ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликов 12 ноябралда дандчӏвана республикаялъул журналисталгун. Гьениб бицана коронавирусалъ унтарал цӏикӏкӏунел рукӏи налъулги, республика социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏезабизе хӏажат букӏиналъулги, миллиял проектал тӏуразе ккеялъулги, спорталъулги
ва цогидал суалазулги хӏакъалъулъ. Масала, миллиял проектал рихьдае гӏоло гурел, унго-унголъунги гӏадамазул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялъе гӏоло тӏуразаризе кколин абуна республикаялъул бетӏерас. Спорталъул рахъалъ абуна нилъер гьанир цӏар рагӏарал спортменал рахъунел рукӏинги лъикӏ бугила, амма массовияб куцалдаги машгьур гьабизе къваригӏун бугила. Гьединго гӏемерисезе интерес ккана Сергей Меликовас жив соцсетазда вукӏунарин абидал. Киб бугониги нужеда жиндир цӏар хъвараб гьумер бихьани, гьев жив гурин абуна гьес.
Гьелдаса хадур блогерал соцсетаздасан хъвадаризе лъугьана Меликовасул цӏаралда ругел гьурмал гьересиял ругилан.
Гьеб баян гьабулаго, С. Меликовасул пресс-секретарь Низами Хӏажибалаевас абуна ДРялъул бетӏерас абулеб бугин хас гьабун
жив хъвадарулеб гьумер гьечӏин соцсетазда. Амма ругила хӏакъикъиял гьурмал — гьесул ишазул хӏакъалъулъ хъвалел.