Гьаб ахир лъалареб, ахираб лъалареб заманаялъ Дагъистаналде какдолел, бугебщинаб чӏахӏ-къулги хъублъиги гьенибе рехизе къеркьолел гӏадамал гӏемерлъун руго. Раккулел руго гьел жибго Дагъистаналда жанирги, хасго къватӏирги, хӏатта океан бахун дорехунцин. «Щив гьев? ва Щал гьел?» абурал суалаз рахӏат толарел чагӏи нилъеда гьоркьорги гӏемерлъун руго. Бицина дирго пикру. Разилъуларел рукӏинеллъиги лъала. Амма рекӏелъ бугеб къватӏибе кьезе бокьана.
Бисмиллагьги бахъун церехун ина
Тӏоцебе дида кколеб буго, Дагъистаналъул караван Аллагьасул нухде, къиблаялде балагьун унеб бугилан (караваналде гьоркьоре уна аслияб къагӏидаялъ бусурбанал халкъал). Кигӏан караван битӏараб нухде гӏагарлъаниги, гӏемерлъула гьелде хӏапдолел гьаби. Гьезул руруй бугоха жакъа нилъер гӏундузда рагӏулебги. Щибха гьабилеб? Рохизейищ роххилел яги пашманлъизейищ пашманлъилел? Гьайгьай, рохила ва цере рилълъина.
Нилъер гӏагарал мугӏрулги, мугӏрузул Дагъистанги бокьулел гӏадамал гӏемерлъун руго. Гьединлъидал буго тушбабазул хъубаб ахӏи-хӏурги.
Сундасан дица, Дагъистан бокьулел гӏадамал гӏемерлъулел ругин абураб пикру босулеб бугеб? Цебеялда дандеккун, радал Бисмиллагьги бахъун, какиеги чурун, лъикӏаб нигатги гьабун гурони рокъоса къватӏире рахъунарел, хирияб Дагъистаналъул ракьалда хӏетӏе чӏоларел гӏадамал гӏемерлъун ругелъул. Нилъ рокьуларезда кколеб буго, нилъее Дагъистан бокьулеб букӏарабани, нилъ цӏодорал рукӏаралани, нилъ дуниялги талавур гьабун бечелъараб Америка гӏадин бечедго яги къокъаб заманаялда жаниб 4000-ялдасаги цӏикӏкӏун лъимер чӏван «бергьунел ругел» гӏизраилал гӏадин «къуватал» рукӏинаанилан. Нилъее, имам Шамилица васигат гьабун гьечӏо бечедаб Дагъистан бокьайилан, васигат буго «Гьал гӏицӏал мугӏрул рокьа!» – йилан. Гӏицӏал, амма рорхатал, кьварарал мугӏрулги рокьани, Цогояв Аллагьасде мугъчӏвайги бугони, нилъ лъидаго къезаризе кӏоларелъул.
Цо сайталда «цӏакъ гӏакъилав» экономистас абуна Дагъистан нахъе ккун бугила, экономикаялъул гӏалимзабазул гуреб, шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул ва спортсменазул культ цӏикӏкӏун гьабулеб бугелъулилан. Гьез материалияб пайда, ай чӏамчӏам кьоларилан. Дидани бихьулеб буго, Дагъистаналъул тӏолалго балагьазеги захӏмалъабазеги гӏиллалъун шагӏирзабазухъ, хъвадарухъабазухъ, исламиял гӏалимзабазухъ гӏенеккунгутӏиялъ бугилан. Масала, Дагъистаналъул халкъияв поэт ва исламияв гӏалимчиясул руго гьадинал кочӏол мухъал:
Къаникь бетӏер щапизегӏан
Тушманасдаги божуге! — абун.
Машгьурав шагӏир ва хъвадарухъанас абухъе, «Аваристаналъул бищун бегӏераб гӏакълуялъухъ» Цӏадаса Хӏамзатихъ гӏенеккун тушбабаздаги божичӏого жидерго бетӏер хӏалтӏун иш бачарабани, Совет хӏукумат биххизабичӏого, битӏизабизе кӏвелаан. Шагӏирасухъ гӏенеккичӏо ва хъархъалъеги ккана. Дагъистаналъул дунялалдаго машгьурав халкъияв шагӏир Расул Хӏамзатовас абун буго:
Хун лъикӏ, гӏорхъабазда рагъухъан гӏадин,
Рогьоялда къвал бан цо къо базегӏан.
Нилъер КПССалъул ЦКялъул Политбюроялъул членаз, Ватӏанги бичун, ватӏаналъе хилиплъиялъул рогьоялда къвал балалде цебе, гьел мухъазул магӏна босун букӏарабани, гьаб инжитаб хӏалалде улка ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Къудукьа Мусаласдаса байбихьун, Инхоса Гӏалихӏажиясухъги гӏенеккун гӏумру тӏамурабани, нилъ гӏемерал гъалатӏал гьаричӏого рорчӏизе бегьулаан.
Лъица хъуб гьабулеб бугеб?
Дагъистан бокьуларезги, цо-цо бокьулезги гӏемер бицунеб буго нилъер гьаниб чӏахӏ-къул гӏемерлъун букӏиналъул, экология хъублъулеб букӏиналъул. Суал кьолеб гьечӏо, лъица гьеб хъуб гьабулеб бугебилан.
Дагъистанияз, хӏайван хъунани, гьан гуребги, ургьимесалдасанги пайда босулаан, чахъу хъуни рассукӏ гьабунги, махьва-бадаку, бакьал цӏураб гьаналъе хӏалтӏизабунги, пайда босулареб жо букӏунароан. Хӏатта бакӏвалиялда жаниб батараб жо хур беэнлъиялъе хурибе балаан. Турулареб, заманалдасан ракьалде яги цоги пайдаяб жоялде сверулареб жо щибго букӏунароан. Чӏахӏ-къул (мусор) гӏемерлъана, целлофан ва пластик бачӏараб мехалъ. Гьебги бачӏана жакъа нилъгун тушманлъиялда ругел улкабаздаса.
Гьелдасаги квеш ккараб жо буго, нилъ магърибалъулги машрикъалъулги севералъулги югалъулги нухал цолъулеб бакӏалда ругелъул, гӏемерал улкаби лъугьана зулму-хӏалалдалъун нилъеда тӏад кверщел гьабизе. Нилъ данде къеркьана, данде рагъана ва гьез дагъистаниязул гӏамалхасияталде, напсазул экологиялде асар гьабичӏого хутӏичӏо. Дагъистаналда хутӏана тӏаде рачӏаразул цо-цо гьунар тӏокӏал гӏадамалги (шайих Абулмуслим гӏадал) шагьидзабиги, хутӏана напсияб чӏахӏ-къулги.
Гӏемер бицуна аза-азар дагъистаниял Шамил имамасде данде рагъулелги рукӏанилан. Гьел рукӏана гӏицӏал мугӏруздаса цӏикӏкӏун боцӏимал хириял, багьа-багьана батун анир хутӏарал, напсазул экология хъублъаралги, ай чӏахӏ-къулилан абичӏониги, Дагъистаналъул менталитеталда рекъоларел, гьеб хисизабизе къваригӏарал чагӏи. Советияб пачалихъалъулги, жакъасеб капиталистияб гӏуцӏиялде дандеккун, гӏадамазул гьабулеб тӏалаб цӏикӏкӏун букӏаниги, ахираталде рокьи букӏинчӏо ва Дагъистаналда напсияб чӏахӏ-къул тана.
Битӏараб нухда ругони…
Гьаб хиса-баси ккаралдаса Дагъистаналъул гӏемерав сахав чиги лъугӏизавуна ва жакъа какун, гьезда, ай сахав чиясда божулареб хӏалги гьабулеб буго. Щайха Дагъистаналъул муфтиясдаса байбихьун, Чӏикӏаса устарасде (къ.с.) щвезегӏан анцӏ-анцӏ гӏалимчиги, имамзабиги, церехъабиги чӏварал? Гьел битӏараб нухда рукӏун ва гьезул ритӏухъаб рагӏиялдаса бергьине гӏакълу букӏинчӏого.
Жакъа Палестинаялъул халкъ щай гъурулеб бугеб? Гьезул ритӏухъаб тӏалабалдаса бергьине гӏакълу гьечӏого, кигӏан жугьутӏал цӏодоралин бицен бугониги, хӏобол жагьиллъи букӏун. Чӏван гурони гьезулгун данде кколеб рагӏи батизе кӏвечӏого, кӏудиял гӏуни гьезул лъималазда щиб гьабилебали лъачӏого чӏвалел чагӏи руго лъимал.
Жагьиллъи бергьине тезе бегьуларо
Гӏакъиллъиялъ гьел бергьунел гьечӏо, цо гӏабдаласда кӏолила азарго гӏакъиласда жаваб батулареб суал кьезеян абула. Америкаялъул бутӏрулги, гьезда нахърилълъаралги гӏантал рукӏин бихьизабулел хӏужаби руго, жидеего, тӏубарал халкъазего зарал бугониги къотӏаби хвезари, гара-чӏвари гьабунгутӏи, санкциял лъазари. Гьеб гуребги, Аллагьасде дандечӏарал бихьиназулги руччабазулги гьоркьорлъаби тӏиритӏизариялъ, гьерсал рицун ва Аллагьас рижарал халкъалго дунялалдаса лъугӏизаризе лъугьин. Гьединго жидеца гӏемераб заманаялъ пайда босулареб ва босилебищалиго лъалареб боцӏимал, зулму гьабун данде гьаби. Тӏокӏаб кӏудияб ахӏмакълъи кинаб букӏинеб?
Дагъистан, Алхӏамдулиллагь, гьелда дандечӏараб буго ва гьединлъидал нилъ какулелги руго. Какулел руго нилъ, чӏухӏиялъ, гӏамалкӏодолъиялъ, ццидаца, нич тӏагӏиналъ, гӏакълу дагьлъиялъ ва гьезул гӏагарал чагӏаз. Дида гьел берцин рихьуларо, гьездаса гӏемерго берцин бихьула Дагъистаналъул бокьараб росулъ, къотӏнобе рехараб сипатго гьечӏебин кколеб гамачӏ. Дица Дагъистаналъул тушбабазда абулеб буго, гьабилареб лъаниги, цин Дагъистаналъул цӏар бахъилалде, гьанже лъикӏал пастабиги руго, кӏал чуре, Аллагьасда божиялъул гьитӏинабгӏаги асар батани, Бисмиллагь бахъе, какие чуре ва хадуб ургъун абе абулеб рагӏи.
Лъикӏаб букӏинаан Дагъистаналъул тарих цӏалани, цӏа бакилалде гьелъ мунго вухӏулевлъи ва гвенд бухъилалде гьениве мунго ккелеблъи лъан букӏа. Аллагь гурхӏун кантӏизареги нуж! Лъан букӏа, Дагъистаналъул нужеда бараб жо щибго гьечӏо. Гьеб Аллагьасул цӏуниялда гъоркь буго. Нужеца гӏемераб сурсат харж гьабулеб буго Дагъистаналда питна багъаризабизе, кӏолеб гьечӏелъул ццидалъги руго. Нужеда гӏакълудал асар батани, гӏодоре риччан чӏелаан. Аллагьас лъикӏаб хъван батаги. Амин!
Шамил МУХӏИДИНОВ