Бахӏарзаллъун гьаруларин, бахӏарзаллъун рахъунин тӏаде къоккедалин аби буго умумузул. Гьедин букӏин бихьулебги буго СВО байбихьаралдаса нахъе нилъер гӏолохъабаз жидерго бахӏарчилъиги къохӏехьейги бихьизабулеб букӏиналъ. Щибаб тӏокӏцӏаралдагун медалалда нахъа вуго жиндирго къиса-къисматгун, божилъи-хӏинкъигун инсан. Жакъа бицен гьабизе бокьун буго жакъасеб къоялъул бахӏарзаллъун кколел вацал Малачовазул — Гӏисал, Мусал ва Мухӏамадрасулил хӏакъалъулъ.
Гъоркьиса Гӏиса Малачов «Ахмат» спецназалде, «Джигит» абураб тӏокӏцӏаргун, ункъо моцӏалъе къотӏиги хъван ана рагъде. Рагъуе хӏадур гьавун хадув гьев витӏула Харьковалъул рахъалде, Апти Алаудиновасул нухмалъиялда гъоркь бугеб «Каштан» батальоналде. Аллагьасул кумекалдалъун сах-саламатго рокъовеги тӏадвуссана. Амма Гӏисал рекӏее хӏалхьи букӏинчӏо рагъул цебесеб кьерда тарал гьудул-гьалмагъзабиги ракӏалде щун. Яхӏго гьабизе кӏвечӏого, нахъеги ана рагъде. Гьаб нухалъ гьев ккола Курскиялде. Гьенив кӏицӏул лъукъула. Вегана Курск шагьаралъул госпиталалда. Цинги цӏидасан тӏадвуссана СВОялде. Гьоркьоб моцӏ иналде минаялде тӏадеги ккун, кӏиабизеги лъукъана. Госпиталалда вукӏаго бачӏана гьесухъе пашманаб хабар — рагъулаб тӏадкъай тӏубазабулаго гьитӏинав вац Муса хванин абураб. Жиндирго гӏумруялъе хӏинкъи букӏиналъухъ балагьичӏого, Мусаца анкьго гьалмагъ хвасар гьавуна, амма живго ворчӏичӏо рекӏкӏаб гуллидаса. Гьитӏинав вац хвей захӏмалъарав Гӏисал сах гьавиялъул болжал халатбахъана ва, къотӏи-къай рагӏалде щведал, рокъове тӏадвуссана. Нахъвуссун ине бажаричӏо, вац камиялъул гьиралъул бакӏлъиялъ.
Гьезул вац Мухӏамадрасул вуго 22 сон барав гӏолохъанчи. Лъимерлъудасанго инвалид вукӏиналъ, гьединазе хасгьабураб школа-интернаталда — Аксаялда цӏаларав гьев армиялде вачунев вукӏинчӏо. Амма жив цогидаздаса батӏияв гьечӏеблъи бихьизабизелъун Гӏисаца хъвана къотӏи-къай. «Цӏумадисев» абураб тӏокӏцӏаргун сапар бухьана Луганскиялде ва ругьунлъаби лъугӏун хадув витӏула Харьковалъул рахъалде. Цогидазе мисалияб куцалда рагъулаб хъулухъги тӏубан, захӏматаб лъукъа-къотӏи ккечӏого, сах-саламатго рокъове вачӏана.
Мусаги вукӏана рагъде арал вацазда гьоркьов бищун гьитӏинав, 2007 соналда гьавурав. Гьевги вукӏана лъимерлъудасанго инвалид ва Мухӏамадрасулго гӏадин цӏалана Аксаялда. Мухӏамадрасулго гӏадин, армиялде вачине инкар гьабурав чи ана гьев къотӏи-къайги хъван Ватӏаналъул гӏорхъаби цӏунизе рагъде. «Цӏум» абураб тӏокӏцӏаралда гъоркь хъвана гьесги къотӏи-къай. Луганск шагьаралда ругьунлъаби лъугӏарав гӏолилав витӏула Кучерово шагьаралъул Сумскиялъул рахъалде. Ноябралда минаялде тӏадеги ккун лъукъарав гьесул чорхолъа гӏарададул ичӏго кесек бахъана тохтурзабаз. Сах гьавидал, 10 декабралда тӏадвуссана рагъулаб часталде, амма Аллагьасул къадар гьукъун чӏолеб жо гурелъул, хадусеб къоялъго рагъулаб хъулухъ тӏубалаго, къоринире ккарал гьалмагъзаби хвасар гьарулаго, цӏидасан лъукъана. Анкьгоявги эркен гьавун, микьабилевги мугъзада лъун вачӏунаго, къадаралде щвана.
— Гьитӏинго эменги гьечӏого хутӏарал яцгун ункъо вац хьихьана гьезул эбелалъгун кӏодоэбелалъ. Бигьа букӏинчӏо руччабазе инвалидал-лъимал ругеб рукъ цебе бачине. Амма гьел къуркьичӏо захӏмалъабазе — кӏудиязул адаб, гьитӏиназул хӏурмат бугеллъун, ккараб къо борхулеллъун гӏуна лъимал. Гьитӏинго къо бихьарав чи яхӏ-намус цӏунарав, божилъи гьабизе бегьулевлъун вукӏунин абиги бугелъул, гьединал гӏолохъаби ругин Малачовазул васалин абила дица. Гьезул бахӏарчилъи буго кӏудиял умумузул бахӏарчилъиги, жавабчилъигун кьвариги чорхолъ бесси, — ян бицана «Память гор» жамгӏияб гӏуцӏиялъул Хасавюрт шагьаралда бугеб отделениялъул нухмалъулесул заместитель Ахӏмад Рамазановас.
Инсул рахъалдасан гьезул кӏуди, Малач, вукӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, эбелалъул эмен — Афгъанистаналъул рагъул ветеран. Ватӏаналде рокьиги, тушманасде ццинги бидулъ бессун буго нилъер. Щибаб тӏокӏцӏаралда нахъа къисматги, щибаб шапакъаталда нахъа гӏумруялъе хӏинкъи цӏикӏкӏараб гьунарги буго нилъер гӏолохъабазул. Гьединазулгун харбида рукӏаго бичӏчӏула «нилъералго рехун толаро» абураб калам чӏобогояб ахӏи гуреб, гӏумрудул масаб букӏин.
Ватӏаналде къоккарал къояз кьолон чуялгун умумул рахъаралго гӏадин, жакъаги цебесеб кьерда тӏоцере рукӏуна нилъер гӏолохъаби. Гьединазул цоял ккола жакъа бицен гьабурал вацал, Хасавюрт районалъул Муцалаул росулъ яшав гьабун ругел Цӏумада районалъул Гъоркьхъварщиниса Гӏисагун Мухӏамадрасул ва, Ватӏаналъул тӏалаб тӏубалаго, абадиялъего берал къанщарав гьезул вац, рагъул бахӏарчи Муса.
Хадижат Залимханова