Султӏан Гӏабдулмажидов ккола Бежтӏа росулъа. Гьоркьохъеб школа лъугӏун хадув цӏалана ДГУялъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталда.

Школалда хӏалтӏана учительлъун, директорлъун. Вукӏана райгазеталъул бетӏерав редакторлъун. Партиялъул тӏадегӏанаб школаги лъугӏизабун, хӏалтӏана партиялъул идарабазда. 1981-1982 соназда вукӏана райкомалъул гӏуцӏиялъул отделалъул заведующийлъун, 1982-1989 соназда – кӏиабилев ва 1990-1991 соназда — тӏоцевесев секретарьлъун.

1992-2001 соназда вукӏана Бежтӏа участокалъул бетӏерлъун, 2001-2016 соназда хӏалтӏана РФялъул Юстициялъул министерствоялъул ва «Росреестр» гӏуцӏиялъул ДРялда ругел управлениязул батӏи-батӏиял хъулухъазда.

Гьал къоязда редакциялде вачӏа-рав гьесулгун нижер ккана гьадинаб гара-чӏвари.

— Султӏан, дур кӏудияв эмен, Султӏандибир, вукӏун вуго Шамил имамасул наиблъун...

— Гӏолохъанлъи гьесул ун буго гӏелму лъазабулаго. Вукӏун вуго росдал дибирлъунги, Чӏарада, Цӏунтӏа мухъазда къадилъунги. Анкьго васасул эмен, лъикӏаб лъай-бажари бугев чи вукӏин хӏисабалдеги босун тун вукӏун ватила гьев наиблъун.

— Кавказалъул рагъда гӏахьаллъарав, гьелъул хӏасил бихьарав гьев вукӏун вуго 1877 соналда пачаясда данде байбихьараб багъа-бачариялда гьоркьовги…

— Гьелъие бугин ккола кӏиго гӏилла. Тӏоцебесеб, исламияб дин къварид гьабулеб букӏин. Цо рахъалъ нилъер гӏадамал ругьунлъун рукӏана шаргӏияб низамалде. Гьелдаго цадахъ, хехаб хӏалалда рилълъанхъизарулел рукӏана пачаясул светиял законал ва тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунел рукӏана гьезул дандеккунгутӏаби. Кӏиабилеб, Гуржиялъе ва Чачан ракьалде заманаялъ хӏалтӏизе ун гурони бетӏербахъи гьабизе гӏадамазе цӏакъго захӏмат букӏин. Хӏакъаб жо, гьеб кинабго гӏемер лъикӏ бихьулаан ва лъалаан Султӏандибирида.

— Амма гьесул вас Къебед-мухӏамад вукӏун вуго пачаясул хъулухъалда…

— Гьеб буго хӏакъикъияб хӏужа. Гьев вукӏун вуго цӏаларав, кӏалъазеги лъалев, гьабулеб-толелъеги махщел-гьунар бугев чи. Гьев вукӏана Анцух-Капучи участокалъул начальниклъун, Гъунив къадилъун. Гьесул вац, дир инсул эмен Гӏабдулмажидги цо заманалда вукӏун вуго гьебго участокалъул письмоводительлъун. Доб мехалда хъвазе-цӏализе лъалел гӏадамал гӏемер рукӏинчӏелъул, ахӏун рукӏине ккола гьевги гьевго гӏадинал цогидалги пачаясул хъулухъалде.

— Хӏурият ккун хадуб цӏияб власталъги тун гьечӏо гьесие рахӏат. Гьелъие гӏилла щиб букӏараб?

— Гьесде чӏвалеб гӏайиб букӏана «пантюркизм» абураб. Гуржиялъа гӏемераб ярагъги босун Бежтӏе щварав Хӏоцоса Нажмудиница байбихьун буго доб багъа-бачари. Гьелъул жигарав гӏахьалчилъун ккун вуго Къебедмухӏамадги. Гьесул рокъов рещтӏун вуго Нажмудин, дандеккун буго гьезул рагӏи. Цӏакъго хӏалуцараб, лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб доб заманалда гӏемеразул букӏанин абула турказ кумек гьабилин абураб хьул. Амма абизе бегьула гьез нилъерал махсараде ккунин абун.

1921 соналда Нажмудинил управделамилъун вукӏарав гьесде гӏунтӏизабун буго турказул рахъ кколев чийин абураб гӏайиб ва гьев кодове кьезелъун жанив тӏамун вуго гӏагарлъиялъул 40 чи. Гьеб хабар рагӏарав Къебедмухӏамад, жив сабаблъун гӏайибго гьечӏел гӏадамал къварилъуде ккезе теларин абун, вачӏун вуго кверде. Тамихӏ гьабун чӏван вуго 1922 соналда.

— Бигьаяб букӏун гьечӏо дур инсул къисматги…

— Пачаясул заманалдаса нахъе Гуржиялъ букӏана бежтӏадерил 1000-гӏанасеб цӏараки. Чачанал Гьоркьохъеб Азиялде ва Казахстаналде гочинарураб заманалда (1944 сон), гьанжесеб Бежтӏа участок унаан Лъаратӏа районалда гьоркьобе. Чачаналги гочинарун эркенлъараб гьезул ракьалде ритӏулел дагъистаниязда гьоркьоре ккечӏо гьеб районалда ругел бежтӏал. Амма ритӏана Гуржиялъ ругел бежтӏадерил вакилзаби, гьезда гьоркьов дир эменги. Хадуб инсуца бицунаан гьадин: дова росдал советалъул председательлъун вукӏарав жинда аскӏове пуланаб къоялъ вачӏанин цо херав чачанав (гьесул рокъоб гӏумру гьабулеб букӏун буго инсуца) ва гьес абунин: «Мухӏамад, мун дида вихьула динги бугев, магӏнаяв чи вукӏин. Амма кинабгӏаги ихтиярги гьечӏого чияр минаги ккун как-дин гьабулев дуе кинаб кири букӏунеб, дуца тӏаде босулеб гьечӏищ мунагьаб иш», — ан абун. Ва гьеб мехалда бичӏчӏанин жинда гьеб хӏалалда чӏани ахир-къадги мунагьалде ккезе вукӏин, Бежтӏа гьавурав, Гуржиялъ гӏурав, Чачаналъ херлъарав жив инсул Ватӏаналде тӏад вуссине кколеблъи. Гьебго соналъ (1952) Бежтӏе нахъ вуссунги вуго.

— Чачаналъе ритӏарал гӏемерал нилъер росабазда гьоркьоре ккун гьечӏо магӏарухъ ругел нужер росаби, амма мадугьалихъ ругел цӏунтӏал гочинарун руго цӏакъго вахӏщияб хӏалалда.

— Букӏун буго доба дандечӏейги, гӏаммаб буголъи пасат гьабиги, камун рукӏун гьечӏо рагъдаса лъутаралги. Гӏайиб бугезе тамихӏги гьабизе, низам хвезабулел гӏадлуялдеги цӏазе ккела. Амма жиндирго мина-къайги умумузул ракьги рехун тун, хӏал гьабун лъазего лъалареб бакӏалде гӏадамал гочинари кинха битӏараблъун рикӏкӏинеб. Гьеб буго зулму.

— Дур умумузул буго захӏматаб къисмат, гьелда цадахъ бечедаб тарихги. Гьезул ирсилав, мун, батӏияб заманалда, батӏияб гӏуцӏиялда ккун вуго районалъул нухмалъуде.

— Тӏоцебесеб иргаялда, исламалъул нухда, гьелъие гӏоло рухӏ кьурал умумузул дие щвана баракат. Гьез, гьезул къисматалъ, дун ахӏулев вукӏана сабруялде. Гьелдаго цадахъ диргун данде кколарел, дидехун жахӏда бугел гӏадамал кидаго рукӏунаан дун «антисоветчик» вугин, дир кьалбал божи гьечӏел ругин абун нахъасан хъвадарулел. Гьеб хӏужаялъ, хӏакъаб жо, рекӏее асар гьабичӏого хутӏулароан. Амма гӏарзазул, киналго халгьабиязул хӏасилаз рехичӏо дида тӏаде чорокаб «рагӏад», бахинабизе кӏвечӏо хъублъи. Хӏасил гьабун абуни, дир хӏалтӏулъ кидаго букӏана гьеб кӏиябго рахъ.

— Мун вукӏана цин Цӏунтӏа районалъул, хадуб Бежтӏа участока-лъул нухмалъулевлъун. Хӏажалъи букӏанищ цо район кӏийиде бикьизе?

— Районалъе дица нухмалъи гьабулеб заманалда ккана гьеб рикьи. 1944 соналда Цӏунтӏа район Чачаналде гочинабулеб заманалда гьелъул райцентр букӏана Шаури росу. Гьанжесеб Бежтӏа участок доб мехалда унаан Лъаратӏа районалда гьоркьобе. Цӏунтӏал жидерго росабалъе тӏад руссараб 1956 соналда, Лъаратӏа районалда гьоркьоре унел рукӏарал бежтӏадерил росабиги тӏаде журан, цӏидасан гӏуцӏана район ва гьелъул райцентрлъун гьабуна Бежтӏа росу. Гьелдаса нахъе цӏунтӏадерица зама-заманалда борхулеб суал букӏана район цебе букӏараб къагӏидаялда гӏуцӏи, гьелъул центрги Бежтӏаса Шаурибе бахъинаби. Гьеб цӏакъго захӏматаб, цадахъго гӏемерал магӏишатиялгун социалиял суалал тӏуразе кколеб масъала букӏинги бичӏчӏун, кидаго нахътӏамун толаан. Лъиениги бокьулароан жавабчилъи тӏаде босизе.

Биххана пачалихъ, лъугӏана партиялъул иш ва кинабго биччан тараб доб заманалда хӏалуцана гьеб суалалда сверухъ ахӏвал-хӏалги. Дагьаб заманалда жаниб лъобе щвечӏеб комиссияги, Махӏачхъалаялдаса рачӏинчӏел вакилзабиги гӏемер хутӏун ратиларо. Ахир-къадги рачӏана гьадинаб хӏукмуялде — районалъул центр бахъана Кидеро росулъе, районалъул статус гьечӏониги, цӏи гӏуцӏараб Бежтӏа участокалъул центрлъун тана Бежтӏа росу. Бищун лъикӏаб ва битӏараб хӏукму букӏун батичӏониги, гьеб букӏана маслихӏаталъул нух.

— Районалъул статус гьечӏо-лъиялда бан участокалъе къварилъи бугищ?

— Участок ккола жидерго бюджетги киналго хӏажатал идарабиги ругеб муниципалияб гӏуцӏи. Законалъ районалъе кьун ругел киналго хъулухъалгун ихтиярал гьелъги тӏурала. Буго цо гьадинаб суал – территориалияб къагӏидаялъ гьеб батӏа гьабун гьечӏо (гӏорхъаби ругониги), уна Цӏунтӏа районалда гьоркьобе. Руго цо-цо юридикиял дандеккунгутӏаби, ккола налогазул рахъалъ жеги тӏурачӏел, амма тӏуразе хӏажатал суалалги.

— Заманалда рекъон кин хисулеб бугеб участок, лъикӏлъулел ругищ гӏадамазул рукӏа-рахъиналъе шартӏал?

— Бежтӏагун Цӏунтӏа буго кидаго захӏматал шартӏал рукӏараб, хӏама-чуялъе гурони нух гьечӏеб, бетӏербахъи гьабизе захӏматаб бакӏ. 1956 соналда гурони Бежтӏе машина бачӏинчӏо. Токалъул мухъ Цӏунтӏе щвана 1973 соналда. 1986 соналда тӏоцебе хӏалтӏизе байбихьана телевидение, доб мехалъ бокьараб информация лъобе щолаан цӏакъго кватӏун. 1993 соналде щвезегӏан Махӏачхъалаялдаса Бежтӏа росулъе хьвадизего хьвадулароан автобус. Дол соназда дандеккун гӏемерго лъикӏлъана шартӏал, гьабуна гӏемераб хӏалтӏи, гьаруна лъикӏал нухал, цӏилъулеб буго гӏумру. Гьебго заманалда колхозал-совхозалги риххизе тун, хӏалтӏизабулеб гьечӏо гӏемераб ракь. Дида битӏараблъун бихьуларо гьеб хӏал. Гӏезегӏан руго лъикӏал нухал, амма къваригӏун буго гьел дагьалги лъикӏ гьаризе, туризм цебетӏезабиялъе ресал гӏуцӏизе.

— Мун хъулухъазда вугеб заманалдаги гьабсагӏаталдаги чиновниказул хӏалтӏул даража данде-ккуни, щиб абилеб?

— Цере кадраби гӏезарулаан, гьезие тарбия-лъай кьолаан гьитӏинаб къоялдаса байбихьун, гӏемерал хӏужабазул хӏисаб гьабун. Кьураб рагӏулги гьабулеб ишалъулги жаваб кьезе кколаан, гьезда рекъон кьолаан къиматги. Гьанже гьедин гьечӏо. Дун мекъи вичӏчӏизе бегьула, амма дир хӏисабалда, гьал рищиялги нилъер гӏамал-хасияталда данде кколаро. Гьезулъ гьечӏо кинабгӏаги ритӏухълъи, гьездехун гьечӏо кигӏан дагьабниги божилъи.

— Нилъер гьаб гара-чӏвариялъул ахиралда абизе бокьараб жого букӏинищ дуе?

— Дица бана 70 сон. Дица дунго рикӏкӏуна талихӏав чилъунги. Бокьарав чиясул бадиве балагьизе кӏолеб хӏалалда тӏубана пачалихъалъул хъулухъ. Киданиги течӏо бажарараб кумек гьабичӏого. Дида лъан лъиениги квешлъиги гьабичӏо. Щиб хъулухъалда вугониги, хӏалтӏиги гьабичӏо Аллагьги кӏочон тун. Дир буго лъабго лъимер, гьездасаги рази вуго. Дун вохарав вуго, пенсиялдеги ун, хӏажат гьечӏел ишазда гьоркьовеги инчӏого, парахатго дирго ро-къовеги вуссун, Аллагьас тӏад лъураб налъиги тӏубан, лъималазул лъималазда аскӏов вукӏине рес щвеялдаса.