Питнаялъул байбихьи

Америкаялъулги Гӏизраилалъулги Ираналде данде гьабулеб рагъ байбихьана 28 февралалда, гьеб пачалихъалъул бетӏер Гӏали Хаменеи, политикиялгун рагъулал хӏаракатчагӏи, Минаб шагьаралъул школалда цӏалулел рукӏарал гӏисинал ясал чӏваялдалъун.

Россиялъ кигӏан улкаялъе хӏинкъи, хӏалихьатал ишал гьез гьарулел рукӏаниги, Украинаялъул нухмалъулев ва рагъулаб генералитет тӏагӏинабизе бегьуларин нилъеде ахӏи балел рукӏарал Америкаялъ ва Гӏизраилалъ Ираналъул бетӏер Гӏали Хаменеи ва тӏадегӏанаб рагъул корпусалъул апицерал чӏвай ккола гьез бокьараб улкаялде тӏаде кӏанцӏизе жидер къуват букӏин бихьизаби. Доз бокьараб гьабизе бегьулеб буго, нилъеца нилъго цӏунизе бегьулеб гьечӏо.

Гьеб тунка-гӏуси ккеялъе рукӏана жиндирго гӏиллабиги. 1979 соналда Ираналда ккараб хӏуригаталъул хӏасилалда Америкаялъулги гьеб улкаялъулги гьоркьорлъаби хвана. Гьелъие аслияб гӏиллалъун бихьизабулеб букӏана Ираналъ ядернияб бомба гьабизе хӏаракат бахъулеб бугеб гӏадин.

2025 соналъул июналда Ираналда ва Гӏизраилалда гьоркьоб ккараб рагъулъги СШАялъ ккуна Гӏизраилалъул рахъ. Гьаб нухалда Ираналде риччарал Америкаялъул ва Гӏизраилалъул ракетабаз гьенир гӏумруялдаса ватӏа гьавуна 787 чи. Гьебго заманалда, цо-цо баяназда рекъон, Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазда ва цогидал улкабазда ругел СШАялъул рагъулал базабазда Ираналъул ракетабазул кьаби щвеялдалъун Америкаялъул чӏван вуго 300-гӏанасев чи.

Америкаялъулги Гӏизраилалъулги тӏадецуялде данде Ираналъ гьабулеб буго чӏванкъотӏараб жаваб. Рагъулал экспертазул пикруялда рекъон, Америкаялъул нухмалъулезда ккун букӏинчӏо Ираналъ гьединаб бахӏарчияб дандечӏей гьабилилан. Ва гьанже Америкаялъегун Гӏизраилалъе къваригӏун буго гьеб питнаялде гъорлъе кӏванагӏан улкабиги цӏазе. Гьеб мурадалда батизе бегьулин рикӏкӏунеб буго Азербайжаналъул Нахичеван шагьаралъул аэропорталда цояб ва школалдаса гӏемер рикӏкӏад гьечӏого бортараб цогидаб беспилотникалги. Гьеб Ираналъул хӏалтӏи бугин чӏезабизе бокьун буго Гӏизраилалъеги Америкаялъеги.

Щай Ираналъе мадугьалихъ лъикӏаб гьоркьоблъиялда бугеб Азербайжаналда кьаби щвезабизеян абураб суалги бачӏунеб буго. Ираналъул нухмалъулезги абулеб буго гьеб жидер иш гурилан. Батизе бегьула гьеб Гӏизраилалъ гьабулеб рекӏкӏ. Амма, кин бугониги, Азербайжаналъ армия бокьараб заманалда тушманасе жаваб кьезе бажарулеб даражаялда хӏадурун чӏезабун буго. Гьединал нахъегӏанал жал хӏалел Америкаги Гӏизраилги бугони, бусурбабазул улкаби цолъун, гьезде дандечӏей лъазабизеги бегьула. Заманалъ гьеб дагь-дагьккун бихьизабулебги буго.

Гьебго заманалда Америкаялъул штатаздаги гӏадамаз разилъи гьечӏолъи загьир гьабулеб буго, Халкъазда гьоркьосел къотӏи-къаялги сан гьаричӏого, ООНалъул Уставги хъачӏго хвезабун, жибго жиндаго чӏараб пачалихъалъул бетӏер, гьесул хъизан-лъимал ва сверухълъи кьвагьизарунин абун.

Цолъарал Штатазулгун гъунки гьечӏеб цолъи

Америка ва Гӏизраил Ираналде тӏаде кӏанцӏиялъул мурад бугин рикӏкӏунеб буго цо-цо экспертаз, нарталдагун газалда кверщел гьабиялдаго цадахъ, цӏатариялъул багьабиги цӏикӏкӏинарун, Китаялъул ва Евросоюзалъул экономикаялда кьаби щвезаби. Хадуб, Россиялда кверщел гьабиги. Америкаялъ ва Гӏизраилалъ Ираналда гӏалагъважа гьабуна гӏемерисел пачалихъаз жидер рахъкквезе букӏиналда ракӏги чӏун. Амма иш гьезие бокьухъе ккечӏо. Тӏоцебе Франциялъул президент Макроница инкар гьабуна, Халкъазда гьоркьосел къотӏи-къаял хвезарураб жо гьеб кколинги абун. Гьес амру гьабуна самолетал раччун хьвадулеб «Шарль де Голь» гама кьвагьа-гӏанхъи бугеб бакӏалдаса нахъе, Средиземное ралъдадехун бачеян. Британиялъул Кипралда бугеб рагъул базаялде Ираналъ гьужум гьабидал, Стармер гӏедегӏана Америкаялъ гьеб бакӏалдаса Ираналде кьвагьулеб гьечӏин ахӏи базе. Испаниялъ Пентагоналъе гьукъана жидерго рагъулал базаби Ираналде гьабулеб тӏадекӏанцӏиялъулъ хӏалтӏизаризе. Гьеб киналъго Трампил ццин бахъинабуна ва Испаниялъулгун даран-базар къотӏизабеян буюрухъ кьуна. Рехсарал пачалихъаз гьединаб къагӏидаялда хадубккунги политика билълъанхъизабулеб бугони, СШАялъул Украинаялъулго гӏадаб къисмат Молдовалъги такрар гьабизе бугеб гъира гӏумруялде бахъинчӏого хутӏизеги бегьула.

Ираналъ ядернияб программа гӏумруялде бахъинабулеб букӏин рагъ байбихьиялъе гӏиллалъун кканиги, киназего хӏинкъи бугеб улка кинабин гьикъани, Иран гуреб, Гӏизраил бугин абула рагъулал экспертаз. Гьеб пачалихъалъул хӏукумат хисичӏони, дунялалда ракълилаб парахалъи букӏине гьечӏин лъазабулеб буго гьез. Гьединлъидал бачӏунеб буго пикру Ираналъулгун лъикӏаб гьудуллъи бугеб Россиялъ Гӏизраилалъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби хвезаризе кколин абураб. Щайгурелъул, нилъер бечелъиялдаса гьарзаго пайдаги босулаго, исламалдеги гӏурусаздеги данде бугеб пачалихъ кколелъул Гӏизраил.

Тӏаде кӏанцӏана, амма мурадалде щвечӏо

Рагъ байбихьун ичӏабилеб къоялъ Америкаялъул президент Трампица лъазабуна СШАялъул рагъулал къуватаз Ираналъул киналго самолетал кьвагьизарунин ва 44 рагъулаб гама гъанкъизабунин абун.

Амма СШАялъ ва Гӏизраилалъ, Ираналъ гьарурал ураналъул нахърателал нахъе росизе хасаб спецназ битӏизе бугин лъазабун букӏаниги, гьелда хадур жеги щалго унел гьечӏо. Ракӏалде ккола, гьелъие гӏилла бугин Ираналъул жидерго пачалихъалъул мурадал цӏунизе жеги гӏураб яргъилаб ва бахӏарзазул къуват букӏин.

Тӏаде кӏанцӏараз, щибаб къойил рагъуе цо-цо миллиард долларалъул харжги гьабулаго, Ираналъул хӏукумат тӏаса рехизе масъала цебелъун букӏаниги, гьел мурадалде щвечӏо. Щайгурелъул халкъалъ бетӏерлъун вищана жидеего данде кколев чи. Гьелде тӏадеги, гьеб рагъалъ нартил багьа бахинабулебги буго. Гьелъул хӏасилалда Россиялда данде лъазарун рукӏарал энергетикиял санкциял тӏаса рехизе кколин абулел пачалихъазул, гьездаго гьоркьоб Бакътӏерхьул улкабазулги бутӏрузул къадар цӏикӏкӏунеб буго.

Ираналъул цӏивищарав бетӏер, Гӏали Хаменеил вас, 56 сон барав Можтабаца ва яргъилал къуватазул нухмалъулез лъазабуна жидеца, рухӏалда барахщичӏого, ватӏан цӏунизе бугин абун. Россиялъул президент В. Путиницаги баркана Можтаб Хаменеида тӏадегӏанаб хъулухъалде тӏами ва гьарана бергьенлъаби.

Рагъ байбихьилалде цебе Ираналъул тӏолабго халкъалда ва политикиял хӏаракатазда гьоркьоб букӏинчӏеб цолъи, Америкагун Гӏизраил тӏаде кӏанцӏидал, лъикӏго щулалъана ва тушманасде данде киналго рахъана.

Зикрула Ильясов