Мугӏалимлъиялъе гӏумруги кьунин,

Магӏарухъ гӏурал нилъ мугӏруздаго лъикӏ.

Кӏодолъи балагьун берал рагьичӏин,

Росдал агьлуялъул узденлъуда лъикӏ.

Лъикӏлъиялъе бараб борхатаб хъала,

Буго цӏалдохъабаз цӏунизе кьураб.

Кириялъе хъвараб хазинаб зарра,

Халкъул гӏаламалъе лъилъизе гӏураб.

Ихдал балеб гӏазу гӏурдае регьел

Будунасул как

Хӏамзаласе

Рогьалилъ ахӏулеб будунасул как,

Сири балеб буго дир гьаб черхалда.

Аллагьасда цеве какикьжоялда,

Квералги цере ккун дугӏаялда дун.

Рекӏел тӏеренлъиялъ тӏинкӏулеб магӏу,

Аллагь рехсолелъул лъугьунеб хӏасрат.

Чорхолъе рещтӏунеб гьаб сабурлъиялъ

Сунареб гвангъилъун кенчӏолеб рокьи.

Огь гӏумру, гӏадамал, гӏасилъуге нуж,

Гӏодор риччай, дагьалъ цере ралагье.

Ракӏазе хӏеренлъи, чорхой сабурлъи –

Хӏалкӏолев Аллагьас насиб гьабеги.

Нухда батулареб, мухь кьун щолареб

Гӏицӏго лъикӏлъи буго гьаниб ракьалда.

Рогьалил какица амру гьабураб

Иман буго даим дир рекӏелъ рещтӏун.

Мацӏихъанасде

Рагьараб гьумерги, гьимулеб кӏалги,

Кӏалдисан угьулеб хинаб хӏухьелги,

Берзул балагьиялъ бакулеб канги,

Каранлъан гьалдолеб махӏцараб ракӏги.

Рикӏкӏадасан кьолеб кьогӏаб саламги,

Кьерхадулъ хисулеб согӏаб гӏамалги.

Гӏаданлъидулъ толеб турараб махӏги,

Тохлъидулъ бессулеб сурараб яхӏги.

Нахъасан речӏчӏизе къачӏан гуллаги,

Габуралда къараб къватӏулаб мацӏги.

Цӏаруде баччулеб гучаб рогьоги,

Рачлиде борчулеб чучаб намусги.

Нахъегӏанлъиялъул гӏаламат буго,

«Гӏаданлъун» вихьизе хӏалев чиясулъ!

Хӏалихьалъиялъул цо ламарт буго,

Берцинаб мацӏ лъалев мацӏихъанасулъ.

Гъенараб тӏанхилъан тӏегь баккуларо

Хӏелуге, хӏелуге мун хӏакимасе,

Хӏалтӏизе тарав дов дуй хъулухъалъе.

Чӏваге наку, гьудул, гьев залимасе,

Загьрулъизе гурин аб гӏаламалъе.

Гьаб гӏумру чирахълъун свине биччаге,

Свараб кунчӏиялъе нур бакуларин.

Гьаб гӏищкъу ракьалда дулъ гъаримлъуге,

Гъенараб тӏанхилъан тӏегь баккуларин.

Тӏогьилаб кьер чӏвала хъахӏаб савуялъ,

Хъачӏаб заз хӏенчола чучаб хъерехъалъ.

Чангит хӏерен ккуни, хӏетӏ низамлъула,

Намус борхат лъуни, лъалкӏ узданлъула.

Чӏегӏерал ганчӏаллъун цӏорона ракӏал

Намусалъул кваркьи карандеги цӏан,

Цӏадул мацӏ паркъола памятникалъухъ.

Пашманаб сихӏкъотӏи къезеги гьабун,

Къисматалъ унтарай угьдула кӏодо.

Улкадул картаги кодобе босун,

Канлъи сварал бералъ бецӏцӏула магӏу.

Макьилъ бихьаниги ботӏролъ гъугъалеб

Бакӏаб гӏарададул гӏодула гьаракь.

Цӏарал хабзалазул заназда хъвачӏел,

«Хъахӏал къункърабилъун» роржана рухӏал.

Васал руссиналъухъ ралагьун чӏарал,

Чӏегӏерал ганчӏаллъун цӏорона ракӏал.

Рикӏкӏада къанщана къваридал сонал,

Къарнуялъ бегана батӏияб тӏамач.

Тӏогьиллъарал кагътаз керен бухӏидал,

Квалула гӏинзуниб гӏунулеб гьаракь.

Гьанже хӏанчӏаз руго бакънал тӏамулел,

Кӏочараб талихӏалъ тавбуги гьабун.

Рогьалил гьуриялъ буго щурулеб,

Щакърахун тамихӏалъ магӏуги бацӏцӏун.

Ихдал балеб гӏазу…

Махӏачхъалаялда цӏад балеб бугин,

Цӏорорал мугӏрузда гӏазу чӏанадай?

Ихдалида гъутӏби тӏегьалел ругин,

Тӏогьол расалъуда саву кканадай?

Ихдал балеб гӏазу гӏурдае регьел,

Хасалил балеб цӏад цӏорое регьел.

Балъго гьабурабгӏан…

Ккураб кӏалгицини балъго гьабулеб

Бугебин аманат узденчиясулъ.

Бараб какилцини кирилъун хъвалеб

Хасаб цо гӏаламат гӏилмучиясулъ…

Балъго борхарабгӏан хӏежги камилаб,

Кантӏун гьабурабгӏан гӏибадат цӏакъаб.

Шамилиде

Жакъа бокьилаан борхун хвалченгун,

Хъахӏаб айгъиралда Шамил вачӏине.

Муридзабазул бо хадубги гьабун,

Гьев къадруяв Имам нахъеги щвезе.

Къан чӏолареб барти, бахӏарчияб черх,

Боялги хадургун тӏад вусса, Шамил!

Духъ урхъун бесдаллъун руго гьал мугӏрул,

Вехь гьечӏеб гӏи гӏадин буго Дагъистан!

Дур анищаб кьвари, кьучӏаб буюрухъ,

Гьеб гьечӏого буго гьаб халкъ гъапуллъун.

Цо рагӏиялдаса кьурулареб гьа,

Гьелъул къимат гӏечӏел руго гӏасилъун…

Хӏурул мухъ тӏад гьабун тӏамун бартигун,

Вусса, Хӏажимурад, мун чабхъадаса.

Чанги духъ урхъарал, мун кӏочон течӏел,

Чӏухӏарал васазул Дагъистаналде.

Квешлъи гӏемерлъараб, лъикӏлъи дагьлъараб

Дур магӏарул улка цӏилъизабизе!

Имамас бахъараб цӏияб буюрухъ

Нахъ валагьичӏого тӏубазабизе.

Хвалчаца къотӏуге, къалмида гьикъе

Рогьалилъ киниде тӏадеги къулун,

Къиблаялде юссун, дир цӏарги абун,

Эбелалъ хӏалимго, рахьдал мацӏалда,

Рагьулаан дие дунялалде нух.

Кочӏолаб квацӏиги каранлъе регӏун,

Гӏенеккулаан дун долъул рагӏабахъ.

Кинидал мокъихъе къвал дидаги бан,

Къочун гьелчолаан бухӏараб хӏухьел.

Ахх диеги бачун роол къоялда,

Къокъунаан магъилъ хӏалтӏизе эбел.

Хӏал гӏолебщинабги жинцаго гьабун,

Гьелъ жиндирго макьу кьолаан дие.

Кьижулароан гьей гӏицӏаб сардида,

Гӏишкъуялъ къечарай къочулаан гьей.

Къирулаан горду, бацӏцӏадаб гьава

Бецӏлъиялда данде диде хъамизе.

Рогьалил гӏужалда, ворчӏамийилан,

Чӏолаан разиго дихъги ялагьун.

Гьелъул калимаялъ кинабго рокъоб,

Рахьдал магӏарул мацӏ унаан рагьун…

Тӏокӏалъ гьечӏо эбел, ана сапаралъ,

Сахлъулареб ругъун лъуна каранда.

Лъимер, долъул гӏужде вахананиги,

Хисичӏо дун даим дир эбелалъе.