2024 соналъ, щибго гурел гӏиллабиги ургъун, къана 1957 соналдаса нахъе аза-азар унтаразул сахлъиялъе квербакъи гьабураб ва гӏемерал унтаразул баркалаялъе мустахӏикълъараб Игьали участкаялъулаб больница. Гьеб мехалда жамагӏаталъул чанго чи ана районалъул бетӏерасухъе, бегьулеб батани, гьеб къачӏого теялъе квербакъи гьабеян гьаригун. Хӏасил ккечӏо. Гьебго къокъа ана районалъул прокурорасухъе ва кьуна гьесие гьадинаб суал: «Ниж ахӏи-хӏур гьабизе Махӏачхъалаялъул майданалдейищ рахъинел, нухал къазейищ лъугьинел?» абун. «Гьеб мехалда нужер 3-4 гӏолохъанчиги инила жанир лъезе рачун, хадур балагьун нужги хутӏилилан» кьуна жаваб. Рагӏи кьуна гъорлъе ваккун гьеб суалалъухъ балагьизе. Гьелда ишги къокълъана. Амма, циндаго кибего пикру щун бахъунарелъул, хадур гурони кантӏичӏо СВОялъул гӏахьалчагӏазул гӏага-божаразул къокъаги цебе къотӏун ине кколаан ниж тахшагьаралде, гьале гьал рачейин жанир тӏамизеян абун. «Магӏаруласул нахъа гӏакълуйилан» абун гьечӏищха.

80-гӏанасев игьалисев ккола СВОялъул гӏахьалчи. Руго чӏваралги, тӏагӏаралги, чанго нухалда лъукъаралги, гӏемерисел — шапакъатазе мустахӏикълъаралги. Гьезул цӏаралдасан битӏана кагъат республикаялъул бетӏерасухъе больница къачӏого теялъе кумек гьарун. Хӏасил ккечӏо.

«Цӏияб къагӏида»

Гӏажаиблъи гьабизе бачӏуна цо-цо идарабаздасан, гьездаго гъорлъ Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасан, тӏаса рихьиялъе рачӏунел жавабазда: «Нужер больницаялда гӏемераб налъи букӏун бугила, гьедин къанги бугила», «Нужер больница мекъи хӏалтӏулеб букӏун бугила» ва гь. ц. Дида кинго бичӏчӏуларо, кинаб налъи букӏунеб больницаялда хадуб? Кин гьеб мекъи хӏалтӏулеб?

Вахӏ, чанго соналъ мекъи хӏалтӏулебги букӏун батани, налъабиги рукӏун ратани, гьеб лъил гӏайиб? Къаялда цебесеб тӏокӏаб батӏияб гӏадлу-тадбиргойищ букӏунареб хадурккун гьел гӏунгутӏаби тӏагӏинариялда тӏад иш тӏадал хӏалтӏизе рукӏине? «Тӏагъур бахъун вачӏаян витӏарав бетӏерги къотӏун вачӏарав» гӏадинаб жо кколеб гьечӏищ гьеб? Больница къаялдалъун аслияб зарал кколел чагӏи щал? Унтарал гурищ? Гьезда бугеб гӏайиб щиб? Гьел кколел ругоха «гӏайибго гьечӏел гӏайибиял». Налъи батани, жидецаго дарабиги росун, рокъоса квенги бачӏинабун, гьенирги регун сах гьариялъул курс гьабизегӏаги бегьилаангури унтараз! Пачалихъалъ бюджет дагь гьабун батани, гьелда рекъезаризегӏаги бегьилаангури хӏалтӏухъабазул штатал.

Гьел киса-кирего къалел ругилан абулелги рукӏана. Дица бухьен гьабуна Болъихъ, Гӏахьвахъ, Унсоколо, Хунзахъ районаздаса гӏадамазулгун. Жидер гьанибе гьел больницабиги къан халкъалъул сахлъи цӏуниялъул «цӏияб къагӏида» жеги щун гьечӏилан абуна гьез. Щвезе хъванги батугегиян гьарана дицаги.

Бищунго гӏажаиблъи гьабизе бачӏунарищ къараб больницаялъул минаялъе ремонталъеян чамали миллион гӏарцул биччан букӏин! Гьениб «дневной стационар» абулеб идараги рагьун, росу бакьулъ бугеб амбулатория бахъизейила гьенибе. Чанго гӏунгутӏи букӏана къалелде цебе больницаялъе нухмалъи гьабулев вукӏарав тохтур Мухӏамадов Гӏумарица гьеб бакӏалда больница букӏине бегьунгутӏиялъе рехсараб. Гьезул аслияблъун гьес рикӏкӏунеб букӏана мина бугеб бакӏ ракь ччукӏиялда хӏинкъи бугеб букӏин. Амма дицаго бищунго аслияблъун тола унтаразул сахлъиялъе ккезе бугеб зарал. Кинаб хехаб кумек щвезе бугеб тохлъукьего унти чӏваразе километралъ рикӏкӏад бугеб яги къокъидалъ, зодихъе балагьараб борхалъиялде 30-гӏан болъоялъги рахун лъелго ине ккаразе? Унтичӏелги унтиларищ? Гьел ремонталъе риччарал миллионаз бецӏизе бегьилаан гъоз абулеб «налъиги», амбулаториялда гъоркь, чанго соналда жаниб цо нухалда гурони (рищиязул къоялъ) жанире лъугьунареб саламатаб залалда жанир гӏуцӏизе бегьилаан кигӏанги лъикӏал шартӏалги, гьел рищиялги клубалъул аслияб залалда жанир бегьилаан тӏоритӏизе, батӏияб гӏилла больница къаялъе батичӏони, унтаразухъ дагьабниги рекӏел бухӏиги батани! Гуро, дир хӏисабалда гьеб букӏине ккола, хасаб мурадалъе гӏоло тӏасахун кьураб амру, «хӏур тамахаб бакӏалда» гӏумруялде бахъинабулеб цӏияб хӏалбихьи, можороялъ къунгӏаги ратилаха ниж, гьечӏелъул республикаялъул тӏалъиялда цониги кумек гьарун аскӏоре ине игьелдерил «даци» яги депутат.

Гурого долщинал районазда цониги больницайищ букӏинчӏеб нижер гӏадинаб «налъиги» бугеб яги мекъи хӏалтӏулеб? Гӏадамазул сахлъиги, унтаразе заманалда кумек щвейги гурелъулха тӏадчагӏазе хӏажат бугеб! Бихьичӏезда лъаларелъулха балагьалъул кьогӏлъи.

Гьеб суал чанго нухалда борхун букӏана «Хӏакъикъат» газеталдасанги:

«Киб бугеб мун, ритӏухълъи?» (№ 29, 02.08.2024 с.), «Игьелдерил гӏарзги министерствоялъул баянги», «Ахӏи балеб буго, рагӏулеб гьечӏо» (№ 2, 17.01.2025 с.) ва щибаб макъалаялъул ахиралда жал гьеб суалалде, мухӏканаб цӏех-рех гьабун гъорлъе раккун, жеги тӏадруссинин абунги хъвалеб букӏана.

Нижерго Гумбет райцентралда цо минаялъул къадада чӏван бихьана гьадинал рагӏаби тӏад хъвараб игӏлан: «Общая задача одна для всех – улучшение качества жизни населения» (Меликов С. А.) абун. Халкъалъул гӏумрудул даражаялъул аслияблъун дида бихьула тӏоцебесеб иргаялда сахлъи цӏуни. Цебе нижер хьиндаллъиялъул бокьараб росулъа унтарал къабул гьарулеб, «межрайонная» абун больница букӏана Болъихъ районалъул Кьохъ росулъ, гьединабго больница букӏана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда, кутакалда разиго гӏадамалги рукӏана. Гьезулги статус хисун буго, гьанжейин абуни нижер унтарал ине кколел руго шагьаразде.

Гӏемеразда лъалебги рагӏунги батила, Игьали буго хасалил кӏиго моцӏалъ бакъ щолареб росу. Гьеб заманалда цӏикӏкӏуна унта-щокълъи, хасго гӏисиназда ва ригь аразда гьоркьоб. Халгьабеха, кинаб кумек щвезе бугеб унтаразе къад гурони хӏалтӏулареб ва рикӏкӏада бугеб больницаялъул?

Ахирисеб гьари

Гьанжеги ракӏалда букӏана Дагъистаналъул бетӏерасда гьаризе, лъабазаралда хадуб рухӏ бугеб Игьали росдал администрациялъул ракьалда участкаялъулаб больница къачӏого теялъе кумек гьабун бажарулареб батани, къад заманалъ гурони хӏалтӏулареб «стационар» абулеб жоялъ нижер унтаразул мурадалги тӏураларин, росу бакьулъ бугеб амбулатория гӏаги бугелъубго теялъе, гьениб 2-3 медхӏалтӏухъанасул штатги цӏунизе квербакъи гьабеян.

Нижер ахирисеб хьул буго, Дагъистаналъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул нухмалъиялда цониги «Хӏакъикъат» газета цӏалулев чи ватизе бегьулин, киридахъниги гьес гьаб суал халгьабиялдеги босилин, нижер жамагӏаталъул унтиги гьесда бичӏчӏилин, кумекалъе квербакъиги гьабилин абураб.

Магьди Гӏабдурахӏманов, РФялъул Журналистазул ва Хъвадарухъабазул союзазул член, Игьали росу