Хасавюрт районалъул Теречное росулъ гӏумру гьабун руго Цӏумада районалъул Гьаквариса, Болъихъ районалъул Гъодобериса ва Зибирхьалиса магӏарулал. Гьеб росдал бегавуллъун Мухӏамад Идрисов вищаралдаса нахъе гӏемераб заманги гьечӏо. Гьев вуго Теречное росулъ гӏурав, гьеб росдал школалда цӏаларав чи.

Саратовалда бугеб МВДялъул школа лъугӏун хадув хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул Советский районалъул, Болъихъ ва Хасавюрт районазул жанисел ишазул органазда. Хӏалтӏулаго лъугӏизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги. Хӏухьбахъиялде ине заман щведал, подполковникасул чингун росулъе тӏад вуссиндал, вищана бегавуллъунги. — Дида мухӏканго лъала гӏодовги чӏун гӏадамазул тӏалабал тӏуразаризе бажарулареблъи. Гьале гӏадамаз бакӏарараб 350 азарго гъурщихъ босана къоло щуго тонна лъел жанибе бакӏаризе рес бугеб алат. Гьеб рекъезабизе унев вуго, бокьани цадахъ вилълъа, — ян абуна гьес.

Дун гӏемер щола Теречное росулъе. Гьениб буго Советское, Первомайское, Ахъбулатюрт, Дзержинское, Октябрьское росабазул гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе ва унтарал сахгьариялъе рагьараб бакӏалъулаб

участковияб больница. Тӏадехун рехсарал росабалъа руго гьанир хӏалтӏулел тохтурзабиги. Больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Дзержинское росулъ гӏумру гьабун вугев Гӏабдулбасир Рамазановас.

Цо-кӏиго соналъ цере лъуна росдал депутатазул кумекалдалъун гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарцухъ росарал рогӏрал ва щибаб росдал къотӏнобе чвахана артезианалъул гьекъолеб лъим. Гьеле гьеб буго

гӏадамазул гъункиялъул, цолъиялъул, цадахъ рекъон хӏалтӏиялъул хӏасилги. Гьединго, Теречное росулъ фермералги данделъун гӏуцӏана росдал магӏишаталъул производствияб кооператив. СССР биххилалде цебе

гьениб Ждановасул цӏаралда бугеб колхоз букӏана. СССР бихханиги, биххун букӏинчӏо Теречное росулъ колхоз. Букӏарабго къагӏидаялъ цӏунун хутӏун букӏана хадусеб цо чанго соналъги. Амма ахир-къадги,

пачалихъалъул рахъалдасан кумек букӏинчӏолъиялъул хӏасилги батила, тохлъана колхозалъул ишги, бикьа-къотӏун щивасе кьуна бекьулеб ракь, рагьана рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишат.

Тракторал, комбайнал, юк баччулел машинаби киназего пайдаялъе хӏалтӏизаризе тана. Гӏемерал нухмалъулел хисана «Жданова» СПКялъул, гьеб гӏуцӏаралдаса араб 24 соналда жанир. Жакъа гьелъие нухмалъи гьабулеб буго хӏалбихьи бугев зоотехник Хӏажи Баудиновас. — Гьале нижер бугеб буголъи. Кинабго техникаги гьаниб буго, — янги абун, бихьизабуна Хӏажица рии бачӏинегӏан хӏалхьиялда ругел комбайнал. Исана ракъдаллъи букӏиналъ ролъул ва пурчӏинадул хаслихъе хьон хьай дагьаб нахъе бахъун буго. Гурхӏизе ватила Тӏадегӏанав Аллагь, разе ратила цӏадал, — ан бицана гьес. — Хурзал лъалъазе гьечӏеб лъел хас гьабун

бицинчӏогоги бегьуларо. СССРалъул заманалда Теречное, Октябрьское, Дзержинское, Советское, Ахъбулатюрт росабазул рагӏалдаса букӏа, росу бакьулъан букӏа чвахулеб канал кидаго цӏун букӏунаан.

Лъим гӏунги тӏокӏ букӏиналъ лъикӏаб бачӏин бакӏарулаан могьолал культурабазулги, бахчабазда рекьарал хъарпуз-пастӏаназулги. Гьанже щибха ккараб? Анцӏгониги сон батила Теречный каналалъуб лъим тӏагӏаралдаса. Канал бацӏцӏине кколин цояз абула, лъел кубометразухъ гӏарац кьезе кколин цогидаз абула, росдал магӏишаталъул кооперативалги гӏуцӏун, къотӏи-къаял хъвазе кколин лъабабилезги бицуна. Харбал гӏемерлъиялъ гӏадлу хун буго. Дица цин щуазарго гъурущ, хадуб анкьазарго гъурущ кьун кӏиго нухалъ дагьалго къояз рагьизабуна кооперативалъул 250 гектаралда бекьараб ролъ ва пиринчӏ хьан бугел хурзал лъалъазе канал. Гьел гӏиси-бикъинал къатӏраби кинго гӏоларо хурзабазе. Гьединабго хӏалалда руго харибакӏал, боцӏи хьихьулел авлахъал. Лъим щвечӏого гьенибги бижулеб хер тӏубанго бакъван буго.

ДРялъул мелиорациялъул ва лъел магӏишаталъул министрасухъе кӏалъан вукӏана 22 июналдаго. Гьес жаваб кьуна кӏиго рагӏудалъун: «Понял. Помогу», — абун. Чан моцӏха араб? Абураб бакӏалдаго хутӏана

министрасул рагӏи. Хадубги хитӏаб гьабун кагъат хъван букӏана Хасавюрт районалъул бетӏер Жамбулат Салавовасухъе. Гьале ункъо моцӏана, жаваб жеги бачӏинчӏо.

— Кинха гьадинаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, кооперативалги рагьилел, фермеразул ассоциациялги гӏуцӏилел? Гьедин бугониги, Октябрьское росдал гӏадамазги, лъикӏаб букӏинеселде ракӏчӏараб хьулгун, рагьун букӏана жидерго росдал магӏишаталъулгун производствияб кооператив. Гьелда цӏарги лъун букӏана «Тидали» абун. Гьеб рагьилалде цебе, гӏемерал соназ «Аксай» совхозалъе нухмалъи гьабурав росдал магӏишаталъул

гӏелмабазул кандидат Хӏамзат Гӏабдулкаримовасул кумекалдалъун анцӏго гектаралда чубукал чӏана. Лъикӏ бижана, амма лъалъазе лъим гьечӏолъиялъ кинабго хӏалтӏи гӏадада ккана. Сулахъалъул лъим бачӏунаан расги квалквал гьечӏого. Гьебги хӏисабалде босун, дол совхозал чӏаго ругеб заманалдаго букӏараб, жакъаги хӏалтӏизе биччазе бегьулеб хӏалалда буго лъим тӏинкӏун лъалъаялъул (капельное орошение) система. Амма кисаха лъим щвелеб? Октябрьское росулъа лъим гӏарцухъ кьезе шлюз рагьулеб Бамматбекюрт росулъе щвезегӏан кӏикъого километралъул манзил буго. Каналалъул нухда ругел росабазул гӏадамаз кӏванкьадисезул ракьазде щвезегӏанго бикъа-хъамун лъугӏизабулеб буго гӏарацги кьун босараб Сулахъ гӏорул лъимги. Гьедин бугониги, цӏунизе кӏвелин абураб хьулгун рагьун букӏана кооператив. Баркала

«Дагъвино» тресталъе, кӏудияб кумек гьабуна гьелъ: анцӏго гектаралда чӏезе цӏолбол гъабу, хӏубал, кварал кьуна. Хӏалтӏизе гъира букӏана гӏадамазул. Тӏадежоялъеги, цӏолбохъанлъиялъул иш мухӏканго

лъалев Хӏамзатги вукӏана кидаго гӏадин хал гьабулев. Пайда щиб, гьаб нухалъги лъалъалеб лъел суал роцӏинабизе кӏвечӏо. Гьедин къазе ккана «Тидалиги», — ян бицана Рамазан Мухӏамадовасги.

Гьал киналго сапаразулъ, кӏалъабасаязулъ дунгун цадахъ вукӏана Октябрьское росулъа, инхокъварисезул рахъалдасанги росдал магӏишаталъулгун производствияб кооператив гӏуцӏизе бокьарав

Юсуп Хӏусенов. Жиндир заманалда Россиялъул рикӏкӏадаб ракьалда гӏуцӏун букӏана гьес кооператив. Хӏалбихьи букӏиналъ гьеб ишалде тӏаделъизе бокьун бугоан гьеси ва Дагъистаналда кин гьеб гӏуцӏун бугебали лъазаби букӏана гьесул мурадги. Гьев разилъана Хӏажи Баудиновас гьабулеб хӏалтӏудаса. Амма жиндирго гӏагараб росулъ Хӏажида гӏадин гӏадамал цолъизаризе кӏвей щакаб бугин бицана Юсупица.

Палхӏасил, гьадинаб хӏал буго гӏатӏиракьалда ругел росабазул жамагӏатазул.