Лъим бугеб бакӏалда гьитӏинабго бугониги къулгӏа балеб гӏадат букӏана нилъер умумузул. Свакан унев чи, нухда къулгӏа батидал, жиндир рукъалъул бокӏон батарабгӏан вохулаан. Щивасе санагӏаталъе бараб бакӏ гьеб букӏинги бичӏчӏун, гьениб рацӏцӏалъиги цӏунулаан.

Гьениб какги бан лъимги тӏад гьекъон, хӏангун чедги кванан чучулаан нухлулазул свак. Цӏияб къуват, чӏаголъи бачӏунаан лъелго унел гьезул махӏабалъе. Какие чуризе лъим, маххул банка, как базе хъорщол къачӏан гьабураб бокӏон — гьединаб букӏана къулгӏа дир лъимерлъуда.

Сапаралъ чи гӏемер вахъунеб, нухазда хьвадулел машинабазул сас къасиги къотӏулареб заман буго гьаб. Нухлулал цӏикӏкӏанагӏан даран-базарги цебетӏуна шагьраялъул рагӏа-ракьанда бизнес гӏуцӏаразул. Гьеб батӏияб тема буго, жакъа бицине бокьун буго нухлулазе санагӏалъиялъе, Аллагьасе гӏоло жидеца харжал гьарулезул хӏакъалъулъ.

АлхӏамдулиЛлагь, нухда рукӏаго какил гӏуж щвани гьелъие санагӏалъи рекъезабун буго магӏаруллъиялда. Мадугьалихъ районазда данде-ккун нухазда мажгит-къулгӏабазул къадар гӏемерго цӏикӏкӏараб буго Шамил районалда. Гьеб рахъалъ кутакалда нахъе ккарал, какие нухда санагӏалъи мукъсаналги бакӏал гӏемер ратула районазде унаго.

Как базе гуребги, квачарав, вакъарав нухлулав лъалхъизе, гъурущ хвезабичӏого кӏалдиб рикъзи лъезе, бухӏараб чаялъул стакан гьекъезе рес бугел бакӏал руго гьаб заманалда. Ракӏ бохулеб, ракьцояздаса чӏухӏулеб лъугьа-бахъин ккана дагьалъ цебе Гьолокь росдал рагӏалда лъалхъидал. Цадахъ рукӏана шагьаралдаса Шамил районалде рачӏунел гьалбалги.

Вацазе кинигин хӏадурараб квен

«Всё бесплатно» абун чӏахӏиял хӏарпаз игӏлан хъвараб, берцинго къачӏараб беседка гӏадаб, 6-7 чи гӏодов чӏезе бегьулеб бакӏ батана нухлул рагӏалда. Авар гӏурул мухъгун Гьолокь росдал басрияб авал цебе тӏибитӏулеб берцинаб бакӏги буго гьеб. Жанире раккун балагьидал, столалда тӏад бугоан вацазе, васазе эбелалъгун яцаз къачӏараб гӏадаб радалквен: рокъоб къанида бежараб чед, хӏан, нах, релъун ханал. Чай-кофе гьекъезе бугеб санагӏалъиялъул, гьуинал нигӏматазул, рацӏцӏа-ракъалъиялъул хӏакъалъулъ бицани, макъала халалъила.

Аскӏов вихьуда чиги гьечӏоан. Нухлул рагӏалчӏван унел гьакьадерида цӏех-рех гьабидал лъана гьеб иш Гъазимухӏамад Муртазагӏалиев абулев чияс гьабураб букӏин. Кванил нигӏматал хӏадуриги тепси гӏуцӏиги Гъазимухӏамадил яцалъул тӏалабалда бугинги бицана.

Гьенибго ракӏалде щвана цо чанго соналъ Гьолокье букӏараб хӏалтӏулаб сапарги, росдал хӏуби гӏадав Гъазимухӏамадин цӏар бугев гӏолохъанчиясулгун лъай-хъвай ккараб къоги. Доб букӏана гьакьадерил басрияб авалалде унеб аслияб къотӏнобе хъил тӏолеб заман. Гьеб къоялъ нижеда Гъазимухӏамад ватана кодоб газа-рахангун, гъуждул гурун хӏалтӏулел росдал гӏолохъабазул гурулъ.

«Гьале гьав гӏолохъанчиясул баркаталдалъун чанги лъикӏал ишал гьарулел руго росулъ», — ин абуна доб къоялъ гьакьадерил бегавул Мухӏамад Гӏалиевас.

Миллионал рикӏкӏун росулъ хъил тӏезе гьес гьарурал харжазда гӏажаиблъарал нижее жавабалъе Гъазимухӏамадица абуна:

— Нилъеца ракӏ разиго 10 гъурущ кьуни, Аллагьас 15 нилъееги кьола. Цо гьитӏинабниги гӏадамазе пайдаяб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъани, батӏияб хӏалхьи букӏуна ракӏалъе, — ян. «Всё бесплатно» беседкаялда аскӏобго нухлулазе санагӏаталъе саламатаб мажгитги бан буго Муртазагӏалиевас.

Гъазимухӏамадил сахавалъия-лъул, ресукъав вихьун чиясе гьабулеб лъикӏлъиялъул бицен гӏемер буго.

Гьанибго тӏаде жубала жеги цо-кӏиго къулгӏаялъул баянги.

Иман бугев чияс квалун буго квер

Гӏезегӏанго сонал руго Гьидерил кьодул сверулъ къулгӏа баралдаса. Къулгӏа гуребги, гьеб букӏана Гьидерил росабалъа рахъарал исламалъул гӏалимзаби, устарзаби ракӏалдещвеялъул мемориал гӏадаб бакӏ. Бищунго захӏматал 90-абилел соназ гьабун рагӏалде бахъараб гьеб хӏалтӏи тӏалаб-агъаз гьабичӏого рехун тун букӏана гӏемерал соназ. Бицунаго хутӏун букӏана гьенибе ток бачиналъул

хабарги. Исана риидал, сардил гӏужалъ шагьаралдаса рачӏунаго гвангъун чирахъал рихьана, Авар гӏурул квегӏаб рахъалдехун бугеб гьеб къулгӏаялъуб. Лъалхъизабун машинагун жанире щвана. Иман бугев чияс квер квалун буго гьениб — какие чуризе, как базе бегьулеб санагӏалъи гӏуцӏи гуребги, нухлулазе чай-кофе гьекъезеги рес буго. Цӏех-рех гьабидал лъана Хӏебда гӏумру гьабун вугев Гӏурадаса Гӏусбан Гӏумаровасул хъизан-рукъалъул хӏаракаталдалъун гьеб иш гьабураблъи.

Узухъда, «Гьидалъ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун бараб гьеб комплекс буго жеги цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе кколеб бакӏ, гьелъиеги ратила сахаватал ракьцоял.

Цоги цӏияб, цӏакъ санагӏатаб мажгит-къулгӏа эхетана гьал ахирал соназ Авар гӏурул мухъккун унеб нухлул рагӏалда. Хъил тӏун, гӏатӏид гьарун гьел нухал къачӏай кӏудияб рохеллъун ккана лъаратӏисезе, бежтӏадерие, цӏунтӏадерие. Гьединабго бигьалъи букӏинарищха Шамил районалъул Къелеб, Ракьуб, Дагъбаш росабазеги.

Гьидерица «Гӏичил майдан» абулеб, къелдерица «Ахал Хӏажиясул кули» абулеб бакӏ буго эхесан рачӏунаго къелдерил кьодухъе щвелалде. Советияб заманалда хӏукуматалъул идарабаз, ай районазда гьоркьосел почалъул бухьеналъ, райпоялъул къайи баччулез пайда босулеб саламатаб бакӏ букӏун буго гьеб. Гьелго соназ бараб цо минаги букӏана жеги биххичӏого хутӏун. Рагӏа-ракьанда саламатаб гӏатӏилъи бугеб, кӏиябго рахъалдаса кьураби ругониги, бакъул хинлъи щолеб гӏатӏилъи бугоан гьениб.

Ахираб 20-25 соналъ, цогидал гьединалго бакӏал гӏадин чӏунталиде сверун букӏана гьеб бакӏги. Тӏабигӏаталъго «ма, яшав гьабе» абун кьураб санагӏатаб гьеб сверухълъи лъугьун букӏана, гъура-чункарал гӏаркъил шушбуз, кьавуялъ кварал маххул банкабаз, пластикалъул цӏа-рагӏ ва цогидаб кьер-кьераб рищни тӏибитӏараб, маёвка-компаниязул бакӏлъун.

Гьал ахирал соназ, къокъабго заманалда жаниб, гьениб нухда эхетана берцинаб мажгит. Как балел рукъзал руго батӏа-батӏаго руччабазе ва бихьиназе, жаниб хинаб лъим, камилаб рацӏцӏалъи, тӏадехун ругел районазул рикӏкӏадал росабалъе унел свакарал нухлулазе хӏухьбахъизе шартӏал, аскӏобго иццги. Гьебги Ракьуса Мажидил Мусал Мухӏамадил васазул хӏалтӏи букӏин лъана. Дол рощнол майдаби сверана тӏегьалеб ах-хуралде. Гьениб гӏезабураб гӏодокари, бахчабахъа бачӏин щола сверухъ ругел росабалъе. Битӏахъе ракӏ бохулеб хӏалалда гӏуцӏана гьениб магӏишат цо хъизамалъул вацаз. Шагьаралдаса рачӏун анкьавго вацас гьоркьобги бикьун хӏалтӏизабулеб буго ракь. Гьениреги щун хасаб макъала хӏадуризе бегьила гьайбатго цӏигьабураб умумузул ракьалъул, берцинаб магӏишаталъул бицун. Баркала кьезе, мисал босизе мустахӏикъаб, ракӏги берги бохулеб хӏалтӏи буго гьеб.