Къоялдаса къоялде цӏикӏкӏунеб буго коронавирусин цӏар бугеб макруяб унти.

Щаялиго гӏадамал гьелда жеги тӏубанго божулелги гьечӏо. Гӏемерал гӏадамал ракӏараралъуб маскаби раян абулеб жоги рагӏичӏо гьезда, гьел раразги ххвалиего ран рукӏуна, хӏатта кӏалгицин бахчизабичӏого. Гӏумруги хвелги къацандулел ругеб гьаб заманалда, гьадинал малъа-хъваязде цоги нухалда кӏвар буссинабуни лъикӏаб букӏинаан:

— Кверал гьурмада рахъичӏого тезе хӏаракат бахъе. Гӏалимзабаз чӏезабун буго, гьоркьохъеб хӏисабалда, инсанас 25 нухалъ бахъулин гьурмада кверилан. Гьелго кверал хъвахъвадизе бегьула вирусал ругел бакӏаздаги. Аслияб куцалда гӏадамазде унти бахунеб буго, бераздасан, кӏалдисан, магӏазукъалахъан вирусаз ургьибе нухги бахъун.

— Зама-заманалдасан чуризе ккола кверал, хӏалкӏун лъамияб сапнаца. Масала, кверал чурулел ругони гӏадамал гӏемераб бакӏалда (кафе, столовая ва гь. ц.), кран къай цохӏо нухалда хӏалтӏизабулеб полотенцаялъ.

— Хӏалтӏизаре антисептикал. Кӏвар кье гьезул гӏуцӏиялде. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна: 80 % — этанол, 1, 45 % — глицерин, 0,125 — водородалъул перекись гъорлъ бугел.

— Чинхъулелъул яги хъегӏулелъул, хӏалкӏун хӏаракат бахъе салфеткаби хӏалтӏизаризе. Цинги гьеб салфетка нахъе рехизеги ккола. Цо-цояз кӏал огъохъаталъ бахчула – гьелъулги хӏинкъи буго вирус бахиналъе.

— Маска базе ккола унтарасги гьесда хадуб хъулухъ гьабулесги. Унтичӏезги бани лъикӏаб буго гьеб, жамгӏияб транспорталъубги гӏадамал гӏемераб бакӏалдаги.

— Къойил рокъобе жанибе цӏияб гьава биччазе ккола.

Цо-цо гӏадамазда ракӏалде кколеб буго, цо нухалда унтани, тӏокӏалъ жал унтуларилан. Гьеб гьересияб пикру буго. Гьел гӏадамал кӏиабилеб нухалъ унтарал хӏужабиги руго. Гьелдеги кӏвар кьезе ккола.

Хӏаракат бахъе гӏадамал гӏемерал тадбирал гьоркьор риччазе, масала, бертаби, мавлидал, концертал.

Коронавирусалъе кумекалъе гриппги тӏаде щолеб бугеб гьаб заманалда, хасго кӏвар кьолеб буго вакцинаялдеги, ай гриппалде данде гьабулеб прививкаялде.

Гьелде кӏудияб кӏвар кьолеб буго Хьаргаби районалдаги. Прививкаби гьаруна администрациялъул хӏалтӏухъабазе. Вакцинация байбихьилалде, терапевт Хадижат Хӏусеновалъ хал гьабуна прививкаби гьаризе ругезул.

Амма нилъеда лъан букӏине ккола унтарал сах гьаруларо прививкаялъ, гьелъ кумек гьабула, ай черхалъе къуват кьола вирусалде данде къеркьезе. Гьединлъидал прививкаби гьаризе ккола унтилалде. Гьел гьаризе ккола, гриппалъул эпидемия байбихьилалде.

Коронавирусалде данде къеркьеялде кӏвар кьолеб буго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда. Масала, гьединаб тадбир тӏобитӏана Казбек районалдаги. Данделъиялда гӏахьаллъана районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаев, администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, Роспотребнадзоралъул ДРялъул Гъизилюрт шагьаралда бугеб управлениялъул нухмалъулев Мухӏамад Шамхалов ва цогидалги.

Коронавирусалъ унтарал сах гьариялъе больницаялда чӏезарун ругел шартӏазул бицана районалъул централияб больницаялъул бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Рашид Амиевас. Гьесул рагӏабазда рекъон, ахӏвал-хӏал жеги хӏалуцараб, захӏматаб буго:

— Араб анкьалда районалдаса Махӏачхъалаялде витӏун вуго щуго унтарав. Унтун лъабго анкьидаса, гӏумруялдаса ятӏалъун йиго цо медсестра. Руго рокъорго сах гьурулел ругел унтаралги.

Дарабазул риидал букӏараб нахърателги дагьлъулеб буго. Ковидалъе тестал Буйнакск шагьаралда бугеб лабораториялде ритӏани лъикӏ букӏина, гьезул хӏасилал къокъабго заманалда лъалел руго, — ян абуна гьес.

Гьединго районалъул школазда коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Мухӏамадрасул Мухӏамаевасги.