Гьал къоязда нижехъе гьоболлъухъ вачӏана хасаб рагъулаб операциялъул (СВО) гӏахьалчи Мурад Багьилов. Гьев ккола Гъуниб районалъул Къорода росдал школалъул директорги. РФялъул президент Владимир Путиница мобилизация лъазабураб мехалда, гьеб ахӏуе жаваб кьуразул тӏоцересезул кьерда вукӏана Мурадги.
— Гьабсагӏаталда нуж кинаб бакӏалда ругел, Мурад?
— СВОялде аралдаса, ай 2022 соналъул 24 сентябралдаса нахъе дун вукӏана Запорожье областалда. Малый Токмачка ва цогидал бакӏал нацистазукьа эркен гьариялъул рагъазулъги гӏахьаллъана. Декабралъул ахиралде отпускалъ рокъове витӏана дун. Метер тӏадвуссинеги ккола. Дораса кӏалъана полигоналде вачӏаян, ниж батӏияб бакӏалде ритӏизе ругилан. Кир рукӏине ругел – мухӏканго дида жеги лъаларо.
— СВОялъул кинаб рахъалда жакъа хӏалуцин цӏикӏкӏараб бугеб?
— Парахатаб бакӏго букӏинищха, кьалда ругелъул. Амма хӏалуцин цӏакъго цӏикӏкӏунеб буго Херсоналда. Днепралъул доб рахъалда – нацистал, гьаб цояб рахъалда – нилъерал. Гьедин гьабуна генерал Суровикинил буюрухъалда рекъон. Нилъерал гьаб рагӏалде рачинчӏелани, 15 азаргогӏанасев рагъухъан чӏваялъул хӏинкъи букӏана. Гьел цӏуниялъул мурадалда генералас аскар нахъе бачана.
Гьелдаса нахъе доз кутакалда хӏаракат гьабулеб букӏана нилъерал Херсоналдаса тӏуранго нахъе рачахъизе, амма жидер рахъалде рачӏунезе кьварараб дандечӏей гьабулаан нилъераз. Гӏемерал нацистазе ахир лъуна гьениб. Чӏинкӏиллъаби гӏемераб бакӏ буго гьеб. Аслияб куцалда буго дроназул рагъ. Гьабгощинаб заманалда нилъерал цере инчӏеб бакӏги ккола Херсоналъул ракь. Дир пикруялда, гьанже гьенибе кьаби щвезабизе батила нилъераз.
— СВОялъулги Кӏудияб Ватӏанияб рагъулги заман (халалъиялъул рахъалъ) бащалъанилан тӏибитӏизабулеб буго социалиял гьиназдаса. Хӏасил кинаб бугеб?
— Луганск Республикаялъул ракьазул 99,9 процент нацистазухъа бахъана. Донецк Республикаялъул 10-12 процент хутӏана эркен гьабизе – гьениб бахъичӏого хутӏун буго Славянск ва Краматорск шагьарал. Запорожьеялъулги 80-ниги процент нилъеразухъ буго – Запорожье шагьаралде щвезе 15 километр хутӏун буго.
— Гӏезегӏан ракь эркен гьабуна гьениб, рагъуе ахир лъелародай?
— Рагъ лъугӏи – гьеб буго дова вугев нилъер щивав рагъухъанасул бищунго кӏудияб анищ. Нацистазулгун заманалъулаб рекъел гьабизе бегьуларо. Цо-кӏиго анкьил болжалалда метргун бащалъиялъул биццатаб бетоналъул щулалъаби гьарула доз. Нилъер рагъулаб нухмалъи гьелда разилъиларо.
Рагъуе ахир лъезе ккани, нилъер аскариял ругеб бакӏалдаса 150-200 километралъул манзил эркенго чӏезабизе ккола. Щай? Дозул дроналги ракетабиги нилъеразухъе гӏунтӏунгутӏизе, нилъер улкаялъе гьездаса бугеб хӏинкъи тӏагӏинабизе. Днепропетровск, Сумск, Харьковск областал – гьениб, нилъер аскариял дора гьечӏониги, кьвагьа-гӏанхъи букӏуна, яргъил нахърателал, гьеб гьабулел цехал, цӏатари сокӏкӏарал бакӏал кьвагьизарула. Гьел ракьал рукӏине ккола «буфернияб зоналъун». Гьелде тӏадеги, Николаев, Одесса шагьарал Украинаялъухъ тезе бокьиларо нилъер улкаялъе. Гьеб буго гӏицӏго дир пикру.
Батӏияб иш буго, нилъераз тӏалаб гьарулел шартӏазда дол разилъани. Кӏочене бегьуларо: нилъеда данде къеркьолеб буго тӏолабго Бакътӏерхьул Европа. Аслияб къагӏидаялда жакъа нилъеде данде рагъулел руго къватӏисел улкабаздаса солдатал. Европаялъ Украинаялъе кьолел руго 500 километралъул манзилалде роржунел ракетаби. Гьедигӏанасеб яги гьелдаса цӏикӏкӏараб манзил букӏине ккола нилъер гӏорхъабазда гьоркьоб. Гьанжени Европаялдаги бичӏчӏулеб бугин ккола, жидер хӏаракат гӏададисеб бугеблъи. Гьеб буго гӏорхъодаса щугогӏан километралда нилъераз «Орешник» кьвагьиялъул хӏасил. Гьебги кьвагьизабуна боеголовка гьечӏого. Долъул къуватги гучги бихьидал, кантӏана гӏемерисел.
— Нилъер аскариязул аслияб къагӏида, гьужум (тактика) кинаб бугеб?
— Гӏемерисел бакӏал нилъераз рахъула тушманасда нахъасан тӏадеги кӏанцӏун. Бадиса бадире рагъ гьабулел бакӏал нацистаз кутакалда щула гьарула. Гьел рахъизе къеркьолаго, гӏемерал камиял ккеялъул хӏинкъи буго. Гьединлъидал, тушманасул загӏипал рахъалги ралагьун, балъгоял маневралги гӏуцӏун, тохлъукье тӏаде кӏанцӏула нилъерал. Нилъер солдатал тӏаде рачӏунел рихьидал, бугелъуб ярагъги, документалги рехун тун, лъутизе гӏамал гьабула доз. Гьедин бахъана Гуляй-поле ва цогидал бакӏал.
— Мун вуго учитель. Эркен гьарурал ракьазда гӏумру гьабулеб халкъалъул хӏакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур?
— Гьелги руго батӏи-батӏиял. Цоязул кӏал гьиманиги, берал ццидал цӏун рукӏуна. Цогидал – ракӏ разиял, нилъеразе кумекалъе хӏадурал, амма кутакалда хӏинкъизарурал руго. Батӏи-батӏиял шагьаразда щивасул лъимал ругелъулха, нилъеразулгун бухьен халлъарабго, гьезие гӏакъуба кьезе бегьула.
Араб гӏасруялъул ахиралда гьарурал дозул лъималазе щун буго тӏубанго батӏияб тарбия. Хисизабураб, жидее санагӏатаб рахъалде сверизабураб тарих малъун буго дозда. 20-30 соналъ кьураб тарбиялъул хӏасил – бетӏер сверараб гӏел!
Эркен гьарурал ва Россиялда гъорлъе лъугьарал ракьазда ругел гӏадамазда бихьулеб буго кӏиябго пачалихъалъул бербалагьиялъулъ бугеб батӏалъи. Цо гӏадан йиго азбар лъухьулей. Украинаялда гъорлъ ругеб заманалдаги гьебго хӏалтӏи букӏанила жиндир ва щолаанила 2000 гривна (гӏага-шагарго 4000 гъурущ). Анкьго соналъ гӏарацги бакӏарун босанила жинца гьаб курткаян бихьизабуна гьелъ жиндаго ретӏараб хинаб куртка. Гьанже гьелъие щолеб буго 60 азарго гъурущ. Россиялъ гьедин адаб гьабулей дие Украина щибизеян абуна гьелъ.
Гьединал пикраби руго чӏахӏиязул. Гьел урхъун руго советияб адабияталъухъ. Ленинил томгӏаги босе жидееян гьарана гьез дида. Дица цадахъ босулеб руго лъабго тӏехь: Борис Полевоясул «Повесть о настоящем человеке», Николай Островскиясул «Как закалялась сталь» ва Расул Хӏамзатовасул «Молитва».
— Къватӏисел улкабаздаса рагъухъаби ругищ гьанжеги нилъеде данде рагъулел?
— Руго, гьезул цӏикӏкӏараселги – полякал, колумбийцал, Литваялдасагун Латвиялдаса. Гьезул ункъо легион гъурун бахъана. Захӏматаб хӏалалде ккедал, лъутизе гӏамал гьабула доз. Гьаниб гӏурусазул дандечӏейго букӏине гьечӏин, кинабгӏаги захӏмалъи бихьичӏого, гӏемераб гӏарац щолин маргьабиги рицун, рачӏарал гьезда бихьулеб буго нилъер солдатазул къвакӏиги бажариги. Украинаялъулал жалго жидецаго чӏвала, асирлъуде ккунгутӏизе. Бандерачагӏаз хӏаракат гьабула чӏаго хутӏизе.
Нилъеразде гьесарал руччабазул цоялъ абуна, жиндир чагӏиги ругила дозул рахъалда рагъулел. Дозие бокьилаанила Россиялде рачӏине, амма щварал шапакъатазулги ккарал лъугьа-бахъиназулги цӏех-рех гьабизе бугелъул, жидее гьаб рахъалда лъикӏ букӏинарилан абулила. Зулму гьабун рагъде ритӏун ругелъул, рагъазулъ гӏахьаллъичӏого рорчӏилищха. Цогидалъ бицана, васас жиндие гӏарац битӏун бачӏунилан: жиндирго картаялдаса Польшаялъул яги цогидаб пачалихъалъул картаялдеги битӏун, хадуб щолила гьеб жиндихъе. Гьедин кӏийиде рикьун руго дозул хъизамал.
— СВОялде инелдеги жакъаги Мурад Багьилов хисун вугищ?
— Рагъулъ цо къоялъниги гӏахьаллъарав, доба бугеб хӏал хӏехьарав чи хисичӏого хутӏуларо. Рокъосезги абула, дун хъачӏлъун вугилан.
— Гьезулгун бухьен гьабизе, телефоналдаса гьезухъе кӏалъазе къварилъи букӏунищ?
— Гьединаб заманги камуларо. Дицани лъазабун буго хъизаналдаги лъималаздаги, дун кӏиго-лъабго къоялъ яги цӏикӏкӏараб заманалъ кӏалъачӏогоян абун, ургъел чӏван рукӏунгеян. Кидаго гурелъул рес букӏунеб рокъосезухъе ахӏизе. Нижеца хъизамазда малъула, бухьеналда рукӏинчӏониги, чӏахӏиязда, ай эбел-инсуда, сон хъвадаранин яги кӏалъалев вукӏанин бицеян. Щайгурелъул чӏахӏиял чагӏи къварилъун тезе бегьуларо. «Дихъе ахӏуларо, чӏужу хиралъун йихьула дуе», — ян эбелалъул бадибчӏвайги букӏуна. Долъ абулелъулха эбелалда, жиндихъе кӏалъанин, кинабго лъикӏ бугин, ургъел гьабугеян абун. Гьанже кӏицӏул цӏикӏкӏун эбелалъухъе кӏалъалаха, барщунгутӏизе (гьимана).
Мурад гьанже вуго медицинаялъул взводалда. Бокьараб заманалда къватӏире рахъине ккола гьел, лъукъарал солдатазул тӏалаб гьабизе. Тохлъизе бегьулареб иш буго гьеб. Гьединлъидал лъукъаразе кумекалъе рахъине хӏадурго рукӏунин абуна гьес.
Гара-чӏвари гьабуна Мадихӏат Хӏажиевалъ.