Шамил районалъул Мачӏада росу буго гьидерил жаниблъиялда, сверун рохьаз ккураб, гӏумру гьабиялъе санагӏатаб, тӏабигӏат берцинаб бакӏалда.

Жакъа росдал жамагӏаталъул гӏумруялъул, администрациялъ гьарурал хӏалтӏабазул ва цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна бегавул Хирамухӏамад Гъазимухӏамадовасулгун.

— Хирамухӏамад, Мачӏада абураб цӏар кин бачӏараб, гьелъул магӏна щиб?

— Гӏага-шагарго Х-ХӀI гӏасрабазда росу букӏун буго Соло абулеб бакӏалда. Гӏумру гьабиялъе гьеб захӏматаб бакӏ букӏиналъ, 700 соналъ цебе гьениса жамагӏат гочун буго Чолода абулеб бакӏалде. Гьенив гьавун, гӏун ва вукъун вуго машгьурав шайих Хӏажи-Удурат. Гьев хвараб 1475 соналдаса нахъе, дагь-дагьккун, чолодисел рахъана гӏи-боцӏи хьихьулел «мучӏдул» ругеб бакӏалде, гьениб гӏуна росу. Гьедин бачӏарабин абула росдада Мачӏада абураб цӏарги.

Хӏажи-Удурат гуревги, нижер росулъа рахъана Дагъистаналдаго машгьурал исламалъул гӏалимзаби ва церехъаби. Масала, Шейхмухӏамад, Хӏадис. Гьединго машгьурал гӏалимзаби кколаан Мачӏадаса Багъужало, Шамил имамасул мурид Мухӏамадамин (Мурадило), Гӏачурало-дибир, Шейхмухӏамад Гӏараб.

— Росулъ чан цӏараки бугеб, гӏумру гьабун чан чи вугев?

— Росулъ буго 120 цӏараки, гӏумру гьабун вуго 559 чи. Буго школа, лъималазул ах, амбулатория, культураялъулгун хӏухьбахъиялъул центр, КЭМЗалъул ретӏел букъулеб цех. Гьедин бугониги, росулъ гӏадамал дагьлъулел рукӏин буго бищунго захӏматаб масъала.

— Сундаса бетӏербахъун ругел росдал гӏадамал?

— Гӏемерисел руго гӏи-боцӏиги хьихьун. Росулъ буго Хӏажиев Хӏасанилги Тиручил Хӏасанилги боцӏи хьихьулеб фермерлъиялъул магӏишатал. Хӏебда росдал гӏадамазе ва гьенир ругел лъималазул ясли-ахазе гьел магӏишатаз чӏезабула гьанги, рахьги, нахги, хӏанги.

Хъутаналда буго колхозалъул букӏараб магӏишаталъул кьучӏалда гӏуцӏараб СПК. Гьелъул буго гӏи-цӏцӏаназул 1200 бетӏер ва 93 чӏегӏерхӏайван. СПКялъул председатель Якъупил Расулица щибаб соналъ жамагӏаталъе хӏалтӏизабизе кьола кӏинусазарго гъурущ.

— Щиб пишаялда ругел росдал гӏолохъаби, гӏадлу хвезабиялъул гӏарзал рукӏунищ?

— Гӏемерисел гӏолохъаби руго шагьаразда. Росулъ хутӏаралги жиде-жидер ишазде руссун рукӏуна. МашаАллагь, ахирал соназда къанагӏатги ккечӏо къватӏибе бицине гӏураб гӏадлу хвезабиялъулал лъугьа-бахъинал.

— Бигьаяб гӏумру гьабизе-йинги абун, росдал гӏадамал гӏатӏиракьазде гочунел ругищ?

— Нижер росдал буго Гьидалъго кӏудияб, хасалоги риидалги гӏи-боцӏи хьихьизе цӏакъ санагӏатаб мегӏер, мучӏдул, харибакӏал, техника хӏалтӏизабун рекьулел ракьал. Пайда щиб, росдал магӏишаталъул захӏматаб хӏалтӏи гьабизе гӏолилазе бокьулеб гьечӏо. Ракь хӏалтӏизабиги, гӏи-боцӏи хьихьиги гуреб, росулъ гьабизе батӏияб хӏалтӏиги кинабха букӏинеб? Гьединлъидал бертин гьабун хадуб гӏолилазул берал гӏатӏиракьалде гочине бокьун, Гьидерил кьода рукӏуна. Гьеб «унти» сахгьабун бажарулеб даруги гьечӏо.

— Бегавуллъун чан соналъ вугев, щиб гьабун бажарараб?

— Гьаб хъулухъалда вугелдаса дир буго щуабилеб сон. Бегавуласул аслияб хӏалтӏи ккола росдал гӏадамазе гӏураб къадаралда лъимги, токги, санагӏатал нухалги чӏезари. Росулъе бачун буго кӏигониги лъел мухъ, кӏиялъего гьабуна капиталияб ремонт. ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель Мухӏамад Тӏагьировасулги, Дагъавтодоралъул

отделалъул начальник Мухӏамад Гӏункӏилаевасулги жигаралдалъун Гьентӏа-Мачӏада росабалъе унел нухал цӏи гьарун къачӏана. Жакъа нижер росулъе гӏадал санагӏатал нухал киданиги рукӏинчӏо ва районалъул цониги росулъе гьечӏо. Планалде босун буго исана гьенибе хъил тӏезеги. Шагьранухал руго росдал киналго кулабазде, рохьоре, магӏарде, ахал-хурзабахъе, харибакӏазде…

Гьурал рахъиндал ва токалъул кваразда гӏазу-цӏер чӏвайдал росулъе ток къотӏулеб букӏиналъ, гӏадамазул гӏарзал камуларо. Районалъул токалъул подстанциялъул нухмалъу-лезда дандги бан, ниж хӏалтӏулел руго гьел гӏарзал лъугӏизариялда тӏад.

— Гьидерил росабалъни киб гурин, районалдаго ратиларо нужер росдада жанир гӏадал къачӏарал нухал…

— Росулъ жанир ругел нухазул гӏадамазе бугеб къварилъиги хӏисабалде босун, районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас гьел къачӏазе биччана микьго миллион гъурущ. Гьеб гӏарцухъ росулъе рачӏунеб «Гӏобо» рагӏалда абулеб майданалдеги росулъа унеб шагьранухлул 450 метралъул манзилалдеги, гьединго росулъ жаниб бугеб лъабго майданалдеги тӏуна хъил.

Нижер буго гӏатӏилъиялда бараб росу. Чвахун цӏадал райдал ва ихдал гӏазу бииндал, лъим ине бакӏ гьечӏолъиялъ, росдал къватӏал лъел цӏун рукӏунаан. Нижехъе гьоболлъухъ вачӏарав ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасда рихьана гьединаб тӏабигӏияб балагь бачӏиндал рахъарал суратал, бицана анцӏ-анцӏ соназ нижее бугеб гӏакъуба-захӏматалъул хӏакъалъулъ. Гьес рагӏи кьуна кумек гьабизе, бахъана проект, гӏуцӏана документал ва къватӏазде тӏуна 15-20 сантиметр биццалъиялъул бетон, киса-кирего лъуна чвахунцӏадал райдал лъим жанибе унел рогӏрал.

— Росдал администрациялъ гьаризе тӏаде росарал хӏалтӏаби кинал ругел?

— Гьаризе ккарал хӏалтӏаби жеги гӏемерал руго, амма къваригӏунеб къадаралда гӏарац гьечӏолъиялъ буго квалквал гьабулеб. Масала, хасало росдал цо-цо авалазда лъим гӏоларого букӏуна, гьединлъидал нижеца хӏадурулел руго 7,5 километралъул манзилалда магӏардаса лъим бачиналъе къваригӏунел документал. Ракьалда гъоркьан гьабуна канализация, гьелъул хъубаб лъим бацӏцӏад гьабиялъе бакӏ баялъе документал хӏадурулел руго. Культураялъул министерствоялда руго росдал Культураялъул кӏалгӏаялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хӏадурарал документал. Тохтурасулаб амбулаториялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хӏадурарал документал руго Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда. Сельхозстроялъулгун къотӏи-къай гьабуна тӏадеялъул росдал футболалъул майдан цӏи гьабун къачӏазе. Тӏаде босун буго тӏадеялъул росдал кӏиго къватӏ къачӏазе. Чара гьечӏеблъун ккола, цере рукӏараб гӏадин, умумузул букӏараб лъел гьобоги корги цӏи гьабун къачӏаялъул хӏалтӏи. Исана лъугӏизе ккола росдал тӏарада балеб хӏавузги, росдал администрациялде цебе букӏине бугеб шагьаралда гӏадал шартӏазул лъималазул майданги.

— Росулъ гӏадамазе хӏалтӏи гьечӏилан абуна дуца. КЭМЗа-лъул цехалда ругогури хӏалтӏизе бакӏал…

— Цехалъул хӏалтӏуе коронавирусалъул бугеб хӏинкъиялъги гьабуна кӏудияб квалквал. Нижер росулъ ретӏел букъизе махщел бугел чагӏи гӏоларого рукӏиналъ, цехалда хӏалтӏизе рачӏаян абун, сверухъ ругел росабазул гӏадамазде хитӏаб гьабуна. Рес буго гьел гьаниреги нахъеги машинабазда рачине, пайда щиб, рачӏунел гьечӏо.

— Кьишни-къулалъул масъала кин нужеца тӏубалеб?

— Гьеб масъала цебего къараблъун рикӏкӏине бегьула. Нижер буго кьишни баччизе къачӏараб лъабго полигон. Хасаб машинаялда моцӏрода жаниб кӏиго нухалъ щибаб минаялде аскӏоре щун бакӏарула ва полигоналде чӏехьола кьишни.

Гара-чӏвариялъул ахиралда бокьун буго, нижее гьабураб кумекалъухъ, росдал жамагӏаталъул рахъалдасан баркала кьезе ДРя-лъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовасе, районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановасе, ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель Мухӏамад Тӏагьировасе ва Дагъавтодоралъул отделалъул начальник Мухӏамад Гӏункӏилаевасе.