Исана 155 сон тӏубала имам Шамил Аллагьасул къадаралде щваралдаса. Гӏемераб жо лъугьана гьелдаса нахъе, чанги балагьалги талихӏалги къоял хӏехьезеги рорхизеги ккана Дагъистаналъги магӏарулазги. Гьезда гьоркьор рукӏана имам веццаралги гьесде гъегъ баралги къоял. Амма сундухъго балагьичӏого, кигӏан мех баниги, кӏочон течӏо халкъалда Шамилги гьесул бахӏарчияб тарихги, свинчӏо гьев багьадурасдехун халкъалъул рокьиги хӏурматги. Магӏарулазул гьеб хӏалги пикруги пасихӏго загьир гьабун буго Инхелоса Къурбанил мухъазулъ:
Чӏухӏула Дагъистан дур харбидалъун,
Дунял биххизегӏан мех ккун бицунеб.
Цохӏо гамачӏалъул си гӏезабулеб,
Сахаб гьумер ками кида кӏоченеб!
Жакъа, имам Шамил ракӏалде щолаго, гӏорхъи гьечӏеб щукру гьабизе бачӏуна Бетӏергьан Аллагьасе, гьединав гӏажаибав, ватӏанги миллатги дунялалда рагӏизабурав инсан магӏарул халкъалда гьоркьоса вахъинавуралъухъ.
Баянаб букӏахъе, имам Шамил хвана ва вукъун вуго хирияб ракьалда – Мадина шагьаралъул Бакъигӏ абурал хабалазда. Амма гӏемерисезда лъаларо гьесул гӏумруялъул ахирал лахӏзатал кин аралали, кин ва лъица гьев абадияб рокъове тӏовитӏаравали. Къанагӏат ругониги, цо-цо асаразулъ дандчӏвала гьеб хӏужаялде канлъи рехарал бакӏал.
Гьединазул цояб ккола «Дагъистаналъул гъалбацӏ имам Шамил» абураб турказул хъвадарухъан Тӏарикъ Мумтаз Гёзтепел тӏехь. Гьеб хъвалаго, авторасе кумек гьабун буго гьесулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏарал имам Шамилил вас Мухӏамадкамилицаги гьесул вас Сагӏид-бегицаги. Гьединлъидал гьеб тӏохьода Шамилил гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицараб жо ккола гьев кӏиявго инсанасул кӏалдиса араб, гьез бицараб ва гьезул бер кӏутӏараб хӏакъаб жо.
Гьайгьай, бицен гьабулеб тӏехь кколаро гӏелмияб цӏех-рехлъун, гьеб буго документалиябгун художествияб жанралда хъвараб асар. Гьединлъидал гьелъул мацӏги буго гьеб жанралда рекъараб. Гъоркьехун кьолеб буго «Дагъистаналъул арслан имам Шамил» абураб тӏохьодаса къокъ гьабун буссинабураб имам Шамилил гӏумруялъул ахирал лахӏзатазул хӏакъалъулъ жинда жаниб баян кьураб бутӏа.
* * *
Шамил, тӏуванго дунялалъул ишаздаса рикӏкӏалъун, рухӏанияб гӏаламалде гьоркьове арал дол къоязда цӏакъ загӏиплъана ва ахиралдаги кӏудияб гӏазаб-гӏакъуба хӏехьезе кӏолареб хӏалалде ккана. Гӏумруялъул ахирал къоял Шамилие зинданлъун гьарураб гьеб унти доб заманалда лъазе ва дару гьабизе рес гьечӏеб халатаб ва цӏакъ захӏматаб унти букӏана. Цо-цо мехалда гьев, чаран гӏадав гӏадамасул гъваридаб зигара рагӏулаан, ва гьеб хӏал рагӏаразул ракӏал унтулаан.
Жиндир сахлъи ахирги хьул къотӏараб, дарман гьабизе рес гьечӏеб бакӏалде бачӏараблъи бичӏчӏарав Шамилица султӏан Гӏабдулгӏазизихъе хъвала кагъат гӏурус пачаясда гьарейин, ахираб нухалъ вихьизе гӏоло, Россиялда хутӏарав кӏудияв вас Гъазимухӏамадие Турциялде вачӏине изну кьейилан. Султӏан Гӏабдулгӏазизица кумек гьабула хӏурматияв гьоболасул ахираб гьари тӏубазе гӏоло.
Инсул хӏакъалъулъ хабар рагӏараб мехалда, кӏудияб ургъелги чӏван, Гъазимухӏамадица сапар бухьуна Россиялдаса Хӏижазалде.
Шамилил чорхол хӏал цӏакъго цӏакъ захӏмалъулеб букӏин бихьарал гьесул лъудби Загьидатицаги Шугӏайнатицаги хабар гьабула шайих Ахӏмад ал-Рипагӏиде, имамасул ахӏвал-хӏал цӏакъго квеш бугилан абун. Шайих Ахӏмад ал-Рипагӏи гьебго минадул цогидаб цо бутӏаялда вукӏана гӏумру гьабун. Къокъаб заманалда жанив Шамилил рухӏияв ва иман бугев вацлъун лъугьарав гьев камилав ва ритӏухъав шайих вачӏараб мехалъ, унтарасул бусада сверухъ ракӏарун рукӏарал гьесул хъизаналъул чагӏи, гьебсагӏат рокъоса къватӏире ана. Гӏицӏго гьанжего гьанже анкьго сон барав, Мадинаялда вукӏарав цохӏого цо вас Мухӏамадкамил, Шамилил гьариялдалъун, рокъов жанив тола ва вахъун чӏун вукӏуна.
Шайих Ахӏмад ал-Рипагӏи, рокъове жанивеги лъугьун, Шамилил къаданив чӏола. Кӏудияб рокьигун ва пашманлъигун валагьула гьев ахираб цӏа свине хӏадурлъарал гъваридал ва гӏодориччарал Шамилил беразухъ. Жеги рухӏ бахъичӏев ва гӏакълуялда вукӏине хӏаракат бахъулев вукӏарав Шамилидехун, Аллагьасда цеве чӏезе рес щварав цо шагьидасдехун кинигин, хитӏаб гьабула гьес. Шайихасул рагӏабазул магӏна букӏана гьадинаб: «Ле, Аллагьасда цеве вугев дир вац, дуца абе Аллагь цо вугилан ва, гьев тун, батӏияв Аллагьги гьечӏилан!»
Кӏудияб рухӏ Аллагьасе кьезелъун машгъул вукӏарав ва хӏалуцараб унтуда жанив вухӏулев вугев Шамилица, гьеб хитӏаб рагӏарабго, жиндир бетӏер къадруялда ва асар гьабиледухъ шайихасдехунги буссинабула. Ва гъваридаб макьидаса ворчӏарав гӏадин, бералги рагьулаго, квераз ишан гьабула. Бищунго балагьал ва хӏакъал хвелал хӏинкъизарурав ва гӏажалал соназ даим гьел нахъчӏвалеб букӏараб Дагъистаналъул гъалбацӏил жал Бичасул хиси гьечӏеб ихтияралда цебе бортула ва мукӏурлъиялъул рецц лъаларев гьев багьадур тӏоцебесеб ва ахираб нухалда жиндир Бетӏергьанасе мутӏигӏлъулев вукӏана. Гьеб лахӏзаталда Шамилица кӏиябго квералъул килщал цоцалъ рахараб хӏалалда каранда лъола. Хӏурматияб ва къадруяб ахираталъул нухлулас, абадияб сапаралде вахъунаго, кверазе хӏаракат гьабизе квалкваллъун букӏараб гьеб хӏалалдаса ворчӏизе гӏоло, жиндие кумек гьабизелъун, свине хӏадурлъарал бераз ишан гьабула. Гьебсагӏат, цоцаздаса ратӏа гьарун, килщал эркенлъарав Шамилица, кверал черх халаса риччала ва, кваранаб квералъул шагьадкилищги борхун, шагьадат битӏула.
Гӏурус пачаясул макьу тӏуризарурал ва бищунго къуватал аскарал санаца щущахъ рихизарурал нуралъул ва цӏадул цӏурал имамасул берал, Мадинаялъул завалалда свине хӏадурлъулеб букӏараб маркӏачӏул бакъуда цадахъ гӏадин суна. Бесдаллъараб Кавказ зинданалъул бецӏлъиялъубе рехараб гьеб балагьаб бакъкквей букӏаго, маркӏачӏул как базе анцӏила щуго минут хутӏула. Букӏана гьижрияб тарихалъул 1287 соналъул 25 зулкъагӏида, хамиз къо.
Гьижрияб 1212 соналда Дагъистаналъул Генуб росулъ гьавурав Шамил, жиндир кӏудияб цӏар тарихиял асараздаги машгьурал биценаздаги тун, 74 сон бараб мехалда Аллагьасда цеве чӏола ва Аварагасул гьоболлъун лъугьуна.
Шамилил рухӏ босаралдаса дагьаб мех иналдего, гьесул жаназа гъоркьияб тӏалаялда букӏараб Рипагӏи тӏарикъаталъул зикру ва гӏибадат гьабулеб хасаб рокъобе жанибе босула ва, нуцӏбиги къан, гьеб сордоялъ гьениб цӏунула.
Нахъисеб къоялъ, рогьалида жинцаго гьеб бакӏги рагьун, шайих Ахӏмад ал-Рипагӏи хварасул къаданив чӏола ва Шамилил хъизаналъул чагӏи ахӏула гьенире, гьезда ахираб нухалъ мунагьал чурадил гьумер бихьизе гӏоло.
Цее Шамилил кӏудияй лъади Загьидатги гьаюн, Шугӏайнатги, ясал Патӏиматги, Сапиятги, Баху-Меседоги, Нажабатги, гьелъул рос Давудги, Шамилил бищун гьитӏинав вас Мухӏамадкамилги, гьесухъ ялагьулей Валигъизги мунагьал чурадил жаназаялда сверухъ чӏола.
Гьебмехалда шайих Ахӏмад ал-Рипагӏица, гьанжего гьанже анкьго сон барав Мухӏамадкамилил кверги ккун, гьев Шамилил хирияб жаназаялде аскӏовеги вачун, абула: «Дир вас, инсул хирияб кверда убач гьабе», – ян. Васас бесдаллъиялъул пашманлъигун ва виххигун кӏиябго квералъ босула хвалчадуе бищун тӏадегӏанаб къиматги къадруги кьураб, жинда релълъараб тӏокӏаб гьечӏеб гъалбацӏил квачӏ ва гьелда убач гьабула.
Шайих Ахӏмад ал-Рипагӏица, лъимадул бесдалаб ботӏродаги къочун, абула: «Гьеб гьуинаб махӏ буго гӏицӏго шагьадаталъул даражаялде хиралъаразул букӏунеб махӏ. Ва, щаклъи гьечӏого, дур эмен ккола, Аллагьасул бищун мустахӏикъал шугьадазул гӏазизаб къапилаялъул церехъабаздаса цояв», – ан.
Мадинаялда гӏусманиязул падишагьасул вакиллъун вукӏарав шайихулхӏарам Хӏажи Амин-паша, Шамилил хъизаналда зигараги бан, имамасул жаназаялде аскӏове вачӏуна. Гьес жинцаго халгьабула гьеб чурулеб ва гьелда мусру жемулеб къагӏидаялъухъ. Жаназа чурулаго, Хӏажи Амин-пашаца, гулгунги босун, лъим тӏола. Гьедин гьес загьир гьабула Шамилидехун бугеб жиндир вазипаги падишагьасул цӏаралдасан бищунго тӏадегӏанаб ва кӏудияб хӏурматги.
Шамил вукъулеб къоялъ, гьесул табуталда гъоркь лъугьуна Мадинаялъул гӏадамазул махӏшар. Кодов ккун восун, гьев кӏудияв, чӏухӏарав абадияв нухлулав, Аварагасул хирияб хабада аскӏове щвезавуна ва, жамагӏаталъул гучаб хӏузургун, гьениб жаназаялъул как бана. Хадуб Жаннат ул-Бакъигӏилан абулел хабалазда, Аварагасул руччаби рукъун ругеб зияраталда аскӏоб, Шамилие цебего рекӏее гӏун букӏараб гьитӏинаб цо гохӏккараб бакӏалда вукъана.
Ахӏмад Муртазагӏалиев