Дагьал церегӏан къоязда, ришватчилъиялда дандечӏеялъул хӏалтӏи гьабиялъул рахъалъ комиссиялъул данделъиялда, ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас кӏвар буссинабуна ятимал лъимал минарукъалдалъун хьезариялъул рахъалъ дандчӏвалел захӏмалъабазул

хӏакъалъулъ суалалде. Гьес кьварун лъазабуна гьеб рахъалъ хӏалтӏи тӏаса-масаго гьабулезе, ятимазул ихтиярал хвезаруразе законалда рекъон тамихӏ гьабизе бугин абун.

Ятимазе мина-рукъ босизе пачалихъалъ биччараб гӏарац, батӏи-батӏиял хӏиллабиги ургъун, гьересиял документалги гьарун, бокьа-бокьахъе бикьулеб букӏиналъул хӏужаби загьирлъана ахирал соназда. Лъабго соналъ цебе республикаялъул бетӏер вугеб бакӏалда гьеб суал борхана «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» НКОялъул председатель Раисат Гӏусмановалъ. Абизе ккола, гьелдаса нахъе гьеб рахъалъ ахӏвалхӏал гӏезегӏанго лъикӏлъанин.

Жиндир заманалда рукъзал щвечӏел, гьеб рахъалъ батӏибатӏиял захӏмалъаби дандчӏварал, лъималазул рокъор гӏурал гӏемер ятимал рачӏунила «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде кумек гьарун. Гьел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ гьадин бицана Раисат Гӏусмановалъ:

— Жиндир заманалда лъималазул рукъзазул нухмалъулез минаби щолезул сияхӏалда лъечӏого гьоркьор хутӏарал ятимал рачӏуна дихъе. Лъималаз 18 сон тӏубазегӏан, лъималазул рукъзазул нухмалъулез, ятимазул статусги бихьизабун, хӏадуризе ккола документал. 23 сон тӏубалелде гьел рукъ щолезул сияхӏалде росун рукӏине ккола. Гьеб заман щвезегӏан документал жанире кьезе кватӏани, гьезие рукъ кьоларо. Лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахӏлъи сабаблъун рукъзал щвезе кватӏарал ятимазул хитӏабазул халгьабула ва кумек гьабула нижер юристас. Пачалихъалъ чӏобого кьолеб рукъалъе гӏоло, хӏиллаби ургъун, мекъал ишал гьарулел ратана цо-цо бакӏазда. Цо-цо эбел-инсуца жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун, гьересиял документал гьарулел ратана. Батӏибатӏиял хӏиллаби ургъун, унго-унгоял ятимаздаса цере щолел ругоан гьезие рукъзалги.

Гьел хӏужабазда тӏасан респу- бликаялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабуна нижеца. Ва гьеб пиша гьоркьоб къотӏизабизе кӏвана. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствогун цадахъ нижеца батӏи-батӏиял районазда эбел-инсулал ихтияраздаса махӏрум гьарурал ва рукъзал щолезул сияхӏалда лъурал гӏадамазул документазул хал гьабуна. Рукъ щвезе гӏоло гьересиял документал гьарурал гӏемер ругоан, нижехъа бажарана гьезул цо-цоязул гӏарзал хӏакъикъиял гуреллъи чӏезаризе».

Жакъа къоялдаги гӏемер руго 23 сон барал, амма лъималазул рукъзазул нухмалъулезул тасамахӏлъи ва цогидал гӏиллаби сабаблъун рукъзал щвечӏел ятимал. Кин гьеб суал тӏубалебали лъачӏого, гьел рачӏуна «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялде кумек гьарун.

«Жидерго лъималаздаса инкар гьабунин абун гьересиял документал гьарурал ва чӏобого рукъ щвезе ятимазул сияхӏалда гьел лъурал гӏадамаз унго-унголъунги гьединаллъун кколезул ихтиярал хвезарулел руго. Нижеца гьеб суал борхун хадуса Сергей Меликовас лъазабуна ургъунго эбел-инсулал ихтираздаса жалго махӏрумги гьарун, судалъул хӏукмуялдалъун рукъ чӏобого щвезе кколел ятимазул сияхӏалда иргаялъ церегӏан рачунезул халцин гьабугеян абун. Гьеб мехалда прокуратураялъ тӏадчӏун хал гьабуна гьединазул. Ва байбихьана кколеб къагӏидаялъ, иргаялда рекъон, ятимазе рукъзал кьезе. Судалъул хӏукмуялъул санги гьабичӏого, гьел щвезе мустахӏикъал ятимазе гурони рукъзал кьечӏого тезе жавабчилъи тӏаде босун букӏана Махӏачхъалаялъул вукӏарав мэр Салман Дадаевас. Гьединал лъикӏал хӏасилал ккана Меликовасде гьабу- раб хитӏабалдаса хадур», — ан бица- на Раисат Гӏусмановалъ.

Жакъаги захӏмалъаби дандчӏвалел руго бесдалазе рукъзал ро- сизе кьолел сертификатазул рахъ- алъги. Республикаялда рукъзал хиралъун рукӏиналда бан, сертифи- каталда бихьизабураб гӏарцул къа- дар гӏолеб гьечӏин жакъа ятимазе рукъ босизеян абулеб буго «Бесда- лал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялъул нухмалъулелъ:

«Рукъзал росизе ятимазе гӏарац биччазе республикаялда байбихьана 2004 соналда. Гьелдаса нахъе хисабасиялги гьаруна законалъулъ. Цебе рес букӏана бокьараб бакӏалда рукъ босизе ва хадубккун гьеб бичизе. Яти- мал махсараде кквезе рес бугин абун, хадуб законалъулъ хиса-басиял гьаруна. Ва гьелда рекъон, ятимазе босараб рукъ бичизе бегьулароан щуго соналъ. Щуябго соналъ гьеб мулк букӏунаан администрациялъул халгьабиялда гъоркь. Гьеб заман ун хадуса гурони рукъалъул бетӏергьабилъун рахъунароан ятимал. 2023 соналъул август моцӏалда байбихьана сертификатал кьезе. Гьанже сертификаталда рекъон, рукъ босарабго гьелъул бетӏергьабилъун рахъуна ятимал. Гьеб цӏияб къагӏидаялъул щиб ккезе бугебали лъаларо.

ДРялъул Хӏукуматалъ ятимазе рукъзал росизе 2 334 585 гъурущ бихьизабун буго. Жакъасел багьабазда рекъон, гьеб гӏарац гӏолеб гьечӏо рукъ босизе. Ятимасе бихьизабун буго 33 квадратияб метралъул рукъ. Амма гьединаб къагӏидаялъул рукъзал республикаялда гьанже ралелго гьечӏо. Ралел бакӏазул, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялъул вакилзабаз тӏобитӏараб данделъиялдаги борхун букӏана дица гьеб суал. Гьез абуна ятимасул рес бугин жинцаго тӏад гӏарацги лъун рукъ босизеян».

Исана 189 ятимасе щвезе буго рукъ босизе сертификатал. Жакъа къоялда гьел сертификат щварал ятимазда гьоркьоса 56-яз гьеб рукъ босизе гӏарац щвеялъе документал ракӏарун кьун руго. Гьезда гьоркьосаги 40 ятимас босана рукъ. Хутӏаразин абуни лъагӏалил ахиралде щвезегӏан халгьабизе ккола жидее дандекколел рукъзал ва документал ракӏаризе ккола. П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА