24 апрелалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тӏобитӏана Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батировалъул пагьму-гьунаралъул «Шигӏрабазул гъасда» абураб цӏалдолезулгун дандчӏвай. Унго-унгоги гьеб сверана магӏарул адабияталъул байрамалде. Шагӏиралъул шигӏрияб улкаялде гьоболлъи базе рачӏун рукӏана магӏарул шагӏирзаби, хъвадарухъаби, журналистал, цӏалдохъаби, учительзаби, шагӏиралъул шигӏрабаз жидее асар гьабулел магӏарулал.

Баян:

Дагъистаналъул халкъияй шагӏир. Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат. Залму Батирова мустахӏикълъана Дагъистан Республикаялъул бищунго тӏадегӏанаб шапакъаталъе — «За заслуги перед Республикой Дагестан».

Гьединго халкъияй шагӏиралъе щвана «Орден Дружбы народов», «За доблестный труд», И. Бунинил ва А. Пушкинил, Имам Шамилил медалал, «Хъахӏал къункъраби» ва «Слово» премиял.

Тадбир нухда бачана филологиял гӏелмабазул доктор, профессор М. И. Мухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана З. Батировалъул гьунаралъул нухазул, гьаб ахираб заманалда къватӏире риччарал тӏахьазул, гьелъие щвараб «Слово» премиялъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Марина Ахӏмадова ва Залму Батирова ккола гьеб премия щварал тӏоцересел шагӏирзаби-дагъистаниял.

М. Ахӏмадовалъ гӏурус мацӏалде буссинабун буго З. Батировалъул «Баху-бика» трагедия. «Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан шагӏиралда байрам баркана газеталъул бетӏерав редактор Темирхан Хӏасановас. Гьединго гьес бицана Залмул асараз жиндие гьабулеб асаралъул хӏакъалъулъги, цӏалана гьелъул кечӏги.

З. Батировалъул кучӏдул цӏалана машгьурав шагӏир Шамил Мухӏидиновас, «Дагъистан» басмаханаялъул магӏарул мацӏазда риччалел тӏахьазул редактор, прозаик Гӏайшат Гӏалиевалъ, магӏарул маданият-адабияталде щулиял галабиги лъолаго, рачӏунел ругел, магӏарулазда гьоркьор машгьурал гӏолохъаби Рамазан Халидовас, Махӏмуд Мухӏамадовас, Шамил Зайнулгӏабидовас, Магӏарул театралъул актераз, ИЯЛИялъул фольклоралъул отделалъул хӏалтӏухъан Рашидат Майиндуровалъ, «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиновалъ, Хунзахъ районалъул «Росдал захӏматчи» газеталъул редактор Фатима Мухӏамадовалъ.

Кӏалъазе рахъанщиназул цӏарал рехсезе гьаб гьитӏинабго макъалаялда рес рекъоларо. Киназулго букӏана цохӏо пикру, Залмул асарал наслабазда кӏоченарин, гьекъон къеч хьвалареб гьелъул шигӏрабазул иццухъе унеб нухда хер бижизе гьечӏин абураб.

Халкъияй шагӏиралъе музыкалияб саламги кьолаго, гьелъул рагӏабазда кучӏдул ахӏана «Кочӏолаб Чӏарада» хоралъ, М.-Тӏ. Синдикъовас, Гӏ. Мухӏамадмирзоевас, А. Гӏумархӏажиевас, С. Камиловас, Къ. Кӏулизановас, Хӏ. Хӏамзаловас, Шамил районалдаса Хӏажи Ахӏмадовас, Хунзахъ районалдаса А. Хӏайбулаевалъ ва М. Гъазимухӏамадовалъ.

Шагӏир Гӏалихӏажи Мухӏамадовас магӏарул щвантӏихалда рачарал бакъназ кӏудияб асар гьабуна байрамалъул гӏахьалчагӏазе. Гьединго Залму Батировалъул кучӏдул рикӏкӏана, цӏалана, ахӏана «Хӏакъикъаталъул» тадбиралъул кидагосел гӏахьалчагӏи, тахшагьаралъул №35 школалъул цӏалдохъабаз ва учительзабаз, №18 ва 41 школазул цӏалдохъабаз, Хунзахъ районалъул Цӏада росдал ясли-ахалъул лъималаз, Хӏариколо росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз бихьизабуна «Баху-Бика» трагедиялдаса бутӏа.

Хӏурматияй Залму Батирова, «Хӏакъикъат» газеталъул божарай гьудул!

Баркула дуда гьаюраб къо. Дур пагьму-гьунаралъ ракӏ-ракӏалъулаб хъулухъ гьабуна ва гьабулеб буго гӏагараб магӏарул миллаталъе гуребги, Дагъистаналъул тӏолабго халкъалъе. Гьелъул гӏузрабиги ургъелал-рохелалги дураллъунгоги ккун, бицунеб буго дуца дурго асаразулъ гьелъул бечедаб тарихалъулги гӏажаибго берцинал гӏадатал-гӏамалазулги хӏакъалъулъ. Жеги чанги наслабаз гьоболлъи бала, сапарал рухьина дур хӏикматаб шигӏрияб улкаялде.

Сахлъи дуе, халкъияй шагӏир!

Баркигун ва адабгун «Хӏакъикъат» газеталъул коллектив