Гьал къоязда ниж щвана «Гӏазим» абураб гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул генералияв директор, гьелъул учредителазул цояв Гӏабдухӏалим Мачаевасухъе. Фондалъул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицун гьабуна гьесулгун гара-чӏвари. Гьес чанго соналъ нухмалъи гьабуна Гъуниб районалъе, хӏалтӏулев вукӏана Дагъистаналъул Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун, вукӏана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.

— Гӏабдухӏалим, мун гӏемерал соназ хӏалтӏана нухмалъиялъулал хъулухъазда. Кин ккарав гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалде, кин ва лъида ракӏалде ккараб «Гӏазим» фонд гӏуцӏизе?

— «Гӏазим» фондалъул бицен ккана Жамгӏияб палатаялъул нухмалъулевлъун вукӏараб мехалдаго. «Зеленое яблоко» тукабазул мухъ, «Перец групп» абураб жамгӏияб кванил нигӏматал ричулел бакӏал ва тукаби данде гьарураб компания буго щибаб лъагӏалие жидер магӏишаталдаса закагӏат бахъулел. Компаниязул нухмалъулел ккола Зиявудин ва Мустӏафа Гӏабдурахӏмановал, Идрис Шагьназаров. Гьел ккола фондалъул учредителалги. ДРялъул Жамгӏияб палатаялда хӏалтӏулеб мехалдаго гьел гӏолохъабигун цадахъ нижеца, ресукъазул сияхӏги гӏуцӏун, ,бикьулаан рехсарал компаниязул магӏишаталдаса бахъараб закагӏат. Компаниялги кӏодолъулел ругин ва закагӏат бахъараб гӏарац шаргӏалда рекъон кьезе кколеб бакӏалде щвезабизе къваригӏун бугин абун, нижеца хӏукму гьабуна гурхӏел-рахӏмуялъул фонд гӏуцӏизе. Закагӏаталъул гӏарац шаргӏалда рекъон кьезе кколеб бакӏалде кьезе, гӏарац кибе унеб бугебали мухӏканлъи чӏезабизе хӏажат букӏана. Гьедин, 2020 соналда гӏуцӏана «Гӏазим» фонд. Аль-Гӏазим абураб Аллагьасул цӏаралъул магӏна ккола — Тӏадегӏанав абураб.

Дида чангояз гьикъана хӏакимлъиялда, нухмалъиялда хӏалтӏулев вукӏарав чи, гьанже гьебги рехун тун, гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏуде вуссиналъе гӏилла щибилан абун. Дица гьеб дирго талихӏлъун рикӏкӏуна. Батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏаниги, гӏумруялъул ахиралде щведал, ахираталда диего батулеб, кири цӏикӏкӏараб ишалде вуссине щвей буго дир талихӏ.

— Дагъистан рикӏкӏуна улкаялдаго бищун цоцаздехун гурхӏел-рахӏму цӏикӏкӏараб ва кумекалъе кидаго хӏадураб регионлъун. Руго нилъер гьанир гурхӏел-рахӏмуялъул чанги фондалги. Цогидазда дандеккун, нужер фондалъул хаслъи щиб?

— Нижеца, цогидал фондаз гӏадин, гӏарац бакӏаруларо. Кӏудиял дармил компанияз бахъараб закагӏат бачӏуна фондалде, хадуб гьеб бикьула шаргӏалда рекъон закагӏат кьезе кколел гӏадамазе. Фондалъул хӏакъалъулъ гьанже цӏикӏкӏун лъараб мехалда, жидерго рахъалдаса закагӏатгун рачӏунел руго цогидал предпринимателалги. «36.6» абураб аптекаялъ 2-3 миллион бачӏуна, гьединго цогидал чӏахӏиял ва гӏисинал тукабазги байбихьана закагӏат, нижер фондги гьоркьобккун, кьезе.

Гӏарац бугел чагӏи республикаялда гӏемер руго, амма киназго гуро закагӏат бахъулеб. Щибаб соналда гӏага-шагарго 30-35 миллион гъурущ кьола «Зеленое яблоко», «Перец групп» компаниязул нухмалъулез. Цо-цо агрофирмабаз ва гӏуцӏабаз бачӏараб гӏарацги тӏаде жубан, лъагӏалида жаниб гӏага-шагарго 40-42 миллион гъурущгӏанасеб гӏарац бачӏуна фондалде.

Рамазан моцӏ ахиралде щвелалде нижеца фондалде бачӏараб гӏарац бикьун лъугӏизабизе ккола. Кӏиго миллион гъурущ гӏарац хутӏун буго гьабсагӏат фондалда. Гьале жакъаги Бацӏада росулъ рукъ бухӏараб хъизамалъе 500 азарго гъурущ кьуна фондалъ.

— Мина бухӏарал гӏадамазе кумек гьабулелъул, щиб хӏисабалде босулеб? Кин чӏезабулеб чан гъурущ гьеб хъизамалъе кумек гьабун кьезе бугебали?

— Ккараб заралалъухъ балагьун, мина цӏидаса базе яги къачӏазе кигӏан гӏарац къваригӏунебали халгьабула. Гьениб букӏараб къайиялъул хӏисаб гьабун, кинаб зарал гьеб хъизамалъе ккун бугебали хӏисабалдеги босун, кьезе кколеб гӏарцул къадар чӏезабула.

— Закагӏаталъе бачӏараб гӏарац лъие кьолеб, кин гьеб хӏалтӏизабизе бегьулеб? Диниял гӏалимзабазулгун дандбалищ гьеб хӏалтӏи?

— Гьелъул рахъалъ гӏалимзабаздаги цӏехон, цӏех-рех гьабун буго байбихьудаго. Гӏалимзабазулгун бухьенги букӏуна. Къуръаналда бихьизабун буго закагӏат кьезе бегьулеб микьго рахъ. Гьезда гьоркьоса цо-цоязул жакъа хӏажалъи гьечӏо (лагълъиялдаса тархъан гьари). Закагӏат кьолезда гьоркьор руго мискин, пакъир, жамгӏиял хӏалтӏаби гьарулаго налъукье ккарав чи. Ригьин-цӏа гьабулев, рес гьечӏев чи налъукье ккун ватани, гьесулги налъи закагӏаталъ бецӏизе бегьула. Жамагӏаталъе гьабулеб хӏалтӏуе гӏоло ккараб налъи бецӏизе бегьула закагӏаталъ.

Нижеца сборги лъазабун гӏарац бакӏаруларо, гӏицӏго «Зеленое яблоко» абурал тукабазда лъун ругел къалабазухъе гӏадатиял гӏадамаз садакъаялъе бараб гӏарац гурони. Гьениса кӏудияб гӏарац бачӏунаро. Гьеб хӏалтӏизабула закагӏаталъул гӏарац хӏалтӏизабизе бегьулареб бакӏалда.

Гӏадамазе гурхӏел-рахӏмуялъулаб кумек гьабулелъул пайда босула цогидал фондазул хӏалбихьиялдасаги. Нижехъе фондалде рачӏуна рес къотӏарал гӏадамал. Цо-цо камуларо яхӏ гьечӏел, гьереси бицун рачӏунелги. Цогидал фондазулгун бугеб бухьеналдаса пайда босула гьеб мехалда. Нижеца гӏуцӏун буго батӏи-батӏиял фондазул гӏаммаб картотека. «Инсан», «Надежда», «Чистое сердце». Гьезул цоялдегӏаги кумек гьарун вачӏарав чи, кӏиабилеб нухалда цоги фондалдеги гьебго мурадалъ вачӏани, хехго лъазе кӏола, нижер гӏаммаб базаялдаса.

— Бищунго гӏемер кумек гьарун щал рачӏунел? Тӏоцебесеб иргаялда, лъие кумек гьабулеб?

— Аслияб къагӏидаялъ фондалде рачӏуна рес гьечӏел ва налъукье ккарал гӏадамал. Гьезие кумек гьабизе щвейги кӏудияб кири ва талихӏ буго.

Рамазан моцӏалъ 16-20 миллион гъурущ бачӏуна «Зеленое яблоко» тукеналъ. Гьезул вуго 5000-гӏанасев хӏалтӏухъан. Гьезда гьоркьор рукӏуна моцӏрое мухьги кьун квартирабазда гӏумру гьабулел, росасул квербакъи гьечӏого хӏалтӏулел руччаби ва цогидалги ресукъал гӏадамал. Гьезие закагӏат кьола «Зеленое яблоко» тукабаздаса закагӏат бахъун бачӏараб гӏарцудаса.

Цӏакъго гӏемерлъун буго онкология, лъималазул аутизм унтаби. Гьезие реабилитация гьабизе гӏарац гьарун рачӏуна. Гьел сах гьаризе ФОМСалъ гӏарац кьолеб бугони, нижеца рекӏадухъ гурони гӏарац кьоларо.

Закагӏат бахъун гӏадамазе кьолеб гӏарцул гӏодобегӏанаб къадар буго 30-35 азарго гъурущ. Чанго моцӏалъе яги рес рекъезегӏан квартираялъухъ гӏарац кьола, налъаби рецӏула.

Цо-цоял рачӏуна 400-500 азарго гъурущ къваригӏун бугин. Нижеца халгьабула сундуе гьеб къадаралда гӏарац къваригӏун бугебали. Нижеда божун кьун бугелъул закагӏаталъул гӏарац, нижеда тӏад букӏуна гьелъул жавабчилъиги. Метер къиямасеб къоялъ Аллагьасда цебеги жаваб кьезе кколелъул дица гьелъул. Жавабчилъи цӏакъ кӏудияб иш буго гьаб.

— Закагӏаталъе гӏарац кьуразда цебе, гьеб лъие кьурабали хӏисаб кьолищ нужеца?

— Нижеца гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьун буго «Гӏазим» фондалъул сайталда. Лъие чан гъурущ кьурабали, щивасул цӏар ва щиб къварилъи-захӏмалъи букӏарабали бихьизабун, лъагӏалица гьабураб хӏалтӏул сияхӏ буго сайталда. Фонд гӏуцӏаралдаса нахъе закагӏаталъе кьун буго 150 миллионгӏанасеб гъурущ. Учредителазеги, гьединго бокьарав чиясеги рес буго сайталдеги раккун информациялъухъ халгьабизе.

Нижеца щибаб рамазан моцӏалъ чамасдакгун лъел шушби рикьула нухазда (30 азарго шиша). «Гъунисезул гӏолилал» абураб волонтеразул къокъаялъ кумек гьабула гьеб бикьизе. Къурбан къоялъ Гъуниб районалда 25 гӏиялъажо хъола. Гьениб кумек гьабула «Инсан» фондалъул волонтераз.

Гъоркьиса ниж гӏахьаллъана «Забота» НКОялъ гӏуцӏараб «Социалияб такси» абураб программаялда. Коляскаялда гурони хьвадизе бажаруларел ресукъал гӏадамаз тохтурасухъе ине ва цогидал хӏажалъаби тӏуразе, 10 нухалда рекӏадухъ гӏарацги кьечӏого хӏалтӏизабизе бегьула гьеб программаялда рекъон такси. Ресукъал инвалидазе «Социалияб таксиялъухъ» кьезе миллионгун 200 азарго гъурущ биччана «Гӏазим» фондалъ.

«Гӏазим» фондалъ ресукъал имамзабазеги харжал кьола. Батӏи-батӏияб заманалда 15 азарго гъурущ кьолаан моцӏрое. Имамзаби жамагӏаталъ хьихьизе ккола, амма цо-цо бакӏазда гьелъул тӏалаб гьабулеб гьечӏо. Щибаб лъагӏалица хисун батӏи-батӏиял росабалъе ритӏулел имамзаби гӏемерисел рукӏуна ресукъал. Жамагӏаталъги кьолеб гьечӏони, гьезие кумек гьабизе ккеларищха. «Инсан» фондалъ гьабула гьезул сияхӏ ва кьола харж. Гьеб фондалдаса хӏал бикьун, нижецаги кумек гьабула. Гъоркьиса нижеца имамзабазе харжалъе 2,5 миллион гъурущ кьуна. Гьеб буго рес гьечӏел имамзабазе закагӏат хӏисабалда кьолеб гӏарац.

Нижер гӏадат буго щибаб соналда рес гьечӏел хъизамазул лъималазе школалде ине хӏажатаб къайи босулеб. Цебе кумек гьабулаан Гъуниб районалъул школлъималазе, гьанже хъутабазда ругезеги гьабизе байбихьун буго.

Фондалъ кумек гьабизе къайимлъиялда гъоркье росарал хъизамалги рукӏуна. Рес рекъезегӏан кумек гьабула цо-цо хъизамазе. Масала, лъабго-ункъо соналъ нижер къайимлъиялда гъоркь рукӏарал, хадуб жидецаго жалго хьихьизе рес рекъарал гӏадамал гьеб сияхӏалдаса нахъе росула.

— Гъуниб районалда гуреб цогидал районазда гьабуларищ гьединаб кумек?

— Фонд букӏин гӏадамазда гьоркьоб лъаралдаса рачӏине байбихьана цогидал районаздасаги гӏадамал. Буйнакскиялдаса инвалидазул къокъа буго нижеца квербакъи гьабулеб. Хъутаналда ругезги закагӏат щолезул сияхӏ бакӏарулеб буго. Гьединазул сияхӏ кӏудияб букӏунаро.

Закагӏат кьезе бегьулеб букӏарабани, дица гьеб кьелаан букӏараб росабалъе гӏумру гьабизе тӏадруссун арал гӏадамазе, росулъ магӏишат цӏигьабулезе.

— Букӏинеселде кинал планал ругел фондалъул? Ругищ цӏиял проектал?

— Байбихьуда нижеца закагӏаталъе бачӏараб гӏарац, закагӏат бахъулел компаниязул ресукъал хӏалтӏухъабазда гьоркьоб бикьулаан. Хадуб фондалде бачӏунеб гӏарац цӏикӏкӏиндал гӏуцӏана цо-цо кумекалъулал программабиги: «Къурбан», «Нухда ифтар», «Лъимал школалде къачӏай», «Забота», «Социалияб такси» ва цогидалги программаби. Руго жеги цӏиял пикрабиги. Гьезие ресал ралагьулевги вуго.

Гӏолеб гӏелалда рахьдал мацӏ малъизе, гьеб цӏуниялъе ресал ратиялда тӏад ургъулев вуго. Лъикӏ цӏалулел цӏалдохъабигун студентазе стипендия кьезе бокьун буго. Амма стипендиялъе закагӏаталъул гӏарац кьезе бегьуларо. Фондалде гӏарац кьолелъул гьев чиясулгун къотӏи гьабизе кколеб буго гьеб гӏарац закагӏаталъе гуреб, пуланаб ишалъе квербакъиялъе хӏалтӏизабизе кьолеб бугин абун. Гурони, закагӏаталъул гӏарац бегьуларо гьединаб ишалъе хӏалтӏизабизе.

Гъуниб районалда хӏалтӏулелъул нижеца ургъун букӏана, Хархаровас ва Хӏамзатовас гӏарацги рехун, районцоязе стипендиял кьолеб «Поколение» абураб фонд. Районаз цадахъ гьабулеб букӏарабани, бажарилаан гьеб иш.

Бихьулеб буго магӏарул мацӏалъул иш лъикӏ гьечӏеблъи. Гӏисинал лъималазда гьеб лъалеб гьечӏо. Шагьаразда гӏумру гьабун ругезул бицинарин, росабалъ ругездацин лъалеб гьечӏо.

Гӏабдухӏалим Мачаевасулгун гара-чӏвариги лъугӏун нахъе унел рукӏаго тӏаде вачӏана «Инсан» фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Мусаев. Гьел рачӏун рукӏана ресукъал имамзабазул сияхӏги босун. 70 имам вугоан закагӏат щолезул сияхӏалда. Лъикӏаб ишлъун ккола гьединал гурхӏел-рахӏмуялъул фондал цадахъ рекъон хӏалтӏулел рукӏин ва цоцазул хӏалбихьияздаса пайда босулеб букӏин.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА