Чанго соналъ къачӏачӏел нухал ритӏизаруна
«Дир Дагъистан — Дир нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, Цӏунтӏа районалъул Зехида росулъе бугеб нухлул кӏиго километр къачӏан лъугӏана 27 октябралда. Гьеб росулъе нухал къачӏалаго бан букӏана чанго сон. Цӏадал ранщинахъе иххал рахъун, гвендазул цӏун цӏакъ тӏаса квер босун хутӏун букӏана машинаби хьвадулеб нух. Гьанже росдал гӏадамал рази руго кагъат гӏадин ритӏарал нухал къачӏан кьуралъухъ.
Гьединго, Зехида росдал жамагӏаталъ, росулъ рукӏа-рахъиналъул суалал роцӏинаризе кумек гьабуралъухъ баркала кьуна республикаялъул нухмалъиялъеги.