21 октябралда гьел щвана Чирчик
шагьаралда бугеб «Хъахӏал къункъ-
раби» абураб мемориалияб комплек-
салде. Кӏудияб Ватӏанияб рагъул
гӏахьалчагӏазул памятникалда цере
тӏугьдул лъуна гьез.
«Хъахӏал къункъраби» мемори-
алияб комплекс рагьана 1972 сона-
лъул микьабилеб маялда Чирчик ша-
гьар бакьулъ. Гьелъул кьочӏолъ лъун
буго немцаз чӏварав Чирчик шагьа-
ралъул 1695 чиясул цӏар тӏад хъвараб
кагъат жаниб лъураб капсула.
Бекараб кваркьи бугеб къункъ-
ра пашманго балагьун буго боржун
унеб читӏиралъухъ. Гьеб буго рагъда
чӏварал солдатазул рухӏазе бараб па-
мятник. Гьезул хӏакъалъулъ хъвараб
Расулил кечӏ буссинабун буго узбек
мацӏалдеги.
Гьеб памятник хирияб буго Аф-
гъан рагъул гӏахьалчагӏазеги: гьелда
цересан тӏоритӏана гьел рагъде унеб
мехалда.
Дагъистаналъул вакилзаби щва-
на «Чирчик» абураб химиялъул-
гун индустриалияб паркалдеги.
Гьелъул
генералияв директор Фарит
Гӏазизовас бицана гьениб гьабулеб
хӏалтӏулги инвестораз гӏуцӏун ругел
шартӏазулги хӏакъалъулъ.
Паркалъул буго цебетӏураб ин-
фраструктура. Гьенир сокӏкӏун руго
къватӏисел улкабаздаса Узбекиста-
налда хӏалтӏизе рачӏарал индустри-
алиял компаниязул офисал. Гьезие
хӏажатабщинабги чӏезабун буго.
Дагъистаналъул вакилзабазда ри-
хьизаруна индустриалиял парказул
цебетӏеялъе квербакъулел тадби-
рал ва Узбекистаналъулги Дагъи-
станалъулги бухьен камил гьабизе,
ай промышленносталъе хӏажатал
махщелчагӏи хӏадуриялъул рахъалъ
гьоркьоблъи букӏинабизе къотӏиги
гьабуна.
Дандчӏваялъул хӏасил гьабула-
го, Гӏ. Гӏабдулмуслимовас баркала
кьуна жидер гьабураб адабалъухъ
ва паркалъул нухмалъулезе сайгъат
гьаруна Р. Хӏамзатовасул тӏахьал.
«Хӏакъикъаталдаги, гьаниб хӏалтӏи
гӏуцӏун буго тӏадегӏанаб даража-
ялда. Дагъистаналдаги жигаралда
гӏуцӏулел руго индустриалиял техно-
паркал ва цебетӏезабулеб буго про-
мышленность. Масала, цӏорол кла-
стер. Гъоркьиса нижеца хӏалтӏизе
биччана цӏорол гарал хӏадурулеб цех.
«Уйташалда» хӏадурула авиациялъе
хӏажатаб къайи. Дида ракӏалде
ккола, кӏиязего рес бугин цоцазухъа
дарсал щвезе, бугеб хӏалбихьиялдаса
пайда босизе. Гьединлъидал гьарула:
рачӏа нижехъе гьоболлъухъ», — ян би-
цана ДРялъул премьер-министрас.
Мажлисалъул сенаталда
Гьебго къоялъ Гӏ. Гӏабдулмуслимов
дандчӏвана Узбекистаналъул
Олий Мажлис Сенаталъул (хадуб-
ккун – Мажлис) председателасул
тӏоцевесев заместитель Содикъ Са-
поевгун.
Гьелда гӏахьаллъана Мажлисалъул
Халкъазда гьоркьоселги къватӏисеб
экономикаялъулги бухьеназул ва
къватӏисел улкабаздаса инвестици-
язулгун туризмалъул комитеталъул
председатель Равшанбек
Гӏалимов
ва Мажлисалъул Гӏелмиялгун лъай
кьеялъул ва сахлъи цӏуниялъул су-
алазул рахъалъ комитеталъул пред-
седатель Одилжон Иминов. Дагъи-
станалъул рахъалдаса дандчӏваялда
гӏахьаллъана ДРялъул Халкъияб Со-
браниялъул председателасул заме-
ститель Камил Давдиевги, ДРялъул
миллияб политикаялъулгун диниял
ишазул министр Энрик Муслимов ва
цогидалги.
Дандчӏваялда бицана Расул Хӏамзатовасул
къоял тӏоритӏиялда бан
хӏадурараб программаялъулги, пар-
ламентазда гьоркьосел бухьенал
камил гьариялъулги, кӏиябго респу-
бликаялда туризм, промышленность,
росдал магӏишат ва цогидал рахъ-
ал церетӏезариялъе квербакъулел
цадахъал тадбирал гӏуцӏиялъулги
хӏакъалъулъ.
Маданияталъ цолъизарула
Халатбахъун хъатчӏвана Узбеки-
станалда Дагъистаналъул артистазе.
Гьайбатаб улка буго Узбеки-
стан – такрарлъи гьечӏеб тӏабигӏатги,
некӏсияб, цогидазулалда
релълъинчӏеб
маданиятги, ракӏ разияб
гьоболлъиги… Гьениве чанцӏулго
щвана
Расул Хӏамзатов.
Узбекистаналъул
хъвадарухъаби
рукӏана
гьесул гьудулзабилъун.
Гьединлъидалги
батила, кутакал-
да разиго къабул гьаруна Дагъиста-
налъул артистал Ташкенталда бугеб
«Туркестон» абураб Маданияталъул
гӏазухъахӏаб кӏалгӏаялда.
Гьениб букӏана «Расул Хӏамзатовасул
иццал» абураб нилъер
хӏаракатчагӏазул церерахъин.
Концерталде рачӏаразде хитӏаб
гьабулаго, гьадин абуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас:
«Нижеда лъала,
Расул Хӏамзатовасул творчество
Узбекистаналда
кутакалда бокьулеб-
лъи. Гьебги ккола нилъер халкъал
гӏагарлъизарулеб хӏужа. Хӏамзатов
вукӏана лъикӏлъиялъул вакил,
халкъияв
дипломат. Гьев щвана
гӏемерал бакӏазде, щвана Ташкен-
талде, Бухараялде, Самаркандалде.
Узбек мацӏалде буссинабун буго гье-
сул «Дир Дагъистан» ва шигӏриял
мажмугӏал. Гьевги Узбекистаналъул
советияв, партиялъул ва пачалихъи-
яв хӏаракатчи Шарап Рашидов гьу-
дулзаби рукӏана. 1976 соналда Расул-
ги гьесул лъади Патӏиматги щвана
Узбекистаналде. Нужер бакъулаб ва
баракатаб республикаялде гьабу-
раб сапаралъул хӏасилалда шагӏирас
хъвана адабияталъул тарихалда гу-
чаб лъалкӏ тарал асарал», – ан.
Содик Сапоевас баркала кьуна
Дагъистаналъул вакилзабазе: «Бар-
кала Дагъистаналъе аваданаб байра-
малъухъ. Расул Хӏамзатовас кочӏолъ
рецц гьабуна рахьдал мацӏалъе.
Жакъа Узбекистаналъулги, Росси-
ялъулги, Дагъистаналъулги халкъал,
нилъер улкабазул нухмалъулезул политикияб
яхӏалъул кьучӏалда, цолъулел
руго, гъункулел руго. Гьелъие
нугӏлъи гьабула Дагъистаналда нилъ-
ехъе къиматал гьалбал рачӏиналъги»,
– ян абуна гьес.
Шагӏирасул байрам кӏодо гьабу-
лебщинаб бакӏалда гӏуцӏун букӏуна
Дагъистаналъул халкъияб устарлъи-
ялъул выставкаги. Гӏуцӏун букӏана
гьеб Ташкенталдаги. Унсоколоса
Мухӏамад
Мухӏамадгӏалиевасул
ишан кьабизе бугеб гьунаралъ битӏахъе
хӏайранлъизаруна гьелъухъ
балагьизе рачӏарал гӏадамал.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА