Чачаналгун аварал жинда хадур рилълъарав
Имам Шамил накълулъаралдаса исана тӏубала 155 сон. Бакъигӏалъул хабалалъ аварагасул инсул вацгӏал Гӏабасида аскӏоб ахирисеб руссен батарав Кавказалъул лъабабилев имамас гьаб дунялалъулгун къо-лъикӏ гьабуралдаса гьебгощинаб мех ана. Чанги лъим чвахана Гӏанди ва Авар гӏоразухъан Каспий ралъдалъе. Гӏемерал лъугьа-бахъинал ккана гьебгощинаб заманалда жанир. Гӏемерал тӏадчагӏи хисана, чӏвана, ана, лъугӏана. Гьезул гӏемерисезул лъалкӏ билана, къисмат кӏочана. Гӏасруялъ цоязе нагӏана, цогидазе баркала кьуна. Амма кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда Ахӏулгохӏги, Гъунибги, кӏудияв имамас гъазаваталъе гъеж гурун, чодул кьолониб тӏамураб къоло щуго сонги. Кӏочене рес гьечӏо гьаб ракьалда унго-унгояб бахӏарчилъиги, къохӏехьейги, чаран бианиги, биунареб магӏаруласул щулияб яхӏги, къвакӏараб хасиятги. Кӏочене рес гьечӏо магӏарулазда жидер миллияб тарих. Гьелъул щибаб хӏарп, бидулъ къаламги ччун хъвараб бугелъул.
Хӏакъикъаталдаги, чан гӏасру аниги, бокьараб гӏасруялъул хӏикматлъунги, чӏухӏилъунги къохӏехьеялъул мисаллъунги вукӏина нилъее кӏудияв имам Шамил. Шамилица 25 соналъ гъеж гурун гьабураб гъазаваталъулги гьесул бахӏарчияб ва хӏикматаб гӏумруялъулги хӏакъалъулъ тарихчагӏаз гӏемераб хъвана, бицана, тӏахьал риччана, гӏелмиял данделъаби тӏоритӏана. Гьаниб гъоркьехун дица бицине цӏияб цоги жоги хутӏун батиларо. Кин бугониги, пикру ккана чанго соналъ цебе имамасул инсул росулъе, Ахӏулгохӏде ва Гӏашилтӏе бухьун букӏараб сапарги ракӏалде щвезабун, гьелъул хӏакъалъулъ хъвазе.
Кӏиго имамасул рухӏияб ватӏан
Магӏарухъе унаго, машинаялъул гордухъан бихьун гурони, Генуве жеги щун вукӏинчӏо. Гӏадатияб гӏумру батана имамасул ватӏаналда. Гӏадамазул рукӏа-рахъиналъ берцин гьабураб, гӏи-боцӏул гьаракьги жаниса рагӏулеб, рогӏрахъан чвахулеб лъел сасги гӏинда чӏвалеб.
Дагъистаналъул тӏоцевесев имам Гъазимухӏамадил зияраталде щварабго, рекӏее батӏияб асар гьабуна. Цӏидасан пикрабазда тӏад ханлъи гьабуна. 1829 соналъул сентябрь, гендерил къварилъи, нилъ Алжаналъур дандчӏвала, Аллагьас хъван батаниянги абун, хъатикь хвалченгун хучдузде тӏаде кӏанцӏарав бахӏарчияв имам. Гьениса хвечӏого ворчӏун, хадуб 25 соналъ магӏарулалги чачаналги данде гьарун, гъазаваталъе гъеж гурарав Шамил. Хадуб букӏана Ахӏулгохӏ, гурхӏел гьечӏеб кӏудияб дандечӏей, хъизамалгун цадахъ гохӏда шагьидлъарал муридзаби. Къотӏун гьечӏо жеги кьурабалъ гьезул дандерижи, Аллагь цо вугилан ахӏулеб, зобалазде рагӏараб гьезул зикрудал гьаракь.
Гьединал пикрабигун росдал гьетӏа-кӏичӏарал къватӏахъан гьаругьин гендерил хабалахъ бугеб Гъазимухӏамад имамасул зияраталде щун ватана. Гьенив аскӏовго вукъун вуго Шамилил эмен Денгасул Мухӏамадги. Дугӏа-алхӏамги гьабун, къо-лъикӏ гьабуна кӏиго имамасул росдалгун.
Гъоркьа гьалдолеб гӏор, тӏадехун гӏумру
Сагъри-кьодухъе щваравго, цӏидасан пикрабаз анцӏила ичӏабилеб гӏасруялде вачана. Ахӏулгохӏда рагъ байбихьилалде цебе, 1839 соналъул авалалда гьенибги ккана кутакаб рагъ. Хунзахъа Хириясул Гӏалибегил бетӏерлъиялда гъоркь пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна магӏарулаз. Амма, къуват бащадаб гьечӏолъиялъ, гьел нахъе къазе ккана. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго хъвадарухъан, шагӏир ва публицист Мухӏамад Хӏамзаевасул тӏехьалда.
Кӏудиял тарихиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун кколеб Сагъри-кьодухъе щваравго, пикрабаз цо хӏалалда толаро инсан. Гӏемераб жоялде кантӏизавула. Аралъул хӏисабги гьабизе, умумузул бахӏарчияб къисматалда цебе бетӏерги къулизе, гьезул къиматги гьабизе куцала гьелъ нилъ. Гъоркьа гьалдолеб Гӏандигӏурул гучаб гьаракьалъги цо хӏалалда толаро…
Амма асирлъуде унге щивго чи…
Сагъри-кьоги нахъа тун, Ахӏулгохӏда цере лъалхъана ниж. Гохӏда тӏаде балагьараб борхалъиялда, гӏешдерил росдада гъоркь бугеб мемориалияб комплексалде цере ракӏарана киналго. Комплексалда аскӏобго цун бугеб музеялъул директор, Гӏашилтӏаса Султӏанмухӏамад Гӏалиевас бицунеб букӏана машгьураб гохӏда ккарал чӏахӏиял лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ. 1839 соналъул роол моцӏаз, гьалулеб бакъуда гъоркь, 80 сордо-къоялъ магӏарулаз гьабураб тарихияб дандечӏеялъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏана гьес гьалбадерие. Бицунеб букӏана сабураб, берцинаб мацӏалда, щибаб рагӏи рекӏел тӏиналде бортуледухъ, махщалида. Цебеккун чанго нухалъ рагӏун букӏаниги, цӏидасанги хӏухьелккун гӏенеккана дун Ахӏулгохӏалъул тарихалъухъ. Щайгурелъул гьелъул бицен киданиги чӏамучӏлъизе рес гьечӏелъул.
Ахӏулгохӏил гьитӏинлъи,
Гьаб халкъалъул къвакӏунчӏей.
Кьалда муридзабазул
Имамасе мутӏигӏлъи.
Дов Шамилил гӏадиллъи,
Гӏакълуялъул борхалъи.
Лъимер баччун лъадицин
Чӏола гуллида цее.
Цоги нухалъ кӏвар кьун халгьабун бихье гьал рагӏабазухъ! Хахулеб лъимерги цадахъ бачун, гохӏде рахарал руччаби. Шагьидлъун рос ракьалде щапидал, гьесухъа бортараб хвалченги борхун, тушманасде тӏаде гъалбацӏаллъун кӏанцӏарал магӏарул руччаби. Тушбабицин хӏайранлъулеб бахӏарчилъи бихьизабуна гьез гьениб. Анцӏила щуазарго чиясдаса данде гьабураб, габунибе бахун яргъидалъун хьезабураб пачаясул аскаразда дандечӏей гьабуна лъабазарго чияс. Гьездаги гьоркьор рагъуе куцарал, туманкӏги кьвагьизе, хвалченгун рагъизе лъалел чагӏи рукӏанин 1200-гӏанасев чиян бицана Султӏанмухӏамадица. Ахӏулгохӏда рагъулаго арал моцӏазул цояб букӏана рамазан моцӏ. Рухӏ тӏагӏунеб чорхое дагьабниги къартӏ букӏине гӏоло, барсараб лъабго чӏарил мугьги чӏамулаго, гьужумалъ арал муридзаби. Гохӏде тӏаде ххарун рачӏунел тушбабазул читӏир тӏезабизе, кодоб хвалченги ккун, гьезда тӏаде кӏанцӏарал гӏолилал.
Щукӏдузда дал-далун хутӏараб гъежги хӏатӏикье ккезабун, тӏун гьебги рехун, цӏидасан гъазаваталде арав Хунзахъа Хириясул Гӏалибег. Щулалъулгохӏ бахъизе кӏоларого, ракӏ свакан тату хун рукӏана пачаясул солдатал. 100 чиясдаса данде гьабураб магӏарулазул гьитӏинаб къокъа къуркьизабизе кӏоларого, гӏемер къо бихьана гьезда.
Асирлъуде щивниги унгеян имамас гьабураб амруги рекӏелъ цӏунун, борхун хвалченги ккун, Гӏандигӏурулъе кӏанцӏарай Шамилил яц. Хахулеб лъимерги къвалакь ккун, анцӏго бихьинчиясда данде ягъарай Шамилил лъади Жавгьарат. Ахӏулгохӏалъул бахӏарчияб тарихалъул наслабаз жеги гӏемер бицине буго…
Вилълъа мун Гӏашилтӏе, щва Ахӏулгохӏде
Щибаб гохӏда дуда ватила Шамил.
Сордо рогьа дуца гӏешдерил росулъ,
Мун гъазаваталде жанив лъугьина.
Магӏарулазул шагӏир Хӏажи Гъазимирзоевасул гьал рагӏаби рагӏичӏев чи къанагӏатги ватиларо. Ахӏулгохӏда букӏараб рагъулъ шагьидлъун тӏубараб росуго чӏван лъугӏанин абизе бегьула гӏешдерил. Рагъ байбихьилалде кӏиго соналъ цебе, 1837 соналъ, Гӏашилтӏа росуго гочун буго Нух гьечӏеб гохӏде, гьелда абула Басрияб Ахӏулгохӏиланги. 1839 соналъ имам рагъде хӏадуризе гохӏде вахъиндал, гьел киналго цадахъ гочана гьенире, аслияб Ахӏулгохӏде. Рагъ лъугӏун хадуб нахъе хутӏун буго гӏицӏго анкьго хъизан. Гьезул гӏураб наслу буго жакъа росулъ. Ниж дандчӏвана гьезул цояв, Дарбишиласул тухумалъул вакилгун. Жакъа гьесул васасул васасул вас Мухӏамад вуго росдал имам.
Имам Шамилил эбел Бахумеседо жаний йикӏараб мина бихьизабизе нижеда цадахъ рилълъана гьевги Аминов Гӏусманги. Дореги нахъеги унаго, чанги интересал, тарихиял баянал кьуна гьез нижее. Бицана Ахӏулгохӏда вагъулеб мехалъ 14 сон гурони букӏинчӏев Гӏашилтӏаса Къурбангӏалил хӏакъалъулъ. Хадув гьесул кӏудияв гӏалимчи вахъине вукӏин лъалев вукӏарав имамас гьев гӏумруялъе хӏинкъи бугеб бакӏалде виччалароан. Ахӏулгохӏалда рагъ лъугӏун хадув Къурбангӏали имамасда цадахъ Чачаналде ана. Чачаналъа тӏадвуссун Шамилица гьев Гӏашилтӏе витӏана гӏелму цӏализе. Нахъа гьесул вахъана кӏудияв гӏалим.
Шамилил эбел Бахумеседол мина букӏараб бакӏалда рукӏарал чӏваданалги риххизарун, гьеб цӏигьабизе хӏалтӏаби унел ругоан гьенир.
Гьединго щвана имамасул заманалда тункӏихер гьабизе хӏалтӏизабулеб букӏараб хъахӏаб ганчӏихъеги. Гӏешдерил годекӏаниб буго гьеб гамачӏ, жакъа рагьараб зобалда гъоркь бугеб музей гӏадин.
Гьеб киналъго кӏудияб асар гьабуна. Гӏажаибго рекӏее гӏуна Гӏашилтӏа росуги гьелъул гӏадамалги. Ниж рокъоре къабул гьарурав Султӏанмухӏамадги ватана унго-унгояв магӏаруласе хасиятаб, умумузулго букӏараб тӏабигӏаталъул инсан. Ниж кванан рахъинегӏанги гӏодов чӏечӏого, батӏи-батӏияб тӏагӏам нижее баччулев вукӏана гьев.
Разиго къо-лъикӏ гьабуна Гӏашилтӏа росдалгун. Амма Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ бицен лъугӏичӏо. Магӏарулал чӏаго ругебгӏан мехалъ, гьеб гьоркьоб къотӏизеги гьечӏо.
Ашахан Юсупов