РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ щивав чияс лъагӏалие кваназе хӏажатаблъун ва пайдаяблъун рикӏкӏунеб буго гьанал 73 килограмм. Хӏакъикъаталдаги Россиялда кваналеб буго 83 килограмм (гьелда гьоркьоб аслияблъун ккола абизегӏанасеб пайда гьечӏеб гӏанкӏуязул ва болъоназул гьан). Бищун цӏикӏкӏараб къадар чӏегӏербоцӏул гьанал кванала Аргентинаялда (46 кило), болъоназул гьан — Хорватиялда (57,4 кило), гӏи-цӏцӏаназул — Монголиялда (68,5 кило).

Дагъистаналда кваналеб гьанал къадар тарихаздалъун мухӏканго лъачӏониги, нилъеда гӏемер лъикӏ лъала гьеб нилъее гьечӏого гӏолареб нигӏмат букӏин.

Жакъа ниж руго Махӏачхъалаялъул централияб базаралда ва гьений дандчӏвана гьанал даран-базаралда йигей Шамил районалдаса Гӏайшатгун.

— Гӏайшат, кин мун гьаб хӏалтӏуде ккарай, чан сон бугеб гьаб ишалда йигелдаса?

— Цере ниж рукӏана Тула областалда. Дун хӏалтӏана райпоялда, колхозалда, тукада. Добаги нижер букӏана гӏи-боцӏи, гӏодоркъоязда унаан гьан бичизе аскӏоб бугеб шагьаралде. Гьелдаса байбихьана кинабго. Дагъистаналде тӏадруссун хадубги нижер буго гьебго магӏишат — Цӏияб Тӏидиб хъутаналда хьихьула гӏиги бусбиги, магӏарухъ руго чуялги. Гьединлъидал гьаниса байбихьана нижерго боцӏул гьан бичизе (бичула гӏага-божарал, лъикӏ лъалел гӏадамазул босарабги), кигӏан захӏмат бихьаниги, гьалдаса лъикӏаб хӏалтӏи гьечӏин абун, гьаб тӏаса бищана.

— Дур пикруялда, гьан гӏезабизейищ бигьаяб ва пайдаяб бугеб, гӏезабураб бичизейищ?

— Гӏезегӏан захӏмат бихьун хьихьула гӏи-боцӏи, гӏезабула гьан, гьеб кинабго бигьаяб иш гуро. Гьебго заманалда, гӏезабун гӏоларелъул гьеб, бичизеги ккола, гьединлъидал руго нижги гьанир.

— Лъихъа бугониги босараб гьанада тӏаде нужеца лъолеб бутӏа гӏемераб букӏунищ?

— Кинабго букӏуна базаралъул багьаялда рекъон, амма 20 проценталдаса цӏикӏкӏун лъоларо. Багьа бараб букӏуна гьанал тайпаялда, хъураб жоялъул лагаялда ва цоги гӏемерал шартӏазда. Мисалалъе, жакъа гьаниб дагь буго гьан, къоги буго цӏорораб. Жакъа нижеца чӏегӏербоцӏул гьан босана 560 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун, бичулеб буго 630 гъурщиде.

— Даран гьабизе лъикӏаб заман кида букӏунеб?

— Байрамкъоязда цебе. Шагьаралда цӏакъго гӏемер руго гьан бичулел бакӏал, къанагӏат гурони гьечӏо гъоркь тукен гьечӏеб гӏемертӏалаяб мина. Гьединлъидал къойидаса-къойиде дагьлъулел руго базаралде рачӏунел гӏадамазул къадар, нахъе кколеб буго дармил иш.

— Гьан босулесе санагӏатаб, лъикӏаб заман кинаб букӏунеб?

— Гӏемераб ва бокьараб тайпаялъул гьан букӏуна радал, дагьаб гӏадатияб ва учузаб гьеб щола къасиялдехун. Гьединаб буго базаралъул ва гьанал низам.

— Гӏемер бицуна хехаб хӏалалда гӏезабулин гьан инсанасе заралиял уколал гьарун, дараби кьун. Гьединал харбаз хвезабула божилъи. Гьелда хурхун дуца щиб абилеб?

— Дун йиго хӏеж борхарай гӏадан, дир ракӏчӏей гьечӏеб гьан дица киданиги бичуларо. Кӏиабизе, гьединаб гьан гьанибеги биччаларо — базаралда ругел ветеринариял хӏалтӏухъабаз халгьабичӏеб нигӏмат гьаниб бичуларо. Лъабабизе, гьабго гьан кванала нижецаги нижер рокъосезги.

— Тӏубараб къоялъ яхъун чӏун гьаний хӏалтӏарай мун рокъое щолей ятила свакан. Хӏалтӏи тезе ялъуни хисизе ракӏалда бугищ?

— Гӏарз бахъизе гӏураб захӏматаб хӏалтӏи гуро гьаб. Хӏал гьабун дун хӏалтӏизе тӏамулев, гьаний чӏезаюлев чи гьечӏелъул, дагьаб захӏмат бихьани, къан гьабгун уна рокъое. Гьабула рокъоб бугеб боцӏул тӏалаб, риидал уна росулъе. Дун йиго гӏадамазда гьоркьой, дидаса гӏадамазе буго пайда, аскӏове вачӏарасул мурад тӏубазе рес щвеялдаса разиго йикӏуна. Гьединлъидал гьабсагӏаталда ракӏалда гьечӏо гьаб хӏалтӏи тезе.

Гӏабаш Гӏабашилов