Хунзахъ районалъул цӏар бугел васаз цӏар босулеб буго гьале жакъаги. Бахӏарчилъиялъул къиса къалъарал умумузул наслу цӏилъулеб буго.
Хунздерил тӏалъуда тӏавап гьабулел цӏумазул борхалъи тӏаса бищараз цӏарал цӏвабзазухъе ритӏулел руго, чилъиялъул сарин ахӏулеб буго.
Улкаялъул тарих цӏигьабун хъвалел чӏухӏи бихьуларищ гьезул роржадул!? Мугӏрузда тӏегьараб тӏадегӏанлъиялъ талихӏалъул къиса бицунеб буго…
Тарихалъул тӏанчалги нахъехун регулаго…
СВО байбихьаралдаса нахъе дица жидер хӏакъалъулъ макъалаби хъварал гӏемерисел бахӏарзазул кӏудиял умумул кколел ратана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчагӏи-бахӏарзал. Гьелъул магӏна ккола бахӏарчиял умумузул цӏаразеги гьунаразеги мустахӏикъал ругин жакъасел гӏолилал-бахӏарзалин абураб. Гьединаб, къадруялъ бакараб бакълъун гвангъараб къиса хадусел наслабазе толеб буго гьаб макъала дица жиндир хӏакъалъулъ бицунев вугев ракьцояв Мухӏамад Гьиматовасги.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, гӏемерал рагъулал шапакъатал щварав Хунзахъ районалъул Жалакьури росулъа Мухӏамад Гьиматовасда доб мехалда ракӏалдецин ккун букӏун батиларо жиндир цӏар кьурав ирсилас Ватӏаналъул парахалъи 80 соналдасанги цӏидасанги цӏунизе бугилан. Гьев ккола Ленинградалъул блокадаялда бахӏарчияб халкъалда цадахъ гьелъул бухӏиги, ракъи-квачги, хвел-гӏакъубаги гӏахьал гьабурав бахӏарчи. «Гӏумруялъул нух» илан цӏар кьураб магистралалдасан баччун буго 361 азарго тонна къайи-къоноялъул, гьезда гьоркьоса – кванил нигӏматазул 262 азарго тонна. Гьеб бахӏарчилъиялда гьоркьоб гьитӏинабго, амма кӏудияб багьадурлъиялъул бутӏа буго Жалакьуриса бахӏарчи, водительлъун хӏалтӏулев вукӏарав Мухӏамад Гьиматовасулги. Рагъдаса хадувги гьев хӏалхьиялда чӏечӏо – хӏалтӏана Буйнакскиялъул автопаркалда шоферлъун. Долдаса нахъе ана 85 сон — Ленинградалъул блокада байбихьаралдаса. 1944 соналъул 27 январалда Ленинград эркен гьабуна тушманасдаса. Гьал къояз улкаялда кӏодо гьабуна гьеб бахӏарчияб къо – 2026 соналъул 27 январь. Долдаса нахъеги ун буго 82 сон. Жакъа дица гьаб гьитӏинабго макъала сайгъат гьабулеб буго Ленинградалъул рагъул бахӏарзазе ва гьединазул цоявлъун вукӏарав Мухӏамад Гьиматовасул ирсилав, СВОялъул бахӏарчи Мухӏамад Гьиматовасе ва киналго жакъасел бахӏарзал-рагъухъабазе.
Бахӏарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса
Кидаялиго вацлъиялъулаблъун букӏараб Украинаялда жакъа ватӏаналъул эркенлъиги цӏунун рагъулезда гьоркьов вуго Жалакьуриса Мухӏамадгӏалилги Тӏанусиса Наидалги вас, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарчи, кӏудадалги кӏудада Мухӏамадил бахӏарчияб цӏар ирсалъе щварав Мухӏамад Гьиматов.
27 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев, СВО байбихьаралдаса нахъе гьенив вугев гӏолилав мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьелде тӏадеги гьесул руго Россиялъул Оборонаялъул министерствоялъул ва цогидалги шапакъатал:
— «За боевые отличия» — кӏиго медаль.
Медалал «Адмирал Кузнецов»,
«За участие в специальной военной операции».
Знак отличия «За службу на Кавказе» ва цогидалги…
Гьале дица чӏухӏадго цӏалулеб буго Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул нухазул къалъараб къиса:
— гьавуна Мухӏамад Буйнакск шагьаралда. Цӏалана шагьаралъул №1 гимназиялда. 2016 соналда, 11 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Москваялде, Россиялъул пачалихъияб социалияб университеталъул юридикияб факультеталде. Цадахъго заочно цӏализе лъугьана экономикияб факультеталдеги. Цӏализеги цӏакъ лъикӏав вукӏана гӏолилав. Практикаялъ гьев витӏана Лефортово СУялде. Махщалиде бугеб гӏолиласул рокьиги, хӏалтӏуде бугеб гъираги бихьун, цӏали лъугӏун хадувги гьев ахӏула Лефортовалъул СУялъул кӏудияв следователасул кумекчилъун хӏалтӏизе. Гьенив Мухӏамад хӏалтӏана 2018-2020 соназ.
2021 соналдаса жакъа къоялде щвезегӏан хъулухъ гьабулеб буго Россиялъул армиялда. Байбихьи лъуна Чӏегӏер ралъдал флоталъул Крымалда бугеб рагъулабгун ралъдал базаялъул радиотехникияб командаялъул ралъдал «Ковровец» рагъулаб гамаялъул радиометристасул хъулухъалдасан. Гьединго «Ковровец» рагъулаб гамил экипажгун цадахъ Мухӏамад гӏахьаллъана Сириялъул оперативияб зонаялдаги артиллериялъул радиометристлъун. СВО байбихьаралдаса нахъе хъулухъ гьабулеб буго «Георгий Курбатов» рагъулаб гамаялъул экипажгун цадахъ. Жакъа къоялде щвезегӏанги тӏуралел руго хасал рагъулал тӏадкъаял Донецк Республикаялъул Угледаралъул мухъалда отделениялъул командирасул хъулухъалда. Гьениб бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе. Гьединго гӏахьаллъана Херсон область эркен гьабиялъулъ тӏоритӏулел спецоперациязда взводалъул командирасул заместитель хӏисабалдаги.
2022 соналъул щуабилеб июлалда Мухӏамад Гьиматов тӏамула рагъулабгун политикияб рахъалъ ротаялъул командирасул заместительлъун.
Гьабсагӏаталда Мухӏамад ккола Россиялъул Чӏегӏер ралъдал флоталъул артиллерияб дивизионалъул батареялъул командир. Мухӏамад гьединго гӏахьаллъана Курскиялда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназдаги. Гьелъухъ щвараб буго бахӏарчиясе кӏиабилеб медаль «За боевые отличия».
Тӏогьолаб гӏолохъанлъи, рокьул хӏикматаб рогьел
Бахӏарчияв кӏудадал бахӏарчияв ирсилав, Мухӏамад, дур гьунараз пана гьаюн йиго дун. Тӏогьолаб гӏолохъанлъи, гӏицӏго 27 сон – гӏищкъудай кьурал къоял, рокьул хӏикматаб рогьел.
Гӏагараб районалъул кӏиго росдал вакил мун. Улка цӏунулев вугев дуда бахиллъун йиго. Эмен Мухӏамадгӏали, гъваридаб сабру дуе. Эбел Наида, дуе макьу гьуинаб щваги.
Кӏиго ясалда гьоркьов цо вугев дару-дарман. Наилягун Жамиля, сахлъи нужер вацасе. Жалакьури – Тӏануси. Кӏиго росдал бахӏарчи. Бахӏарчиял умумул чӏухӏун руго дудаса.
Гӏагараб Хунзахъ район, дур цӏияб тарихалда талихӏал лъалкӏал толел руго гьав гӏолиласги. Улбузул макьу цӏунун гьужумалъ унев гьасул, къиса рагӏун, дур мугӏруз бутӏрул къулулел руго.
Бахӏарчияб кӏиго гӏел, Ватӏан цӏунун багъараб, жакъа нужер гьунарал щущан руго ракьалда. Хадусел наслабазул нухал къалъизе гӏоло, гӏагараб улкаялъул талихӏ даимлъиялъе.
Шамай Хъазанбиева