23 январалда Махӏачхъалаялда «Дагъистаналъул росу» абулеб этнографиялъул музеялда рагьана Россиялъул Художниказул Союзалъул член Гӏабдула Мухӏамадовасул «Дир кӏудияб ва гьитӏинаб Ватӏан» абураб выставка. Гьенир цере лъурал хӏалтӏаби руго суратчияс «Дагестан уходящий» абураб темаялде буссинабураб, лъеберго соналъ тӏад хӏалтӏи гьабураб творческияб нух. Некӏсиял росабазул минаби, сиял, рихьизарун руго кирго гьечӏел гӏадал цересел архитектуриял хаслъабиги кьун. Руго росдал гӏадамазул портретал, гьезул гӏумру-магӏишат. Суратаз бицунеб буго гӏагарал бакӏазул берцинлъиялъул ва кӏодолъиялъул.
Выставка рагьулаго, РФялъул мустахӏикъав художник, ДРялъул Художниказул союзалъул председатель Къурбангӏали Мухӏамадовас абуна: «Гьанир церелъурал суратаздасан бихьулеб буго Гӏабдула вукӏин гӏагараб ракьалъул ва гьелъул тарихалъул унго-унгояв патриот, гьес нилъ тӏадруссинарулел руго гӏагарал мугӏрузде ва нилъер росабалъе, тӏамулел руго нилъер гӏумру- магӏишаталда тӏад ургъизе. Гьас бахъун буго лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун сурат, гӏемерисел руго нилъер росабазул унеб — тӏагӏунеб бугеб тарихалъул бицунел. Гьайгьай, Гӏабдула мустахӏикъав вуго хӏурматиял цӏаразе. Цӏарал кьола хӏалтӏулел бакӏаздасан хитӏаб гьабун. ДФИЦалъул филиалалъул нухмалъулезде нижер гьари буго Гӏабдулае мустахӏикъаб цӏар щвеялъе кумек гьабеян».
Махӏачхъалаялъул Художественнияб училищеялъул директор, Дагъистаналъул халкъияв художник Мухтар Камбулатовас абуна: «Гӏабдулал хӏалтӏабазулъ буго жиндирго хатӏ, жиндиего хасаб, лъидаго релълъинчӏеб нух. Гӏабдула вихьидал, ракӏалде щола гьесул суратал, суратал рихьидал – Гӏабдула», — ян.
РАНалъул Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехазул централъул (ДФИЦ) отделалъул заведующий Хизри Юсуповас абуна: «Дун чӏухӏула Гӏабдулагун цадахъ хӏалтӏулев вукӏиналдаса. Гьадинал суратал рахъизе къваригӏуна цӏакъ кӏудияб махщелги гӏагараб ракьалде ва халкъалде кӏудияб рокьиги, гьабулеб хӏалтӏи бокьиги», — ян.
ДРялъул халкъияв художник Гӏамирхан Мухӏамадовас абуна: «Гьаб выставка тӏобитӏи рикӏкӏине бегьула унго-унгояб лъугьа-бахъинлъун. Нилъер росабалъ риххулел — тӏагӏунел руго некӏсиял минаби, гьезда цадахъго тарихалде унел руго умумузул гӏадатал. Гӏун бачӏунеб гӏелалъе Гӏабдулал суратаз нахъе цӏунулел руго умумузул минаби, некӏсияб архитектура. Дагъистаналда гьечӏо тӏадчӏун гьединаб хӏалтӏи гьабулев суратчи. Гӏабдула мустахӏикъав вуго хӏурматияб цӏаралъе ва шапакъаталъе», — ян.
Пенсиялда йигей учительница Гӏисаева Аминатица абуна: «Заман буго дир росулъе щвечӏого. Гьал суратаз дун ячана басрияб инсул минаялде, лъимерлъи ракӏалде щун, бадиб магӏуцин хулана. Баркала суратчиясе», — ян.
Выставкабазул залалда цебелъун букӏана Гӏабдулаца батӏи-батӏиял соназ бахъараб 70 сурат. Цониги чи инчӏо гьесул «Бечедав гьидалъесул рукъ» сураталда цеве лъалхъинчӏого. Чӏухӏун къачӏараб цагъуралда бан буго рукъалъул кинабго бечелъи: пахьул хьагал, тӏарсал, суркӏби, гулдул, гъудал… Рукъалъул мокърокь ран ракъвазарулел руго къулагӏаби. Цебесеб кьерда руго чӏахӏиял- гӏисинал щагӏил тӏагӏелал. Рукъалъул цо бокӏнида бихьула хъахӏаб кьегӏер. Хӏалтӏи-пишаялдаса руссун, маркӏачӏуда канлъукъаб рокъоб данделъун буго свакараб хъизан. Ретӏун тӏингъалгун, хьонбакӏида гӏодорчӏун хабаралда руго бихьинал. Цӏа-каналда, квен-тӏехалда квалквадулел руго руччаби. Рукъ бакьулъ, туртида тӏад гӏодобчӏун, букӏинеселде балагьун буго гьитӏинаб лъимер.
Суратчиясул хӏалтӏабаз гӏадамал тӏамулел руго гӏумруялда, къисматалда, аралда ва бачӏунелда тӏад ургъизе.
Гьесухъа бажарун буго гӏорхъи-рахъ гьечӏеб ралъдал гӏатӏилъиги, квелъ базе кӏоларел карачелазул гучги, лъеда тӏад цохӏо хутӏараб гамил чӏалгӏенги, бакъул канлъиялъулгун лъел къатӏрабазул накъиталъул балагьун бер гӏорцӏулареб берцинлъиги бихьизабизе.
Лъикӏав суратчи гуревги, Гӏабдула вуго гӏакъилав, хабар-кӏал гьуинав чи. Гьес бицана: «Гӏиявехь вукӏаниги, дир эмен Гӏабдурахӏманица берцинлъиялъул къимат гьабулаан, гьесда искусствоги бичӏчӏулаан. Щуго сон букӏана дир, инсуца магӏарде вачараб мехалъ. Дида чӏалгӏинчӏого букӏиналъе, гвандинисаги босун гьес квералъ хӏатӏ кӏвекӏана ва гьелъул батӏи-батӏиял хӏайваназул суратал гьарулеб куц бихьизабуна. Гьеб букӏана искусствоялде лъураб дир тӏоцебесеб гали. Школалдаги клубалдаги дун тӏамулаан лозунгал хъвазе, суратаз ва накъишаз зал берцин гьабун къачӏазе, гӏахьаллъулаан районалда тӏоритӏулел суратазул къецазда.
Ахираб 25 сон буго дир, сордо-къо цӏехечӏого, хӏалтӏулев вугелдаса. Лъабазаргоялдасаги цӏикӏкӏун сурат бахъана. Ахираб 20 соналда жанив дун хӏалтӏулев вуго «Дагестан уходящий» абулеб темаялда тӏад. Мугӏрузул улкаялъул кинабго тарих ганчӏазда хъван буго. Кир ругел жакъа гьел ганчӏал?! Дица ралагьана гьел, гьездасан рахъана суратал ва гьанже нахъе цӏунун руго. Кинабго умумузул архитектура, гӏадатал, рукӏа-рахъин унеб буго нилъедаса, гьеб кӏочонеб буго. Дир мурад буго умумуз нилъее тараб бечелъи, берцинлъи бачӏунеб гӏелалъе суратаздалъунгӏаги нахъе цӏуни».
«Суратчиясул буго жужахӏалъулаб махщел», — ан хъвалеб буго цо дир пишацояс. Гьеб битӏарабги буго, нижер буго захӏматго щолеб чед. Дагъистаналда суратчи цохӏо суратал рахъун тӏуваларо, масала, дун хӏалтӏула щуго батӏияб ишалда.
Суратал рахъулев чи лъаялдаги махщалидаги тӏад хвезегӏан хӏалтӏизе ккола. Сурат бахъизе байбихьилалде цебе, гьелъул идеялда, темаялда ва магӏнаялда тӏад ургъун, гьеб кагътида хъвазе ккола. Гьедин бахъараб сураталъул щибаб тӏанкӏалъул, мухъалъул, кьералъул букӏуна жиндирго магӏна, гьелде балагьун тӏубаларо, гьеб цӏализеги ккола».
Гӏабдулал хӏалтӏаби рихьизе бокьарал музеялде ине бегьула 28 февралалде щвезегӏан.
Нури Нуриев