Кӏиго конфеталъул тӏадегӏанаб багьа
Интернаталдаса цӏалараб автор лъалареб гьаб хабаралъ дие гьабун тараб асар, кантӏизаюн тараб куц! Цин къокъго ракӏалдещвезабулеб буго гьелъул хӏасил:
Маршруткаялда рекӏун ругел гьитӏинав васги гьесул эбелги. Эбелалъул гьеб къоялъ ццин бахъун букӏуна. Кигӏан вас хӏеренго кӏалъаниги, гьей гьесде хичулей йикӏуна. Амма эбелалъул хӏал бичӏчӏарав васас хӏаракат бахъулеб букӏуна гьей гьимизайизе, кӏалъазайизе. Гьелъул гӏаксалда, дагьайги хъачӏго ахӏдола эбел васасде, жиндие мун вихьизецин къваригӏун гьечӏилан, тӏагӏа цевесайилан. Вас гӏодове виччана ва пикрабазулъе жувана. Щибдай ботӏролъе бачӏунеб букӏана гьев гьитӏинав инсанасда, дунялалда бищунго гӏагарай гӏаданалъ тӏагӏайилан ахӏидал…
Маршруткаялда рекӏун вукӏарав цо гӏолилас васасе кьола кӏиго конфета. Васас гьел квинчӏо. Гьес хӏалбихьана эбел рекъезайизе. Бигьагьабун васас (гьесда Ахӏмадилан телин цӏарги) эбелалъухъе, цин цо, цинги цогидабги конфета бегьана, амма эбелалъ инкар гьабуна. Ахӏмадица цоги нухалда хӏалбихьана – гьес конфетал эбелалъул накалда лъуна. Эбелалъул кверги щула гьабун ккун букӏана. Гьесие бокьун букӏана гьей гьимизе, жинца кьурал конфетал росизе. Гӏемераб мехалда сихӏкъотӏун чӏун йикӏарай эбел заманалдасан йигьа-йичун ячӏана – гьелъ Ахӏмадида къвал бана. Гьесул берал кунчӏун рачӏараб куц! Вохиялъул кутакалъ, Ахӏмадица, тӏаса хъалги бахъун, эбелалъул кӏалдир жинцаго лъуна конфетал. Цоцазда къвалалги ран, гӏодор чӏун рукӏана эбелги васги…
Хабаралъул щибаб рагӏи магӏлъун къалеб букӏана дир рекӏел тӏинда, гьелъ борлъ-борлъун балеб букӏана тӏолабго ургьимес.
Унго-унголъунги Ахӏмадица чӏахӏиязеги гӏисиназеги кьун тараб дарс. Эбел ахӏдараб мехалда, гьесул рес букӏана барщун чӏезе, жиндие мунги йокьуларилан гьелде ахӏдезе, эхе-эхеде кӏанцӏезе. Аслияб къагӏидаялда гьедин гурищха гӏисинлъималаз гьабулеб, улбул ахӏдараб мехалда.
Амма дир беразда цебечӏун букӏана тӏубанго батӏияб сипат-сурат — берцинлъиялъ угьараб, лъикӏлъиялъ бессараб, талихӏалъул расеназ хьухьараб, гӏажаибаб гӏумруялда бекӏкӏараб гӏажаибго гьайбатаб накъищ. Гьеле гьединаб букӏана ва буго гьитӏинав Ахӏмадил гӏумруялъул дарс.
«Гьитӏинав Сайгидил
кьурдул «балъголъи»
Гьеб хабар цӏалидал, дида ракӏалде щвана цо гьадинаб лъугьа-бахъинги.
Гьитӏинав Сайгидил букӏана кӏиго сон. Гьесул «кутакаб» махщелги букӏана кьурдизе. Зама-заманалдасан, бабаца къали бухун, дадаца пиштӏул наку бачун, вацал-яцаз хъат кьабун, «концерт» кьолаан Сайгидица. Дида гӏемер ракӏалде щола гьеб лъугьа-бахъин гьанжеги, кӏудияв гӏурав Сайгид вихьидал.
Цо къоялъ мехтун рокъове вачӏарав Сайгидил дада, рокъор ругезе питна бухъизе жувана. Инсул ахӏухъе макьидаса вигьарав гьитӏич, щибго ахӏвал-хӏал бичӏчӏилалдего, кӏанцӏун тӏадеги вахъун, кьурдизе лъугьана. Гьев кьурдулеб мехалда, киналго рохизе кколел рукӏиндалха. Бичӏчӏичӏо гьеб къоялъ лъиданиги Сайгидил кьурдул аслияб магӏна. Ахӏи-хӏуралда ругел эбел-инсуе ургъелго ккечӏо васас питна лъугӏизелъун гьабулеб бугеб кьурдул. Сайгидица кьурди гьоркьоса къотӏизе течӏо, гьев кьурдана, гӏодилагоги, инсуца живго кодове вачинегӏан. Кватӏун кантӏарай эбелги, гьевги каранде къан, гӏодизе жуяна.
Гьебги букӏана гьитӏинав Сайгидица кӏудиязе кьураб жиндирго дарс. Гьелдаса хадур ццин бахъанщинахъе гьесул эбел-инсуца цоцазда абулаан Сайгидил кьурдуца бахъулеб унти бугин гьебилан, дагьаб бугонигицин, дагӏбаялде иш кколеб мехалда.
Цӏалдохъабаз дие
кьураб дарс
Цо пуланаб къоялъ школалде дарсал кьезе арай дун, лъималаз рокъобе кьун букӏараб кечӏ лъазабун батичӏеб мехалда, цӏакъго ахӏдон ятила. Дидагоги бичӏчӏулеб букӏана мекъи йигеблъи, букӏаниги ахӏдонго ахӏдон толей йикӏана. Гьез бицунелъухъги гӏенеккизе бокьун букӏинчӏо. Цо кӏудияб гӏайиб лъималазда гьечӏониги, гьезда тӏад босараб «бергьенлъиялдаса» ракӏ регьунги йикӏана дун.
Амма гьебсагӏаталдаго магӏарул мацӏ хӏалил мадаралъ гурони лъаларев васас абуна жинца цо хабар ургъун бугила, хӏасил бицине бегьиларищин. Гьелде дандеги, вахъахайилан абун, согӏаб жаваб гьабуна дица. Цинги бицун танаха жидер йигей лъикӏай учительницайила, гьелъул хӏеренлъийила абун. Зодилкьерал чӏахӏиял гьелъул берал кидаго гьимулел рукӏунила, жидее бищунго йокьизеги гьей йокьулила. Дунги ургъулей йикӏана, щийдай гьейилан. Хабаралъул ахиралда гьев дида аскӏове вачӏана ва хъатикь ккун букӏараб кагътил гьабураб тӏегь хӏинкъадго бегьун бачӏана дихъе. Дун гьалгъан хутӏана. Цӏолбол гарал гӏадал гургинал гьесул беразда магӏу бетана. Дун цӏоро-гъорона. Ниж кӏиязулго ахӏвал-хӏал бичӏчӏарал цӏалдохъабаз хъатчӏвана ва, дица гьесул бадисан гирун рачӏунел магӏил гарал ракьалде рортизе риччачӏого, дирго квераз кколел рукӏана. Гьеб букӏараб бухӏараб магӏу. Гьеб лахӏзаталъ дие бокьун букӏинчӏо дирго магӏу лъималазда бихьизе, дур-дурун кӏетӏолеб бугеб рекӏел хӏал гьезда бичӏчӏизе. Амма дир ракӏ хӏеккана. Гьес бищунго цӏакъайилан, тӏокӏайилан абидал гуребха. Лъималазул гӏайиб бацӏцӏине цеберагӏилъун рачӏарал рухӏарал магӏил гаразул цӏики бихьидал.
Цинги — рекъел, релъи, рохел. Ва нижеца къотӏи гьабуна, цоцазда ццин бахъанщинахъе, гьеб нахъбуссинабизе, киназго цадахъ хъатчӏвазе. Гьеле гьединаб лъикӏлъиялъул цӏураб дарс кьуна гьеб къоялъ дие цӏалдохъабаз. Гьеб букӏана дир чанго дарсил багьаяб цо дарс. Дицаго диего гьаги бана, цӏалдохъабазда тӏад росарал магӏна гьечӏел «бергьенлъабаздаса» йохунгутӏизе. Ва цӏалдохъабазе дицаго ургъарал «Лъикӏлъиялъул ва Талихӏалъул дарсазде» тӏаде жубана цоги цӏияб пунктги. Гьелда цӏарги тана «Цӏалдохъабазул дарсал», — илан.
Чанги лъикӏалде кантӏизарула нилъ
лъималаз
Нилъеразгоги чияразги. Амма киналъулго гуроха нилъеда магӏна бичӏчӏулеб.
Барщаригицин берцинаб букӏуна лъималазул. Гьезда лъала хехго рекъезеги, бажарула цоцазда тӏаса лъугьинеги, барщарал рекъезе гьез рицунел гьуинал гьерсалги.
Гьезухъа къарзалъгӏаги щай босулареб чӏахӏияз рекӏел бацӏцӏалъиги хӏалимлъиги. Лъималазул буго жидерго бацӏцӏадаб дуниял, нилъ, чӏахӏиял, гьелда квалквадизегӏан. Нилъ жанире лъугьарабго, гьеб дунялалъул бакӏ-бакӏазда хӏапара базе лъугьуна. Аллагьас цӏунагиха цинги, нагагь гьеб хӏапароялъ лъимадул рекӏелъе нух бахъани.
Яхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни…
Цо гьадинаб мисалги бачине бокьун буго.
Маршруткаялда рекӏун ячӏуней йикӏана. Хӏалтӏул ахиралда, бакъанил гӏужалда, рахъун чӏун рукӏинеги, рахуна гӏадамал. Киналго рокъоре гӏедегӏун рукӏуна хӏалтӏудаса хадур. Кӏиго бакӏаб сумкаги кодоб ккун, ригь арай гӏаданги лъугьун ячӏана жание. Гьей жание лъугьиналда цадахъ цо гӏолохъанай эбелалъ лъазабуна шоферасда жинца лъимадухъги гӏарац кьезе бугилан абун. Амма хералъул берал эбелалда аскӏов гӏодов чӏун вугев васасда рукӏана. Цогидазул санагӏалъи букӏинчӏо цӏун бугеб маршруткаялда тӏаде рахъине. Вас чанго нухалда гьесана тӏаде вахъине. Амма эбелалъ тунка-гӏусун гӏодов чӏезавулев вукӏана. Цинги васас киназдаго рагӏизабун абуна жиндир бабал хӏетӏе унтун бугила, гьелъие гӏоло жив тӏаде вахъине санагӏалъи гьабейила. Вас нахъехун вуссана ва гьенив гӏодов чӏун вукӏарав гӏолохъанчиясда абуна, кодовги ккун, жив нахъе вачейилан абун. Васасул санагӏалъи букӏинчӏо, живго къватӏиве вачӏине.
Тӏаде вахъана гӏолохъанчи. Амма херай гӏодой чӏечӏо. Бакӏал сумкабиги кодор кковухъе, гьей рикӏкӏаде ялагьун хутӏун йикӏана. Гъов гӏолохъанчи гӏодов чӏун вукӏараб скамейкаялдеги вахун, вас къватӏиве кӏанцӏана ва хералъе гӏодой чӏезе бакӏ гьабуна. Херай гьимана, васасул кӏаркьада убач гьабуна ва, угьун хӏухьелги биччан, гӏодой кӏусана.
Нечарай эбел, васги вачун, заман щвелалдего, къватӏие яхъун ана. Шоферас эбелалъ кьолеб букӏараб гӏарацги босичӏо. Гьес гӏодове виччан абуна:
— Гьединав вас куцарай духъа жиндица гӏарац босуларилан.
Эбел дагьайги нечана…
Гьенибги дие щвана кӏигогӏаги дарс: цояб — гьитӏинав васас кьураб, цогидаб – шоферас кьураб.
Киналъулха къуват бугеб: квешлъиялде данде гьабураб квешлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб ахӏдеялъулищ, яги, гьелъул гӏаксалда, квешлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулищ, ахӏдеялде данде гьабураб гьимиялъулищ!?
Яхӏ-намусалъул цӏадирабазда лъуни, кинабдай бакӏаб бугеб!?
Къвалал рани…
Бокьун буго цӏар лъаларев авторас жиндирго хабаралъул ахиралда лъурал гӏумруялъул дарсал цоги нухалда, хӏурматиял цӏалдолел, нужееги такрар гьаризе:
Эбел-инсуда къвалал рарал лахӏзатаз нилъер ракӏазулъ рещтӏуна сабру.
Нилъее рокьулездаги нилъ рокьулездаги къвалал райдал, нилъехъе жибго бачӏуна талихӏ.
Лъималазда къвалал райдал, нилъер черхалда ханлъи гьабула лъикӏлъиялъ.
Гьудулзабазда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна рекӏел бацӏцӏалъи.
Гӏумруялда къвалал рани, нилъехъе бачӏуна гӏакъиллъи.
Талихӏалъул нухаздасан
Рикье цогидазе нужерго талихӏалъул кескал. Гьел рикьанагӏан, гӏемерлъула талихӏ.
Хӏурматиял цӏалдолел!
Щайдай дуниял гьадигӏанго берцинаб бугеб? Сундулъ бугеб гьелъул аслияб берцинлъи. Нилъеца цоцазе кьолел гӏумруялъул дарсазулъ.
Макъалаялъул ахиралдаги абизе бокьун буго нилъер хвасарлъи согӏлъиялде, хъачӏлъиялде данде гьабураб лъикӏлъиялъулъ ва хӏеренлъиялъулъ бугилан.
ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА