Рорчӏами, лъимал!

Гьадин байбихьула дица щибаб къо…

Гьалеха жакъаги ине йиго школалде, лъималазе авар мацӏалъул дарсал кьезе. Анцӏ-анцӏ бер балагьун буго дихъ. Цӏакъ бокьун буго рахьдал мацӏалъул хӏикматаб ва балъголъаби гӏемераб дунялалде гьелгун цадахъ сапар бухьине. Шагьаралъул хӏеренаб ва недегьаб кваркьидакь гӏун рачӏунел ругел гьезухъа бажариладай магӏарухъе унел сухъмахъаздасан доре мугӏрузухъе гьоболлъухъ щвезе, гьенир борхалъуда тӏавап гьабулел ругел цӏумазулгун гара-чӏвари гьабизе, мугӏрул ахалъудасан чвахулел лъаразул лазат босизе, хӏикматаб мацӏалда ахӏулел хӏанчӏазул кучӏдузул магӏнаялъухъ гӏенеккизе.

«Рорчӏами, лъимал!» — илан дица ахӏидал, магӏарул мацӏалда гьез данде гьабулеб жавабалдасагицин йохулей йиго. Ва цӏидасанги пикрабазулъе кколей йиго:

— Рагӏанадай гьазда Ахӏулгохӏалъул къваридаб къиса? Санал ун, кӏудиял гӏедал, угьдиладай гьал гьенир чӏварал, магӏарулалъул яхӏ-намусалда хӏур хъвазегӏан, хвел тӏаса бищарал бахӏарчиял руччабазул къисматалъухъ? Сорозе ругелдай гьел, Шамил имамас миллаталъул тарихалда тарал лъалкӏазул рагӏидал.

Лъималазул гӏанчӏаб релъиялъ цӏидасанги дарсиде ахӏулей йиго. Рорчӏами, лъимал!…

Ниж цоцазда ратана

Гьадинаб цеберагӏиялдалъун байбихьулеб буго дица гӏагараб мацӏалъе сайгъат гьабураб макъала. «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирги Махӏачхъала шагьаралъул №II гимназиялъул авар мацӏалъул учительги. Рахьдал мацӏалде дир бугеб хӏасратаб рокьул кӏиго чӏор. Ниж цоцазда ратана. Ва гьелъ дие кӏудияб кумекги гьабулеб буго авар мацӏалъул хӏикматалъул цӏураб дунялалде лъималгун цадахъ сапарал рухьине. Дир пикруялда, магӏаруллъиги мугӏрулги чӏаго рукӏаго, магӏарул мацӏги чӏаго букӏине буго. Кигӏан нилъеца, гӏурус мацӏалда кӏалъалел ругилан магӏарухъа лъималазде гӏайиб гьабуниги, дозда магӏарул мацӏ кӏочене гьечӏо! Гьебги кӏудияб рохел буго нилъее.

Кинабха бугеб хӏакъикъат шагьаралъул школазда? Гьоркьохъеб хӏалалда. Чӏахӏиялги гӏисиналги телефоназде, компьютеразде руссараб гьаб заманалда, нухал дагьалги гӏатӏилъулел руго рахьдал мацӏалъулгун гьудуллъиялде лъимал ахӏизе!

Бокьун буго гьанибго рехсезе «Хӏакъикъат» газеталъул лъималазулгун, гьезул эбел-инсулгун, учительзабазулгун ва цӏалдолезулгун бугеб щулияб бухьеналъул хӏакъалъулъ:

Газеталъ санайил тӏобитӏула авар прозаялъе ва поэзиялъе сайгъат гьабураб «Чӏагояб классика» абураб конкурс. Гӏахьалчагӏаз жидерго видео-роликал ритӏула газеталъул телеграм каналалде ва конкурс гӏуцӏаразухъе. Хӏасилал гьаризе данделъула Махӏачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда. Гьенибе ахӏула телевидениеги. Лъималазул кӏудияб гъира-шавкъ букӏуна телевидениялъул камераялда цере кучӏдул рикӏкӏинеги. Прозаялъул ва поэзиялъул гуребги, конкурсал тӏоритӏула батӏи-батӏиял темабазда. Лъагӏалие щуго-анлъгониги конкурсги кколеб батила. Конкурсазда бергьарал лъимал эбел-эменгун яги учительзабигун цадахъ ахӏула редакциялде. Учительзабазда гьоркьорги тӏоритӏула творческиял конкурсал. Хъизамалда рахьдал мацӏ цӏакъго къанагӏат гурони бицунареб гьаб заманалда (хасго шагьаразда) учительзабилъидалха кколел рахьдал мацӏалъул гьуинлъи лъималазда кӏалдиб хъвалел сихӏручагӏи. Кие щваниги, рагӏула рахьдал мацӏал тӏагӏунел ругин, гьел цӏунизе кколин бицунеб лъиениги пайда ва лъугӏел гьечӏел харбал. Рахьдал мацӏалда лъималгун гаргади — гьеб гурищ рахьдал мацӏал чӏаго хутӏиялъе бищунго бигьаяб дару. Нижехъе гьоболлъухъе щола шагьаралъул школазул учительзаби, рачун жидерго цӏалдохъабигун. Хасаб студияги буго редакциялда, гьалбал къабул гьарулеб. Гьенир рахъула видеороликал — лъималаз ва учительзабаз ракӏалдасан рикӏкӏуна, цӏалула асарал. Хӏалбихьула нижецаго «гӏисинал аудиотӏахьал» гьаризеги. Масала, цӏалулеб кечӏ букӏа, проза букӏа, бахъула телефоналде. Гӏенеккула записазухъ. Лъималазе цӏакъ интерес ккола жидерго цӏалиялъухъ гӏенеккизе. Хадусеб записалде гьез хӏаракат бахъула дагьабги лъикӏ цӏализе. Гьединал творческиял хӏалтӏабаз кӏудияб кумек гьабула лъималазе ва гӏолилазе рахьдал мацӏалда кӏалъай хиралъизабизе. Лъималаз жидерго творческиял хӏалтӏабиги ритӏун рачӏуна газеталъул «Бурутӏ» гьумералде. Ритӏула гьел «Лачен» журналалдеги. Гьединаб пайдаяб хӏалтӏи къойилго гӏадин тӏобитӏула редакциялда. Нижехъе гьобол вачӏунареб къоги букӏунаро. Газеталъул телеграм-каналалда хӏалтӏулел ругел гӏолилал Жаватхан Жаватхановас ва Рукъият Ахӏмадовалъ жидерго нухмалъулей, каналалъул администратор Патӏимат Султӏанмухӏамадовагун цадахъ гьабулеб хӏалтӏи киназдаго бихьулеб батила. Ралагьизе бокьилеб хӏалалда рахъула гьез рахьдал мацӏалде рокьи базабулел гӏисинал роликал, гара-чӏвариялъе ахӏула гӏолилал.

Руго централ, рахьдал мацӏал малъулел. Ургъулел руго гӏисиназеги чӏахӏиязеги рахьдал мацӏазда компьютералъулал хӏаялги, цогидалги социалиял гьиназдаса батӏи-батӏиял хӏаял ва цогидалги хӏалтӏаби. Рахъулел руго мультфильмал. Амма гьечӏо шагьаралъул лъималазул кӏалзулаб каламалъул рахъалъ цебетӏей. Руго онлайн-школалги. Дагьа-макъабгӏаги гаргадизе лъалеб гьечӏо гьезда. Суалазе жавабал гьез кьунигицин, рохуца холел рукӏуна нилъ. Гьелдасан бичӏчӏуларищ хъизамалда рахьдал мацӏалде кӏвар кьечӏони, лъималазда гьелъул тӏагӏам лъазе гьечӏеблъи.

Сапар битӏаги нужей, гӏагарал миллатцоял

Нахъеги тӏадюссуней йиго цӏалдохъабазухъе. Сапар бухьунеб буго магӏарул хӏарпазухъе. Гьоболлъи балеб буго рахьдал мацӏалъул хӏикматаб гъасда нилъехъ къойилго урхъун рукӏунел гӏагарал, рокьулел хӏарпазухъ, авар каламалъул жавгьараллъун жал ругел…

Гьал хӏарпазулгун гьудуллъиги ккуни, битӏун цӏализеги лъани, лъаралдаса битӏун пайдаги босулеб бугони, дагьа-макъабгӏаги рахьдал мацӏалда пикру гьабизеги лъалеб бугони, текст хъвазеги лъалеб бугони – гьеле мацӏ кӏочонгутӏиялъе аслияб нух. Хутӏарабщинаб, социалиял гьиналги, гьенисан кьолел дарсалги, цогидабги… — хадуб. Гьеб киналъго щибго хӏасил кьезе гьечӏо, магӏарул мацӏалъул 13 хӏарпалъулгун нилъер гьудуллъи гьечӏони…

Сапар битӏаги нужей, гӏагарал миллатцоял, магӏарул хӏарпазул гъасде. Гьениб нужеда батила щивасе гӏураб цӏаги, хинлъиги, букӏинеселде божилъиги. Гьеб цӏа свине тоге, гӏагараб миллат!

Магӏарул хӏарпазухъ

гьоболлъухъ

Дир гӏагараб авар мацӏ, унго, цо дур берцинлъи, аваразул кӏалдиб мун рекъонккун букӏунеб куц! Магӏарулазул гъасда талихӏгун рещтӏуна мун. Талихӏал нижей дуца бачӏунебщинаб хинлъи!

Ассаламу гӏалайкум дуе, авар алфавит, алфавиталда бугеб анцӏила лъабабго хӏарп. Нужехъе гьоболлъухъе ячӏине бокьун буго. Къабул гьариларищ ниж, гьитӏинал магӏарулал?

Гъ, Гь, Гӏ, Кь, Къегун Х, Хъ, Хӏ, Хь, Чӏ, Кӏ, Лъ, Цӏ – Нужехъе щвезе урхъун руго ниж, нужер лъимал. Гьале ниж, магӏарулал, рахъа дандчӏвай гьабизе. Нужехъ хӏасратлъун ругел ниж, аварал, рихьизе.

— Гьая, «КЪ», бахъа цебе, дурго тарих бицине. Магӏарул миллаталъе пайда кинаб дур бугеб?

Битӏун дур цӏар абизе нижей захӏмалъаниги, лъала дур гьеб кутакги КЪуваталъулъ бугеблъи.

КЪиралги – мун, КЪвакӏи мун, КЪварилъи хӏехьолеб – мун. КЪисмат, КЪиса, КЪуркьуге — КЪимат тӏокӏаб дир «КЪ» харп. КЪуватал гӏадамазул КЪеркьеялъул нугӏги – мун, КЪоккаразе кумекги – гӏемер дир миллаталъул.

— «КЬ», раче дуца кверал, щиб хӏалалда мун бугеб? КЬварараб наслуялъул гӏелал куцала дуца. КЬураби гӏадал васаз КЬурди гьабулеб буго. КЬея гьезие КЬвари, КЬурабазул гӏадинаб.

— ГЪургъур бачунеб буго кӏиго миккиялъ нижей – Гъалал халатал ясал рачӏунел руго цере. ГЪираги балеб буго цӏияб гӏумру гьабизе. Гъанситохъ цӏа сунгеги магӏарулазул даим.

— ГЬуинлъи тӏагӏунгеги дир миллаталъул рокъоб. ГЬоцӏогӏан ГЬуинлъаги Дагъистаналъул гӏумру. ГЬудул-ГЬалмагълъи гучаб нижер Ватӏаналъул бакъ! ГЬайбатал чӏораз кквеги жеги щулаго. АМИН!

— Гӏумру гьуинаб буго гьаб дир Дагъистаналда. Гӏелаз Гӏелазухъе кьун, цӏунулеб буго Ватӏан. Гӏолохъанлъи гьимула Гӏадан цӏунизе кколин. Гӏолилаз жаваб кьола жал хӏадурал ругилан.

— Хинлъиги босун, гьале «Х» хӏарпги тӏаде щвана. Халатаб сапаралъ ниж нухарегӏулел руго. Холареб гьаб базе гьелъ ругьун гьарулел руго. Хиянатлъи аскӏоса бачахъулеб буго гьелъ.

— «ХЪ» хӏарп, щибги босун мун нижехъе бачӏинеб? – ХЪулухъ кӏудияб щунин, воре, ХЪатир рехуге. ХЪамалчилъи жибго тун, ХЪала бай намусалъул. ХЪурмил гӏамал жибго тун, гӏаданлъун вукӏа кивго.

— Гьая, «Хӏ», цебегӏан къай, хӏал щиб бугеб дур, бице!? – Хӏалихьат нахъегӏан те, Хӏурматги Хӏалтӏул гьабе. Хӏажат гьечӏезда аскӏор киданиги къаге нуж. Хӏалтӏи гьудуллъунги ккун, Хӏалалаб гӏумру гьабе.

— «ХЬ», гьанже гӏенеккила гьел дур дарсазухъги ниж. – Хьами, воре, рикӏкӏад те, ХЬулалги къокъал гьаре. ХЬирхьиди борхьил бугел гӏадамазда божуге, ХЬвагӏаралъур речӏчӏулел рагӏул чӏорал риччаге.

— Чӏирчӏилаго, хӏанчӏаца рачунел бакънал рагӏун, Чӏаголъула ракьалда гӏумруги гӏадамалги. Чӏухӏи рекӏелъа хъаме – Чӏван лъола гьелъ мун, инсан. Чӏахӏиязул адаб ккве – гьелъулъин нужер икъбал.

— Бицеха, «Цӏ», гьанже дий дур къисматалъул къиса. – Цӏа гӏадал гӏолилаз дир ракӏ бохизе гьабула. Цӏиял гӏелазул Цӏилъи Цӏилъулеб лахӏзат бихьун, Цӏидасанги Цӏабуцӏун дие букӏунеб рохел!

— Кӏудиял гӏолел нижей, «Кӏ», дуца щиб жо гьарилеб? – Кӏул кьолеб буго дица гьеб нужер талихӏалъул. Кӏиго рагӏи кидаго, воре, дуца бицунге. Кӏудиязе дур кумек кидаго хӏажат буго.

— ЛЪаялъул кӏул дихъ буго, ЛЪимал цӏодор гьарулеб, ЛЪалъазе буго дица къойил гӏакълуялъул ах. ЛЪан букӏа киназдаго — дир хайирги цӏикӏкӏараб — Гьадин чӏухӏадго цебе эхетана «ЛЪ» хӏарпги.

Магӏарул хӏарпазухъе гьабураб нижер сапар Лъугӏизе толеб буго жакъа, хириял лъимал, Хӏарпал кьурдулел руго, хӏарпал рохулел руго, магӏарул мацӏ бицунеб гӏалам бихьараб мехалъ.

Магӏарул миллаталъул анцӏила лъабго жавгьар — Гьелъул каранлъ кенчӏолел руго, лъимал, цӏакъ рохун. Аллагьас нилъей кьураб анцӏила лъабго хӏикмат рачӏа цадахъ цӏунизе хадусел наслабазе.

Авар алфавиталъул анцӏила лъабабго хӏарп, хазиналъун руго нуж нижей, бищун бечедаб. Нуж гьечӏони, ниж гьечӏо, гьечӏо миллат, гьечӏо халкъ.

ЧӏАХЪАГИ РАХЬДАЛ МАЦӏАЛ, ЧӏАХЪАГИ ДИР ДАГЪИСТАН!!!

Шамай Хъазанбиева