Рекӏкӏаб ахӏиялъул кӏичӏикь
Палестинаялде рещтӏараб къварилъиялъ пашман гьавичӏев чиго ватиларо нилъеда гьоркьов. Амма лъалеб жо буго, киб бугебги балагьаб ахӏвал-хӏал жидерго хасал мурадазе гӏоло хӏалтӏизарулел къуватал рукӏин. Гьезул кодор ясикӏабилъун руго, ракӏги биги гьалдолел, рекӏкӏаб ахӏиялъул кӏичӏикье ккарал нилъер гӏолохъабиги. Гьеб чорокаб политикаялъул гьаниб бицун хӏалги кӏвеларо.
Исламияб дин загьирлъаралдаса нахъе гӏара бияздаги ягьудияздаги гьоркьоб батараб рокьукълъиялъул биценги тарихалда бикӏун буго. Илбисалъул нух да даимлъарал бакътӏерхьул улкабазул бецӏал къу ватаздаса бергьине бусурбабазул улкабаз гӏамал гьабунгутӏиялда гӏажаиблъула бакътӏерхьул пачалихъазул политикаялдаса рикӏкӏадал гӏадамал.
Кин гьабилеб нилъеца рикӏкӏадаб улкаялда ругел динцоязе кумек? Гӏицӏго Аллагьасда гьарила, дугӏа гьабила! Батӏияб къагӏида жакъа гьечӏо. Рикӏкӏад чӏезе хӏаракат бахъила мекъаб нухалъ унездаса. Илбисалъул нух ккуразул къорикье ккараз бачун бачӏунеб питна дагьабищ бихьараб нилъеда? Баракат гьечӏолъиялъул тӏирабаз тӏубан нилъер республикаялъул гьумер хъублъизабизе хӏаракат бахъана гьез гьаб нухалдаги. Миллатазда гьоркьобе ракьа рехулеб букӏин якъинлъаниги, нахъеги гъобго къорикье ккезе щай нилъ чӏолел? Щайха гӏолилал гьедигӏан рикӏкӏалъун ругел дагъистаниязе хасиятабщиналдаса? Гӏемерисез, цо кӏалдиса гӏадин, такрар гьабула гьеб бугин хъизаналъгун цӏалул идарабаз ватӏанбокьиялъул кьучӏ лъунгутӏи, гӏолилазул агъаз гьечӏолъи, эркенлъи хӏалакин, хӏалхьи цӏикӏкӏин! Гьелъиеги тӏадругезул тӏалаб хӏажат гьечӏищха, тарбия-лъаялъул кьучӏ щулаго лъеялде ургъаралани рикӏкӏалъилаандай гӏолилал нилъерго улкаялъул гӏуцӏиялдаса? Гьаб суалгун масъала къойил борхизе, батӏаго бицине ккарабги буго.
Дагьал гъорлъе раккун бачинин гьаниб цо мисал, цӏакъ гӏадатияб, гӏемер дандчӏвалеб. Ункъо лъимер бугеб, гьоркьохъеб ресалъул, хъизан буго шагьаралда яшав гьабун. Тӏоцесеб лъимер — яс, росулъ гӏурав, иман-исламалъул, светияб лъаялъул лъикӏаб кьучӏ щварав росуцоясеги кьун берцинаб яшавалда йиго. Хадур гӏолел васазе магӏишат гьабулаго, ригьзал гӏуцӏулаго эбел-инсул заман къанагӏалъана лъималгун гӏодорчӏун хабаралъе. Школа лъугӏана, махщел щвезеян цӏализе лъуна. Кидагосел масъалаби — гӏарцухъ гурони кьун бажаруларел экзаменал! Аслияб жо — спортзалазде хьвадулел ругоян вохун вуго эмен. Сардилъ къватӏире ахӏулел гьудулзаби цӏикӏкӏана, мегеж ризлъарабгӏан эбел-инсулгун ракӏрагьараб хабар лъедерлъана. Гогьдаризарун, берцин рихьун гӏуна доб хъизаналъул гьайбатал васал. Ригьнал гьарулаго мавлид бегьичӏо, сухӏмат гьукъана, гӏиллаго гьечӏого чӏегӏербарал нусалги рещтӏана къавулъ.
«Нужер гьал васал мекъаб нухде кколел ратизе гуринха», — ян гьезул хьвадиялда щаклъун, ракӏунтун гӏакълу кьолел гӏагарал чагӏазухъ гӏинбачӏо эбел-инсуца. «Нижер васазул магжилгун тӏажазул бицине ирга щун руго гьал, мода буго гьанже гьединаб», — ин бадиб тӏил кьабараб гӏадин жаваб кьуна эбелалъ. Къватӏисан босун бачӏун васаз бицанщинаб ургьибе биччана гьез. Яцгун, дурцгун дагӏбадана нужей рабитӏаги чӏумалги щаян. Сверухъ ругел вацгӏалзаби добго «мода» гьабеян жидедаго хадур цӏазе лъугьана, рикӏкӏалъана кьолбол чӏахӏияздаса. Гьеб буго хӏакъикъат!
Лъел цӏураб парччи нилъеца чӏобоголъизабидал, гьаваялъ цӏоларищ, хъанхъара, рищни-хӏур бакӏарун заманаялдаса хъублъуларищ? Ботӏролъе, рекӏелъе тӏинкӏулеб чӏахӏиязул гӏакълу, эбел-инсул малъи, щибабкъойилаб тӏалаб гьечӏони, гьодорлъиларищ лъималазул ракӏал? Гьеле гьеб чӏобоголъиялдаса пайда босизе, жидерго мурадазул мугьал рехизе жанисел тушбабиги рукӏинарищха хӏадурун. Гӏемер хӏалбихьи щварал гьезул чукъби камураб бакӏ кибго гьечӏелъул.
Тӏадехун мисалалъе рехсараб хъизамалъул васалги дол «дагъистаниязул бахӏарчилъи бихьизабе» абун аэропорталде ахӏулезул кьеразулъе ккана. Гьанже эбелэмен бетӏерги ккун, жидерго свериялда хӏукуматги какун, кире, лъихъе кумек гьарун инелали лъаларого руго хутӏун. Бицун бичӏчӏичӏесда бихьун бичӏчӏулин абулаан умумуз.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА