Дагъистаналъул аэропорталда гӏолохъабаз жидерго хӏалуцин загьир гьабураб сордо-къоялъ макьил рахӏат, кванил тӏагӏам букӏинчӏо гӏемерисел улбузе. Гьединаб мехалда лъикӏалъеги квешалъеги батулеб вацапгиха, гьечӏого гӏоларел жамгӏиял гьиналги.
Гьидерил киналго росабалъа гӏемерал руччаби жанире рачараб вацапалъул къокъаялъул сас къотӏичӏо рогьалил как ахӏизегӏан.
Хадижат: — Битӏахъе цӏадул гурде букӏана къаси черхалда, васал рокъоре руссинегӏан. Гьаз-доз цӏан аэропорталде анадайин хӏинкъун йикӏана.
Чакар: — Ясал, нужее талихӏ батаги, бице дида лъица гьусун, киб бичӏчӏи щун рагъарарал чагӏи гьагъал гӏолилал? Батӏияб къагӏидагойищ букӏинчӏеб Палестинаялъухъ ракӏ унтун букӏин загьир гьабизе?
Патӏимат: — Гьел ккана гьанже сабаблъун Дагъистаналда миллатчилъи бугин ахӏи бахъинабиялъе.
Гӏайшат: — Йо, унго, пайда щиб ха махӏаби рекичӏого гьагъай, гӏолохъабазул гурулъанги яккун чӏи-чӏидулей йикӏарай чӏу жугӏаданалъул. Гьелъул тухумалъул би хьинал лъугӏун ратила. Жакъа ра кӏалде щвана нилъер Суракъат. Гьаглъарал гӏолилазда цеве вахъун бажарулев, халкъалъ хӏурмат гьабулев цониги гӏакъил, цевехъанищ вукӏинчӏев Дагъистаналда?
Мариям: — Щивасул гӏакълуялъ, сабруялъ борцуна лъугьа-бахъунеб. Ки набго бараб буго битӏун бицине, бичӏчӏизабизе бажариялда. Рокъосанго бачӏунеб лъавукълъиялъ лъукъу леб буго гӏолилазул гӏумру. Жидер умумузул лъикӏабщинаб лъи малазе кьезе, гӏураб ракьалде рокьи бижизабизе хӏаракат бахъарал эбел-инсул лъимал росу-ракьалъего пайдаяллъун лъугьуна. Гогьдаризарун гӏезарураз гӏагарлъиялдего балагьги рещтӏинабула. Гьоболасул хӏама хӏортӏе бачанищин абухъего, гӏемерисел мугӏалимзабазеги ургъел гьечӏо щал вахьнаби жидер цӏалдохъабазул, студентазул рахъаниги.
Булбул: — Рогьалилъ мажгитазде какдеги унел, гӏолилазул гӏуцӏиязулъ гӏахьаллъун футболги хӏалел гӏо лохъаби, пулавги белъун цадахъ чаялги гьекъон, зама-заманалдасан чуялги тӏамун, киназего рагьараб гьайбатаб гӏумруялда руго. Гьезул лъудби демонстрациязде рахъун къватӏазда чӏичӏидуларо, чӏахӏиязул адабги гьез рехуларо.
Патӏимат: — Бихьулищха жидерго тӏадагьаб божилъиялъ къосарал, лъикӏаб-квешаб батӏабахъизе ро къоб малъичӏел гӏолилазда лъо лел цӏарал: цо-цо бусурбабаз ба хӏар залин, дин батӏияз согӏал миллатчагӏийин, нилъерго тӏадчагӏаз гӏакълу гьечӏел жанаваралин. Нилъедаго буго гӏайиб.
Хадижат: — Дол, аэропорталде гьужум гьабуралго гӏадал «бахӏарзаз» нилъер гьанир ругел жугьутӏазеги хӏинкъи кьолеб гӏадаб хабар рагӏана.
Асият: — Гьанир ратиларо ягьудиял? Хадижат: — Щай рукӏунарел, гьезул гӏемерисел Дербент районалда руго, таталин абула гьезда.
Чакар: — Йо, гьел нилъерго чагӏи ругоха. Абадиялъ гьанир рукӏарал гьезда бугеб гӏайиб щиб? Жугьутӏал, шигӏитал, насраниял рукӏа — нилъер диналъе, яшавалъе щиб зарал гьезул бугеб? Шагьаразда букӏинарищ, росабалъгицин кигӏан хӏурмат гьабулеб букӏараб нилъеца миллат батӏиял чагӏазул! Цониги росу букӏанищ нилъер гьаниб гӏурус мугӏалимзаби яги тохтурзаби камураб? Кигӏан берцинаб гьоркьоблъи букӏараб. Цоцалъ би жубачӏеб цониги миллат гьечӏо Дагъистаналда. Кинаб миллатчилъиялъул бицунел гьал?
«Гӏолилал, къимат гьабе Дагъистаналъул»
Магӏлъун къала рекӏелъ дагъис таниял хъачӏал, гьагал миллатчагӏилъун рихьизарурал ахӏиял, хъвай-хъвагӏаял жамгӏиял гьиназда ратидал
Ракӏалде щола дирго лъимерлъи, тӏоцебе цӏалараб гӏурус тӏехь (Елена Ильиналъ хъвараб «Четвертая высота»), цӏалдезе дилъ рокьи бижизабурай Краснодаралдаса нижер нус Зинаида. Руччабазул тохтурлъун хӏалтӏулаго гьелъул гӏумру ана магӏарухъ, кьолбодаса тӏечӏо нижее гьелъ кьураб наслуги. Магӏишатяшавги букӏана кигӏан цеетӏурай магӏарулалдаса нахъе ккечӏеб. Гьединал мисалал нус-нус гьечӏищха Дагъистаналда. Байбихьул классал лъугӏидал, Зинаца кверги ккун щвезаюна Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалъул гӏурус мацӏалъул ва литератураялъул мугӏалим Зоя Николаевнаялъухъе. Жакъа гӏадин ракӏалда буго: «Зинь, ты за девчонку не переживай», — инги абун, дун аскӏое цӏараб сентябралъул къо. Гвангъараб гьимиялъул, узданаб ретӏа-къаялъул берцинай чӏужугӏадан, даимго хутӏана рекӏелъ гьелъул дарсал.
Дарсидаса хадуб заманалъ нижеца Зоя Николаевнаялда гьарулаан гьелъул берцинаб бахча бихьизе рачеян. Розабиги гӏицӏго гьелъул ахикь гурони рижуларин кколаан гӏисинал нижеда. Эркенаб заманаялъ ясазе гурдал лъутӏизе, рукъизе малъулаан гӏурус мугӏалималъ.
Мариям: — Ниж эбелалъ ритӏулаан Клавахъе нису-рахь босун. Къецбан рукӏунаан гьелъухъе ине гъираялда. Пихъил цӏун кьолаан тӏадбуссун цӏарагӏ. Йикӏарай недегьай гӏадан.
Гузуне: — Нижехъ йикӏарай мугӏалималъул хӏеренлъи гӏумруялъ кӏоченаро. Хадуб Мариямин абун цӏар хи сана, устарасухъе ун вирдги босана. Росдал хабалалъ юкъунги йиго.
Маржанат: — Нижер мадугьалихъ йикӏана Клава. Гьелъухъ данделъулаан, хадур нижехъе рачӏунаан нилъер районалда гӏумру гьабун ругелщинал гӏурус ясал. Анцӏ-анцӏ соназ гьез лъай кьурал нилъ капурлъунищ ругел? Гьелъул гӏаксалда, нилъер гӏадат-гӏамалги динги босана гӏурус ясаз. Гьезул гӏемерисезул наслу нилъеда гьоркьоб буго.
Щиялъ цоцазе гьурщана лъимерлъудаса нахъего нижерго росабалъ ратарал гӏурус руччабазул хинал ракӏалдещвеял.
Гӏурус мугӏалимзабазул бицунаго, ракӏалде щвана университеталда гӏурус литератураялъул дарсал кьурай профессор Плахарская Маргарита Артемовна, гьелъул малъа-хъваял.
«Дун гӏемер сверана нилъер улкаялда, машгьурал классикал гьарурал, гьез гӏумру гьабурал бакӏазде щвана, щибаб бакӏ дица данде кколаан Дагъистаналда. Гьадинаб, гӏадамалги, гӏадаталги, тӏабигӏатги берцинаб бакӏ дида батичӏо. Гӏолилал, дица ракӏракӏалъ абулеб буго, къимат гьабе Дагъистаналъул. Цӏуне умумуз дарслъун тараб намусги яхӏги. Гьаб дунялалъул рекъелги парахалъиги гӏуцӏун буго лъикӏабщиналъул кьучӏалда, гьеб биххизе тани биххула дунял». Жегиги камилго кинха абилеб.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА