М. Ахӏмадов вуго унго-унгояв шагӏир, таржамачи, публицист, гӏемерал тӏахьазул автор.

Гьев вуго кӏудияб пагьму-гьунар Бетӏергьанасдаса насиблъарав, гӏакъилав, тавакалав, лебалав, кӏвахӏ гьечӏев, жиндир къалмикьан бачӏунеб щибаб рагӏулъ бихьинчилъи, бахӏарчилъи бессизе бажарарав чи. Шагӏирасул бажари буго жинца хъвалебщиналъулъ щибаб рагӏи кколеб бакӏалда, къадалъ гамачӏ гӏадин, рекъезабун лъезе.

Гьев чӏухӏун ва вохун вукӏуна нилъер умумузул бахӏарчилъиялдаса, гьезул къвакӏиялдаса, тӏаде ккараб къо баччизе кӏолеб лебаллъиялдаса. Амма гьесие цӏакъ рихарал руго хиянат, хӏилла-макру, ай нилъер гӏумруялъул иццул бетӏер хъублъизабулел хъантӏарал, къабихӏал, гӏамал кӏудиял гӏадамал.

Дагъистаналъул халкъияв шагӏирас жиндирго асаразулъ рорхана ва рорхула инсанасул, жамгӏияталъул, адабияталъул кӏвар бугел масъалаби. Шагӏирасда гӏемер лъикӏ бичӏчӏула кинаб заман бачӏун бугебали ва, гьелъул хӏисабалги гьарун, шигӏрабалъ бессула гӏумру.

Магӏарул росулъа вас Мухӏамад, улкаялъул адабияталде вачӏана халат рахъун ралел цӏадазул ихх гӏадин, рорхатал мугӏруздасан пулеб гьури гӏадин, хӏалуцун. Гьев кидаго вукӏана ва вуго жиндирго хаслъи бугев, лъицаниги такрар гьавуларевлъун. Критиказ гьев киданиги гогьдаризавичӏо, адабияталъул агьлу гьесухъ щаклъигун балагьана. Жиделъ цӏилъиги, хаслъиги, хинлъиги, рацӏцӏалъиги букӏиналъ, нух бахъана гьесул асараз цӏалдолезул ракӏазулъе. Жиндиего бищун къиматаб хазиналъун Ахӏмадовас рикӏкӏуна гӏагараб росу Гьонода – гьев гьенив гьавуна, гӏуна ва, Москваялде — Литературияб институталде цӏализе инегӏан, гьесул гӏумруги ана гьениб. Мугӏруз хасаб асар гьабула инсанасе. Гьез рекӏел асарал хӏалуцинарула, гӏадамал цоцазе гӏагар гьарула, гӏун бачӏунеб гӏел куцала бахӏарчилъиялъе, инсанасул рухӏияб къвакӏи лъадарула. Гӏагарал мугӏрул ккола поэтасул творчествоялъул балъголъи рагьулеб кӏул. Гӏадада гуро Мухӏамадица абураб жив мугӏрузе налъулав кколин.

Киве кканиги, шагӏир жиндихъего цӏала гӏагараб гъанситоялъул цӏадул кунчӏиялъ. Гьев пашман гьавун вуго ахирал соназда лъикӏаланго чӏороголъарал росабалъгицин ахӏвал-хӏал рахӏат хвараблъун лъугьун букӏиналъ:

Кодоб тӏамурги ккун, тӏамулеб бакъан

Тӏагӏун буго гьанже росдал тӏохазда.

Мадираби гьечӏо, гваял лъугӏана,

Мадугьалзабазул вацлъи беццлъана.

Дир лъимерлъиялда магӏна букӏана

Магӏарул ракьалда кьалбал риччараб:

Чанги маргьабазул гьуинлъи лъана,

Гьоцӏо рахьдал мацӏалъ мацӏалда хъвана.

Нилъеда лъала Дагъистаналъул литературияб гамил цевехъанлъунги гӏемерал соназ Мухӏамад Ахӏмадов вукӏин. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъе гьес бетӏерлъи гьабулеб буго 2003 соналдаса нахъе.

Дагъистаналъул адабияталъе бигьаяб заманлъун букӏинчӏо гьеб. Амма Мухӏамадида кӏвана къадаралъул рахъалъ Россиялда бищун чӏахӏиязул цояблъун кколеб Хъвадарухъабазул союз цӏунизе, гьелъул хӏалтӏи цебехун бачине. Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз лъугьана нилъер миллатазул рахьдал мацӏал цӏунулеб ва гьел мацӏазда хъварал асарал халкъалъухъе щвезарулеб алатлъун. Цебе ва гьанже заманалъул хӏакъалъулъ хъварал Ахӏмадовасул асаразулъ гьарзаго дандчӏвала дунявияб ва рухӏияб рохел жиделъ загьирлъулел гурелги, нилъер халкъалъ гӏасрабаз хӏехьезе ккараб гӏакъуба-къварилъиги, захӏмалъиги. Гьединлъидал дица тӏад-тӏад вуссун цӏалула гьел ва хӏаракат бахъула гьезулъ бахчун бугеб гъварилъи ва балъгояб магӏна бичӏчӏизе. Гьел асараз нилъее загьир гьарула халкъалъул рухӏияб рацӏцӏалъи, гӏадатиябги гӏорхъолъа борчӏарабги, цогидал миллатазулалда релълъарабги ва гьелдаса цӏакъго батӏалъулебги тарих. Тарихияб ритӏухълъигун «Кавказалъул гьалдолел къоязул» къиса хъвазе тӏаде босун, гьеб масъала тӏубазабуралъухъги тӏадегӏанаб рецц-бакъалъе мустахӏикълъана шагӏир. Шагӏирас гӏедегӏичӏого, ракӏчӏун тӏамуна жиндирго шигӏрияб махщалил борхалъиялде гали, махщел-гьунаралъул балугълъиялде вахана ахӏи-хӏур гьечӏого. Гьеб бихьула магӏарул ва гӏурус мацӏазда рахъарал гьесул «Хаслихълъиялъул сагӏат», «Къоял», «Сонал», «Жугьа», «Поэт»,

«Балъгояб сагӏат», «Хъахӏаб рас» ва цогидалги тӏахьал цӏалидал. Щивав шагӏирас нахъе тола жиндирго школа. Гьеб школа буго Мухӏамад Ахӏмадовасулги – хадур рачӏунел гӏолохъанал шагӏирзабаздаса гьес

тӏалаб гьабула ракӏ рагьараллъун, жидерго пикру бугеллъун рукӏин. Гьес кӏварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул литература яхӏ-намусалъул ва инсанасда рекъараб хьвада-чӏвадиялъул матӏулъун, рахьдал мацӏал такрарлъи гьечӏеб хазина букӏин бичӏчӏулел гӏадамал цолъизарулеб къуватлъун лъугьинабизе. Киназего захӏматаб гьаб заманалда гьес кӏварабщинаб гьабулеб буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазда кверчӏваялъе.

Ахӏмадовасул поэзиялъе хасиятаб буго философияб лирикаялде цӏайи букӏин, поэт тӏад-тӏад вуссун машгъуллъулев вуго инсанасе даималлъун кколел хазинабазул хӏакъалъулъ пикрабазде, гьев ургъулев вуго инсанасул гӏумруялъул магӏнаялда, хьвада-чӏвадиялъул нухазда тӏад. Жиндирго гвангъараб гьунаралдалъун ва унго-унгояб рекӏел бухӏиялдалъун Мухӏамад Ахӏмадовас ракӏ-ракӏалъго хъулухъ гьабулеб

буго нилъер бищунго къиматаб хазиналъун ва бечелъилъун кколеб тӏадегӏанаб, чӏагояб, къадруяб рахьдал мацӏ цӏуниялъе ва цебетӏезабиялъе. Гьеле гьединлъидал гьесул творчествоялъул буго

цӏикӏкӏараб щулалъи, къвакӏи. М. Ахӏмадов ккола Ватӏаналъул мустахӏикъав вас, жамгӏияв хӏаракатчи ва гьебго заманалда гьев вуго рагьараб ракӏалъул киназего кумекалъул квер

бегьизе хӏадурав инсан. Гьеле гьелъ буго тӏолабго Россиялда гьесул адаб-хӏурмат гьабулебги. Поэтасул пикраби кидаго сверулел рукӏуна гьесул рекӏее хӏалхьи толареб цоги суалалъ – гӏумруялда поэзиялъ ва поэтас кколеб бакӏалъ. Нахъеги гьеб суалалде шагӏир тӏад вуссунев вуго «Поэт» абураб прозаялъул тӏехьалда. Тӏехь гӏуцӏун буго нилъер тарихалъул ва жакъа себ гӏумруялъул бицарал гӏажаибго берцин

хъварал бутӏабаздасан, гьеб лъугьунеб буго цогояб художествияб рахъалъ камилаб тӏансалъун. Цӏалдолесда цебе чӏола умумузул бахӏарчияб тарихги, жакъасеб гӏумруялъул рухӏияб хъарцинлъиги, чороклъиги, хъантӏиги, хӏакимзабазул рахӏму гьечӏолъиги ва гӏадатияб халкъазул къварилъабазул ралъад лъугьун букӏинги. «Поэталда» абизе бегьула Дагъистаналъул гӏумруялъул энциклопедийилан.

Гьебго заманалда тӏехь ккола шагӏирасул рекӏел ахӏи. Рекӏел ахӏийин абуни цо рахъалъулаблъун букӏунаро. «Поэталдаги» бичизе кӏолареб гарацӏлъун цоцалъ рухьун, журан руго нилъер гӏасруялъул ва жакъасеб къоялъул цӏакъго захӏматал суалал. Шагӏирасе хасиятаб буго метерисеб къоялда божи, гьев божула инсанасда. Шагӏирас жиндиего кьолеб буго гьадинаб суал: «Поэзия щиб кколеб?» — абун. Жинцаго гьадинаб жавабги кьолеб буго: «Поэзия ккола дудаго лъачӏого дуе тарбия кьолеб тӏадегӏанаб рухӏияб къуват. Кечӏ цо къоялъе, цо моцӏалъе, цо лъагӏалие хъвалеб жо гуро. Поэзия ккола гӏемераб заманаялъе нахъе толеб

шагӏирасул гӏумруялъулги гьунаралъулги лъалкӏ. Хиси гьечӏеб намусги, яхӏги, гӏаданлъиги, гӏамал-хасиятги хутӏула гьелда цадахъ», — ан. Тӏолабго гӏумруялдалъун, гьарулел къадруял ишаздалъун, жиндирго щибаб тӏехьалдалъун М. Ахӏмадовас нилъее киназего мисал бихьизабула творчествоялда тӏад хӏалтӏиялъул, тӏаде босараб ишалдехун гьабулеб бербалагьиялъул рахъалъ. Мухӏамадги гьесул поэзиялъул тӏадегӏанлъиги бичӏчӏизе бокьаразе цохӏо «Гӏарафат» абураб поэма цӏаланиги гӏола. Гьеб буго шагӏирасе Бетӏергьанасдасан кӏудияб гьунарги махщелги насиблъун букӏиналъе нугӏлъи гьабулеб асар. Ва

аслияб жо, гьеб цӏалараб мехалда нилъеда цеве чӏола цеве вукӏаралдасаги батӏияв, гӏасрабазул гъварилъуде, исламалъул кьучӏде ваккарав цӏияв шагӏир — Мухӏамад Ахӏмадов.