Жакъа социалиял гьиназ нилъер гӏумруялъулъ ккола аслияб бакӏ. Гьелъул пайдаялъул ялъуни заралалъул гӏемер бицине бегьула. Инсанасул вукӏа-вахъин, хӏалтӏи-пиша бигьалъизаби гуребги, интернеталъ рес кьола гьениса лъикӏаб, пайдаяб, берцинаб, инсанасул рекӏее гӏагарабщиналде рокьи загьир гьабизе, гьелде цогидал ахӏизе, гьелъул бицине ва гьеб бихьизабизе. Рохизе ккараб жо буго гьелдаса пайда босулел гӏадамал, хасго гӏолилал гӏемер рукӏин.
«Хӏакъикъаталъул» редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана гьединазул цояв — Ражаб Хасбулатов. Социалиял гьиназда миллияб маданияталъул берцинлъи, тарихалъул бечелъи бихьизабулев чи хӏисабалда лъала гьев гӏемерисезда.
— Ражаб, бокьилаан дуца дурго хӏакъалъулъ бицине. Гьабсагӏат сунде машгъуллъун вугев?
— Дица бана 21 сон. Дун ккола Гъизилюрт районалъул Бавтугъай росулъа. Амма дир умумул ккола Гелбахъалдаса. Гьабсагӏат гӏумру гьабун вуго Махӏачхъалаялда. Дун ккола юридикияб факультеталъул студент ва социалиял гьиназдасан дица бачуна магӏарулазулги тӏолабго Дагъистаналъулги тарихалъул, маданияталъул бицунеб ва гьеб бихьизабулеб гьумер.
— Щай хас гьабун гьеб тема тӏаса бищараб?
— Зигмунд Фрейдица абун буго кинабго бачӏунин лъимерлъиялдасанилан абун. Гьитӏинаб мехалда цӏакъ бокьулаан гаргадизе. Гьединлъидал дица байбихьана батӏи-батӏиял темабазда видеороликал рахъизе. Тӏоцебе гьел диего рекӏелгъеялъе рахъулел рукӏана, хадуб социалиял гьиназдаги лъезе байбихьана.
Дие кидаго бокьулаан нилъер тарихги маданиятги ва гъира букӏана гьелде бугеб рокьиги цогидаздаги бихьизабизе. Дир социалиял гьиназда ругел гьурмал, аслияб къагӏидаялъ, цӏун рукӏана жамгӏияб хӏаракатчилъиялда хурхарал темабаз. Пуланаб къоялъ хӏукму гьабуна дирго профиль бацӏцӏад гьабизе ва гьеб тарихалъулги, маданияталъулги, мацӏалъулги ва гӏамм гьабун миллаталъулго рухӏияб бечелъиялъул бицунел темабаз цӏезабизе. Гьелъ лъикӏаб хӏасилги кьуна ва лъагӏел иналде подписчиказул къадар гӏагарлъана анцӏазаргоялде.
— Кин ялъуни лъил жигаралдалъун бижараб дулъ гьеб киналдего рокьи?
— Ватӏаналде бугеб рокьул бицани, захӏмалъила кида ва кин гьеб байбихьарабали мухӏканго абизе. Гьединго рахьдал мацӏалде, маданияталде, тарихалде рокьи лъица бижизабурабали хӏисаб гьабидал, гьеб рахъалъги дида ватичӏо гьавин абун цӏар чӏвазе чи. Амма дие тарбия кьеялъулъ кӏудияб бакӏ ккола дир кӏиябго рахъалдасан кӏудадабазги кӏодоэбелазги.
12 сон барав чи вукӏана дун, кӏудияв инсуе Гелбахъ росдал хӏакъалъулъ хъвараб тӏехь битӏун бачӏиндал. Дун цӏакъ машгъуллъана гьеб тӏохьоде, гьениб бицунеб темаялде ва гьоркьоса къотӏичӏого кӏудадае гьелда тӏасан кьолаан суалал. Заманалдасан дир гьеб гъираги рокьиги цохӏо росдалги миллаталъулги тарихалда къокълъичӏо, гьеб тӏибитӏана тӏолабго Дагъистаналъул тарихалде.
— Кинал тӏахьал цӏализе рокьулел?
— Японияз абула лъималазе пайдаяб асар гьабизе гӏицӏго рокъоб библиотека бугони гӏолин. Нижер рокъобги гьедин букӏана. Дир хъизамалда киназулго букӏана тӏадегӏанаб лъай, гьеб доб заманалда цӏакъ къадруяб ишлъун рикӏкӏунаан. Гьанжеги щибго хисун гьечӏо. Гьедин, дир эбелалъул рахъалдаса кӏудияй эбел йикӏана филолог. Гьелъул рокъор шкафал цӏун рукӏана тӏахьал. Гьединлъидал дица гьелъул рокъоб гӏемераб заман балаан ва, щиб гьараниги, кӏодоэбелалъ инкарги гьабулароан.
Гьединго инсул рахъалдасан кӏудадацаги гьабуна дие кӏудияб асар. Гьев вукӏана ахихъан (агроном), гьесул ахикь нижеца гӏемераб заман тӏамулаан цадахъ. Хӏалтӏи чӏалгӏунгутӏизе цоцазе харбал рицунаан, дица гьесие гӏемерал суалал кьолаан гӏумруялъул, гъветӏ-хералъул, дунялалъул хӏакъалъулъ. Ниж цоцазда кӏалъалаан кочӏодалъун, лъида цӏикӏкӏун лъалеб бугебали бихьизе. Гьес дие гӏемер бицунаан магӏарулазул халкъияб кӏалзул гьунаралъул ва адабияталъул харбал. Гьедин дида лъана Камалил Баширил пашманаб къисаги, Расул Хӏамзатовасул асаралги ва гӏемераб цогидабги. Гьединго гьес дун гьесизавуна рахьдал мацӏалъул лъай гъварид гьабизе ва гьеб ишалъулъ щибаб бергьенлъиялъухъ 1000 гъурущги кьолаан. Гьесул букӏана магӏарул мацӏалда хъварал, рахъарал тӏахьазул гьитӏинабго библиотека. Гьенир рукӏана динияб литератураги классиказул мажмугӏалги.
— Ахиралдаги щиб гьарилеб магӏарулазе ва дагъистаниязе?
— Нилъее киназего Аллагьас тавпикъ кьеги нилъер мацӏги, адабиятги, маданиятги цӏунизе, тарих лъазабизе, гьеб бокьизе ва, нилъехъе гьеб щвараб гӏадин, хадусел наслабазухъеги кьезе. Гьабе «Хӏакъикъаталъе» подписка ва цӏале гьеб.
Надира Гӏамирханова