Гӏайшат Идрисова ккола Хьаргаби районалъул Кӏикӏуни росулъа.
Гӏагараб росдал гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Астраханалъул медуниверситеталде. Гьенибго лъугӏизабуна интернатураги. Тӏад юссана гӏагараб районалъул больницаялде, хӏалтӏулей йиго реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялда.
Лъабго сон гурони хӏалтӏул хӏалбихьи гьечӏей гӏолилай къеркьезе ккана коронавирусалде данде.
Гьеб бахӏарчияб хӏалтӏухъ гӏолохъанай тохтур мустахӏикълъана Н. Пироговасул орденалъе. Дагьал церегӏан къояз гьей ахӏун йикӏана Москваялде. Россиялъул хӏукуматалъул председатель Михаил Мишустиница гьелъул каранда бана орден.
Икъбал! Кье дихъе квер…
— Унго-унголъунги дун талихӏай гӏадан йикӏун йиго. Щванагури дие рес, гӏадамазе кумек гьабизе. Гьале лъугӏана дир мединститут, тӏубана дир анищ. Дирго беразда божуларого йиго – дица хъатикь ккун буго тохтурасул махщел щванин дие-йилан тасдикъ гьабулеб документ. Дун – тохтур. Бокьун бугеб куц дирго хӏалбихьизе. Гьеб тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикъай йигодай дун!? Щиб сайгъат дий къисматалъ хӏадур гьабун бугеб?
Икъбал! Чӏа дир хьолбохъ. Кье дихъе квер. Гьабе дие кумек. Дуде кӏудияб хьулгун йитӏун йиго Тӏадегӏанас дун гьаб ракьалде. Дида рагӏулеб буго Икъбалалъул гьаракь:
— Хӏурматияй гӏолилай. Щвана мун дурго мурадалъул гъасде. Гьале дунги тӏаде щвана, цадахъ рохелги, талихӏги, гьимиги, цӏаги, хинлъиги, рокьиги жубараб квацӏиги босун. Амма дуда лъазе ккола гьездаго хьолбохъ къварилъи-пашманлъиги, магӏуги рукӏунеллъиги. Рукӏине руго гъалатӏалги, цоги батӏи-батӏиял лахӏзаталги. Мун киналъего хӏадурго йикӏа. Къуркьуге захӏмалъабазе. Нух битӏаги дуе, хӏурматияй гӏолилай.
Гьединал пикрабаз гӏолилай ячун йикӏана жиндирго анищалъул цӏва кунчӏараб мурадалъухъе. Гьей хӏалакун йикӏана тохтурлъи гьабизе, гӏажалалъул къвалакьа унтарал рахъизе…
Гӏайшатида жеги бичӏчӏулеб букӏинчӏо жиндир тохтурлъиялъул нухда дандчӏвазе бугеб согӏлъиги кьогӏлъиги…
Долдаса нахъе ана лъабго сон, Гӏайшат гӏагараб Хьаргаби районалъул централияб больницаялъул реанимациялъулгун анестезиологиялъул отделениялде хӏалтӏизе лъугьаралдаса.
Гьей, гьитӏинаб лъимер гӏадин, йохулаан унтаразул гьурмазде цӏидасанги гьими тӏад буссиндал. Цо-цо мехалда йохиялъ, каранда бакӏ гӏоларого, кӏетӏезе лъугьунеб рекӏел ахӏиялъ гьей цӏидасанги ячунаан жиндирго мурадалъул гъасда бакараб гьелегьараб цӏадухъе.
Амма жеги пикрабазул куркьбаздаго йигей гӏолилалда ракӏалдецин кколеб букӏинчӏо кватӏичӏого жиндир талихӏалъул хӏалбихьизе хъачӏаб хвел бачӏине бугеблъи.
Цо къоялъ, лъихъаниги изнуги босичӏого, бачӏун инсанасул гӏумруялде каву рагьана цӏар лъезе лъалареб гӏажалалъ. Китаялда бижараб гьеб вахӏшияб унти гӏагараб районалде щвезе букӏиналда щаклъулейго йикӏинчӏо Гӏайшат. Ва гьелда цӏидасанги рагӏана Икъбалалъул гьаракь:
— Гьалеха, хӏурматияй тохтур. Рагӏулеб бугищ дуда гӏумруялъул гӏасияб зигара? Гӏумруялъул берцинлъиялъул махӏ жеги рагӏа-ракьанде щун сунтӏизе щвечӏей дуда божи-лъигун кӏалъалеб буго гӏумру.
Дуе нух битӏаги гьаб нухалдаги. Лъай – дун дур хьолбохъ буго…
Гьединал малъа-хъваялги гьарун, нуха регӏана Икъбалалъ Гӏайшат хвалил корониб бежизехъин бугеб гӏумру хвасар гьабизе.
— Гьел рукӏана цӏакъго къваридал лахӏзатал. Хисана кинабго сверухълъи. Гӏумруялъул гӏидраялда рижун ругел рокьул тӏугьдул лъалъалел рукӏана къойил кколел ругел камиязухъ гӏадамаз тӏолеб магӏуялъ. Борхалъудасан гӏумруялъул къварилъи-ялъухъги балагьун хьим-хьидулеб бугеб хвелалъ дагьабги къуват кьолеб букӏана дие. Дида лъалаан цо жо – хъахӏаб халгӏаталъе дица бараб гьаялъе даим ритӏухъайлъун хутӏизе кколейлъи, — йиланги абун, гӏод-гӏодун йиччан тана Гӏайшат.
Цохӏо вугев лъабго сон барав васги эбелалда аскӏов тун, отделениялъул нухмалъулей Патӏимат Махӏмудовагун цадахъ Гӏайшатица байбихьана, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хвалил ццидалал квачӏакьа гӏумру бахъизе.
— Гьаниб рехсечӏого гӏоларо больницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель Хӏажимурадил цӏарги. Унтарал хвасар гьарулев гьесул цеве вугев чи вихьулеб хӏалгицин букӏинчӏо. Унтана гьесул эменги. Вачӏана гьевги больницаялде. Кинаб хӏалха букӏун батилеб тохтурасул. Гьесда лъалеб ва бичӏчӏулеб букӏана цохӏо инсуде вуссун жив тӏувалареблъи. Кӏвечӏо гьесда эмен хвасар гьавизе. Къад эменги вукъун, къасиялде тӏаде щвана Хӏажимурад.
Доб заман гьанже ракӏалде щвезабизецин бокьуларо дие. Рагъул заманалъул госпиталалда релълъун букӏана нижер больница. Къеркьолел рукӏана вихьуларев тушманасде данде. Гӏемерлъана гӏагараб районалда дол къояз хвелал. Рекӏелъан би бецӏцӏулеб гӏадаб асар букӏана, хобал рухъун хадур гъолел гьечӏилан ругьел бачӏиндалги. Беролеб букӏана гӏумру хвасар гьабулеб къуват, -илан бицунагоги, гӏодулей йикӏана гӏолилай.
Гӏумруялъул гӏидра чӏурхӏулеб буго…
Тӏаде рахъунагоги, гӏодор чӏолагоги, бусадаса тӏаде гьункьулагоги, кьижулел-рахъунелъулги, холел рукӏана гӏадамал. Угьдулеб букӏана гӏумру. Гьелъул сариназухъ гӏенеккидал, чӏвалеб букӏана хвалил махӏ. Киса-кибегоги – хвалил махӏ. Гьеб махӏалъ рухӏизарулел рукӏана гӏумруялъухъ гӏащикълъаразул берал. Чӏурхӏун лъолеб букӏана гӏумруялъул гӏидра. Секьулебго букӏинчӏо гӏумруялъул магӏу.
Гьел лахӏзатаз чанго соналъ кӏодолъана Гӏайшат. Гьелда бичӏчӏана ва бихьана гӏумру гӏицӏго рокьи гуреблъи. Цӏияб гӏумруялъул авалалда гьей дандчӏвана хвалдаги гӏумруялда гьоркьор къан рукӏарал къваридал къисматалгун. Лъана гьелда гӏумруялъул багьаги. Цоги бичӏчӏана гьелда гӏумруялъул тӏагӏам, нахъ тӏамун течӏого, заманалда цӏузе кколеблъиги.
— Гьаб гӏумруялъул камиллъиги берцинлъиги дида бичӏчӏулебго букӏун гьечӏо, киеялиго гӏедегӏун уней йикӏин гурого. Заманго гӏолароан бакъул чӏоразул хинлъиялъухъе анищал гьаризеги, моцӏрол канлъухъе хьулазул иццазда кӏалчӏвазеги, цӏваби каранде къазеги, цӏадалдаса хадуб баккулеб анкькьераб нуралъул берцинлъиялъухъ ялагьизеги. Хадубалде тун букӏана кинабго.
Амма коронавирусалъ гӏемераб жоялъул пикру гьабизе тӏамуна. Огь, кватӏулел ругел куц нилъ, гӏадамал, цоцазе рокьиги хинлъиги кьезе.
Щиб лъалеб, Тӏадегӏанас нилъер хӏалбихьизе, нилъ лъикӏалде кантӏизе тӏамураб балагь батизеги бегьула гьаб. Цоцазул адаб чӏаго рукӏаго гьабизе кколиланги щурулеб букӏанин ккола хвелалъ, — илан абуна Гӏайшатица.
Гӏумруялъул гӏидраялда кунчӏарал цӏаял
Дун урхъун ялагьун йикӏана гьелъухъ ва кӏвар кьун гӏенеккана гӏумруялъ кӏодолъизе гьаюрай гӏолилалъул хъахӏаб халгӏаталъул къисаялъухъ. Гьеб кунчӏизабуна орденалъ.
Коронавирусалде данде къеркьолаго, бихьизабураб хӏаракат-чилъиялъухъ жеги лъеберилъегицин санал рахинчӏей Дагъистаналдаса гӏолилай Идрисова Гӏайшат Идрисовна мустахӏикълъана цӏакъго тӏадегӏанаб шапакъаталъе – Н. Пироговасул орденалъе.
Гьеб букӏана гӏолилалъул гӏумруялъул гӏидраялда кунчӏизе ругел цӏаязе кӏудияб цеберагӏилъун.
— Москваялде ахӏулей йигилан абидал, божизего бачӏунеб букӏинчӏо. Щаяли лъаларо, гьаб нухалдаги доб Икъбалалъ дун рехун течӏо. Кӏудияб залги. Кӏудиял хъулухъазул, цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамалги ва жеги дидаго гьитӏинаб лъимерилан кколей дунгоги…, — ян къварилъахъдизе лъугьана гьанжеги Гӏайшат.
Россиялъул хӏукуматалъул председателас орден кьолеб лахӏзат. Кинабдай гьеб букӏараб гӏолохъанай тохтуралъе.
— Цӏидасанги цебе бачӏана доб хӏинкъараб заман, нижеде божарал унтарал, хвасар гьаризеги кӏвечӏого, гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабурал гӏолохъабиги, гьездаго цадахъ харабиги. Рохалидасаги пашманлъи гӏемер букӏана. Бугониги, рекӏелъе чӏухӏиги бачӏана. Гьел лахӏзатаз дидаса бохун букӏун батила дир Икъбалги. Гьебги бачӏана дихъе, дир хъахӏаб халгӏатги цадахъ босун, — иланги абун, гьаб нухалда дагьайго разиго гьимана Гӏайшат.
Сахаватлъиялъул лъалкӏал
Жакъасел гӏолилал. Киналха гьел ругел. Киналго заманабаздаго гӏадал, лъикӏал. Гьезул лъикӏлъиялъулги тӏокӏлъиялъулги бицун гӏорцӏулей йикӏинчӏо Гӏайшат.
— Нижеда цадахъ сардалги рорчӏана гӏолилаз, цо секундалъгицин ниж жалго течӏо гьез. Гьале доб мугӏрузда рижарал бахӏарчиял гӏолохъабазул сахаватал ишал. Унтаразул къаданирги кӏусана гьел, нижедаго цадахъ гьезухъе бачӏунеб хвелги къабул гьабуна гьез, цо-цояз гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабулел лахӏзаталги гӏахьал гьаруна гьез. Киса-кирего – нижгун. Унтаразухъе аппараталгунги гьел рекерулаан.
Гуребани, хвелги унтиги нахъегӏан къазе рукӏинчӏо. Сахаватлъиялъул лъалкӏаз дагьабги берцин гьабуна хвелалъ кӏвекӏун свакан букӏараб гӏумру.
Кӏалккураб заманги букӏана доб. Кванан бахъунаребщинаб нигӏмат чӏезабун букӏана нижее гӏадамаз. Гьеб гурищ инсанасул сахаватлъиялъул лъалкӏал. Гьелъ хвасар гьабулеб буго жакъаги ракьалда гӏумру, — йилан ахиралдаги абуна Гӏайшатица.
Биччанте Гӏайшат Идрисовалъул хъахӏаб халгӏаталъул къиса дагьабги гвангъизе, гӏумру тӏегьазе гӏоло гьелъ гьарулел ишазги, унтараздехун бугеб адабияб бербалагьиялъги, гӏолохъанлъиялде гьелъул бугеб гьайбатаб гӏищкъул цӏаялъги.