«Рагъул лъимал» — гьединаб букӏана 5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб «Хӏакъикъаталъул» редакциялъ тӏобитӏараб конкурсалъул тема. Февралалдаса маялъул ахиралде щвезегӏан газеталъул гьурмазда рахъана цӏалдохъабазул хӏалтӏаби.
Конкурсалда гӏахьаллъарал Болъихъ, Гъизилюрт, Хасавюрт ва Хунзахъ районаздасаги Ленинкент поселокалдасаги цӏалдохъабаз нижехъе ритӏун рачӏана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда лъимерлъи арал гӏагарчагӏазул къисматалъул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби. Рахъун рукӏана авторасул ва макъалаялда бицунев чиясул сураталги.
Гьале гьаруна конкурсалъул хӏасилалги. Гӏахьалчагӏи рикьун рукӏана кӏиго номинациялде: тӏоцебесеб номинация – 5-8 классал, кӏиабилеб – 9-11 классал.
Тӏоцебесеб номинациялда чӏел босана Болъихъ районалъул Мигӏарсо росулъа Хӏайбат Гӏабдулаевалъ. Цӏалдолезда ракӏалда батила «Лъабцӏул тезе ккана рижараб росу» абураб гьелъул макъала. Гьениб бицен гьабун буго 1937 соналда Гӏалахъ росулъ гьаюрай Шумайсат Хӏажимухӏамадовалъул къисматалъул хӏакъалъулъ. Цо гӏаданалъул гӏумруялъул мисалалда Хӏайбатихъа бажарана тӏолабго росдал жамагӏаталъул къисмат цебе лъоледухъ тема рагьун. Рагъул соназда Чачаналде гочинабураб Шумайсатил хъизамалъ лъабго нухалда хисизе ккана гӏумру гьабулеб бакӏ. Авторалъ гьадин бицунеб буго, Гьоркьохъеб Азиялдаса тӏад руссинегӏан чачаназул минаялда гьабулеб букӏараб магӏишаталъулги, цо параялъ, гьебги бетӏергьабазухъе тӏад буссинабун, гӏагараблъун лъугьараб бакӏ тезе ккеялъулги хӏакъалъулъ: «Цо къоялъ бакъанида нижеда лъаларел гӏадамаз рагьана каву. Азбаралда жанире лъугьарал бихьиназ, цебе кверги ккун, гьабулеб букӏана дугӏа. Гьезда цадахъ рачӏарал руччабазул, лъималазул гӏодиялъ ниж киналго рокъоса къватӏире кӏанцӏизе ва хӏинкъизе гьаруна. Киналго гӏодоре риччараб мехалда лъана, гьел гьалбал рукъалъул бетӏергьаби рукӏин. Эбелалъги, чачаназул руччабазда цадахъ лъугьун, киназего гӏураб квен хӏадурана. Гьеб сордоялъ ниж киналго цадахъ, цо гъанситохъ гӏодор чӏун, кванана. Сордо рогьинегӏан эбелалъ нижерго ретӏел, къайи-къоно бакӏарун, тӏатӏала лъуна. Радал хехго вахъун, эмен ана нижерго къайи тӏад лъезе машина балагьизе. Нижеда тӏаса лъугьаян рукъалъул бетӏергьабазда гьарун, къалъилелде къокъана ватӏаналде», — ян. Бичӏчӏулеб буго, согӏаб заманалъул кьварараб закон хӏалтӏулеб букӏаниги, улкаялъул нухмалъиялъул тӏекъал ишаз халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиялда кьватӏел ккезабичӏеблъи.
Кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Ленинкенталъул №35 гимназиялдаса Камалодин Хӏайдарбеговги Мухӏамад Хӏасанхӏусеновги. «Захӏматалъ лъадарарай, яхӏалъ тарбия кьурай» абураб макъалаялъул багьадур Бахдикай-кӏодоца бицунеб буго «захӏмалъи бугин, ракъун ругин абун, къо рехараб хабар бицинчӏого», араб лъимерлъиялъулгун гӏолохъанлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьеб макъала цӏалулеб мехалда якъинго цебечӏола рагъул соназул лъималазул гӏумруялъул щибаб къо.
«Бицине хӏинкъараб квешаб макьу гӏадин» гӏумру арай кӏудияй эбел Калимат Гӏусмановалъул хӏакъалъулъ бицунеб Гъизилюрт шагьаралдаса Гӏайшат Хӏабибовалъул макъалаялда. Гьелъиеги жюриялъ кьуна кӏиабилеб бакӏ. «Хӏакъикъаталъул» сайталда лъураб гьелъул хӏалтӏи цӏалун ва бокьун бугоан 165 чиясе – гьеб ккола цӏалдолез гьаракь кьеялъул рахъалъ бищунго тӏадегӏанаб хӏасил.
Лъабабилеб бакӏалде ккана Хасавюрт районалъул Къарланюрталдаса Султангӏали Маллаев ва Мухӏамад Хӏусенов.
9-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Мигӏарсо росдал школалдаса Патӏимат Лабазанова. «Хӏакимчиясул гӏадал калошал» абураб гьелъул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьун бугоан 163 чияс. «Ретӏел – гьеб букӏана чӏортоялда тӏад чӏортоги букъун, кинаб кьералъул ххам букӏарабали лъалареб», — ан бицунеб буго макъалаялъул багьадур Биасланова Патӏиматица. «Я нижго яги эбел унтулел аниян рукӏунаан цадахъ цӏалулел ясал, гъоб, гьалмагъалъ беццулеб, манный карщги, кинабалиго «борщги» кваназе щвезе бокьун» — гьале гьелъул кӏалдисан рагӏулел дол соназул лъималазул анищал.
Кӏиабилеб бакӏ жюриялъ кьуна Болъихъ районалдаса Шамай Гӏабдулмуслимовалъул «Диплом гьечӏев гӏалимчи» абураб макъалаялъе. Гьениб бихьизабун буго 1931 соналда гьавурав ва магӏарул мацӏалъулгун адабияталъул цӏалул тӏахьазул авторлъунги машгьурав педагог-методистлъунги вахъарав Ахӏмад Хӏамзатовасул лъимерлъиялъул хӏакъалъулъ. Эбелалда цадахъ Каспиялъул рагӏалда хӏалтӏизе ккарав васас тӏуразарулел рукӏана батӏи-батӏиял хъулухъал: «Батагъалъул василан» цӏарги лъун, киназдасаго бищун гьитӏинав Ахӏмад, лъил кинаб хъулухъ кканиги, гьениве вортизавулев вукӏун вуго. Хадув гьев ругьун гьавун вуго «барабан» абулеб жо хӏалтӏизабизе. Токалъ хӏалтӏизабулеб гьеб «барабаналъ» ралъдал лъадалъа къватӏибе цӏан бачӏунеб букӏун буго ччугӏил цӏураб гьин». Рехселин Ахӏмадил лъимерлъиялъул цо лахӏзат: «Кӏудияй яцалда ракӏ гурхӏун, Ахӏмадица лъим цӏун, рукъ бацӏцӏун, боцӏи жанибе буссинабун, цо-цо мехалъ гӏачи речӏчӏунцин ратулаан. Гьесдаго тӏадкъан букӏана гьитӏинав вац Аминил тӏалаб гьабизеги».
Лъабабилеб бакӏ щвана Къарланюрталдаса Хӏамзат Хӏусеновасе.
Конкурсалда гӏахьаллъана вузазул студенталги. Гьезда гьоркьоб хасаб сайгъатгун диплом щвана ДГУНХалъул студентка Саихӏат Нурмухӏамадовалъе.
Конкурсалъул хӏасилалги гьарун, бергьенлъи баркизе редакциялде ахӏун рукӏана цӏалдохъабиги гьезул учительзабиги. Киназего кьуна дипломалги, хӏурматалъул грамотабиги, сайгъаталги. Хасаб баркала кьуна нижеца редакциялъулгун бухьен гьабизе цӏалдохъабазулъ гъира базабурал насихӏатчагӏазе: Къарланюрталдаса Мухӏамадрасул Расуловасе, Ленинкенталдаса Патӏимат Хӏайдарбеговалъе, Мигӏарсоса Жамилат Хӏамзатовалъе.
Конкурсалъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна Жамилат Хӏамзатовалъ: «Дагъистаналъул рахьдал мацӏазул къоялде Болъихъ районалъул администрациялде ахӏун рукӏана магӏарул мацӏалъул учительзаби. Гьениб диеги кьуна районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса грамотаги сайгъатги. Дица гьениб бицана «Хӏакъикъаталда» тӏобитӏараб конкурсалъулги хӏасилал гьариялъулги хӏакъалъулъ. Хасаб кӏвар кьуна редакциялъул хӏаракаталде, гьез нижее гьабураб гьоболлъиялде. Хьул буго хадусел конкурсаздаги гӏахьаллъизе рес щвеялде, районалъул цогидал школазул цӏалдохъабазги гьениб бутӏа лъеялде», — ян.
Кватӏичӏого лъазабизе буго цӏияб конкурс. Бокьилаан гьелда гӏахьаллъизе цогидал районаздасаги цӏалдохъаби.