12 октябралда Сергей Меликовас тӏобитӏана ДРялда ришватчилъиялда данде чӏеялъул хӏалтӏи нухда бачиналъул рахъалъ комиссиялъул данделъи.
Гьенир рорхарал суалазул аслияблъун букӏана — ятимал лъимал мина-рукъалдалъун хьезариялъулъ коррупция ккунгутӏиялъе тадбирал гӏуцӏи.
2023 соналда республикаялда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе республикаялъул бюджеталдаса 779,1 миллион гъурущ биччан бугин бицана Сергей Меликовас.
Гьеб гуребги 189 ятимазе республикаялъул бюджеталдаса жеги тӏаде кьезе бихьизабун буго социалияб выплата.
«Жидер тӏалаб гьабизе нахъа чи гьечӏел ятимаздаса пайда босизе нахъе къаларел цо-цо «пишачагӏазул» хьул лъун батизе бегьула дица рехсараб гӏарцуде. Гьединал лъугьа-бахъинал дандчӏвани, гьеб бакӏалдаго къотӏизаризеги руго», — ян лъазабуна республикаялъул бетӏерас.
Ихтияр цӏунулел гӏуцӏабаздеги хитӏаб гьабуна Сергей Меликовас бесдал хутӏарал лъималазе рукъзал кьеялъул рахъалъ ихтиярал хвезарурал гӏадамал законалда рекъон кьварараб тамихӏалде цӏаян абун.
2015-2016 соназда ятимал лъимал рукъзабаздалъун хьезаризе 4,5 млрд гъурущ биччан букӏана. Сергей Меликовас гьабураб хӏисабалда рекъон, гьеб гӏарац кколеб къагӏидаялъ, цӏодорго хӏалтӏизабун букӏарабани, жакъа киналгӏаги захӏмалъаби рукӏинароан ятимал лъималазе мина-рукъ щвеялъул рахъалъ.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова