Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул сессиялда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагӏел байбихьиялъул хӏакъалъулъ гьабураб хитӏабалда тӏаса пикру загьир гьабуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас. Гьес ракӏалдещвезабуна батӏи-батӏиял соназда Дагъистаналъул халкъал цадахъ рекъон захӏмалъабазба данде къеркьеялъул, хӏажалъи ккараб бакӏалда улкаялъулго халкъазул цолъиялъул ва гъункиялъул хӏакъалъулъ.

«Россиялъул президент В. Путинил указалда рекъон, 2026 сон лъазабун буго Халкъазул цолъиялъул лъагӏеллъун.

Миллатазул цолъи, цоцазда ричӏчӏи пачалихъ цебетӏеялъе рукӏине кколел аслиял шартӏазул цояб букӏин балъгояб жо гуро. Гьеб хасго баянаб буго 80 соналъ социализм гӏуцӏулел ва «гӏадан гӏадамасе вац вугин» абураб ахӏиялда гъоркь СССРалда гӏумру гьабулел рукӏарал наслабазе ва гьезул гӏелазе. Нилъеца жакъа гӏуцӏулеб, гӏадамазул гьудуллъиялдаса давла лъикӏилан рикӏкӏунеб капитализмалъул заманалдацин нилъер халкъазул гьудуллъиялда гьоркьоб гьогьен жакъаги кколеб гьечӏо.

Хасго гьеб хасиятаб буго нилъер республикаялъул халкъазе. Ракълилаб захӏматалда ва рагъул майданазда гьеб рахъалъ рихьизарурал мисалаздаса гӏуцӏараб цогояб, бечедаб, жиндаса нилъ чӏухӏулеб тарих буго мугӏрузул улкаялъул.

Гӏумруялдаса мисалал

Гьеб нилъеда батана некӏсияб заманалдасаго бачӏараб гӏадатлъун. 1743 соналда Ираналъул шагь Надир, нусазарилаб богун Дагъистаналде тӏаде кӏанцӏидал, гьев щущахъ виххизавизе цолъана нилъер киналго миллатал ва, бергьенлъиялда гьеб масъалаги тӏубазабун, жидерго цолъи дагьабги щула гьабуна.

1923-1925 соназда Кӏудияб Октябралъул цӏаралда, 80 километр халалъиялда бугеб канал бухъулагоги бихьана нилъер цолъиялъул къуват ва жамагӏаталъул газаялъукьа хӏинкъулареб захӏмат гьечӏолъи. КОР хӏалтӏизе биччалеб данделъиялде вачӏарав Совет Союзалъул староста Михаил Калининица кӏудияб къимат кьуна халкъалъул кверзул захӏматалъе.

Кӏудияб Ватӏанияб рагъул соназда советияб халкъалъ босараб бергьенлъи щулаго бухьараб букӏана улка тушманасдаса эркен гьабиялъул кьучӏалда бижараб миллатазул гьудуллъиялда. Гьенир рухӏалда барахщичӏого бихьизабураб цадахъаб къеркьеялъе гӏоло Совет Союзалъул Бахӏарзаллъун рахъарал 75 дагъистаниязда гьоркьор руго нилъер киналниги миллатазул вакилзаби.

Дагъистаналъул цӏияб тарихалда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул нугӏлъун вукӏиналъ дидагоги бихьана нилъер жамагӏатазул цолъиялъул ва цоцазе кумек гьабизе хӏадурго рукӏиналъул чӏагоял мисалал.

1944 соналда репрессиялде ккун, республика тун къватӏире гочинарун рукӏарал чачан миллаталъул гӏадамал, 1957 соналда, тамихӏалдаса ритӏухъ гьарун, нахъе риччараб заманалда, гьезул рукӏарал росабалъе хӏал гьабун гочинарун рукӏарал магӏарулазул ва цогидалги миллатазул гӏадамал гьениса нахъе рачун, гьезие росаби разе ракьал хӏажат рукӏана. Гьеб заманалда жидерго районаздаса гьезие росаби разе бакӏал кьуна лъарагӏаз.

Цоги мисал, къоккараб заманалда, 1958 соналда Лаваша районалъул Санамахьиса дарги миллаталъул гӏадамазе Цӏияб Костек росу базе ракьал кьезе разилъана Хасавюрт районалъул жамагӏат ва нухмалъулел.

Ракӏалде щвезаризин 1999 соналъул лъугьа-бахъиналги. Хъачагъазде данде гьабулеб рагъулъ, киналго цадахъ рахъун, щулияб гъунки бихьизабуна нилъер халкъаз.

Гьел ва цогидалги мисалаз нугӏлъи гьабула дагъистаниял рухӏалда ва бищунго хирияб бечелъи – ракьалда барахщичӏого, цоцазе хӏалае рахъине хӏадурал рукӏин. Нилъеда бихьана нилъер халкъазул цолъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница кьураб тӏадегӏанаб къиматги.

Халкъазул цолъиялъе гӏелмияб кьучӏ

Нилъер республика ккола миллатазул цолъиялъе лъидасаго цебе кьучӏ лъураб ватӏан. Гьелъул бицунеб буго тарихчагӏи Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил, Расул Мухӏамадовасул, Ахед Агъаевасул, Мухӏамад Гӏабдулаевасул ва цогидалги гӏалимзабазул гӏелмиял ва публицистикиял хӏалтӏабаз.

Дагъистаналъул адабияталда бечедаб хӏалбихьи буго гьеб рахъалъ цӏар арал хъвадарухъабазул художествиял ва хӏакъикъиял асаразда жаниб.

Халкъазул цолъиялъул аслиял рахъал жинда жанир загьир гьарураб «Миллияб политикаялъул концепция» абураб документ Россиялда къабул гьабуна 1996 соналда. Дагъистаналдайин абуни, гьединаб программа ургъун букӏана 1993 соналдаго. Гьеб букӏана миллатазул гьоркьорлъабаз ва гӏумруялъул хӏалбихьиялъ гьудуллъи щула гьабиялъе ва гьелъул кьучӏалда Дагъистан кинабго рахъалъ цебетӏеялъе чара гьечӏого хӏажатаблъун бихьизабураб галилъун.

Жакъа СВОялда улкаялъул 193 миллатазул вакилзабаз гьабулеб бугеб чӏагояб гӏахьаллъиялъ бицунеб буго халкъазул гъункиялъул ва бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналдаса гьенир унго-унгояб бахӏарчилъиялда ва бихьинчилъиялда рагъулел руго аза-азар ракьцоял. Гьездаса 18 батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби мустахӏикълъана Россиялъул Бахӏарчиясул тӏадегӏанаб цӏаралъе.

Гьел хӏужабаз бихьизабулеб буго халкъазул цолъи — нилъер гӏумруялъул роцен букӏин».