Ахираб къого соналда жаниб нилъер тарихалда, адабияталда ва маданияталда хурхун тарихчагӏаз, гӏалимзабаз, гьединго гӏагараб ракь лъазабулез хъван къватӏире рачӏана анцӏ-анцӏ тӏахьал. Къадаралъул рахъалъ тӏолабго советияб гӏуцӏиялъул заманалда рахъараздаса дагьал гьечӏел гуребги, гьел руго бугеб хӏалалъе, заманалъе битӏараб къимат кьун, хӏакъикъат рагьарал, ай партиялъул идеологиялъул мугьру тӏад чӏвачӏел.

Дагъистаналъул, магӏарулазул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб анцӏила микьго тӏехьалъул автор ккола Чӏарада мухъалъул Гӏириб росулъа Россиялъул гӏелмабазул академиялъул Дагъистаналъул федералияб цӏех-рехазул централъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, тарихиял гӏелмабазул кандидат Шагӏбан Хӏапизов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.

— Гьанжесел гӏемерисел тарихчагӏаз жидерго хӏалтӏабазда тӏадчӏей гьабулеб буго ХӀX гӏасруялда, хасго Кавказалъул рагъда. Дур гӏемерисел хӏалтӏаби руго ХVI-ХVIII гӏасрабазул тарихалда хурхарал…

— Хӏакъикъаталдаги ХӀX гӏасруялда, лъабавго имамасул бетӏерлъиялда гъоркь унеб букӏараб къеркьеялда хурхун хъвадарулел авторал, тарихчагӏи, хӏатта хъвадарухъабигицин дагьал гьечӏо. Рукӏаниги Кавказалъул рагъул жеги гӏемерал рагьичӏел гьурмал, цӏех-рех гьабичӏел архивалъулал ва цогидал документал руго. Гӏамм гьабун абуни, нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечӏо чӏемгӏа гурони. Мисалалъе, мадугьалихъ, Кавказалда ругел азербайжаназул, гуржиязул ва цӏамалазул (эрмениязул) тарих тӏубанго хъван лъугӏун бугин абизе бегьула. Советияб заманалда гьезул жидерго рукӏана гӏелмабазул академиял, цӏех-рехазул институтал, букӏана финансазулаб ресги. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гӏелмуялде харж гьабизе гьезулгӏан рес букӏинищха. Гьелъ абулеб буго дица жеги нусго соналъги цӏехон, хъван бахъунарин нилъер тарих.

Букӏана цо заман пачаясул Россиялъул историографазда хадурги ун Дагъистаналда «доклассовое общество», патриархалияб гӏуцӏи букӏанин хъвалеб. Гьеб гьедин гьечӏолъи, нилъер гьанибги феодализм букӏин кьучӏал хӏужабаздалъун бихьизабуна машгьурал тарихчагӏи Хӏажимурад Хашаевас ва Расул Мухӏамадовас.

Дирго рахъалъ абуни, дица цӏех-рех гьабула цересел гӏасрабазул документазул, хъвай-хъвагӏаязул, гьел цӏехон дица гӏахьаллъи гьабула институталъ тӏоритӏулел эпиграфикиял, археографиялъул ва этнографиялъулал экспедициязда.

— Гьезул хаслъи щиб, щиб цӏехолеб, гӏелмуялъе кинал хӏужаби гьез рагьулел?

— Эпиграфикиял экспедициязда рагьула, цӏехола ганчӏазда, заназда, минабазда, некӏсиял мажгитазда ганчӏазда гьарурал тӏадхъваял. Гьездасан лъала кида, лъица мажгит барабали, мина кида, лъица барабали, щив гьелъул бетӏергьан вукӏаравали. Заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаяз бицуна щив чи вукӏаравали, кин ва кида хваравали. Цо мисал, Тӏинди нижеда батана Надир-шагьасде данде багъулеб букӏараб багулазулгун чӏамалазул бодул цевехъан Денгал зиярат.

Этнографикиял экспедициязда цӏехола росабазул, тухум-кьибилал, цебесеб тараджимал, гӏумру, рукӏа-рахъин, бакӏазда цӏарал, гӏадамазул некӏсиял цӏарал ва гь. ц.

Археографиялъул экспедициязда цӏехола цересел квералъ хъварал махтӏутал (рукопись). Гьездасан лъала лъица гьеб хъварабали, хъвараб бакӏ, кинаб мадрасаялда, дарсал кьолев щив чи вукӏаравали, кинаб тӏехь кьочӏое босун хъварабали, щиб заманалъул кагъат гьебали ва гь. ц. Гьездасан тарихалъе гӏемераб кӏвар бугел баянал щола. Гьедин экспедициялде араб бакӏалда, Буйнакскиялда, цо пуланав чиясул рокъоб батун нижехъе щвана 300 соналъ цебе хъвараб тарихияб асар. Гьелда бицунеб буго 400 соналъ цебе Дагъистаналда тӏалъи гьабиялъул мурадалда турказда, Ираналда ва гӏурусазда гьоркьоб къеркьей байбихьиялъул.

Тарихалдасан лъала, гьоркьохъел гӏасрабазда магӏарулазул букӏана чанго халкъ гьоркьобе бачараб Сарир абураб Кавказалдаго кӏудияб пачалихъ. Экспедициязул сапаралда кодобе щвана Суракъат нуцаласул вас Баярил цӏар тӏад хъвараб пахьул гӏарац. Гьелъги тасдикъ гьабулеб буго Сарир пачалихъ кьучӏаб, кӏудияб, жибго жиндаго чӏараб гучаб пачалихъ букӏиналъе.

– Археографиялъул экспедициязул заманалда цӏехарал махтӏутал кьолищ нужехъе, институталде? Гьел гӏемер ругищ хасал гӏадамазухъ?

— Къанагӏат бугониги цо-цояз кьола. Гӏемерисез кьоларо, цӏунун рукӏуна хъизамалъул бечелъи хӏисабалда, цогидазухъа ричун росула ва кьолел гьечӏони, нижеца гьезул копияби рахъула.

Некӏсиял махтӏутал гӏемер руго магӏарул росабалъ, амма гӏемерисел цӏунун хутӏичӏо. Гӏарабист, мунагьал чураяв Гьаракӏуниса Нурмухӏамадил Мухӏамадил рокъоб цӏунун буго кӏиазаргогӏанасеб рукопись. Гьесул ирсилаз гьеб цӏунун буго, гьезул цӏех-рех гьабизеги рес гьечӏо.

— Нужер институталъул хъвавул фондалдаги гӏезегӏан документал, хъвай-хъвагӏаял ратила. Гьезул таржамаялда тӏад нуж хӏалтӏулищ яги гьадинго ракӏарун данде гьарунищ толел?

— Институталъул бакъбаккул махтӏутазул фондалда буго гӏараб, гӏажам, парс, турк мацӏазда хъвараб ункъазаргоялдаса цӏикӏкӏун документ. Гьезда тӏад хӏалтӏулел руго мацӏалги лъалел, лъайги бугел гӏалимзаби – Махӏач Мусаев, Рамазан Гӏабдулмажидов, Мухӏамад Шейхмухӏамадов, Жамалудин Маламухӏамадов, Шамил Шихгӏалиев. Жеги чанго гӏел гӏалимзаби тӏад хӏалтӏизе гӏураб материал буго хъвавул фондалда.

— Цебе щибаб росдал гӏадатал хъварал хъвай-хъвагӏаял рукӏун руго. Нахъе цӏунун цӏакъ дагьалго гурони гьечӏо…

— Исламияб дин нилъер гьаниб щулалъилалдего хъваралги гьелдаса хадур хъваралги росабазул цолъабазул гӏадатал рукӏана. Гьезда дандечӏун рукӏана доб заманалъул гӏалимзаби – Къудукьа Мусалав, Гӏурадаса Ибрагьим-хӏажи. Гьез абулеб букӏана, гӏадаталги рехун тун, шаргӏалде рачӏине кколин. Гьезул рагӏи доб мехалъ тӏубанго билълъанхъизабичӏо. Ваккана Гъазимухӏамад имам ва гьес байбихьана шаргӏ билълъанхъизабизе, гӏадатал хвезаризе. Гьеб цебе бачана хадуб Хӏамзатбегица ва Шамилица. Кодоре щварал гӏадатал хъварал хъвай-хъвагӏаял гьез рухӏана, тӏагӏинаруна. Тарихалъе нахъе хутӏичӏин ккола Гӏуммахан нуцалас (гьесда Гӏадилавилан абулаан, хвана 1634 соналда) XVII гӏасруялъул авалалда хъварал гӏадатал. Руго балъго цӏунун нахъе хутӏун рукӏарал цо чанго гӏадатазул хъвай-хъвагӏаял. Мисалалъе, гьидерил хутӏун руго росабазул цолъабазул балъ – гӏадатал. Гьединго гьенир руго имам Шамилил къеркъей лъугӏун хадуб хъваралги гӏадатал. Пачаясул Россиялъул Дагъистаналда рукӏарал тӏадчагӏаз нилъер гӏадамал гьесизаруна гӏадатал хъваялде, щай абуни, гӏадаталги цӏунун ругезда тӏад халкквей бигьаяб букӏана. Гьезие къваригӏун букӏана шаргӏ къинабизе. Шаргӏ тӏибитӏизабулаго имамзабаз гьабураб къеркьейги дандчӏейги гьезда бихьун букӏиндал.

— Нилъер тарихалъе кӏвар бугел некӏсиял хъвай-хъвагӏаял, махтӏутал Дагъистан тун къватӏире ине рес бугищ?

— Гьеб буго бищун ракӏ унтараб жо. Араб гӏасруялъул 50-70-абилел соназда гуржиязги цогидазги кепказухъ магӏарул росабалъа ракӏарана хунжрул, хвалчаби, цогидалги алатал, тӏагӏелал. Хадуб даргиязул росабалъа рачӏарал даранчагӏазги хутӏаралда тӏад жул бахъана. Ахираб анкьго-микьго соналда жаниб чанго азарго рукопись бичун буго Чачаналъе. Гьезул кьучӏалда гӏуцӏун буго доба хъвавул фонд, магӏарул росабалъа бакӏарун гьел дорехун ричаразда гьоркьор магӏарулалги ругин бицана. Гьезул цӏарал рехселаро, хьул буго хадубккун гьез гьеб даран рехун телин.

Гьелда цӏар щиб лъелеб? Лъавукълъийищ, гӏадаллъийищ? Гӏарцухъ нилъерго миллаталъул рухӏияб ирс бичи кколарищ гьеб?

— Гьабсагӏаталда сунда тӏад мун хӏалтӏулев вугев?

— Гьаб гӏагараб заманалда къватӏибе бачӏине буго некӏсиял цӏирагьарал документалги, архивазул материалалги кьочӏое росун, Мухӏамад Шейхмухӏамадовасгун цадахъ XVIII гӏасруялъул магӏарулазул тарих хъвараб тӏехь. Хъван рагӏалде бахъунеб буго магӏарул нуцалзабазул хӏакъалъулъ тӏехьги.

Дица цӏехон балагьана нуцалзабазул наслуялъул гӏадамаз гӏумру гьабулел росаби. Гьел руго Къеди, Мелъелтӏа, Гьоцӏалъ, Гьандихъ, Гӏандадерил росабалъ, Буртиналъ, Эрпели, Жунгуталда, Сивухъ (Хунзахъ район), Чачаналъ (гьезул ракьазулги гӏураб къадар аваразул ханлъиялда гьоркьоб букӏана), Турциялда (гьенире гочун арал мугьажирзабазда гьоркьор). Гьеб сияхӏ тӏубараб гьечӏо, жеги цӏех-рех гьабизе буго.

— Кин гьедин нуцалзабазул наслу батӏи-батӏиял бакӏазде ккарал?

— Нуцалзабазул лъимал, наслу гӏураб мехалда гьел ритӏулаан нуцаллъиялъул росабалъе, гьезие ракьги бакӏалги рихьизарун. Гьелги думалъго гьенир чӏолаан.