Гьаракӏуниса Сагӏид (1763-1834)

Гьавуралдаса 260 сон

Гӏалимчи, сиясатияв хӏаракатчи, шигӏир ва педагог.

Сагӏид вукӏана гъваридаб лъаялъул инсан. Гьесда лъалаан гӏараб, парс, турк мацӏал. Гьесухъ цӏалулел рукӏана лъабавго имам — Гъазимухӏамад, Хӏамзат-бег ва Шамил; гӏалимзаби — Ярагъиса Мухӏамад, Игьалиса Сагӏид, Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Гьолокьа Даитбег, Хъваршиса Загъалав, Эндиреялдаса Ташав Хӏажи, Хунзахъа Нурмухӏамад, Яхсаялдаса Юсуп, Ахтиялдаса Мирзагӏали, Гъазданущиса Гӏабдурахӏман ва цогидалги. Сагӏидица кьолаан гӏараб мацӏ, мантӏикъ гӏелму, философия, фикъгьи.