна гьесул шигӏруги гьунарги халкъалъухъе щвараб мехалъ, гьез гьеб унго-унголъунги къабул гьабидал.
Дун щибаб къоялъ къулула Ахӏмадил Мухӏамадил тӏахьазде тӏаде. Щибаб нухалъ гьениса босизе цӏияб пикруги, цебесеб нухалда рагӏун букӏинчӏеб цӏияб рагӏиги, рагӏабазулъ бахчараб магӏнаги батула нахъе босизе.
Зама-заманалдасан дица цӏалулеб тӏехь буго гьесул «Поэт» абураб пикрабазул къисалъун лъугьараб, магӏарул шагӏирзабазул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ хъвараб. Хӏикматаб асар буго гьеб.
Гьениб буго «Дир шагӏирзаби» абураб бутӏаги. Инхоса Гӏалихӏажиясдаса байбихьун, Гӏумархӏажи Шахтамановасде щвезегӏан, классикаллъун лъугьарал халкъиял шагӏирзабазул гӏумруялъул, бечедаб творчествоялъул бицунеб буго гьес гьениб гӏажаибго ракӏ тӏаде цӏаледухъ.
Гьединго кутакалда дие хирияб асарлъун хутӏана, устар Сагӏид-афандиясул тӏехь цӏалун хадуб хъвараб гьесул кечӏги.
Ахӏмадовасул поэзиялъул дунялалъ асир гьаричӏел чагӏиги ратизе бегьула магӏарулазда гьоркьор. Кинавго чиясе рокьизе тӏадаб гьечӏелъул гьесул кучӏдул. Амма адабияталъул унго-унголъунги магӏнаги бичӏчӏулев, гӏагараб ракьалде рокьиги бугев, мугӏрул иццул тӏагӏамги бичӏчӏулев, тӏалайдухъан беролеб кӏкӏуйги, корониб бежараб чадил тӏагӏамги хирияв чияс жакъаги ракӏракӏалъ, пикру гъварилъуде биччан цӏалула гьесул асарал.
Дир рахъалъан абе Ахӏмадовасда,
Ахӏи-хӏур лъугӏанин, дагӏбаги сванин.
Дагьа-макъал кепкал кодоре щварал.
Гьудулзабаздаги дун кӏочон танин.
Дир рахъалъан абе Ахӏмадовасда,
Ахӏун пайда гьечӏин гьанже кучӏдузул.
Рекӏее рокьарал ракьулъе индал,
Ракьалда вукӏине бигьаяб гьечӏин.
Гьал рагӏабиги хъвана магӏарулазул гьунар тӏокӏав, къанагӏатаб пагьмуялъул шагӏир Жабрагӏил Хӏасановас. Гьел кӏиялго гьудулзаби рукӏана. Шагӏирзабазул мацӏалъ кӏалъан цоцаздаги ричӏчӏулел. Гьединал гӏадамаз берцин гьабула нилъер миллияб адабият.
Ашахан ЮСУПОВ