Салам, хӏурматиял магӏарулал, «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзаби, авар мацӏалъул учительзаби, рахьдал мацӏ бокьулел лъимал ва чӏахӏиял!
Цоги нухалда баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб сонги. Баркат-рахӏмат гӏемераб батаги. Гӏемерлъаги нилъеда гьоркьор магӏарул мацӏги, тарихги, адабиятги бокьулел магӏарулал. Гьайгьай, нужер кумекалдалъун газеталъул гӏадатлъун лъугьун буго санайил «Чӏагояб классика» фестиваль-конкурс тӏобитӏи. Исанасеб фестиваль сайгъат гьабизе буго магӏарул прозаялъе, ай хабариял асаразе.
Кидаго гӏадин, гьенир гӏахьаллъизе бегьула учительзабиги, цӏалдохъабиги, гьезул эбел-эменги ва цогидалги. Къец тӏобитӏизе буго, гӏахьалчагӏазул соназда рекъон, чанго батӏияб бутӏаялда:
1) Ясли-ахазул лъимал
2) Байбихьул классазул цӏалдохъаби
3) 5-8 классазул цӏалдохъаби
4) 9-11 классазул цалдохъаби
5) Учительзаби
6) Хутӏарал чӏахӏиялги.
Фестиваль-конкурсалъул аслияб мурадлъун ккола гӏисиназулги чӏахӏиязулги авар прозаялде рокьи бижизаби, миллияб адабияталъул тарихги цоги нухалда ракӏалде щвезаби, хъвадарухъабаз нилъее тарал хӏикматал асаразул гъасда гьоболлъи бай, хадусел гӏелазе гьеб бечедаб хазина цӏуни. Гӏенеккарал паналъиледухъ хабариял асарал рикӏкӏун бажари — гьеб буго кӏудияб махщел. Арал соназда, гӏахьалчагӏи ругьунлъизегӏан, толеб букӏана кучӏдул рикӏкӏинеги. Амма кучӏдузул конкурсал цӏакъго гӏемер кколел руго. Гьенир гӏахьаллъулезул къадарги соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго. Гьединлъидал ракӏалде ккана гӏицӏго прозаялъул фестиваль тӏобитӏизе. Конкурсалда тӏасан суалалги гӏемерал рукӏунелъул, гьанирги гьарулел руго номинациял:
1) Магӏарул хъвадарухъанасул асаралдаса
2) Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асараздаса (магӏарул мацӏалде руссинарурал. Нужецагоги руссинаризе бегьула)
3) Гӏурус адабияталъул прозаялдаса (нужецагоги руссинаризе бегьула авар мацӏалде)
4) Гӏахьалчиясул асаралдаса (нужецагоги хъвазе бегьула бокьараб темаялда)
Исанасеб сон улкаялъул президентас Россиялъул халкъазул цолъиялъул Лъагӏеллъун лъазабун бугелъул, нилъецаги авар прозаялъул исанасеб фестиваль сайгъат гьабулеб буго Халкъазул цолъиялъул лъагӏелалъе.
Нужерго хӏалтӏаби, ай магӏарул мацӏалда проза рекӏехъе цӏалулеб видео (цо-лъабго минут) битӏизе бегьула 20 марталде щвезегӏан. Фестивалалда гӏахьаллъизе, Махӏачхъалаялде рачӏине руго видео нижехъе битӏарал киналго гӏахьалчагӏи. Гьеб тӏобитӏизе буго Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда 25 марталда, ай цӏалдохъабазеги учительзабазеги тадбиралда гӏахьаллъизе санагӏалъи бугеб заманалда, Кӏалбиччанкъоялъул байрамги нухарегӏун, ихдалил каникулазул ахиралда. Гьеб ккола арбагӏ къо.
Гьединго букӏине буго хасаб номинация. Ш. Хъазанбиевалъухъе ва Мухӏамад Манаповасухъе ритӏарал хӏалтӏаби ритӏизе бегьула газеталъул телеграм-канал бачуней Патӏимат Султӏанмухӏамадовалъухъеги. Каналалъул подписчиказ кьезе руго гьаркьал. Щварал гьаркьазда рекъон кьезе руго бакӏалги.
Гьаниб гьадин мухӏканго хъван бугониги, цо-цоял кӏалъанги рачӏуна кучӏдул бегьуларищилан абун. Гьаб нухалда гӏицӏго прозаялъе кьезе буго къимат. Амма цо-цо гӏахьалчагӏазул хӏалтӏаби рукӏуна «Гьоболасул хӏама хӏортӏе бачанин. Гьекъаниги гьекъечӏониги, ургъел гьечӏин» абураб гӏадалги. Гьединал хӏалтӏаби рикӏкӏинеги гьечӏо. Гьадинабго цӏаралда гъоркь гӏурус мацӏалда тӏобитӏулеб конкурсги берцин бихьун, гьабулеб конкурс буго гьаб. Бокьилаан интернеталдаса халгьабизе, гӏурус мацӏалда цӏалдохъабаз асарал рикӏкӏунеб къагӏидаялъулъги. Гьединаб кӏудияб гьари буго цӏалдохъаби хӏадурулел учительзабаздеги.
Бакӏалги кьезе руго, церего гӏадин, жюриялъул членаз кьурал баллазда рекъон.
а) 60 баллалде щвезегӏан — лъабабилел бакӏал.
б) 61- 80 балл- кӏиабилел бакӏал.
в) 81-100 балл — тӏоцересел бакӏал.
Жюриялъе цӏакъго асар гьабураб щуго хӏалтӏи мустахӏикълъизе буго Гран-приялъеги.
Рехсолел руго цо-цо авторазул цӏаралги, нужеца жидер асарал, конкурсалде хӏадурулаго, хӏалтӏизаризе бегьулел:
— Расул Хӏамзатов, Фазу Гӏалиева, Муса Мухӏамадов, Гӏарип Расулов, Мухӏамад Гӏабдулхӏалимов, Гъазимухӏамад Гъалбацӏов, Мухӏамад Шамхалов, Ражаб Динмухӏамаев, Асадула Мухӏамаев, Патӏимат Муртазагӏалиева, Мухӏамад Сулиманов, Багъатар Хӏажиев, Хӏусен Хӏажиев ва цогидалги.
Бокьарав шагӏирасулги рукӏуна хабариял асарал. Масала, руго гьел Тубхӏат Зургьаловалъул, Гӏайшат Малачиевалъул, Мухӏамад Хириясулаевасул, Хӏасан Хӏабибовасул ва цогидазулги. Ясли-ахазул ва байбихьул классазул лъималазе гӏадал асарал рукӏуна «Лачен» журналалдаги «Хӏакъикъат» газеталъул «Бурутӏ» гьумералдаги.
Хӏалтӏаби ритӏизе бегьула гьал адресазде, кӏалъазе бегьула гьал номеразде:
1) Шамай Хъазанбиева — 8-963-413-82-99; [email protected]
2) Патӏимат Султӏанмухӏамадова, (телеграм-каналалъе) — 8-988-436-51-45; [email protected]
3) Мухӏамад Манапов — 8-988-665-41-83; [email protected]
Адабгун «Хӏакъикъат» газеталъул редакция.
Шамай Хъазанбиева