Цебе заманалда росабалъ къанагӏат гурони рукӏинчӏо унтаразе кумек гьабизе лъалел чагӏи. Хӏатта ца-гӏус унтидалцин, къебедасухъеги ун, чолгъецӏалъ бахъулаан унтараб ца. Амма, хасаб лъай гьечӏониги, камулароан Аллагьасго гьунар кьурал местӏерал, хасго рагъда санитараллъун хӏалтӏарал чагӏи. Мукъсанаб гурони лъай-махщел гьечӏел гьезул цо-цояз, гьабизе жо тӏагӏиналъ малъулаан бетӏер унтарасда, ботӏрода сверунжоги бан, гӏочӏоца къаян.

Тӏадехун бицунелъе нугӏлъун букӏине рехсела цо лъугьа-бахъин. Пуланаб росулъ ресалда вугев Ахӏмадица хур бекьизе вачуна Гӏумар. Хӏалтӏухъан кваназавизе кколаан къасиги. Кваназелъун маркӏачӏуда гьев щола Ахӏмадил рокъове. Гьений гьесда Ахӏмадил гӏолохъанай яс Ача ятула. Кваназе гӏодов чӏаравго, нуцӏаги рагьун, бахъун ханжаргун жаниве кӏанцӏун вачӏуна Ачал вац Хирач ва дир яцалъулгун рокьудайищ вугевиланги абун, гьел рагъизе ккола. Гӏумарица Хирачил килищ къотӏула ва гьесие рес ккола лъутизе. Ццидаца гьалаглъарав Хирачица, чохьолъ ханжарги къазабун, яц чӏарбида лъола. Ахӏи бахъун рачӏарал мадугьалзабаз, гьабизе жо тӏагӏун, лъукъаралда катан жемула. Хадув витӏун чигун, аскӏоб бугеб росулъа вачун вачӏуна япониязулгун букӏараб рагъда санитарлъун хӏалтӏарав Гӏиса. Ясалъул ахӏвал-хӏалалъухъги балагьун, гьес абула: «Жаназа чурулеб росоний цӏамул лълъелъ лъуни гурони, гьабизе кӏолеб жо гьечӏо», — ян. Гьедин гьабидал, захӏматго лъукъарай Ача, заманалдасан сахлъула.

Гӏадаталда рекъон, Хирачица, жиндасаго баккизабураб бидухъ, рецӏел босизе кколаан. Пуланаб къоялъ Хирач вачӏуна Гӏумарил колоде ва абула рецӏел босизе вачӏун вугилан. Босехаянги абун, гьес жиндирго килищ цебе ккола. Кьабун ханжаргун Хирачицаги гьеб къотӏун рехула. Чоде вахунаго Хирачица абула: «Гӏумар, къотӏараб килищ кӏващулъ лъе, хехго сахлъула», — ян.

Гьеб хӏалалда букӏараб халкъалъе кумекалъе Гьидалъе хӏалтӏизе витӏун вачӏарав гӏолохъанав тохтурасулги бицинин.

Доб букӏана тӏабигӏаталъ хурдузул ва тӏугьдузул тӏанса ракьалда тӏибитӏараб июль моцӏалъул къо. Гьеб къоялъ Гӏурада участкаялъул больница бугеб Габдано абулеб бакӏалде ракӏарун рукӏана гьидерил гӏадамал. Гьелъие ккараб гӏиллаялъул бицунаго, больницаялъул бетӏерав тохтур Хирамухӏамадов Мухӏамадица абуна, жидеца нухда тӏовитӏулев вугила къиматав гьобол ва кӏудияв вац. Гьев кколила гьидерил ва районалъул сахлъи цӏуниялъе кьучӏ лъурав асатӏинав Бугулов Михаил Николаевич.

1928 соналда Азербайжаналъул мединститутги лъугӏизабун вачӏана Бугулов Гьидалъе хӏалтӏизе. Дол соназда батӏи-батӏиял захӏматал унтаби тӏиритӏиялъ, холел рукӏана гӏемерал чагӏи, хасго лъимал. Гьединаб къварилъиялда ругел гьидерица, мугӏрузде кингӏаги ккаравилан гьесда гьикъидал, гьес бицунаан жив кколин Дербенталда гьавурав, Осетиялъул Бугуловка поселокалдаса бечедаб ва кӏудияб тухумалъул чийилан. «Инкъилабалъул бакӏаб михиралъ мерхьана нижер бечелъи ва тӏагӏинабуна тухум. Чӏвазе рес ккечӏеб мехалда, нижеца гьабилин дие гӏадлуйинги абун, дун гьаниве витӏана. Кӏиабилеб гӏилла — Тӏидиб росулъ гурони букӏинчӏо больница гьабизе рес бугеб кӏудияб мина», — ян.

Больница гӏуцӏизе гьесухъе кьуна хӏукуматалъ пачаясул армиялъул полковник Хандиев Мухӏамадихъа бахъараб кӏитӏалаяб мина. Гьениб 12 унтарасе вегизе бакӏ бугеб больница гӏуцӏиялдасан байбихьана гьес хӏалтӏи. Хадуб, мадугьалихъ ругел росабалъа ралагьана гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе кумек гьабун бажарулел чагӏи. Гьезул кумекалдалъун гьабуна унтаразул мухӏканаб сияхӏ. Тӏоцебесеб заманалда гьес квераз ишараби гьарун бичӏчӏизабулаан унтаразда гӏемерисеб жо. Амма гӏемерисел гьесухъе рачӏунароан, капурчиясухъе ани хӏакъ букӏунинги абун.

Бугуловасул махщалие къимат кьезе рес ккана Гьентӏа росулъ ккараб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Хурзабазул гӏурхъи сабаблъун дагӏбаги ккун, Ибрагьим ва Будун цоцаца лъукъун ругилан хехаб ахӏухъе щварав тохтурасда, лъавудаса арал, захӏматго хӏухьел цӏалел гьезухъ балагьун ратана гӏадамал. «Гьазие тӏокӏаб нилъер кумек хӏажалъуларо, Аллагьас гьел жиндихъего ахӏизегӏан дугӏа-алхӏамалда рукӏин гуреб, гьабун бажарулеб жо гьечӏо», — янги абун, тохтур нахъе витӏулев вукӏана дибирас. Лъихъго гӏенеккичӏого, гӏолохъанав тохтурас лъукъаразухъ халгьабуна, гьел хвасар гьаризе кӏвеялде хьул бугинги абун, больницаялде рачана. 12 ругъун лъун батана Ибрагьимида ва анкьго ругъун — Будунида. Лъабго сордо-къоялъ кьижичӏого Бугуловас гӏолохъабазе гьаруна операциял, биччана би, хӏалтӏизаруна гӏемерал дараби ва даруял хурдул. Щуабилеб къоялъ унтараз берал рагьана ва загӏипаб гьаракьалъ тохтурасе баркала кьуна. 23-абилеб къоялъин абуни гьел рокъо-рокъореги ана…

Гӏумруялъул 85 сон барав унтарав Тӏидиса Ахӏмадие Бугуловас хъван буго рецепт. Лъелъе биччан, тӏад хъвараб жоги биинабун, гьелъул лъим гьекъедал, жив сахлъанилан бицунеб букӏун буго гьес.

Бугуловасул бицунаго, херал чагӏаз гӏемер ракӏалде щвезабулаан цо гӏажаибаб лъугьа-бахъин. Загьруяб борхьица хӏанчӏун букӏун буго Тӏидиса Гӏумарил квералда. Гьорон квергун вугев гьесде тӏаде щун вуго тохтур. Гӏурул рагӏалдеги вачун, гьес гӏурулъа ккун гьитӏинаб къверкъ лъун буго ругънада тӏад. Гьелда тӏад, лъелъа бакӏарун лъел чӏахӏги чӏван, ругъун бухьун буго. Кӏиабилеб къоялде квер сахлъун, къверкъ хун батун буго.

Гьесул махщалил хӏакъалъулъ хабар рагӏидал, сахлъи цӏуниялъул халкъияв комиссарас тахшагьаралде хӏалтӏизе ахӏун ана Бугулов. Кӏудияб пашманлъиялда тӏовитӏана гьидерица гьев нухда. Бихьулеб букӏана гьесиеги нахъе ине захӏмат букӏин. «Дандчӏвана тушманасда гӏадин, нухарегӏулев вуго вац гӏадин, баркала нужее», — ян абуна Бугуловас къо-лъикӏ гьабулаго…

Гьелдаса нахъе ана 33 сон. Цо-цо кагътаздасан лъалаан гьидерида Михаил Николаевичасул берал сах гьарулев гӏалимчи вахъун вукӏин. Рагӏана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде цӏализе лъугьунезул экзаменазул комиссиялъе председательлъи гьабизе ункъо соналъ тӏатӏалаго гьев Москваялдаса вачӏун вукӏинги.

Гьидерица Бугуловасулгун гьоркьоблъи хвезе толароан. Хъвалаан кагътал, ритӏулаан посылкаби, гьесие бищунго бокьулеб бакъвараб гьанги, цӏоросаролъул гӏатӏги, урбаги жаниб лъун. Цо-цо щолаан гьесухъе, мединституталъул ректорасухъе, Орджоникидзеялдеги.

«Инсул беразе захӏматаб операция гьабизе кколеб букӏун, дун Орджоникидзеялде, Бугуловасул клиникаялде ана, — ян бицана Гӏурадаса Сулейман Мухӏамадовас. — Вацасда гӏадин дандчӏвай гьабуна гьес, эмен гостиницаялда вугин бициндал семана, хадуб машинаги битӏун, больницаялда лъуна. Гьесие цӏакъ бокьулаан эменгун магӏарул мацӏалъ кӏалъазе. Бищунго дун хӏикмалъизабураб жо ккана, хӏакъикъияв магӏаруласул гӏадаб гьесул ретӏа-къай: хурумалъул чакмаял, галифе-тӏажу, гужгат, бухари-тӏагъур».

1964 соналъул маялъул ахиралда Гӏурада росдал участковияб больницаялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Хирамухӏамадовасухъе бачӏана телеграмма. Бугуловас гьелда хъван букӏана анкьабилеб июналда жинца къабул гьаризе ругин берал унтарал, хӏадурлъи гьабеян абун.

Хӏебде щвезегӏан, гьесда дандчӏвай гьабизе ана гьидерил гӏадамазул къокъа. Цинги, Тӏидиб росу бихьулеб бакӏалде щведал, гьес машина чӏезабуна. «Дир гӏемерисел гьалбал ва гьудулзаби хабалалъ рукъун руго, гьезда аскӏове дун машинаялдаги рекӏун ине бегьуларо», — янги абун, кӏиго километралъул манзилалъ лъелго ана гьев. Росулъе щолаго, киса-кирего бералги щвезарун, абуна: «Дун гьанив хӏалтӏулеб мехалда цо чиясул гурони ах букӏинчӏо, гьанже тӏубараб росуго ахалде сверун буго. Хӏалчӏахъадал, кигӏан берцинаб росуха гьабун бугеб», — ан.

Гьесие бокьана жиндирго больницаялде щвезеги. Гьениве щолаго хисана гьесул хӏатӏазул росиги, гьурмал разилъиги, хӏатта гьаракьгицин. Гьев гӏолохъанлъун гӏадин лъугьанин кколеб букӏана. Гидас гӏадин биджунеб букӏана гьес «гьаб рокъоб букӏана дир аптека, гьаниб унтарал регулеб палата, гьанир къабул гьарулаан унтарал, аскӏоб букӏана склад» абун. Азбаралъуре щварабго: «Гьаб магӏида бухьун букӏунаан дир хехаб юргъа-чу», — янги абун, велъана гьев.

Цо гӏодобчӏеялда лълъар борхулаго, гьес абуна: «Изну кье дие гьаб стаканалда жаниб бугеб гӏаркъил бащалъи ракьалде тӏезе ва ракьулъ лъун ругел рагъда хваралги, херлъун арал дир гьалбалги, гьудулзабиги ракӏалде щвезарун, гьезул хӏурматалда, тӏаде рахъун, гьекъезе», — ян. Гьидерил жамагӏаталъул хӏакъалъулъ гӏемерал берцинал рагӏаби абуна гьес ва тӏадеги жубана: «Цо бадибчӏвайги бугебха дир нужее гьабизе. Гьаниве вачӏунаго, дида ккун букӏана гьидерил гӏадамал ратилин лъиданиги релълъинчӏеб добго гӏамал-хасияталда, яшавалда, тӏабигӏаталда дандекколеб берцинаб ратӏлил формагун. Гьеб нужеца хисун буго, гьанже нуж киназдаго релълъун руго», — ян.

Профессор М. Н. Бугулов вукӏана Северияб Кавказалдаго цӏар рагӏарав беразул тохтур. Гьес гӏелмуялда кӏудияб бутӏа лъун букӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинаб мисалалъ: дунялалда тӏад тӏоцебе гьесухъа бажарана катарактаялъе операция гьабулаго ясбер гургинго цӏунизе. Гьединаб къагӏида гьес ургъизегӏан, операциялдаса хадуб ясбер хъвалисун унаан.

Гьеле гьединав инсанасул цӏар лъун буго гьес кьучӏ лъураб Гьидалъ участковияб больницаялда ва, кигӏан заман аниги, гьидерида киданиги кӏоченаро Михаил Николаевич Бугулов.

Нури Нуриев