Нижехъе гьоболлъухъе щун вукӏана Лъондода росулъа меценат Ахӏмад Гъазимухӏамадов, жиндирго вацасул вас Мухӏамадгун — Абу-Даби шагьаралда бугеб Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул пачалихъияб банкалъул шаргӏияб аудиталъул департаменталъул бетӏергун. У, нужеда мекъи бичӏчӏичӏо: Мухӏамад Шагьрурамазанович ккола дунялалдаго цӏар араб банкалъул хӏаким. Битӏараб бицани, тӏоцебесеб нухалъ рагӏулеб букӏана «шаргӏияб аудитги», «исламияб банкинги» ва гьелда хурхарал цогидал рагӏабиги.
Таманаб жо цӏализе ккезе бугин цин дицаго, — ян ккана ракӏалде шаргӏияб аудиталъулги исламияб банкингалъулги хъвазе ккани. Амма гьелдаса кӏвар цӏикӏкӏараб суал букӏана живго Мухӏамадил хӏакъалъулъ хъвазе ккей. Мугӏрузул ракьанда, расалъуда тӏибитӏараб магӏарул росулъа къисматалъ кӏиазарабилел соназул байбихьуда рикӏкӏадаб Египеталде ккараб Мухӏамадил хъизамалъ нахъа тараб нухлул лъалкӏалги, исламиябгун дунявияб лъай тӏалаб гьабулаго, батӏи-батӏиял пачалихъазде рухьарал сапаралги. Гӏадада гурелъул абулеб кинидаса бахъараб молоде щвезегӏан лъай тӏалаб гьабеян. Цо-цояз тӏадеги жубала, Китаялде щвезегӏан лъелго унги тӏалаб гьабизе кколин лъай абун. Тӏадехун абухъе, кӏудияв хӏакимчи вукӏаниги, гӏодове виччарав, сабураб каламалъул гӏолохъанчи Мухӏамадил хӏакъалъулъ паркъараб тӏоцебесеб пикру букӏана «Гӏадатлъиялъ тӏадегӏанлъарав инсан» абураб.
Апараглъи: лъаялъулгун гӏумрудул университетал
— Нилъеда лъалаха араб гӏасруялъул ахиралда рукӏарал рагъулал тунка-гӏусиял, цо дагьабги пикру цогидазулалдаса батӏиял чагӏазде гьабулеб букӏараб гьужум. Дир эмен Шагьрурамазаница пикру гьабуна, жиндирго инсуца малъараб динияб лъай-гӏелму гьоркьоб къотӏизе течӏого, Египеталде яги Сириялде ун, хадубккунги тӏалаб гьабизе. Бигьа букӏинчӏо дир эбел-инсуе, жидерго херал умумулги рехун тун, щиб ккелебали лъалареб галиги тӏамун, улка бахун къватӏире, апараглъуде ине, — ян бицана Мухӏамадица. – 2000 соналъул 7 июлалда щвана ниж Сириялде ва байбихьана «цӏияб» гӏумру. Дагьа-макъабго гӏараб мацӏ лъалеб букӏиналъ квербакъана лъай тӏалаб гьабиялъе «рагъа-рачаризе». Гьебго соналъул октябралда дун цӏализе лъугьана Дамаскалда бугеб пачалихъияб Аль-Фатхӏ институталде. Шаргӏияб абун цӏар бугониги, къоло кӏиго батӏияб предмет лъазабулаан нижеца гьениб. Гьениб щвана дие исламияб лъаялъул кьучӏ. Хадубккун лъай щвана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Мадинаялда бугеб исламияб университеталда. Гьениве цӏализе лъугьана 2003 соналда. Лъай тӏалаб гьабизе гъира бугел гӏолилазул рес буго жакъа дунялалъул бокьараб улкаялде ине ва гьеб щвезе. Щибха гьелъие хӏажатаб жо? Телефоназде ругьун гьаричӏого, тӏахьал цӏализе малъила лъималазда, лъаялда тӏадчӏей гьабила: рахьдал мацӏазда кӏалъай лъималгун, авар мацӏги малъе гьезда. Гӏурус мацӏалда дандечӏарав чи гуро дун, гьебги лъазе ккола, жакъа ресал гӏатӏидал ругелъул, лъазе ккола гӏарабгун ингилис мацӏалги. Чияр пачалихъазул цӏалул идараялде щведалги лъазабизе ккола бащдаб лъагӏелалъ ингилис мацӏ. Захӏматаб жо щибго гьечӏо лъай тӏалаб гьабизе къваригӏаразегун хадусеб гӏумруялъул пикру гьабулезе. Малайзиялъул Куала-Лумпуралда бугеб халкъазда гьоркьосеб INCEIF университеталде цӏализе лъугьараб 2010 соналда байбихьана исламиял финансал, ай проценталги тӏаде рехун, риба гьабун гуреб, шаргӏияб къагӏидаялъ банказдаса босараб гӏарац хӏалтӏизабиялъул къагӏидаби лъазаризе. Гьениб щвана шаргӏияб банкингалъул магистрасул диплом.
Гьанже университетазул бицунеб бугелъул, абун тела Бахӏрейналда бугеб финансазул институтазулгун исламиял банказул генералияб советалда (СИБАФИ) лъугӏизарунин профессионалиял курсал абун. Дун ккола Дубаялда бугеб арбитражалъул ва ракълилал хӏукмабазде рачӏунеб халкъазда гьоркьосеб институталъ кьураб сертификаталда рекъон, исламияв арбитрлъунги. Арбитрасдаги диванчиян абизе бегьулеб батила. Шаргӏияв (шаргӏиял суалазул рахъалъ) гӏакълучи ва аудитор абун буго цоги махщел Бахӏрейналъул халкъазда гьоркьосеб идараялъ кьураб сертификаталда рекъон.
Шаргӏияб аудиталъул рахъалъ консультант
Гьабсагӏат нухмалъи гьабулеб буго Абу-Даби шагьаралда бугеб Гӏарабазул Цолъарал Эмиратазул «Аль-Масраф» пачалихъияб банкалъул шаргӏияб аудиталъул департаменталъе ва сагӏудиязул банказул цолъиялда, гьелъул вакил хӏисабалда, бачуна хӏалтӏиги.
Цевеккун хӏалтӏулев вукӏана Халкъазда гьоркьосеб къоло щуго исламияб банкгун цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏараб Shariah Review Bureau идараялда. Гьенибги лъикӏаб хӏалбихьи щвана шаргӏияб аудиталъулгун исламияб банкингалъулъги ва исламияб экспертизаялъулгун финансазулал идараби AAOIFI-ялъул тӏалабазда рекъон шаргӏиял къануналги цӏунарал исламиязде сверизариялъулъги.
Шаргӏияв аудитор, къайи-къоноялъулъ, къотӏи-къаязулъ ва гьарулел хъулухъазулъ шаргӏиял тӏалабал цӏуниялъул рахъалъ эксперт хӏисабалда батӏи-батӏиял пачалихъазул 22 банкгун, активазул 16, страховияб анлъго ва финансазулабгун техникияб лъабго компаниягун ва финансазулаб щуго идарагун хӏалтӏана. Вохарав вуго дунялалъул картаялда тӏад гьитӏинаб тӏанкӏлъун бугеб дир гӏагараб Лъондода росуги Цӏумада районги дунялалдаго лъазабиялъулъ дирги гьитӏинабго бутӏа букӏиналдаса, дидасаги цебе чанги цӏар арал дир ракьцоязги ватӏаналъул цӏар борхатго ккун букӏаниги…
Умумузул нухмалъиги гӏагарлъиялъул рахъкквейги
— Тӏоцебесеб иргаялда, баркала кьола сундулъго дие кумек-квербакъи гьабурал эбел-инсуе, мунагьал чураяв кӏудияв эмен Шамсулварае ва имгӏалзабазе.
Хасго имгӏал Ахӏмадие, Малайзиялъул университеталда дун цӏализе гӏарац хӏажат бугин абидал, жиндирго ишалги кӏиабилеб планалде рехун, дир цӏали нухда ине, гӏарац битӏарав.
Жакъа гьезда цеве нечадго гӏодове къуланиги, гьезул диде бугеб божилъи хвезабичӏин абун, вохунги вукӏуна дун. Буго гьелъиеги цо гӏилла: имгӏал рагӏулев вуго дида жиндирго лъималазда абулев Шагьрурамазанил Мухӏамад вугин нужер цӏалул хъаравул: жакъа школалдаги, метер школа лъугӏун хадусеб цӏалиги кьварараб гьесул бербалагьиялда гъоркь букӏине бугин нужерилан, гьев вукӏине вугин нужее лъурал къиматазул диванчийилан. Гьелде вахарав чи дун гьечӏониги, гӏагарлъиялъ диде гьабураб божилъи дица ритӏухъ гьабун бугин абун цо бицун бажарулареб асар кӏанцӏана рекӏелъе. Нужеда ракӏалде ккоге дунго веццулев вугин абун, гьечӏо: Ахӏмадида лъалебцин букӏинчӏо дун гьезухъе гьоболлъухъе вачӏунев вукӏин. Ахӏмад-дацил рагӏиялда жинцаги гъулбасулин, цӏалул завуч Мухӏамад-Гъази (гьедин лъалаан дун Гӏарабиялъ) вугин нужеран абуна хадубго имгӏал Мухӏамадицаги.
Дие абизе бокьараб жо буго жакъа дун, магӏарул гӏадатияб хъизамалдаса лъимералъ нахъе тарал болъаби ругин жибго лъимералъул цӏалуде гъираги, эбел-инсуца, Мухӏамад аварагасул хӏадисалда нахъги рилълъун, лъималазе мустахӏикъаб лъай щвезе хӏаракат бахъинги, сундулъго гьез дир рахъкквейгиян. Зулмуги гьабун, юристал, экономистал ва тохтурзабилъун цӏализе ритӏичӏого, дур пикруялда рекъон, кинаб лъай дуе бокьун бугеб щвезе, гьаб цоялдаса гьелъул тӏокӏлъи-батӏалъи щибин абун гьикъун, бахӏс хӏисабалда, щивас жиндирго пикруги загьир гьабун, цойидеги рачӏун, лъимералъ тӏаса бищараб бакӏалде цӏализе ритӏи бихьула дида битӏараблъун. Щай? Щайгурелъул, гӏемерал дандчӏвайдал жидерго ракӏаз цоги махщел тӏаса бищун бугониги, эбел-инсуе бокьун, цоги бакӏазде цӏализе арал гӏолохъаби, жидер махщалидаса думалъго батӏиял бакӏазда хӏалтӏулел. Гьезда бичӏчӏулеб батилаха, лъай гьечӏелгун рагъани, ургъалабалъе кколеблъиги, диплом кодоб бугониги, рекӏел цӏайи гьечӏеб мехалъ, гьеб ишалъулъ жал махщалилаллъун кколареблъиги. Гьединал пишабазда хурхун бачӏараб бугин тола дица «Цӏалараб гӏоларин, цӏалкӏизеги кколин» абураб умумузул абиги.
Гӏолеб гӏелалда цоги абила: лъазабе рахьдал мацӏ, бокьа гӏагараб ватӏан, цӏуне нилъерго умумузул гӏадатал, абухъего, басриябги цӏуне, цӏиябги босе. Гӏарабиялда яшав гьабун ругел дир лъимал, каникулазул заманалда, дица ритӏула Дагъистаналде: инсул лъандадерилги эбелалъул аварги мацӏал жеги лъикӏ лъазаризе, кӏоченчӏого рукӏине. Щай нилъеца гьел кӏочене тезе кколел, кӏинусгоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе имам Шамилида цадахъ улка тун къватӏире, апараглъуде арал нилъер ракьцояз Турциялдаги Мисри-Шамалдаги жакъаги цӏунун ругеб мехалда аварги рахьдалги мацӏал?!
Дие абизе бокьараб жо букӏана, цебелъураб масъала тӏубазе, гьелъ хӏасил кьезе ккани, хӏажалъулин дурго къвакӏиги, кьвариги, къуркьунгутӏиги, аскӏор ругезул рахъкквейги ва нухги, гӏемерисеб нухалъ шагьра гуреб, сухъмахъ букӏунин абун. Дир гӏумруги гьединабго букӏана: жиндилъ борхалъабиги сухъмахъалги гӏемер ругеб. Доб Лъондодаги Гъизилюрталдаги цӏалулеб мехалъ пикруцин гьабулеб букӏинчӏо гьалгощинал пачалихъаздеги щвелин, Гӏарабазул Эмиратазда «Аль-Масраф» банкалда хъулухъги щвелин абун. Гьеб ккола дир эмен Шагьрурамазанил лъималазе гъваридаб лъай кьезе букӏараб гъира-шавкъ ва гьесул анищ тӏубазе гӏагарлъиялъ инсул ккураб рахъ, гьелде кьураб кӏвар. Гьедин байбихьи лъуна нижер хъизамалъул щивас жиндирго лъаялъул нухде. Эмен цӏалана Аль-Азгьар университеталда, эбел — чияр пачалихъаздаса рачӏарал студентазе хасгьарурал классал ругеб Исламияб институталда, дун – Аль-Фатфалда, яцал — Бадрудин аль-Хӏасани институталда. Гьитӏинав вацас тӏоцебесеб классалде гали лъуна. Гьедин байбихьана рикӏкӏадаб 2000 соналда нижер хъизамалъул апараглъи ва лъаялде нух.
Жакъасеб харбилъ гӏемер бицен гьабураб исламияб банкингалъулги, шаргӏияб аудиталъулги, гьелъул хаслъаби-тӏокӏлъабазулги, бугеб кӏваралъулги мухӏканго бичӏчӏизеги гьабун, нилъеца бицен цоги нухалъ гьабила, Аллагьас хъван батани. Жакъа Пачалихъияб Думаялъ тасдикъги гьабун, хӏалбихьиялъулаб проект хӏисабалда Дагъистаналдагун Чачаналда ва Татарстаналда Сбербанказул филиалазда рагьун руго гьезул отделал, амма пайда щибха… Пайда щибха, рекъонкколеб лъаялъул специалистал гьечӏолъиялъ хӏинкъи буго гьел къаялда. Гьелъ буго дица абулеб гьитӏинго кӏвар кьейин батӏи-батӏиял мацӏал лъазариялде. Щай рукӏине бегьуларел магӏарулал, цогидазе мисалияб куцалда, дунялалъул ва Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда банказул хӏалтӏухъабилъун ва нухмалъулеллъун. Нилъее камураб щибго гьечӏо, гӏицӏго нилъерго лъаялда тӏадчӏейги, нилъеего масъалаби церелъейги гуреб.
Гьадинаб букӏана ва буго Лъондодаса Шамсулварал Шагьрурамазанил вас Мухӏамадил лъаялде галаби тӏамураб гӏумрудул сухъмахъ, жакъаги гьабугьинан цебехун унеб бугеб.
Хадижат Залимханова