Гъизилюрт район гӏуцӏана 1944 соналда. Гьелъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 524 кв. км. Гьениб гӏумру гьабулеб буго 72 азарго чияс: 83,5 процент ккола магӏарулал, 10,5 процент — лъарагӏал, 2,5 процент — чачанал, 1,5 процент — тумал ва цогидалги.

Районалда гьоркьобе уна 13 муниципалияб гӏуцӏи (16 росу), гьелъул центр ккола Гъизилюрт шагьар. 2013 соналдаса нахъе районалъул бетӏерлъун вукӏана Шамил районалъул Тӏелекь росулъа Мухӏамад Шабанов. 11 ноябралда, 57 сонил ригьалда гьев къадаралде щвана. Мухӏамадица гӏемераб хӏалтӏи гьабуна районалъул гӏадамазул гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъул мурадалда, рана гӏемерал социалиял объектал. Нижер газеталъулгунги лъикӏаб гьоркьоблъиги букӏана гьесул. Щолаан цоцазухъе гъоркье-тӏадеги. Ракӏалда букӏана Гъизилюрт районалъе сайгъат гьабураб газеталда жаниб газета гьабизегицин. Амма Аллагьасул хъвай-хӏукму батӏияб букӏун бугоха. Ахирисеб нухалда гьев мунагьал чурадихъе щведал, нижеца гьабун букӏана гьесулгун гара-чӏвариги. Амма гьеб газеталда бахъизе дагьалъ кватӏана, коронавирусалъул пандемия сабаблъун ракӏалда букӏараб проект гӏумруялде бахъинабиялъе квалквал ккана.

Кин батаниги, кигӏан кватӏун бугониги гьев лъикӏав инсан, унго-унгояв гӏуцӏарухъан цоги нухалда ракӏалде щвезавиялъул мурадалда, кватӏун бугониги, нижер хӏукму ккана гьесулгун гьабун букӏараб гара-чӏвари гьаб номералда бахъизе.

— Мухӏамад, радал хӏалтӏуде вачӏунев духъ балагьун администрациялъул азбаралда вугеб заманалда дида ккун букӏана мун вачӏинин чанго машинагун, гӏолохъабаз сверунги ккун. Амма мун вачӏана щибго ахӏи-хӏур гьечӏого, гӏадатияв чи хӏисабалда.

— Дидаго сверухъ ахӏи-хӏур гьаби цӏакъ бокьуларо, гьеб дие хӏажатаб жоги гуро. Пачалихъалъул хӏалтӏуде вачӏаралдаса дир киданиги букӏинчӏо «охрана». Цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугеб, хӏалихьалъи гӏемераб заманалдацин дида цадахъ вукӏунаан кӏиго гӏолохъанчи, дирго гӏагарал васал. Дун лъелгоги вачӏуна хӏалтӏуде, лъиданиги цӏехечӏого радал-къаси щола цо-цо росабалъеги.

— Гъизилюрт район буго Да-гъистаналъул бищун кӏудиязул цояблъун кколеб, цебетӏураб росдал магӏишаталъул муниципалитет. Кинал хӏасилалгун бачӏунеб бугеб район лъагӏалил ахиралде?

— Тӏадаб хӏалтӏи районалъул киналго идарабаз гьабуна букӏине кколеб хӏалалда. Гьединлъидал хӏасилалги рукӏана лъикӏал. Социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул рахъалъ гӏодоблъиялда ругел районазда гьоркьоб нижеца ккуна кӏиабилеб бакӏ. Инвестициязул рахъалъ районалъ республикаялда ккуна (Махӏачхъалаялдаса хадуб) кӏиабилеб бакӏ, гьезул къадарги бахана 5 млрд гъурщиде. Кӏиго лъагӏалида жаниб нижеца бакӏарана транспорталъулаб налогалъул 52 млн гъурущ, цо гъурущ камичӏого гьеб гӏарацги тӏад буссун бачӏана районалъул нухал къачӏаялъе. Дун бетӏерлъуде вачӏиналде, ай ахираб 40 соналда жаниб районалда бан буго цо ясли-ах. Гьанже нижеца балеб буго анкьабилеб ясли-ах. Я федералияб яги республикаялъул бюджеталдаса гъурущ гӏарацги хӏалтӏизабичӏого, росабалъ бана 2 ясли-ах, футбола-лъул 13 майдан.

— Сундухъ гьеб кинабго гьабураб?

— Рес гьечӏин аби буго бищун бигьаяб къагӏида. Балагьани, рес батула. Гӏадамазда бицине, бичӏчӏизабизе ккола гьез кьураб налог унеб бакӏ. Дун гӏемер дандчӏвала хъвай- хъвагӏай гьабичӏого хӏалтӏулел предпринимателалгун, ахӏула гьел низамалде, ругел тӏалабазда рекъон хӏалтӏи гӏуцӏиялде. Гӏемерал руго районалъул гӏумруялда жаниб жигараб гӏахьаллъи гьабулел бизнесчагӏи. Мисалалъе, Нечаевка росулъ балеб буго кӏудияб теплица — парниказул магӏишат. Гьеб базе 600-700 млн гъурущ биччана районалдаса цо бизнесчияс. Дагьал гьечӏо гьединал мисалал, гьез гьабула кӏудияб кумекги.

— Кинал ругел бачӏунеб соналъул планал?

— Лъалхъизе ракӏалда гьечӏо. Нижеца гӏахьаллъи гьабула «Мой Дагестан — моя вода», «Мой Дагестан — мои дороги», «Мой Дагестан — комфортная городская среда» программабазда. Гьезда рекъон гьабуна гӏемераб хӏалтӏи, хӏасилалги ккана цӏакъго лъикӏал, гьеб киналъего гӏадамазги кьуна къиматги. Росабалъ ругел рогӏрал басралъун рукӏиналъ, лъел рахъалъ росаби хьезариялъулъ буго кӏудияб масъала. Гьединлъидал, «Мой Дагестан — моя вода» программаялда гьоркьореги лъугьун, нижеда кӏвезехъин буго кӏиго росулъ (Султанянгъиюртгун Стальское) гьеб суал щвалде щун тӏубазабизе (кӏиго соналда жаниб гьеб хӏалтӏи гьабизе бачӏине буго 360 млн гъурущ). Кӏиабилеб программаялда рекъон, нижеца къачӏана 11 къватӏ, ай 20 км нухазул (гьелда гьоркьоре унаро доб транспорталъулаб налогазул 52 млн гъурщиде къачӏазе ругел). Гьарана Хӏабиб Нурмухӏамадовасда ва Калининаул росдал 4-5 къватӏалде гьесул тӏалабалдалъун тӏуна хъил, гьебго къадар хӏалтӏул гьабизе тӏаде босана дицаги. Лъабабилеб программаялъул хӏисабалда рекъон, гъоркьиса 3 росулъ гьабуна кӏудияб хӏалтӏи (жеги цебесеб соналъ лъикӏаб хӏалтӏи гьабун букӏана цо росулъ). Гьелдаго цадахъ, «Местная инициатива» хӏаракаталъул тадбиралъги рес кьуна 5 росулъ гӏемераб хӏалтӏи гьабизе.

Басрияб Миякьоб росулъ бухӏараб школалъул суалгун ун вукӏана ДРялъул бетӏерасухъе. 200 млн гъурущ тӏалаб гьабизе кӏвана ва гьале, банги лъугӏун, хӏалтӏизе биччазе буго гьебги. Нечаевка росулъ балеб ясли-ахалъул суалгунги щвана. Гьабуна кумек. Гӏезегӏан руго гьединал мисалал.

— Мун вуго хӏалбихьи бугев, хӏакимлъиялъул «тӏагӏам» лъарав политик, ишалъулав чи. Цо районалъул гӏорхъабазда жанив къан вукӏине «къваридго» гьечӏищ дуе?

— Гӏабдулатӏиповасги кьолел рукӏана дие министрасулги, вице- премьерасулги хъулухъал, дица гьел къабул гьаричӏо. Гьанжесеб тӏалъиялъеги бокьун букӏана дун Махӏачхъалаялде вачине, дун разилъичӏо. Дица дидаго абулаан 60 сон тӏубан хадуб тӏокӏав хӏалтӏизе гьечӏин абун. Хадуб щиб ккелебали лъаларо, дуца рехсараб гъоб «тӏагӏамалъ» нахъе виччачӏогоги вукӏине бегьула. Амма бокьун буго хутӏараб 2 соналъ хӏалтӏиги гьабун, парахатго хӏалхьиялде ине.

— Дур шапакъатазул, щварал цӏаразул, орденалгун медалазул сияхӏ халатаб буго. Гьезда гьоркьоб дуе бищун хирияб щиб кколеб?

— Доб мехалда (2008 сон) дун хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда, гӏумру гьабулаан Гъизилюрталда. Доб балагьаб сордоялъ дица гӏумру гьабулеб гӏемертӏалаяб минаялъул цо подъезд букӏана боевиказ ккун. Къаси сагӏат кӏиго тӏубараб заманалда дихъе кӏалъан вачӏана жанисел ишазул министрлъун вукӏарав Гӏадилгерей Мухӏамадтӏагьиров ва ниж ана гьенире. Гьениб байбихьараб хасаб операциялдаса хадуб бухӏизе лъугьана подъезд, сверухъ букӏана кутакаб кьвагьа-гӏанхъи, бахъана ахӏи. Дихъе кӏалъан рачӏана киналгоги нахъе рачун, цо секциялда хутӏун бугин 5-6 лъимер бугеб кӏудияб хъизамилан абун. Полициялъул участковыйгун дун ана жаниве ва нижеда кӏвана, лъиениги ками ккечӏого, хъизамалъул чагӏи эркен гьаризе. Гьеб ишалъухъ щвараб «За отвагу» медаль (дов участковыясе щвана «Мужество» орден) дица рикӏкӏуна бищун къиматаблъун.

— Мун вукӏана «Правое дело» партиялъул мухъилъ. Гьабсагӏаталда вуго «Партия роста» гӏуцӏаразда гьоркьов. Битӏун бугищ «Цогояб Россия» бербалагьи гьабичӏого тей?

— Гьеб рахъалъ дие аслияблъун буго гӏадамазе кӏолеб кумек гьаби. Дир батӏияб мурад ялъуни политикиял хӏаязул хӏасил гьеб гуро. Гьабсагӏаталда дун ккола гьеб партиялъул федералияб политсоветалъул член. Кив ва щиб хӏалтӏуда вугониги, дица киданиги гьабуларо магӏарул гӏадат-гӏамалалдаги нилъер хасияталдаги данде кколареб жо.

— Гъизилюрт буго гӏемерисел магӏарулаз гӏумру гьабулеб район ва шагьар. Кӏиязулго бутӏрулги руго магӏарулал. Щиб дуца абилеб гьеб рахъалъ?

— Шагьаралъул бетӏер Малик Патахӏов вуго дидаса дагьав гьитӏинав, амма гӏемерал соназ шагьаралъул администрациялда хӏалтӏарав, хӏалбихьи бугев, гӏадамазулгун гӏаммаб мацӏ батизе кӏолев, хӏалтӏи лъалев чи. Бокьарав бихьинчиясе, щиб хъулухъалда гьев вукӏаниги, къимат кьола гьесул рагӏудалъун ва ишалдалъун. Малик вуго кьучӏаб рагӏул ва чӏванкъотӏараб ишалъул чи. Гьеб хъулухъалда дагьаб заманалда хӏалтӏулев вугониги, гьес бихьизабуна лъикӏаб хӏалтӏи. Нижер буго щулияб божилъия-

лъулаб гьоркьоблъи ва хӏалтӏиги

гьабула цадахъ рекъон.

— Хъвалищ ва цӏалулищ дуца «Хӏакъикъат» газета, букӏинищ гьебги гьоркьоб ккун магӏарулазда абизе бокьараб жо?

— Хъванги буго, цӏализеги цӏалула. Цохӏо дица цӏалун гуреб, дирго лъималги тӏамула цӏализе. Жакъа гьелда жаниб буго магӏарул мацӏги, тарихги, гӏамал-хасиятги.

Магӏарулазда бокьилаан абизе — кире кканиги хвезе тоге гӏадат-гӏамал, яхӏ-намус. Ритӏухълъи тӏекълъиялде сверизабизе лъугьарав чиясда киданиги сахаб къо бихьуларо. Нилъеца гьабураб, ахир-къадги, нилъехъего тӏад буссунги бачӏуна.