…Цӏакъго хирияб ва чӏухӏараб машинаялдаги рекӏун, магӏарухъе жиндирго росулъе тира-сверизе вачӏунев вукӏана богӏоца цулъарав, цеве чи вихьуларев пахруяв хӏаким. Гьесдаго цадахъ машинаялда жанир рукӏана шагьаралъул бетӏер цӏунулезул кӏигоявги. Шоферги нахъе вахъинавун, гьесул бакӏалда рулалда нахъа гӏодов чӏун вукӏана живго пахруяв хӏаким. Гьесие цӏакъ бокьулаан машинаялъул рулалда нахъаги чӏун, жиндирго бажари цогидазда бихьизабизе, гьеб кинан махщалида бачине кколебали мугӏрузул гвандахарал нухаздасан…
Хъахӏлъизе жубараб керчаб каралъ бицунеб букӏана хӏакимчи гӏолохъанлъиялъул ригьалдаса рикӏкӏалъизе жуван вукӏин. Рулалда цун цебе цӏутӏараб гургинаб чехьалъги, бугъил гӏадаб габуралъги, тӏад ретӏараб цӏакъго хирияб ратӏлицаги бицунеб букӏана, моцӏрол харжалъул бадиве валагьун гӏумру гьабун хутӏиялъ, бубудулев вугев бугъа гьев гуревлъи…
Магӏарухъе унел чӏедерал ва гвандахарал шагьранухазухъ балагьичӏого, кьвагьараб гулла гӏадин боржинабулеб букӏана богӏоца ццулъарав хӏакимас чӏухӏараб машина, расги барахщичӏого…
Аскӏор гӏодорчӏун рукӏарал гӏолохъаби гьардолел рукӏана жидерго боссасда, нухалги квешал ругин, дагьаб цебебалагьунгӏаги бачеха, ле, гьаб машинайилан абун.
— Руцӏцӏа, гӏабдалзаби! Нуж лъида малъарулел ругел? Нужеда нусгогӏан лъикӏ лъала дида гьаниб щибаб свери, кибехун кинаб гванда нухазда бугебали… Дун гьитӏинаб мехалъ чанги хӏамуздаги, чуяздаги, гьаказдаги рекӏун хьвадарал нухал руго гьал. Берал къанщунгицин бачине кӏола дида гьанисан машина, нуж щиб бицунел цӏукӏаби!..
— Ахӏмад Набиевич! Нухал цӏакъго квешал руго гьаниса тӏаде. Цевевалагьун баче машина, гӏодобнакӏкӏуца нухал рихьулеб хӏал гьечӏин… Мун цӏакъго мехтун вуго жакъа! Дун виччай рулалде нахъе. Дица бачина машина. Дунлъидал дур шофер.
— Вуцӏцӏа, цӏукӏа! Шагьаралде тӏадруссаралго дица кӏиявго хӏалтӏудаса нахъе рехизе руго нуж, гьедигӏан хӏинкъарал цӏукӏби!.. Тӏаде къо ккараб мехалъ, кинан нужеца дун цӏунизе вугев хъачагъаздаса, жакъагицин гьадин рихха-хочарал чагӏаз…
— Ниж нахъе реханиги кӏваричӏин, Ахӏмад Набиевич, машина цебебалагьун баче, талихӏкьегийин!
— Руцӏцӏа, гӏабдалзаби, рехилищ цо кьурулъа гъоркье, цараца гӏангурбацӏал гӏадин?
— Сундегъундай вуго жакъа гӏабдал? — ян хъачӏго абуна, квешго ццин бахъарав хӏаким цӏунулес. Чӏезабе машина, ниж гъоркье рахъине. Дуего бокьараб гьабулев вукӏа. Нижеда гӏадалъе вахана жакъа мун, дур хъачӏлъиги…
— Дунищ гӏабдал? Нужищ?!.
Ццидал цӏаялъ гьелегьарав, мехтарав хӏакимасул бадиса канлъи босун ана, жиндие мутӏигӏлъиялдаса рорчӏарал гӏолохъабазул хъачӏлъи бихьидал…
Гьев машина жеги хъамун бачине жувана, доба-гьанибги тенкезабулаго…
II
Буччараб накӏкӏил рохьоса тӏаде унаго, росулъе гӏагарлъулеб сверуде щолаго, тӏасагъоркье данде бачӏунеб букӏана, гьединго хъамизабун бачун бачӏунеб цоги машина. Гьеб букӏана шагьранух цӏакъго къваридаб, цо машинаялъегицин эркенго ине бакӏ гьечӏеб гӏадаб бакӏ…
Битӏун кӏиябго машина данде щолеб бакӏалда, циндаго, нухда загьирлъун бачӏана, лахӏчӏегӏераб ретӏел тӏад ретӏарав гӏажаибав чиясул сипат-сурат…
— Чӏа! Чӏа! — ян ахӏулеб букӏана гьес, цоцазе нухги кьезе бокьичӏого, цоцазде тӏаде-тӏаде рачӏунел ругел шоферзаби сундасаялиго цӏунизе бокьараб гӏадин…
Гӏисинккун балеб бугеб цӏадацаги, хъугъун лъураб гӏодобнаккӏалъги жеги хӏинкъи бугеблъун лъугьинабулеб букӏана, борохь гӏадин, кӏичӏардилаго мугӏрузде ххарун унеб бугеб шагьранухлул тӏеренабго чӏоло…
Араб мухъ-рахъ лъачӏого чӏегӏерав ратӏлилав цевеса тӏагӏинги, циндаго, кӏиябго машина дандречӏчӏиги цадахъго ккана… Жеги кьурабалъ багъулеб бугин кколеб букӏана кӏиябго машина цоцалъ речӏчӏараб мехалъ, сверухъе бахъараб гьаракьалъул гӏасияб дандерижи… Дандречӏчӏиялъул кутакалъ кӏиябго машина, шагьранухдаса гъоркье бортун ана, гидалабиги чӏвалаго…
III
Гӏемер кватӏичӏого тӏаде щвараб машинаялда жанир рукӏарал гӏадамазда рихьана, нухлул рагӏалдаса гъоркье машинабазул бурдуз тарал лъалкӏалги, гъура-чункарал хъархъалги…
— Хехлъи гьабун гъоркье рахъа! Гьаниб авария ккараб хӏисаб бугин! — илан абуна шоферас цадахъ рукӏаразда, машинаги чӏезе тун. Гъоба гӏурул рагӏалда тӏалабазда тӏадги речӏчӏун чухӏ-чухӏун ругел машинабиги, доре-гьанире ран ругел чухӏа-кӏутӏарал гӏадамалги рихьидал, гьезие кумек гьабизе журана тӏаде щварал нухлулал…
Чурулъе бортараб гӏункӏкӏ гӏадин, бидул хӏоринивги лъун, гъура-чункун, тӏалабазде тӏадеги вортун, хвалил боснов лъун вукӏана дов пахруяв хӏаким живгоги… Гьесда цадахъ машинаялда жанив вукӏарав кӏиявго гӏолохъанчиясул хӏал рагӏалде бакӏарулеб букӏана…
Тӏасагъоркье бачӏунеб букӏараб машинаялда жанир рукӏарал, анашаги бухӏун, кепалда вукӏарав лъабго гӏолохъанчиясулги тӏаде балагьизе хӏинкъараб хӏал букӏана… Гьезие тӏаде щвараз гьабизе щибго кумек букӏинчӏо – бихьулеб букӏана гьезул цонигиязул хвалдаса рорчӏулеб хӏал гьечӏеблъи…
…Кисан вачӏаравали лъачӏого, гъура-чункарав Ахӏмад Набиевичасда цеве тӏалда тӏад гӏодов чӏун вукӏана довго чӏегӏераб ратӏлилав…
— Кумек гьабе! Дун холев вуго!..
— Мун жеги хвезе рес гьечӏо!.. Дуе дидасан щибго кумекги букӏине гьечӏо!.. Дуе кумек цогидаз гьабизе буго жакъа… Гьанжегӏаги кантӏичӏони, дур иш мекъи ккезе бугоха, пакъир!..
Чӏегӏерав ратӏлилав цевеса паркъун инги, Ахӏмад Набиевич лъавудаса инги цадахъго гӏадин ккана…
IV
Шагьаралъул больницаялъул палатаялда унтарасде тӏаделъун рукӏана хъахӏал халгӏатал ретӏарал тохтурзаби…
— Гӏажаиблъи буго, авария ккун, кьурулъа гъоркье рортарал киналго хвараб мехалда, Ахӏмад Набиевич гьадин чӏаго хутӏи. Талихӏав чи вукӏун вуго гьав, бохги бекун, гьадин чухӏа-кӏутӏунгӏаги чӏаго хутӏарав, — ан абуна цояв тохтурас цогидасда, бетӏерги кӏибикӏизабулаго.
— Къо лъугӏичӏогоха! — ян жаваб кьуна Ахӏмад Набиевичасул бекараб бохда гипсги рекъезабулаго, гӏумруялда гӏемераб жо жинда бихьарав херав тохтурас. Унтунилан гӏадамал холел рукӏаралани, дунялалда чӏагояв чиго хутӏилароан вукӏарав. Хасго нилъер заманалда…
…Цин лъавудаса ун, цинги гӏакълуялде вачӏун, унтул гӏазабалъ кӏвекӏулев вукӏана Ахӏмад Набиевич. Гьесда жеги тӏубанго бичӏчӏулеб гьечӏин кколеб букӏана, жиндиегоги цадахъ рукӏаразеги ккараб балагьалъул хӏасил.
— Дида цадахъ рукӏарал?!. Кир ругел дир ахраникал?! Дида бугеб хӏал бихьизе щай гьел рачӏунарел?! — ан хӏалалъ ццидалъ гаргадилев вукӏана, риччалъе ккун тату хварав шагьаралъул бетӏер… Чӏаха цо дун тӏаде вахъинегӏан!.. Цо къоялъгицин тезе гьечӏо дица гьел хӏалтӏуда, мунафикъзаби. Гьезда лъаларогойищ бугеб боссасул хӏурмат гьабизе кколеб куц!.. Подожди, я еще проучу их разгильдяев! — ан живго жиндиего гъулгъудилев вукӏана унтарав…
— Гӏодове виччай! Дуе ццидахине лъикӏаб гьечӏо. Абулеб буго дуда цадахъ рукӏаралги, доб цояб машинаялда вукӏарав лъабавго гӏолохъанчиги Аллагьасул къадаралде щванилан. Дурго талихӏ буго чӏаго хутӏи. Заманалда нухлулал тӏаде щун рукӏинчӏелани, дурги иш расниги лъикӏ букӏинароан жакъа, — ян абуна херав тохтурас.
— …Нахъеги мун?!.
— Нахъеги дун! – ан абуна, циндаго горда цеве эхетарав довго чӏегӏераб ратӏлилас, унтарасухъги валагьун. – Дуда лъан букӏаха, жужахӏалъул цӏа Синжилалда капурзабазул чурхдуздалъунги ва ганчӏаздалъунги бакулеб жо букӏунеблъи. Кантӏе, имангьечӏ! Нилъ дандчӏвазе заман гӏагарлъулеб букӏин кӏочене тоге…
— Огь, ахӏмакъ! Тӏагӏа дида цевеса!- янги абун, кодобе щвараб жо речӏчӏун балагьизабуна Ахӏмад Набиевичас горда цеве эхетун вукӏарасде… Амма гьев абуни вихьудацин вукӏинчӏо…
V
Сахлъизеги сахлъун, заманалдасан хӏалтӏуде вахъарав Ахӏмад Набиевичасда, цебего гӏадин, ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо кантӏизе, зама-заманалдасан аскӏов загьирлъун вачӏунев чӏегӏерав ратӏлилас кигӏан жив пикраби гьаризе тӏамулев вукӏаниги… Хӏарамаб кванан, кепалда гӏумру тӏамулев, ришватал росун жиндирго нахъарукъ бечед гьабулев хӏарамзадада ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо, живги хвезелъун вижарав Аллагьасул лагъ вугевлъи, иман-исламалъул къатӏра жиндир чорхолъ гьечӏониги. Бикъулев — букъулев, къурасде хӏапдолев, бергьарасда цере накабиги чӏван, таращ гӏадин, хъерщезе нахъе къаларев гьесие ургъелцин букӏинчӏо, жиндир рагӏияталда ругел гӏадатиял гӏадамазул рукӏа-рахъиналъул… Шагьаралда лъим бачине, нухал къачӏазе ва цогидалги гӏадамазул хӏажалъабазе хӏукуматалъ биччараб гӏарац, гӏонкӏкӏоца гьанал къвачӏа гӏадин, букъизе бугеб ресалдаса пайдаги босун, кеп кьабулев вукӏана, кьурулъан гъоркье вортун хадувгицин хвалил пикру гьабизе ракӏалда гьечӏев пахруяв хӏакимчи-далалайчи…
Гьевго гӏадал, гӏорцӏиго лъаларел, какал раниги, Аллагьасукьа хӏинкъиго гьечӏел хӏакимзаби рукӏана Ахӏмад Набиевичасда сверухъ ракӏарунги…
VI
…Гьевго гӏадал фиргӏаназул хъулбузухъе, ракӏалдаго гьечӏого, мех-мехалда, рогьалил гӏужалъ роржун рачӏунел рукӏана забаниятазул вертолетал… Цӏакъго тӏасан ккарал хъамалчагӏи, нахъе квералги кьурун, цо-цоккун рачун унел рукӏана ахӏичӏого рачӏунел хъачӏал гӏабурикӏаз…
Иргадулаб нухалда хӏарамаб гӏарцул цӏураб кӏудияб сумкаги машинаялда жаниб лъун, рукъалъул кӏалтӏе щварав Ахӏмад Набиевичасда цеве паркъана довго чӏегӏерав ратӏлилав…
— Киданиги лъикӏалъе вачӏунаро гьав чи дида цеве!- ян абуна гьес жиндаго.
— Гьеб дида гуреб, кидаго дудаго бараб букӏуна!- ян рукъалъул бетӏергьанасдаги абун, гьев, нуцӏаги рагьун, цеве-цеве рокъове жаниве тӏерхьун ана… щибго рагӏи абизе рекӏеда ватичӏого ахцан хутӏарав Ахӏмад Набиевичги вугелъувго тун…
— Кин гьев рукъ цӏунизе тараз жаниве виччарав, лъазего лъаларев чи?!. Хӏалтӏуде вачӏарав гӏечӏого, гьале къаси дир рокъовегицин вачӏун вуго, ничгьечӏ… Милициялда лъазабизе ккола!.. Кколаро!.. Гьеб мехалъ дунго сурула… Жанив лъола!.. Бегьуларо!.. Гьабщинаб гӏарац!.. Кинаб милиция!..
— Щай дов чӏегӏераб ратӏлилав рокъове виччарав? Киве дов арав?!.
— Дуца бицунеб щиб, Ахӏмад Набиевич! Кинав чӏегӏерав ратӏлилав? Щивниги чи жаниве инчӏо!- ян гьедаризе жувана рукъ цӏунизе тарав хъаравул.
— Кваназе гурони лъаларел чохьочал! Дун беццавищ вугев, дида цеве-цеве рокъове жаниве тӏерхьун арав чи вихьунгутӏизе ккани…
— Инчӏо, Ахӏмад Набиевич!
— Ана! Гьале гьал дирго беразда вихьана!..
VII
..Радакь гӏужалъ гьурмазда тӏад маскаби ххурал гӏадамаз сверун ккураб Ахӏмад Набиевичасул рукъ рагъулаб хъалаялде сверун бугин кколеб букӏана, гьениб жаниб бугеб кьвагьа-гӏанхъиялъухъ гӏенеккараб мехалда…
Ахӏичӏого рачӏараз бахъинабураб ахӏи-хӏуралъ балагь бачӏинабун букӏана, дагьаб цебегицин щибго сас-мухъ гьечӏого букӏараб, ханасул хъала гӏадаб, хӏакимасул мина-свери… Гьезде кьвагьдезе жуварав Ахӏмад Набиевич, гулбуз вас-васун, цӏалкӏу гӏадин гьавун, бидвецӏцӏулаго хун лъугӏулев вукӏана…
— Жакъа буго дир дуе кумек гьабулеб къо!- ян абуна чӏегӏераб ратӏлилас, Ахӏмад Набиевичасул гуллица борлълъараб бетӏералда жиндирго цӏорорал квералги рахъулаго…
VIII
Хвел кидаго, гӏадамазе чан къан, гьезда хадуб лъугьун букӏуна чӏегӏераб ратӏлилъ, тӏасанккун пасалъарал кантӏизаризеги, заманалда кантӏиларин чӏарал ригьинаризеги. Амма кидаго гуро гӏадамазда гьев вахӏшияв хвалил чапар, рагӏад гӏадин, жидедаго хаду-хадув вачӏунев вукӏин бихьулеб…
Мухӏамад Гӏабдулгӏазизов