Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, халкъал цолъиялъул лъагӏеллъун лъазабураб 2026 сон Дагъистаналда Шамил имамасул гӏумруялда, тарихалда бугеб гьесул кӏваралъул хӏакъалъулъ бицунел, гьеб бихьизабулел тадбираздалъун байбихьи лъикӏаб гӏаламат бугин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул Дагъистан цолъизабулеб гьесул къисматалъул бахӏарчияб мисал буго гӏелаз гӏелазухъе кьун бачӏунеб.
Р. Хӏамзатовас абухъе, нилъер республикаялъул гӏемерисеб тарих хъван буго хвалчабазгун хунжруз. Гьеб захӏматаб, амма бахӏарчияб тарихалъул аслиял хӏаракатчагӏазул цояв ккола Шамил имам.
Нилъеца къимат гьабула Дагъистаналъул тӏоцевесев нухмалъулев (1921-1931 сонал), гьелъул тӏоцебесеб Конституция хъваразул цояв Жалалудин Къоркъмасовасул. Амма, хӏакъаб жо буго, гьеб Конституциялъул кьочӏое босун букӏин Шамилица гӏуцӏараб пачалихъалъул миллатазул цолъи, халкъазул эркенлъиялъул пикру.
Шамилил цӏар ва гӏумру жакъасел шартӏазда буго халкъазул пикру жиндехун буссинабулеб мисаллъун. Рухӏияв цевехъан, гӏакъил, пачалихъ гӏуцӏарав хӏаракатчи, дипломат, рагъул цевехъан, бахӏарчи – гьел ккола цо чиясул гӏумруялде рахъинаризе кӏоларел напсиял хасиятал ва бергьенлъаби.
Имаматалда ритӏухълъиялъул, эркенлъиялъул, намус-яхӏалъул, миллатазул гъункиялъул хӏукъукъал хӏакъикъаталдаги аслияллъун лъугьинаризе, пачаясул къуват цӏикӏкӏарал аскаразда тӏад тарихалде арал бергьенлъабиги росулаго, кӏудияб империялде данде чӏезе бажари ва гьеб ракълиде бачин – гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьеб буго унго-унгояв халкъияв бахӏарчиясул кӏочонареб мисал. Гьел аслиял рахъаз кигӏан имам какизе, гьесул кӏвар гӏодобегӏан гьабизе цо-цояз хӏаракат бахъаниги, гьел мурадалдеги щвезе гьечӏо.
Шамилил къисматалде гӏелмияб бербалагьи
Кидаго букӏана Шамилил къисматалдехун цӏикӏкӏараб гӏелмияб бербалагьи. Гьенир аслияллъун рихьизарулел руго гьес кьучӏдасанго цӏияб пачалихъ гӏуцӏиялъул ва гьелъие нухмалъи гьабиялъул, пачаясул аскаразде данде гӏемерал соназ бахӏарчияб рагъ гьабиялъул, ва гьеб ракълидалъун лъугӏизеги гьабун, Кавказ Россиягун цолъизабиялъул хӏужаби.
Жакъа нилъер тушбабаз бицунеб буго Шамил 25 соналъ гӏурусазде данде вагъанилан. Гӏицӏго гьелдехун кӏварги буссинабун, хадусеб тарихги хӏисабалде босичӏого, гӏурусаздаги кавказалъулаздаги гьоркьоб питна бекьизе кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго. Гьеб буго нилъер гӏолеб гӏелалда тарих къадарго лъалеб букӏиналъул хӏасилалда бицунеб гьереси.
Лъиеха жакъа гьеб гӏакса буссинабураб къисматалъул гӏахьучӏалгун чӏанда хӏажат бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьабулаго, хӏисабалде босизе ккола гьединаб къагӏидаялда тарих мекъи бихьизабулаго, нилъер «гьудулзабаз» жакъасеб гӏумруялда гъоркь гьеб кьвагьизе тункӏил хер лъолеб букӏин.
Имамасул рекъел —
халкъалъул мурад
Бокьараб рагъ лъугӏула рекъел гьабиялдалъун. Амма рекъел гьаби букӏуна батӏи-батӏияб. Кидаго гуро гьеб къадруяблъун букӏунеб. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда ккараб гӏадин, къеялъе мукӏурлъигун гьабураб рекъелги рекъел ккола. Амма бергьарасул ихтияралде гӏадатияб куцалда тӏубанго къисмат кьечӏого гьабураб рекъел – гьеб буго рагъулезда гьоркьоб, кӏиябго рахъалдасан цо пуланал шартӏалги чӏезарун, гьабураб ракълилаб къотӏи-къай.
Гьелде тӏадеги, гӏемерал рагъазул хӏасилалда къуват-къадар дагьал, ресукъал пачалихъал империяз жидедаго жанире рачуна. Гьеб буго гӏадатияб иш ва гьелда гӏажаиблъи гьабизе кколаро.
Амма жидеда тӏад бергьенлъи босарал гьел пачалихъазул гӏадамаз кинаб бакӏ кколеб империялда жанибали лъазе захӏматаб жо гуро. Балагье, кире арал Америкаялъул индейцал, кибе тӏагӏараб гьезул маданият, дин? Ялъуни халгьабе кинаб бакӏ ккураб Испаниялъ гъорлъе бачараб, жидеца исламияб дин гьабулеб Мавританиялъул халкъалъали. Гьединал халкъаз гьел жанире рачараб империялда хӏурматияб бакӏ кквей буго кутакалда къанагӏатаб иш. Аслияб куцалда гьел, ихтияраздаса махӏрум гьарун, жидеего бокьухъе чӏезарула.
Имам Шамилие абуни рес щвана жинца байбихьичӏеб рагъ къотӏизабизе ва, рекъелги гьабун, бусурбабазул динги, маданиятги, гӏадат-гӏамалги хӏакъир гьабичӏого цӏунизе.
Гьединлъидал имамас доб заманалда гьабураб рекъел ккола кӏудияб бахӏарчилъиги дипломатасул гьунарги: гьале жакъаги Кавказ буго Россиялъул хӏурматияб бутӏалъун. Гьединал мисалал цоги гьечӏо. Северияб Кавказалъул къадар дагьал халкъал Россиялъул империялде гъорлъе инчӏого, батӏияб къисматгун талихӏаллъун рукӏин цӏакъго щаклъи кколеб хӏужа буго.
Инсанияталда машгьурлъи — ритӏухълъиялъул гӏаламат
Шамил имам жакъа вуго улкаялдаго цӏар рагӏарав бахӏарчи, гьесул гӏумруги буго нилъер гӏаммаб бечелъи. Гьесул цӏар кьун буго районалъе, къватӏазе, цӏалул идарабазе, музеязе, мажгитазе, мадрасабазе, фондазе, жамгӏиял гӏуцӏабазе ва батӏи-батӏиял премиязе.
Имамасул цӏар тӏибитӏун буго Россиялъул насраниязул машгьурал хӏаракатчагӏазулго, философазулго гӏадин.
Гьесул къадруялъе кӏудияб къимат кьола насранияб диналъул хӏаракатчагӏазги. Масала, Шамил имамасул цӏаралда бугеб Тӏолгодунялалъул «Имам Шамил: халкъ цолъизабулеб ирс» абураб тӏоцебесеб форум рагьулаго, гьениб доклад гьабуна Москваялъул ва тӏолабго Россиялъул Патриархасда цебе гӏуцӏараб Экспертияб советалъул председатель, иеромонах Григорийицаги (Матрусов).
Жиндир заманалда динияб ва дунявияб кверщел кодоб букӏарав имамас жакъаги кьолеб буго нилъее гӏаданлъиялъул, рекӏел бацӏцӏалъиялъул ва рацӏцӏадго хьвадиялъул унго-унгояб дарс. Пачаясул генерал, мемуарист Дмитрий Ильич Романовскияс хъван буго, Шамилил хазинаялдаса гӏемераб бечелъи, гӏарац унеб бугониги, гьев живго вукӏанила кутакалда вацӏцӏадав, бугелдалъун чиясе кумек гьабулев инсанилан.
1996 соналда дун Дагъистаналъул халкъ социалияб рахъалъ хьезабиялъул министрлъун тӏамидал, дие бокьун букӏана кисан тӏоцебе пенсия баккарабали лъазе ва гьелъие гӏоло гӏемерал тӏахьал цӏалана. Аслияб куцалда гьениб бицунеб букӏана гьеб Совет Союзалъул заманалда гьабураб бигьалъи бугилан. Жеги гъварилъуде ваккидал, лъана пенсия тӏоцебе гӏумруялъул 70 сон тӏубаразе 1889 соналда Германиялъул канцлер О. Бисмаркица чӏезабиялъул хӏужа. Гьеб заманалда Германиялда инсанасул гьоркьохъеб ригь букӏун буго 30 сон. Амма 1871 соналдаго Аллагьасул къадаралде щварав Шамил имамасул Имаматалда ресукълъиялде ккарал, язихъал гӏадамазе гьединаб напакъа кьолеб букӏун буго гӏезегӏанго цересел соназдаго. Гьелъ бихьизабула кинаб социалияб рахъалде, рахӏмуялде, ритӏухълъиялде кӏвар буссинабураб пачалихъ имамас гӏуцӏун букӏарабали.
Шамилие кутакалда тӏадегӏанаб къимат кьун букӏана К. Марксицаги Ф. Энгельсицаги. Гьесул гӏумру ва тарих машгьураб буго Турциялда, Ираналда ва гӏарабазул улкабазда.
Гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса 155 сон араб жакъа къоялдаги имамасул бахӏарчияб къеркьеялъги, жигараб хӏаракаталъги халкъал цолъизарулел, гьезулъ бихьинчилъиги бахӏарчилъиги бижизабулеб батани, цоги кинабха букӏине кколеб гьесие кьолеб къимат.
Дагъистаниязда киданиги кӏочонаро гьесул гӏумруялъул, гьунаралъул хӏакъалъулъ гӏелмиял, художествиял, публицистикиял хӏалтӏаби ва тӏахьал хъварал гӏалимзаби: Къарахъа Мухӏамадтӏагьир, Аполлон Руновский, Александр Богуславский, Марям Ибрагьимова, Расул Мухӏамадов, Расул Хӏамзатов ва цогидалги. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола Рустам Ибрагьимовасул Кавказалъул рагъулъ гуребги, тӏолабго тарихалда жаниб имамасул гӏумруялъул тӏанчал рагьулеб, дагьаб цебе газеталъул гьурмазда жиндир хӏакъалъулъ бицун букӏараб «Имам Шамиль. Восхождение к миру» абураб 10 томалдаса гӏуцӏараб асаралъги.
Зикрула Ильясов