Чанго батӏияб халкъалъул бакъанги жубазабун, нилъер цо-цо кочӏохъаби цого бакӏ мерхьунел ругебгӏан мехалда, Мордовиялдасаги ячӏун, эрзяназул миллаталъул кочӏохъан Ежевика Спиркиналъ
кӏиабилебги магӏарул кечӏ лъазабуна ахӏизе.
Гьебги ккола умумузул «Бертадул кечӏ». Чӏунтараб Гъамсукь «Гьорол эбелалъул» хӏакъалъулъ бахъараб гье лъул клипалъ гӏезегӏан ахӏи-хӏур гьабун букӏана гъоркьиса. Цоязе къваригӏун букӏана гьелъ гьениб магӏарул миллияб ретӏел ретӏине. Цогидаз гӏайиб чӏвана, гьанжесеб къагӏидаялде буссинабулаго, гьелъ умумузул бакъан хвезабун бугин абун.
Кин батаниги, нилъер росу-ракьги маданиятги бокьарал гӏадамазда сверухъ рикӏарди рекъараб гьечӏо. Аслияб куцалда гьелъ машгьур гьарулел руго нилъер бакъналги, рукӏа-рахъинги, цогидабги.
Чанго сон буго Ежевика Дагъистаналде ячӏунелдаса. Хасго Фейсбукалда гӏемер рихьула Гумбет районалде гьелъ гьарурал сапараздаса видеоял. Гьанжегӏагарги бугоан гьеб районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏумардибировас пандурги хъван, Ежевикаца магӏарул кечӏ ахӏулеб бахъараб видео. Гьединго, республикаялда гӏезе гӏан музыкантазулгун, журналистазулгун, художниказулгун лъай-хъвай ги буго гьелъул. Гьей ккола «Ойме» абураб музыкалияб къокъаялъул солистка. Гьел аслияб куцалда некӏсиял, халкъиял кучӏдузда тӏад хӏалтӏула. Ежевикаца бицана гьанже жинца тумазулгун даргиязул кучӏдулги лъазаризе ругилан.
«Гьорол эбелалъулги» «Бертадул кечӏалъулги» хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана гьелъ.
— Ежевика, нижерго гьаниса кочӏохъаби машгъуллъун руго гӏицӏго поп-музыкаялде, цого коцонир чӏварал гӏадал учузал кучӏдул ахӏиялде. Лъаларо этномузыка гьезда нахъе ккараблъун, бецӏаблъунищ бихьулеб бугебали…
— Бакътӏерхьул улкабаздаса рок-музыкантазги цогидазги гӏемер хӏалтӏизарула халкъиял кучӏдул, церегосел кьурдаби. Гьедин гьезие къваригӏун букӏуна жал цогидаздаса батӏиял рукӏин бихьизабизе. Киназго цоцада релълъун ахӏулеб бугони, халкъалда чӏалгӏинарищ?
— «Бертадул кочӏол» запись киб гьабураб?
— Цин дирго гьаракь хъвана Тӏалхӏат Кантуловасул студиялда. Цинги умумузул бакъанги цогидабги гъорлъе бачун, къачӏа-кӏатӏан, аранжировка Москваялдаги гьабуна. Масала, Авартеатралдаса зурмихъанги гӏахьал гьавуна нижеца бакъан хъвалеб мехалда. Амма гьанжесеб къагӏидаялда хӏалтӏизе гьесие захӏмалъулеб букӏанин ккана. Гьебго жо букӏуна нижер дора гӏурусазул халкъиял кучӏдул ахӏулел кӏудабазулги. Гьанжелъагӏан ругьунлъараб куцалда гурони, дагьабниги хисизабун, жакъасеб къагӏидаялда данде ккезабун кечӏ ахӏизе, бакънал рачунел алатал хӏалтӏизаризе гьезие захӏмалъулеб буго.
— Социалиял гьиназда цояз хъвалеб буго дур «Бертадул кечӏ» гӏараб, гӏурус ва магӏарул бакъналги журазарун ахӏулеб бугилан.
— Дагъистаниязул хасият гьединаб буго — цо чи цо жоялда тӏад рекъани, чара гьечӏого цогидав гьелда данде чӏолеб.
Гӏараб бакъан аскӏобе гӏагарунгицин гьечӏо гьениб. Буго 1990-абилел соназда Латиналъул Америкаялда баккараб, гьанже дунялалдаго машгьураб реггетон абулеб ахӏул ва кьурдул къагӏида. Гьеб кечӏалъе кутакалда данде ккана гьеб. Пандрил бакъаналда дандеги ккола гьеб.
Жибго гьаб «Бертадул кечӏ» «Гьорол эбелалдаса» гӏемерго батӏиябги буго. Ахӏизе бачӏунеб букӏин гуребги, гьелда гъоркь кьурдизеги бегьула.
— Гьеб лъица дуда ракӏалде щвезабураб?
— Цо бакӏалда рагӏун букӏана, кибали чӏванкъотӏун лъаларо. Амма гьеб гӏезегӏан машгьураб кечӏ бугин абуна дида. Кутакалда асар гьабуна гьелъ дие. Дагъистаниязул кучӏдул, аслияб куцалда, рокьул хӏакъалъулъ ругин тана дица. Масала, Мордовиялда, гьезего гьечӏин абизе бегьула гьел. Ниж, эрзянал (Мордовиялда гӏумру гьабулеб халкъ – ред.), дагъистаниялго гӏадин, гьоболги хириял, ракӏ жубарал чагӏиги руго. Амма рокьул хӏакъалъулъ кучӏдул нижер рукӏунаро. Руго, масала, тарихалъул ва батӏи-батӏияб заманалда нижер рукӏарал церехъабазул бицунел кучӏдул.
— «Гьорол эбел» ахӏун хадуб дуде балеб «гъегъги» камичӏо. Масала, лугбал гъорлъан рихьулеб парталгун, чӏунтараб Гъамсукь росдада цееги эхетун кечӏ ахӏулей йикӏанилан.
— Букӏана. Миллияб ретӏел ретӏине кколаанин рукӏана цо-цоял. Амма гьебги ретӏун цее яхъарайаниги абилаан, миллияб ретӏел ретӏине хъулухъ щибин дир букӏарабилан. Гьел чагӏазул цонигиясин абуни дида гьикъичӏо Гъамсукь росдада цееги чӏун, щиб дие къваригӏун букӏарабали. Дица абуни гьениб магӏарулалъул роль гуро хӏалеб букӏараб, «гьорол эбелалъул» (биценазулъ, маргьабазулъ магӏарулаз рехсолеб персонаж – ред.) роль хӏалеб букӏана.
Ракӏалда гьечӏого дир дандчӏвай ккана диде гӏайиб-гъвел гьабун хъвадарулел рукӏарал чагӏазулгун. Амма гьезул цонигияс такрар гьаричӏо дол гӏайибал. Ракӏ-ракӏалъ Дагъистаналде дица загьир гьабулеб букӏараб рокьи бихьидал, гьел руцӏцӏун чӏана.
— «Бертадул кечӏалъе» мужалат хӏисабалда бахъараб унго-унгояй магӏарул бахӏаралъул гӏадаб суратги бугоан дур.
— Дица гьеб Махӏачхъалаялда этноцентралда бахъана. Амма жибго сураталда дир балагьи цӏакъго сихӏираб бугин, магӏарул чӏужугӏаданалъ берал дагьалъ нечадго гӏодоре руссинарулин, яги цо рахъалдехун балагьулин гьейилан, малъа-хъваялги гьарулел рукӏана цо-цояз. Амма дир балагьиялъулъги кӏудияб бегьунгутӏи гьечӏо. Гьеб гуребги, жалго дагъистаниязги абула дида Дагъистан батӏияб рахъалдасан бихьизабеян.
Жалго магӏарул руччабиги нижер эрзянкабазда (Мордовиялдаса руччаби – ред.) релълъарал руго – гьез цин хӏехьола иш ахиралде щвезегӏан, цинги абула ракӏалда бугебщинаб жо.
— Бищунго щиб лъазабизе дуе захӏмалъараб: рагӏабийищ яги бакъанищ?
— Узухъда, дир халкъалъулаздаса тӏубан батӏияб свери-хъвериялъул бакънал руго магӏарулазул. Гьединлъидал дун цин гӏемер мехалъ гӏенеккана архивазда ругел магӏарул халкъиял кучӏдузухъ. Масала, Муи Хӏасановалъухъ. Гьеб рахъалъ дие Тӏалхӏатицаги (Кантуловас – ред.) квербакъана. Кутакалда бигьа букӏана гьевгун цадахъ хӏалтӏизе.
Магӏарул хӏарпал рахъизеги цӏакъ захӏмалъана дие. Хасго «х», «г» хӏарпазда хурхарал гьаркьал.
— Гьеб кӏиябго кечӏалъул магӏна бичӏчӏулищ дуда?
— Бичӏчӏичӏони, дихъа гьел ахӏун бажарилароан. Дир продюсерасги гьикъула кидаго сундул бицунебин бугеб пуланаб мацӏалда (масала, эрзяназул) ахӏулеб кочӏолъилан.
— Кӏиябго кечӏалъул кинаб ахӏизе дуе захӏмалъараб?
— «Гьорол эбел». Тӏоцебе ахӏулеб кечӏги букӏиндалха.
— Магӏарулго гӏадин, тумазул ва даргиязул кучӏдулги ахӏизе ругин бицана дуца.
— Гьел рукӏина къокъал ва тӏубан батӏияб темаялда тӏасан. Масала, тумазул мацӏалда – хӏалтӏул кечӏ, дарги мацӏалда – цӏад гьариялъул хӏакъалъулъ кечӏ.