Гьал къоязда Гӏурус театралда бихьизабуна Расул Хӏамзатовасул «Цӏуне улбул» абураб асаралъул кьучӏалда гӏуцӏараб спектакль. Гьелдалъун рагьана Балеталъул ва операялъул театралъ жиндирго иргадулаб сезон.

— Эбелалъул кечӏ. Гӏумруялъулго аслу. Гьеб кечӏалъ гъола нилъер къисматалда куркьбал. Жибго кочӏолги руго куркьби. Свакан буго эбелалъул кечӏ. Жиндирго магӏица бакӏ гьарурал куркьби загӏипго хьвагӏулел руго эбелалъ цо лахӏзаталъ. Кьурдабазул мацӏги пашманаб буго. Улбузул хъахӏабги чӏегӏерабги кӏазазул дандчӏвай. Кӏиго кьералъул къеркьей. Улбул, парахат кьижа. Цӏуне лъимал. Къункърабазде сверарал васазул ахӏи. Хунзахъ тӏобитӏараб тадбиралдаги гӏахьаллъарав театралъул артист Б. Гӏабасовас гьаб нухалдаги цӏидасанги рачана хъахӏал къункърабазул сариназухъе — гьадинаб букӏана спектаклялъул аслияб магӏнаги кӏварги.

Гьале сценаялда – Дагъистаналъул Халкъияв артист, инсул роль хӏалев вукӏарав Гӏабдула Мухӏамадмирзоев. Шагӏирасул кочӏодалъун гьес жиндирго васасда малъулеб буго эбел цӏунейилан. Эбелалъул роль хӏарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Жамиля Хӏамзатовалъул цееяхъиналъ гӏемерисел руччабазул бадиб магӏу хулизабуна. Спектаклялде ахӏаразда гьоркьор рукӏана СВОялъул гӏахьалчагӏазул хъизамалги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА